Лъабго хирияб моцI
Ражаб моцIалда абула тавбу гьабиялъул заманилан. ШагIбаналда — цоцазухъе щвеялъул ва рокьи загьир гьабиялъул заманилан, Рамазан ккола гIагарлъиялъул ва баракаталъул цIураб моцI. Зуннун Мисри абулев валияс абуна: "Ражаб — рекьи, ШагIбан — лъалъай, Рамазан — хIалухъин бакIари кколилан. Баянаб букIахъе Ражабалъе хасиятаб буго тIаса лъугьин ва рахIму, ШагIбаналъе — рацIад гьари ва ракI парахалъи, Рамазан…