Ражаб моцIалда абула тавбу гьабиялъул заманилан. ШагIбаналда — цоцазухъе щвеялъул ва рокьи загьир гьабиялъул заманилан, Рамазан ккола гIагарлъиялъул ва баракаталъул цIураб моцI.
Зуннун Мисри абулев валияс абуна: "Ражаб — рекьи, ШагIбан — лъалъай, Рамазан — хIалухъин бакIари кколилан. Баянаб букIахъе Ражабалъе хасиятаб буго тIаса лъугьин ва рахIму, ШагIбаналъе — рацIад гьари ва ракI парахалъи, Рамазан ккола гIемер баракаталъулаб".
Гьел канлъулал моцIаз рехсараб рахIму-баракат щвеялъе тIоцебе нилъеда нилъерго гIунгутIаби рихьизе ккола, хIажалъи ккани, дин гьабиялъулъ ругел гъалатIалги лъугIизаризе ккола. Гьелъие хIажалъула цин цебе нилъер диналъул кьучIал, бусурманчиясда тIадал ишал, исламалъул гIадатал лъазаризе. Гьезда хурхараб лъай щвезе хIаракатги бахъун, гьелдаса пайда босизе ккола гIумруялъул нухда.
Тавбу гьабизе ккола бацIадаб ракIгун, тIубазабичIого хутIараб ТIадегIанасда цебе бугеб налъи, ай рачIого хутIарал какал, кквечIого хутIарал кIалал, жиндир заманалда кьечIого тараб закагIат — садакъа, рес кканагIан хехго бецIцIизе ккола.
Гьел моцIазул хIурмат гьабиялъул, гьел кIодо гьариялъул магIналъун ккола мунагьал гьариялдаса цIунун чIей ва ккарал мунагьаздаса ракI унтун тавбу гьаби, гьеб гьабиялъул къагIидаги лъазабун, кьуричIого гьебги цIунун. Гьелъулъ ракI унтун хIаракат бахъарав чиясе кири гIемер хъвала дунялалъул рокъобги ахираталдаги. Биччан те Аллагьас щивав бусурманчиясе къуватги яхIги кьезе Къуръаналъги Суннаталъги бихьизабураб нухдасан ине. Амин.