Суал — жаваб

Суалазе жаваб кьолеб буго Кьохъа СултIанмухIамадида цеве гIелму цIаларав ГIободаса МухIаммад-хIажияс.

Суал: Чанго чияс гьикъулеб буго аттахIиятуялда хадуб цIалулеб ссалат кинаб къагIидаялъ жинда ссалат салам лъеяв Аварагасде битIизе кколеб, гьелъул ахиралда ва саллим абизе бегьулищ?
Жаваб: ТIоцебесеб аттахIиятуялда Аллагьумма салли гIала МухIаммад, ахирисеб жинда хадуб салам кьолеб аттахIиятуялда Аллагьумма салли гIала МухIаммади(н) ва гIала али МухIаммад абурал рагIабазда чIела.

Суал: ТIаде васаллим жубани яги тIаде камассалайта цIалулеб бугони батIалъи букIунищ?
Жаваб: Камассалайта тIаде цIализе яги сайидина МухIаммадан абизе хирияблъун бихьизе гьабун буго. Амма ва саллим тIаде цIикIкIинабизе бегьуларилан абулеб буго, хIатта гьелъ какцин хвезе гьабулин абулел гIалимзабиги руго.

Суал: АлхIам цIалун лъугIарабго амин абунищ тезе лъикIаб бугеб, яги тIаде Раббиль гIаламин жубазейищ хирияб бугеб?
Жаваб: АлхIам цIалун лъугIарабго какилъ ругониги гьечIониги амин абизе суннатаб буго, тIаде жубан амин раббиль гIаламин абизе жеги хирияб буго.

Суал: Къуръан гIажамиял (гIурус, магIарул ва цоги гIараб тун батIиял) мацIазда цIализе бегьулищ? Гьедин цIалараб Къуръаналъул кири букIунищ?
Жаваб: Къуръан буго Аллагьас гIараб мацIалда рещтIараб калам. Гьеб мацIалда гьечIеб гьеб Къуръанлъунги букIунаро, гьединал мацIазда бугеб гьеб цIализеги бегьуларо, хъвазеги бегьуларо, ай хIарамаблъунцин бихьизе гьабун буго гIалимзабаз. Гьединаб цIалиялъул кириги букIинищха. 

Добавить комментарий

Ваш адрес email не будет опубликован. Обязательные поля помечены *