Ражаб моцIалъул хиралъи

Ражаб ккола лъабго (Ражаб, ШагIбан, Рамазан) хирияб моцIалъул цояб , ТIадегIанав Аллагьас Жиндирго лагъзадериде рещтIараб кIудияб рахIматлъун. Гьел моцIазда гьарурал лъикIал ишазе ва гIибадаталъе гIоло ХIалкIолев Аллагьас кьолеб кири чанго нухалъ цIикIкIине гьабула, ракI бухIун гьардарав чиясул мунагьал чурула.
Аварагасул (с.т.гI.в.) хIадисазул цоялда абулеб буго: «Хвалда цебе ракI парахалъизе ва лъикIаб ахират щвезе (бусурбанчиясул хвел), щайтIаналдаса цIунизе бокьарав чияс кIал ккун, мунагьазда рекIекълъун хIурмат гьабе гьел моцIазул», — ан. Цогидаб хIадисалда рекъон, Ражаб моцIалда лъикIал ишазухъ кириги квешал ишазухъ гIазабги 70 нухалъ цIикIкIуна. Ражаб гьединго ккола (Ражаб, ЗулькъагIида, Зуль-хIиджа, МухIаррам) ТIадегIанас хасго мунагьал, кьал, рагъ гьабизе гьукъараб моцIлъун.
Жинда Аллагьасул ссалат салам лъеяв Аллагьасул Расулас абуна: «КIочон тоге Ражаб — ТIадегIанасул моцI кколеблъи, гьеб моцIалъ цогIаги кIал ккурав чиясдаса Аллагь рази вукIуна». Ражабалда ТIадегIанасулилан абун буго, гьеб моцIалъ рещтIунеб кириялъул ва сахаватлъиялъул гьарзалъиялъ.

Ражаб абураб рагIи гIуцIун буго лъабго хIарпалдасан: Ра — магIна "рахIмат" (ТIадегIанасул рахIмат-баракат), джим — джурмул гIабди (Аллагьасул лагъзадерил мунагьал) ва ба — Бирру Ллагьи ТагIала (ТIадегIанав Аллагьасул лъикIлъи). Аллагьас абулеб буго: "Я, Дир лагъзал, Дица чIезабуна нужер мунагьал Дир РахIматалдаги Дир лъикIлъиялдаги гьоркьор рукIунеб къагIида".
Ражаб моцIалъул буго чанго цIар:
1. Ражаб мудар (Мудар къавмалъул Ражаб),
2. Мунсил (Мансал аль-Асинна) (чIоразулги хучдузулги тIогьал рахъун нахъе лъей),
3. Шагьруллагь аль — Асамм (Аллагьасул гIинкъаб моцI),
4. Шагьруллагь аль-Асаб (Аллагьасул сахаватлъиялъул моцI),
5. Аш-Шагьрул — МутIагьгьир (рацIцIалъиялъул моцI),
6. Аш Шагьрус — Саабикъ (машгьураб, цебеккунисеб),
7. Аш Шагьрул — Фард (рикIкIалъулеб, гIицIаб).
1). Ражаб Мудар (Мудар къавмалъул моцI). Гьеб цIаралъул Ражабалъулгун кинаб бухьен бугебали баянлъула гьаб хадусеб хIадисалдасан: "ЛъагIалил буго 12 моцI, гьезул ункъояб хирияб буго. Гьезул лъабгояб Зуль-къагIида, Зуль-хIиджа, МухIаррам бачIуна цоцада хадуб, ункъабилеб гьездаса батIаго — гьеб ккола Ражаб (Мудар къавмалъул). Гьеб Джумада — Сани ва ШагIбаналда гьоркьоб букIуна". Гьединаб къагIидаялъ Ражаб моцIалъул бакI дурусго чIезабуна Джумада-Сани ва ШагIбан моцIазда гьоркьоб. Гьелъ тIубан къана гьеб хирияб моцI нахъехун бачиналъе кинаб бугониги къасд гьаби. Ислам баккизегIан жагьиллъиялъул заманалда гьедин гьабулаан гIарабаз. Доб заманалда дин гьечIел гIараб къавмазул бутIрузда гьарулаан МухIаррам моцI Сафаралде бачине ихтияр. Гьелъие гIилла букIана гьеб хирияб моцIалъ гьаризе гьукъарал ишал тIуразаричIого тей. Гьелъул хIакъалъулъ абун буго Хирияб Къуръаналъул ичIабилеб сураталъул 37 аяталда.
2). Ражаб моцIалъе Мунсил (Мансал аль-Асина) цIар щвана (чIоразул, хучдузул ва гь.ц. тIогьал рахъулеб), щайгурелъул гIарабаз гьеб моцIалда нахъе гьарулаан чIоразул бегIерлъаби, лъалинир лъIолаан хвалчаби (гьездаса пайда босулароан). Хирияб Ражаб моцIалъул хIурмат гьабун.
Гьелде тIадеги жагьиллъиялъул заманалда чIварав гIагарав чиясе гIоло бидул рецIел босизе хIадурулев чияс Ражаб моцIалъ тушман дандчIвани, щибго гьабулароан, гьелъул гIаксалда гьев лъалареб хвел гьабулан. Гьеб моцIалда рагъал гьукъиялъул хIакъалъулъ гIалимзабазул пикраби батIи-батIиял руго. ЦIикIкIарасел диниял гIалимзабаз абулеб буго гьеб гьукъи хвезабун букIанилан. Гьелде кIвар буссинабулеб буго имам АхIмадица ва цогидал имамзабаз ва гьединго гьеб ритIухъ гьабула жидедаса Аллагь разилъаял асхIабзабаз гьукъарал моцIазги гъазават гьоркьоб къотIизе толеб букIинчIолъиялъ.
3). Шагьруллагь аль — Асамм (гьелъул магIна Ражаб моцIалъ Аллагьасул ццин бахъи лъангутIи). Жиндаса Аллагь разилъаяв ГIаффанил ГIусманица цо нухалъ хутIбаялдаса хадуб абуна: "ТIаде щвана сасараб Аллагьасул моцI", — илан. Гьеб моцIалда бахъизе ккола закагIат, бецIизе ккола налъи ва бикьизе ккола садакъа (ай гьеб моцI "гIинкъаб" буго закагIат бахъи ва цогидабги нахъ бахъизе къасд бугезе).
4) Шагьруллагь аль — Асааб — Аллагьасул сахаватлъиялъул моцI. ХIадисалда абун буго: "Ражаб моцIалъ цо къоялъгIаги кIал ккурав чи мустахIикълъула Аллагьасул кIудияб рахIматалъе ва гурхIелалъе. КIиго къоялъ кIал ккурав чиясе щола кIийидахъа шапакъат, щибаб мегIералъул роценалда.
Лъабго къоялъ кIал ккурасе — гьев ЖужахIалъул цIаялдаса рикIкIкад гьавулев гIатIидаб хандакъ гIуцIизе буго. Гьеб хандакъалъул гIатIилъи нахъа теялъе хIажалъула тIубараб лъагIел.
Ункъо къоялъ кIал ккурав чи гIадаллъиялдаса, пилалъул унтудаса цIунаравлъун вукIина, ва бищун кIвар бугеб жо Даджалил квешлъиялдаса цIунила.
Щуго къоялъ кIал ккурав хабалъ гIазабалдаса цIунаравлъун вукIина.
Анлъго къоялъ кIал ккурав къиямасеб къоялъ цIураб моцIалдаса гвангъараб гьайбатаб гьумергун чIаго гьавила.
Анкьго къоялъ кIал ккурасе Аллагьас анкьабго жужахIалъул нуцIа къала, гьениве ккечIого вукIине.
Микьго къоялъ кIал ккурасе Аллагьас микьабго Алжаналъул нуцIби рагьила.
14 къоялъ кIал ккурасе Аллагьас цониги чIагояб рухIалда рагIичIеб гьайбатаб сайгъат кьела.
Ражабалъул анцIила щуго къоялъ кIал ккурав Аллагьас: "Баркула дуда мун хвасарлъарав вукIин ва дуе хIинкъи гьечIо", — ян, гIагар гьарурал малайкзабазеги аварагзабазеги (Аллагьасул ссалат-салам лъеял) гьабулеб даражаялде вахинавила".
Абу Къаллябатица (Аллагьасул рахIмат рещтIаяв) гьединго абуна: "Алжаналда кIалгIа буго Ражабалда кIал ккурасе", — ян.
5). Аш-Шагьрул-МутIагьгьир — рацIцIад гьарулеб моцI. Ражабалда кIал кколев мунагьаздаса вацIалъула. Жинда Аллагьасул рахIму лъеяв имам ГIибадуллагь ибн аль-Мурак ас-Садатица бицараб хIадисалда рекъон: "Ражаб моцIалъ цо къоялъ кIал ккурав чиясе 30 соналъ кIал ккурасегIан кири букIуна". "Ражаб моцIалъ кIалккурав чиясул 10 дугIа къабул гьабула ялъуни Ахираталда гьесие хIадур гьабун букIуна гьес дугIаялъулъ гьараралдаса цIакъго лъикIаб шапакъат". КIудияб кири хъвала тIолабго Ражаб моцIалъ (ялъуни гьелде гIагарун) кIал ккурав чиясе.
 

Добавить комментарий

Ваш адрес email не будет опубликован. Обязательные поля помечены *