КIал кквеялъул шартIал
КIал кколев чиясе тIоцебесеб шартIлъун ккола ният гьаби. ГIей гьабула гьеб нийят дур рекIелъ бугониги, амма цIакъ лъикIаблъун рикIкIуна гьеб мацIалъ тасдикъ гьабизе. БатIайиса абуни ракIалъул нийят ккола фарз, кIалалъул-суннат. Гьеб лъазе ккола, щайгурелъул дандчIвалелъул мацIалъ нийят гьабизеги кIочон тун, кIал ккун пайда щибилан абулел гIадамал. Нийят гьабулаго рехсезе ккола къоги, моцIги, сонги ва кIалалъул тайпаги. Масала: «Дица нийят гьабула гьаб соналъул Рамазан моцIалъул паризаяб кIал кквезе Аллагьасе гIоло». Метерисеб къоялде кIал кквеялъе нийят гьабизе лъикIаб буго боголил какдаса хадуб, амма бегьула рогьел рехизегIан
КIиабилеб шартIлъун ккола нилъер черхалъулъе рагьараб нухалдалъун унеб щиналдаса: лъедаса, квандаса, ва гь.ц. цIунун чIей. Гьедин цIунун чIезе ккола рогьалил как ахIаралдаса маркIачIул как ахIизегIан. ЛъикIаб буго радакье тIаде рахъун кваназе ва рогьалил как ахIилалде 20-30 минут хутIараб мехалъ кванай лъугIизе тезе. Гьеб ккола нилъер МухIаммад Аварагасул (с.т.гI.в.) суннатлъун. Гьес цIикIкIараб кIвар кьолаан радакье тIаде рахъиналде, кIал кквеялде тIадеги Рамазан моцIалъ Аллагьасе къаси рахъун гIибадат гьабиялде. МаркIачIул как ахIун хадуб кIал биччазеги суннатаб буго. Нилъер аварагас (с.т.гI.в.) кIал биччалаан чамасдакалдалъун ялъуни лъедалъун. Рес бугебгIан нилъееги Аварагас (с.т.гI.в.) гьабухъе биччазе лъикIаб буго.
КIал биххи-квей
КIал биххула тIадехун рехсарал шартIал цIуничIони ва гьединго:
1. ХIацIугун цадахъ кванил хутIел, ахту, би къулчIани. Ибну ГIаббасица (р.л.гI.) бицараб хIадисалда абулеб буго: "КIал хвей хIакъикъаталда, къватIибе бачIаралдалъун гуреб, жанибехун аралдалъун ккола". КIочон тун квен кванани, лъин гьекъани кIал биххуларо.
Аллагьасул Расулас (с.т.гI.в.) абуна: "Лъица бугониги кIал ккун букIин кIочон тун кванани, гьекъани, гьесул кIал хIакъикъияблъун хутIула, щайгурелъул гьев кваназе ва гьекъезе гьавуралъул Живго Аллагьас". Амма лъай ракIалде щварабго нужеца кванил хутIелалдаса кIал бацIад гьабизе кколеблъи ва тIокIаб эхебе жо биччазе бегьулареблъи лъазе ккола.
2. Ургъунго лагIиялъ кIал биххула, амма кIал ккурасе бокьичIого гьедин ккани, кIал кквезе ккола.
3. КIал хола мани бачIинчIониги, бокьун жимагI гьабиялдалъун. КIал биххиялдаса хIинкъарал цо-цоял Рамазан моцIалъул заманалда къаси мехалъцин руччабазде аскIоре къаларо. Гьеб битIараб гьечIо, гьукъун буго гIицIго кIал ккун ругеб мехалъ, къаси кIал биччан хадуб изну буго. Цо-цояз хIаракатцин бахъула гьеб моцIалъ рижи ккезабизе лъимер иман бугеб, рамазаналъул баракат щвараблъун лъугьине.
4. Лазат щун мани къватIибе бачIиналъ, кин гьеб бачIун батаниги, кIал биххула. Гьединлъидал кIал ккун рукIаго руччабазухъ балагьиялдаса, гьелгун гIагарлъиялдаса, телевизоралдаса гъира ккезабулел кинофильмазухъ ралагьиялдаса цIунун рукIине ккола. Амма къаси мехалъ чIужуялъулгун жимагI гьабун хадуб, рогьинегIан черх чуризе бажаричIони, кIалги ккун радал вахъаравго чверданиги гьелъ ккураб кIал хвезе гьабуларо.
5. КIал ккураб заманалда гIакълу хисун лъугьани, ай гIакълуялдаса ани, кIал биххула.
6. КIал хола хIайиз бачIиналъул ялъуни лъимер гьабун хадуб нукъас (лъамалъи) бачIиналъул гIаламатал загьирлъаниги. ЧIужугIадан кIал кквеялдаса эркен гьаюла тIуян яцIалъизегIан. ХутIарал кIалал рецIула Рамазан моцI ун хадуб, какин абуни бецIизе кколаро.
7. РагIудалъун ялъуни ишалдалъун Исламалдаса инкар гьабуниги нилъер кIал биххула, щайгурелъул Исламалдаса руссарал гьелдаса нахъе арал гIадамал ва гьезул лъикIал пишаби Аллагьас къабул гьаруларелъул тIубан тавбу гьабизегIан.
КIал ккураб заманалда цIикIкIараб кIвар кьезе ккола хьвада-чIвадиялдеги, гIамалалдеги. Нилъехъа абун борчIараб кинаб бугониги хъубаб рагIиялъ, квешаб гIамалалъ мацI гьабиялъ, гьереси бициналъ, хIарамаб бихьиялъ ккураб кIалалъул кири дагь гьабула, ялъуни гьеб хъвазего хъваларо. Гьединабго асар лъугьуна бегьуларел гара-чIвариязулъ, ишазулъ ва гь.ц. гIахьаллъиялъ. Киналго лугби цIунизе ккола хьулаздаса ва хIасратаздаса, щайгурелъул черхалда цадахъ гьелги кIалккун рукIунелъул.
КIал бецIцIи
Рамазан моцIалъ хутIарал кIалал рецIизе ккола кIванагIан хехго, тIасияб Рамазан тIаде щвезегIан нахъ тIамун течIого. КIвечIони, кIалалъул налъулас, кIал бецIизе гуребги, гIакIа хIисабалда, мискинчи кваназавизеги ккола. ХутIараб кIал ва гьелъие гIоло кьолеб гIакIа бараб букIуна биххиялъе ялъуни биччаялъе букIараб гIиллаялдаги. Унтун гьеб хутIун батани, налъулас гьеб бецIула сахлъун хадуб ва гIакIа тIаде кколаро. СахлъичIого гьев хвани, мунагь букIунаро.
Ресги букIаго, хутIараб кIалги бецIичIого чи хвани, гьесие гIоло гьеб бецIизе ккола бищун гIагарал гIадамаз. ГIайишатица (р.гI.) бицараб хIадис буго: "Аллагьасул Расулас хIакъаб куцалъ абуна: кIал бецIиялъул налъиги нахъе тун хварасул бакIалда гьеб ккола гIагараз". (Бицана Бухарияс ва Муслимица).
Херлъиялъ паризаяб кIал биччарав чиясдаса гIакIа бахъизе ккола. Гьес бикьизе ккола садакъа ялъуни кваназавизе ккола мискинчи. КIалал гьесда рецIизе тIалъуларо. Гьединго садакъаялдалъун кIал хутIиялъул налъи бецIизе ихтияр кьун буго сахлъиялде хьул гьечIого унтарав чиясе.
ТIадехун бицарал гIакIаби, садакъаби, муддал кьола нилъеца гIумру гьабулеб бакIалда бищун тIибитIараб кваналеб жоялдалъун (ролъ, пиринчI ва гь.ц. 600 грамм).