КIалалъул хабар

КIал кквеялъул шартIал КIал кколев чиясе тIоцебесеб шартIлъун ккола ният гьаби. ГIей гьабула гьеб нийят дур рекIелъ бугониги, амма цIакъ лъикIаблъун рикIкIуна гьеб мацIалъ тасдикъ гьабизе. БатIайиса абуни ракIалъул нийят ккола фарз, кIалалъул-суннат. Гьеб лъазе ккола, щайгурелъул дандчIвалелъул мацIалъ нийят гьабизеги кIочон тун, кIал ккун пайда щибилан абулел гIадамал. Нийят гьабулаго рехсезе ккола къоги, моцIги,…

Читать далее

Исраъ ва МигIраж

Раджаб моцIалда жаниб буго Исламалъул тарихалда бищун хIикматаб дунялалъул рокъоб бусурбабазе кидаго дарслъун чIолеб лъугьа-бахъин, Исраъ ва МигIраж.  Исламалъул бищун хIурматиял сардазул цояб ккола Авараг (св.т.гI.в.) Маккаялдаса Иерусалималде ва гьегисан зодове вачиналъул, ай Исраалъул ва МигIражалъул сордо. Лъеберго асхIабас бицана гьеб сордоялъул лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ МухIаммад Аварагасдасан (св.т.гI.в.) рагIараб. Рехселин гьезул бищун ритIухъаблъун рикIкIунеб имам Муслимица…

Читать далее

Мавлид

 ГIинцIгоги хьвадулаан хьиталги ретIунаан, Хьиталги хIайваналъул тIом кIвекIун гьарулаан, Чода вараниялда хIамидаги рекIана, Сайгъаталъе бачIараб гIурцIмадаги рекIана. ГIанбаргун кафуралъул махI берцинал хурдузул, Гьуин махIал гьаризе гьесие бокьулаан. Кьижилалде беразда сурмаги бахунаан, Михъ мегеж къунцIулаан, гьаркьица гьел халаан, Илагьиял тIибиял дараби гьарулаан, Гьаризе цойгиязе малъи- хъвай гьабулаан. Гьумералъухъ балагьун ццим бахъин бичIчIулаан, ХIакъаб жоялъе гуреб ццимги…

Читать далее

Суал — жаваб

Суалазе жаваб кьолеб буго Кьохъа СултIанмухIамадида цеве гIелму цIаларав ГIободаса МухIаммад-хIажияс. Суал: Чанго чияс гьикъулеб буго аттахIиятуялда хадуб цIалулеб ссалат кинаб къагIидаялъ жинда ссалат салам лъеяв Аварагасде битIизе кколеб, гьелъул ахиралда ва саллим абизе бегьулищ? Жаваб: ТIоцебесеб аттахIиятуялда Аллагьумма салли гIала МухIаммад, ахирисеб жинда хадуб салам кьолеб аттахIиятуялда Аллагьумма салли гIала МухIаммади(н) ва гIала али…

Читать далее

агьаибалъул сордо

Баракатал сардал — гьел ккола исламалъ жидер къадру-къимат, хIурмат гьабулел сардал. Жиндирго лагъзадерида гурхIарав ТIадегIанав Аллагьас гьезул цо-цоял цIар чIван рихьизаруна ва лъазабуна гьезулъ гьабураб дугIа-алхIам, тавбу къабул гьабулеблъи. Гьел сардаз рогьинегIан дугIа-алхIам гьабизе, рачIого хутIарал какал рецIун разе, хирияб Къуръан цIализе, дугIа, тавбу гьабизе, садакъа кьезе, бусурбаби рохизаризе, лъикIалдалъун хварал ракIалде щвезаризе ккола. Гьел…

Читать далее

Лъабго хирияб моцI

Ражаб моцIалда абула тавбу гьабиялъул заманилан. ШагIбаналда — цоцазухъе щвеялъул ва рокьи загьир гьабиялъул заманилан, Рамазан ккола гIагарлъиялъул ва баракаталъул цIураб моцI. Зуннун Мисри абулев валияс абуна: "Ражаб — рекьи, ШагIбан — лъалъай, Рамазан — хIалухъин бакIари кколилан. Баянаб букIахъе Ражабалъе хасиятаб буго тIаса лъугьин ва рахIму, ШагIбаналъе — рацIад гьари ва ракI парахалъи, Рамазан…

Читать далее

Ражаб моцIалъул хиралъи

Ражаб ккола лъабго (Ражаб, ШагIбан, Рамазан) хирияб моцIалъул цояб , ТIадегIанав Аллагьас Жиндирго лагъзадериде рещтIараб кIудияб рахIматлъун. Гьел моцIазда гьарурал лъикIал ишазе ва гIибадаталъе гIоло ХIалкIолев Аллагьас кьолеб кири чанго нухалъ цIикIкIине гьабула, ракI бухIун гьардарав чиясул мунагьал чурула. Аварагасул (с.т.гI.в.) хIадисазул цоялда абулеб буго: «Хвалда цебе ракI парахалъизе ва лъикIаб ахират щвезе (бусурбанчиясул хвел),…

Читать далее

КЪУРЪАН ЦIАЛИЯЛЪУЛ ЩУКРУ — СУЖДА

Къуръан цIалиялъул щукруялъулги суждаялъулги бицен буго гьаб. Къуръан цIалиялъул сужда суннатаб буго, цIалулесеги рагIарасеги, какилъ вугесги сужда гьабила. Жинцаго цIалулеб бугони я жиндир имамас цIалун гьес сужда гьабуни, имамас гьабун маъмумас гьабичIого тани маъмумасул как хвела, имамас гьабичIого гьабуниги хвела. Сужда гьабизе гIоло какилъ сужда бугеб аят цIалани сужда гьабизе бегьиларо, гьабуни как хвела. Какилъ…

Читать далее

Аварагасул дарсал

 93. Рес букIаго налъукье ккезе чIезеги бецараб гьечIо. Салат салам лъеяв аварагас гьарулаан налъиялдасан цIунагиян абун. 94. Налъи босарав чиясул нийят букIине ккола рес ккарабго гьеб бецIилалан . Рес кун хадуса налъи кьечIого тей ай гьеб кватIизабигицин зулму бугилан абулеб кьучIаб хIадис буго. 95. Налъухъе яги асирлъиялде, яги ургъел-къварилъиялде ккарав чияс гьабугIа цIалечян абураб хIадис…

Читать далее

Мавлид

 БоцIуда квер гIатIидав, сахавалъи бергьарав, Муруватлъи цIунарав намус хIаяъ бацIцIадав. БоцIуде мугъ рехарав, дуниял рехун тарав, Дин сабаблъун росу тун, гьижра гьабун вахъарав. АхIмадица къварилъи бокьун тIаса бищана, Бечедавлъун вукIине ракIалъе къабуллъичIо. Аллагьас АхIмадихъе Исрафил витIун щвана, Ракьалъул хазинаби тIолго гьесий рагьеян. Тугьаматалъул мугIрул месед гIарцул гьареян, Жавгьаргун зумруд якъут рагьейилан гьесие. Гьудул Жабраиласул ишараялда…

Читать далее