Мавлид

 ГIинцIгоги хьвадулаан хьиталги ретIунаан,
Хьиталги хIайваналъул тIом кIвекIун гьарулаан,
Чода вараниялда хIамидаги рекIана,
Сайгъаталъе бачIараб гIурцIмадаги рекIана.
ГIанбаргун кафуралъул махI берцинал хурдузул,
Гьуин махIал гьаризе гьесие бокьулаан.
Кьижилалде беразда сурмаги бахунаан,
Михъ мегеж къунцIулаан, гьаркьица гьел халаан,
Илагьиял тIибиял дараби гьарулаан,
Гьаризе цойгиязе малъи- хъвай гьабулаан.
Гьумералъухъ балагьун ццим бахъин бичIчIулаан,
ХIакъаб жоялъе гуреб ццимги бахъунароан.
Ишараги цадахъго квералъго гьабулаан
Килищ битIун кидаго салхун кIалъалароан.
Цо жоялъул ургъел ккун гьиматалда вугони,
Гьайбатаб мегежалда квер гIемераб хъвалаан.
Мажлис разилъиялъе махсара гьабулаан,
Гьереси гьоркьоб гьечIеб, хIакъаб хабарги бицун.
Къавмалъул хириял чи гьес кIодо гьарулаан,
ШагIирзабазул шигIруялъухъ гIенеккулаан.
ЛъикIлъи квешлъи гьабулел гIадамал цIехолаан,
Квешлъиялда хьвадулел лъикIлъиялде цIалаан.
Мажлисалда чIолелъул гьениса вахъунелъул,
Аллагь рехсон рецц гьабун каффарат гьабулаан.
Мажлисалда хассаб бакI гьес киданиги кквечIо,
Гьединаб бакI ккогеян нагьюги гьабулаан.
Бох эхеб битIун рехун гIодов вукIунароан,
Накалда тIад бохги лъун чIухIи гьабулароан.
Жиндир асхIабзабазда гьес лъазабун букIана,
Жив вачIунеб мехалда тIаде рахъунгейилан.
ГIодор чIараб бакIалде тIаде щвараб мехалда,
Гьенив бищун рагIалда хехго гIодов чIолаан.
Мажлис тун рокъов ине гьев тIаде вахъарабго,
ТIаде рахъун киназго гьев кIодо гьавулаан.
Жив бищун хирияван щивасда кколеб хIалалъ,
Мажлисалда ругезде бащадаб кIвар кьолаан.
Пакъирасда аскIов гIодов чIун гьесул ракI батулаан,
Мискинзабигун цадахъ кванде гIахьаллъулаан.
ТIокIаб жо щвечIонани ретIунеб ретIел лъунги,
Рокъове вачIарасда вахъун гъоркь жо лъолаан.
ХIатта кафураздецин унтаразде щолаан,
Жаназа бихьулаан зигара гьабулаан.
Жиндий ахIи барасе хехго жаваб кьолаан,
Жиндие къваригIел ккани хехго гьеб тIубалаан.
Чиясул босараб квер цебе биччалароан,
Цин гьев гIодов чIечIого гIодовги чIолароан.
КIиго чара гьечIеб иш тIаде бачIун бугони,
Мунагь кколеб гьечIони бигьаяб босулаан.
Хьит- партал букъулаан, чахъу гьес бечIчIулаан,
Хъизамалъе хIал кIвараб кумак гьес гьабулаан.
Гьабураб гьабичIеб жо бадиб чIван кIалал гьикъун,
Жиндий хъулухъ гьабулев саникь гьавулароан.
Гукъи гьарун вачIарав кьечIого витIуларев,
Гьеб гьечIони вохулеб рагIигIаги бицунев.
Гьесул вичча- вихъайги гIадатияб гIамалги,
ГIаммаб рахIматлъун Бичас халкъалъе кьун букIана.
Лъималазда гурхIулев гьезда цIакъ тIадчIей бугев.
Иманлъун вукIана гьев тIолго муъминзабазе,
Гьесие гьел сундулъго ращадалги рукIана.
ЦохIо тIокIлъи букIана такъва цIикIкIун бугесе,
Гьев вугеб мажлисалда гIелму хIаяъ цIунараб.
Божилъи адабалъул данделъи букIунаан,
Гьаракь борхи хочI- хабар лагъвияб калам гьечIеб.
Кири щолеб гурони щибго жо бицунареб,
ТIад хIинчIчI чIун бугеб гIадин бутIрулги гIодор тIамун,
Гьев кIалъалев мехалда киналго руцIцIун чIолеб.
Гьесда аскIоб дагIбадул хабар букIунароан,
Гьев лъугIидал гурони гIадан кIалъалароан.
ТIаса рищаралщинал гIамалалгун ахлакъал,
Халикъас гьесул чорхолъ данде гьарун рукIана.
Адаб, хIилму, сабру, лъай, гIелму, гIакълу, магIрифат,
ГIодосанго РахIманас гьесие кьун букIана.
Исрафилгун Микаил гьесул гьудул Жабраил,
Жинал, гIадамаздасан гьев цIунун хьвадулаан.

Добавить комментарий

Ваш адрес email не будет опубликован. Обязательные поля помечены *