Аварагасул дарсал

 93. Рес букIаго налъукье ккезе чIезеги бецараб гьечIо. Салат салам лъеяв аварагас гьарулаан налъиялдасан цIунагиян абун.
94. Налъи босарав чиясул нийят букIине ккола рес ккарабго гьеб бецIилалан . Рес кун хадуса налъи кьечIого тей ай гьеб кватIизабигицин зулму бугилан абулеб кьучIаб хIадис буго.
95. Налъухъе яги асирлъиялде, яги ургъел-къварилъиялде ккарав чияс гьабугIа цIалечян абураб хIадис буго: "Аллагьумма-кфиней бихIаламика гIан хIарамика ва гънини бифазлика гIаммаг сивака" — абураб.
96. Дунялалъул боцIуе чIола гьересияб гьедиги кинго гьабизеги бегьуларо, гьединав чиясда тIадегIанав Аллагь къиямасеб къоялъ ццим бахъиялдалъун данд чIвалилан абураб кьучIаб хIадис буго.
97. Риба кьеялдасаги босиялдасаги тIубанго инкар гьабизе ккела, гьезие салат салам лъеяв аварагас нагIана кьунилан кьучIчIаб хIадис буго. Рибаялъул мунагьалъул бищун хIал кIоларо.
98. Чияр ракь хIалица зулмуялдалъун кквезеги бегьуларо. Ракьабалъул къадар гIанасеб чиря ракь хIалица ккурав чиясул габурада анкьабилеб гъоркьияб ракьалде щвезегIан гьес ккураб ракь жемизабулилан абураб кьучIаб хIадис буго. ГIадамазе машинабазе нухал къварид гьарун рукъзал ралел чагIазеги буго гьединабго хIакъ.
99. Мухьги курав хIалтIухъанас хIалтIи гьабун хадуса, камизабичIого гьесие кколеб мухьги кьезе ккола. ХIадисалда буго мухьдахъ ккурав чиясе мухь гIетI бакъвалелдего кьеян абун цоги кьучIаб хIадисалдаго буго. Аллагьас абулеб бугилан мухьдахъ курав чиясе кколеб хIакъ квечIев чиясде данде дун дагIбадизе вуго дун дагIбадарав чи дица гьалакги гьавизе вугилан.
 

Добавить комментарий

Ваш адрес email не будет опубликован. Обязательные поля помечены *