Раджаб моцIалда жаниб буго Исламалъул тарихалда бищун хIикматаб дунялалъул рокъоб бусурбабазе кидаго дарслъун чIолеб лъугьа-бахъин, Исраъ ва МигIраж.
Исламалъул бищун хIурматиял сардазул цояб ккола Авараг (св.т.гI.в.) Маккаялдаса Иерусалималде ва гьегисан зодове вачиналъул, ай Исраалъул ва МигIражалъул сордо. Лъеберго асхIабас бицана гьеб сордоялъул лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ МухIаммад Аварагасдасан (св.т.гI.в.) рагIараб. Рехселин гьезул бищун ритIухъаблъун рикIкIунеб имам Муслимица бицараб.
"МухIаммадил (св.т.гI.в.) букIана макьида восулеб гIадаб хIал, циндаго битIахъе гьесда тIад зобалазда лъугьана жинда жанисан гьесухъе Аллагьасул Джабраил, Исрафил ва Микаил малаикзаби рештIараб канлъиялъул горсвери. Джабраилица гьесда абуна ТIадегIанав Аллагьас жал ритIанила Жиндихъе Авараг (св.т.гI.в.) вачине. Хадув гьез МухIаммад (св.т.гI.в.) вачана Зам-замалъул ицухъе, гьениб керенги рагьун гьесул ракI чурана ва гьелда жаниб лъуна тIолабго гIакъиллъи ва лъай. Хадуб гьез гьесда аскIобе Алжаналдаса бачун бачIана куркьби ругеб Буракъ. Авараг (св.т.гI.в.) гьелда рекIараб мехалда гьел рахъана Макка шагьаралъул масжидул ХIарамалдаса Иерусалималъул Мукъаддас абулеб Аллагьасул рокъоре. Буракъ цебесеб хIетIе чIаралъуб нахъиябги лъун бер щолелъулеб хIетIе щоледухъ цIакъ хехго унеб букIана.
Нухда Джабраилица (гI.с.) нилъер Аварагасул (св.гI.в.) лъай-хъвай гьабулеб букIана цересел Аллагьасул Расулал ритIун рукIарал бакIазулгун ва МухIаммадица (с.гI.в.) гьезие рецц — бакъ гьабун, гьезул адаб гьабун гьел бакIазда какал ралел рукIана. Иерусалим шагьаралъул Байтул Мукъаддас мажгиталда гьезда хIурматалда дандчIвай гьабуна цересел Аварагзабаз (гI.-м.с.). Гьез рухьаралъуб Буракъги бухьун мажгиталда кIиго ракагIаталъул как бана. Хадуб киналго аварагзабаз (гI.-м.с.) цадахъ жамагIат гьабун как бана, нилъер МухIаммад Аварагас (св.т.гI.в.) имамлъиги гьабун. Гьелдаса хадуб Джабраилица гьесда цебе ккуна 2 стакан — цояб чагъиралъул, цогидаб рахьдал. МухIаммадица (св.т.гI.в.) тIаса бищана рахь ва Джабраилица абуна: "Дуца тIаса бищана Исламалъул унго-унгояб рацIалъи". — ян.
МигIраж
Гьелдаса хадуб зобалаздаса гъоркье биччан бачIана мали — МигIраж. Гьелдасан рахана зобалазде МухIаммадги (св.т.гI.в.) Джабраилги (гI.с.). ТIоцебесеб зодоре щвараб мехалда Джабраилица кIутIана. Гьенисан гьикъана "Щив?" — ан. "Дун", — вугилан абуна Джабраилица (гI.с.). "Дуда цадахъ РасулуЛлагьищ?". "У" — ян жаваб гьабуна Джабраилица (гI.с.), хадуб гьезие зоб рагьана. Гьебго такрарлъана анкьабго зобалъул гIорхъиялда. Ва щибалъуб хIурматалда МухIаммад аварасда (св.гI.в.) дандчIвай гьабулеб букIана батIи-батIиял Аварагзабаз: тIоцебеселда — Адамица (гI.с.), кIиабилелда — ГIисаца ва Закаряца (гI.-ма с.), лъабабилелда — Юсуфица (гI.с.), ункъабилелда — Идрисица (гI.с.), щуабилелда — Гьаруница (гI.с.), анлъабилелда — Мусаца (гI.с.). Анкьабилеб зодов гьезда Байтул МагIмуралде (КагIбаялда данд битIун зодоб бугеб щибаб къоялъ 70 азарго малаикас тIаваф гьабулеб бакI) мугъги чIван ватана Ибрагьим авараг (гI.с.). Гьелдаса хадуб гьезда батана жиндир тIамхал чIахIияб, жалги пилалъул гIундузда релъараб ва пихъ хъабаялда релълъараб Сидратул Мунтагьа абулеб гъветI. Аллагьасул амруялдалъун гъотIол лъугьана гIажаиблъизарулеб сифат-сурат.
Гьелдаса хадув нилъер Авараг (св.гI.в.) живго цохIо цеве чIана Аллагьасда ва гIенеккана Гьесул тIалабазухъ. Цинги МухIаммадил (св.т.гI.в.) умматалъул гIадамазда щибаб къоялъ 50 как базе тIадаблъун гьабуна Аллагьасул амруялдалъун. Гьеб амругун тIад вуссунев Расулуллагь (св.т.гI.в.) данд чIвана — "Дур умматалъухъа бажаризе гьечIо гьеб тIаде боси тIубазабун, Аллагьасда гьаре каказул къадар гIодобе ккезабе", — ян абурав Муса (гI.с.). Гьединаб къагIидаялъ Авараг (св.т.гI.в.) нахъ вуссунев вукIана Аллагьас щибаб къоялъ разе кколел каказул къадар щугоялде щвезегIан гIодоре ккезаризегIан, амма абуна Жиндирго рахIмуялдалъун Аллагьас гьезул щибаб анцIгоялда бащад гьабунилан. ТАВБУ
Ашгьаду ан лаилагьа иллалагьу — дица нугIлъи гьабула ракI чIчIун, якъинго дида лъан, дица бицуна гьабизе ккун жиндие лагълъи гьабулеб жо гьечIо, Аллагь гурого, жив вати цевегосев, жив нахъе хутIулев, жинца щибниги жоялдехун релъенлъи гьабуларев, жив жиндаго чIарав, щибниги жоялде хIажалъуларев, жив цогояв, жиндехун гIахьаллъи гьабулеб щибго жо гьечIев, щибаб жоялде жиндир хIал кIолев, жиндие щибаб жо бокьулев, ай лъугьунебщинаб лъикIабщинабги квешабщинабги жинца лъугьине биччан толев, гьукъизеги кIолаго, жинда щибаб жо лъалев, жив чIагояв, жинда кинабго жо бихьулев, хIарп гьечIого, гьаракь гьечIого жив кIалъалев.
Ва ашгьаду — жеги дица нугIлъи гьабула ракI чIун якъинго дида лъан дица бицуна.
Анна МухIаммадан — хIакъго МухIаммад — расулулагьи Аллагьасул авараг вуго абун халкъалъе дин малъизе тIехьги кьун витIарав жив витIухъияв, щибго гьереси гьечIев, жив аминияв, щибго хиянатлъи гьечIев, жинда Аллагьас амру гьабурав халкъалъухъе щвезабе абун, бугъараб жо жинца щвезе гьабурав, цониги жо нахъ чIван течIев, пагьму фатIанат жиндие бугев, хъублъи гъабаватлъи жиндилъ гьечIев, Маккаялда вижарав Мадинаялда вукъарав, ГIабдуллагь абурав инсул, Аминат абурай эбелалъул, насаб къурайшиязул, гьумер хъахIав МухIаммад (ссваллагьу тагIала гIалайгьи васалама).
Бусурманаб диналдехун хилиплъи гьабулеб жо Аллагь дир ракIалде ккун батаниги, дир кIалалъ абун батаниги, дир черхалъ гьабун батаниги, гьабулесда тIад рекъон ватаниги дун гьелдаса пашманав вуго БетIергьан.
Дун бусурманаб диналда разияв, дица бусурманаб диналъул ахIкамал къабул гьаруна. Авараг жиндалъун вачIарабщинаб жоялда дица иман лъуна гьеб битIухъеяб, хIакъаб буго абун. Дица гьелда ракIги чIезе гьабуна. Жакъа къоялдаса нахъе щибниги шаргIалда хилипаб жо дица гьабиларо: щибаб хIалалъ кидаго Къуръан хIадисалъ абухъе витIуна, вацIцIадго чIезе дир нийят буго.
Аллагь! Дида тIад бугеб чияр хIакъ батаниги дица дир хIал кIварабгIан хекко тIобитIила БетIергьан.
Цойги дир хутIараб как гIадинаб, кIал гIадинаб паризаяб гIамал батаниги, гьебги дица хекко бецIун тIубазабила Аллагь!
ЖакъалъизегIан дидаса лъугьараб щибниги мун разияб гьечIеб, шаргIалда рекъолареб, дун муртадлъулеб щибаб жоялдасанги дир тавбу буго БетIергьан, кинабго квешлъиги мунагьги тун дуде вуссарав вуго Аллагь!
Дица Дудасан мунагьал чури тIалаб гьабула. Астагъфируллагь тубту илаллагь варажагIту илаллагь — эхебе чвахулеб гIор эхедехун буссаниги дун гьаб тавбоялдаса вуссинаро БетIергьан! Дуца дир тавбу къабул гьабе Аллагь! Гьеб кквезе дуца дие тавфикъги кье БетIергьан! Дирги дир эбел-инсулги, агьлу авладазулги мунагьал чуре! Кинабго лъикIлъи тIагIаталъе Дуца дие тавфикъги кье БетIергьан! Мун разияб хIалалда, Дуца тIад гьабураб куцалда исламалъул арканал тIоритIизеги Дуца дие тавфикъ кье Аллагь!
Киналго хIарамал мункаратал жалги тун лъикIаб-щинаб гIамал гьабизеги Дуца тавфикъ кье БетIергьан! КIиябго рукъалъул маслахIатаб лъикIабщинаб жоги Дуца нижее рикъзилъун гьабе Аллагь!
Мунги Дур хIабибги разияб хIалалда хIалтIизеги Дуца нижее хIал кье Аллагь! ЩайтIан къинабизе къуватги кье Аллагь!
Дуца нижер гьабурабги гьабаун мансурлъун гьабичIого къабул гьабун те Аллагь! Ахир хвелги дуца иман бугеб кье БетIергьан! СагIадат шагьадатги насиб гьабун хIуснул хатиматги рикъзилъун гьабе Аллагь! Хунтун хобги гIатIидаб нуралъул цIураб наралдаса гIинцIцIаб кье БетIергьан! Рахъунеб къоялдаги лъикIаб къукъадулъ рахъинеги гьаре Аллагь! МахIшаралъул хIисабги Дуца нижее бигьа гьабе БетIергьан! Къиямасеб къоялъул агьвалаздасаги дуца ниж цIуне Аллагь! Амин! Амин! Амин!
Рабана атина фи ддунья хIасанатан ва филь ахирати хIасанатан вакъина гIазабаннари. АлхIамдулиллагьи раббил гIаламина аллагьума ссвалигIала МухIаммадин ва гIала али МухIаммадин васаллим.
Амина бирахIматика я архIамаррахIимина валхIамдулиллагьи ррабил гIаламина, субхIана ррабика ррабил гIиззати гIамма ясифуна ва саламунгIалал мурсалина валхIамдулиллагьи ррабил гIаламина.