Кумек гьабе диналъул вацазе Аллагьасул нухалд

Щибаб рецц ТIадегIанав Аллагьасе буго, Жинца кинабго махлукъаталдаса хира гьавун вижарав, тIолго гIаламалъего рахIматлъун, нилъеда кIиябго дунялалда батулеб хIакъаб талихIалде — хвасарлъиялде нух малъизе жинда ссалат салам лъеяв МухIаммад Авараг нилъехъе витIарав ва гьединго Жиндир хирияб Къуранги рещтIун гьелда жаниб нилъее бигьалъи кьурав. ТIадегIанав Аллагьас даимаб салат салам лъеги нилъер Аварагасда, гьесул хъизан-агьлуялда ва киналго асхIабзабада.

Цинги дица нугIлъи гьабулеб буго ракI — ракIалъ гьечIин батIаяв жиндие лагълъи гьабизе тIадав магIбуд гIицIго цохIо Аллагь гурони ва Гьесул хакъав авараг ва Расул жинда ссалат салам лъеяв МухIаммад вукIиналъе.
ГIадамал, нуж хIинкъа Аллагьасдаса, цIиккинабе гьара-рахьи, гьабулеб садакъа, цIуне нужго къабихIаб-чорокалдаса, гIададисеб кIалъаялдаса. Роххел буго жиндир гIамал бацIад гьабурасе, гьелдалъун Аллагьасул рахъалъ кIудияб даража ва баракат щварасе. Балагь буго, жидер гIамалал гIадахъ ккаразе, жидер хьулал гъанкъаразе ва ХIисаб-суалалъул къоялъ пашманлъиялда рукIинезе.
 Аллагьас Къураналда абулеб буго гьадинаб магIнаялда: "ХIакълъунго муъминзабаца гьекъолеб буго камфаралда тIад гьабураб (хассаб гьекъолеб жо) гъуялдаса, жинда жаниса гIицIго Аллагьасул лагъзадерица гьекъолеб ва жибги кидаго къинчIого чвахулеб. Гьел гьабураб къотIиялъе ритIухъал ва балагьазул цIураб Къоялдаса хIинкъарал руго. Гьез квен кьолеб буго мискиназе, бесдалазе ва асирлъуде ккаразе, жалго гьелде хIажатал ругониги. "Жидеца гьаб квен бикьолеб буго гIицIго Аллагь нужедаса разилъизе ва Нижее хIажат гьечIо нужер мухьги баркалаги". (Сура аль-Инсан 4-9)
Хириял вацал ва яцал! Исламалъул жамгIият — гьеб Аварагас (с.т.гI.в.) абухъе, цо хъизан ккола, гьеб релъуна инсанасул къаркъалаялда. Бусурбаби гьенир релъуна щибаб лагаялда — цо лагаялъе къварилъи бугони, тIубарабго черх унтула.
Цебе бачараб мисалалъ лъикI бихьизабула исламияб жамагIаталъул ахIвал-хIал. Цо бусурманчиясе къварилъи ккани, кинабго жамагIаталъе санагIатбахъи букIуна, рахIат хола тIубараб черхалъулго. Гьединлъидал киналго бусурбаби — Аллагьасул рахъалъ вацал ккола. Гьезул гьоркьорлъаби рукIуна исламиял, тIадегIанал ияхI-намусалъул кьучIалда гIуцIарал.
Исламалъ жиндирго кьучIалда бихьизабун буго цоцазе кумек гьаби бусурбабазул тIадаб борчлъун. Аллагьас тIадаблъун гьабун буго мискинзабазул, къоролзабазул, бесдалазул къварилъаби рихьизе, рагIизе ва гьезие кумек гьабизе. Бусурманчи къварилъиялде ккарав мехалъ гьесухъе гIедегIула гьесул вацал ва яцал ва гьезул кумекалдалъун гьесда гIадамазда гьоркьоб жиндирго бакI батула, бихьула гIадамазул жиндехун бугеб бербалагьи, тIалаб ва гьев вохула гьез жив рехун течIолъиялдаса ва гьел кидаго жинда аскIор рукIиналдаса. Гьедин Исламалъул кумекалдалъун щулалъула вацлъи бусурбабазда гьоркьоб ва щулалъула жибго исламияб жамгIият.
Гьелдаго цадахъ, гьединаб щулияб бухьеналъ цIунула жамгIият ракъарал, сверухъ ругезул гурхIел-рахIму бихьичIел, цогидал гIадамазул гъалмагъиралдаса, балагьаздаса, хIуригатаздаса. ГIемерисебги мискинлъиялъ тIамула гIадан такъсирлъиялъул нухалде, хъамаллъиялде. Гьединал хIужабаз рагIад рехичIого хутIуларо жамгIияб гIумруялде.
Гьединлъидал хIакъаб Исламалъ бицунеб буго чияе кумек гьабиялъул, мискинлъиялда вугев диналъул вацазе квербакъиялъул хиралъиялъул, Аллагьас ахIулел руго нилъ мискинчи-гъаримасе кумек гьабизе.
Аль-Бухарица бачунеб буго Ибн ГIумарица бицараб Аллагьасул Расуласул (с.т.гI.в.) хIадис: "Бусурманчи бусурманчиясе вац ккола, гьес гьев хIакъир гьавуларо яги рехун толаро. КъварагIараб мехалъ вацасе кумек гьабурасе Аллагьасги кумек гьабула, гьев къварилъиялде ккараб мехалъ рехун толаро. Бусурманчи балагьалдаса хвасар гьавурав чи Аллагьас Къиямасеб къоялъ цо гIазабалдаса эркен гьавизе вуго. Бусурманчи вахчарав, Аллагьас Къиямасеб къоялъул гIазабалдаса вахчила".
Муслимица гьединабго хIадисалде тIаде жубалеб буго: "… ЗахIматаб къварилъиялда вугесе кумек гьабурав чиясе Аллагьас гьаб дунялги доб дунялги бигьа гьабила".
Къоролзабазеги, мискинзабазеги кумек гьаби Аллагьас бащад гьабун буго бищун лъикIал ишазда ва гIибадаталда. Аль-Бухариясги Муслимицаги бачунеб буго мисалалъе Абу-Гьурайратидасан бачIараб хIадис: "Къоролзабазулги мискинзабазулги тIалабалда вугев релъуна Аллагьасул нухда вугев муджагьидасда".
Абу Гьурайраца тIадеги жубана: "Дида ккола, гьес жеги абунин: "Релъуна свак лъачIого сордоялъ какал рарав чиясда ва кIал ккун, гьеб биччазего ракIалда гьечIев чиясда".
Къадруяб ШаригIаталъ тIад гьабун буго нилъеда нилъехъе кумек гьарун рачIунарел гIадамазулгицин тIалаб гьабизе.Гьединго ГIайшатица (жиндаса Аллагь разилъаяй) бицун буго, цо нухалъ Расулуллагьас (с.т.гI.в.) хъунилан чахъу. Заманалдаса гьес (с.т.гI.в.) гьикъанин дида, кигIан гьан нахъе хутIарабилан. Дица абунила гьесда: "Цояб ратIа хутIанилан". Гьелъие Аварагас (с.т.гI.в.) жаваб гьабунила: "Гьеб ратIа хутIизегIан, кинабго нилъее хутIана", — абун.
Вацал — бусурбаби, нужеца кьураб садакъаялъ гIемер баракат щола нужее, гьезда гьоркьобе уна буголъи цIуниги, унтарал сахлъиги. Аль-Хатибица ва Ат- Табараница мисалалъе бачунеб буго Ибн Масудица бицараб хIадис: "Аллагьасул Расулас (с.т.гI.в.) абунила: "Нужерго бечелъи цIуне, закагIатги кьун, унтарал сах гьаре садакъаги бикьун, балагьал нахъ чIвазаре Аллагьасде гьардон".
Гьелда тIасан гьадинаб бицен буго. Цо гIалимасухъе вачIуна гIолохъанчи ва бицуна жиндир яц захIматго унтун йикIин, ва тохтурзабазда гьелъие кумек гьабизе кIвечIолъиялъул. ГIолохъанчияс гьикъула яцалъе кумек гьабулеб дару бугищан. ГIалимас жаваб кьола: "ТIадегIанав Аллагьас бихьизабун буго гIумруялъул къоял, амма хIадисалда абулеб буго Аллагьасда лъикI бихьани, садакъаялъ кумек гьабулиланги. Нужеца яцалъе дару гьабулаго хвезабунщинаб гIарцуда бащадаб садакъа бикье". ГIолохъанчияс абунила: "Дида лъаларо лъие гьеб садакъа кьезе кколебали, дуца кьолебани гьаб гIарац мустахIикъав чиясе". ГIалимас кьунила гьеб гIарац мискинав муъминасе, гьев васасе ва гьесул яцалъе дугIа гьабеянги абун. КватIичIого гьев гIолилав вачIуна гIалимасухъе, гьесие баркала кьезе яц сахлъанилан хабарги босун".
Хириял вацал! Цо-цо мехалъ рес къотIарасе кьураб садакъаялъул кири цIикIкIун букIуна Аллагьасда цебе ХIеж борхи ва ГIумра гьабиялдаса. Ибн Касирица абун буго: "Цо нухалъ ГIабдуллагь ибн Мубарак ХIеж борхизейилан къватIиве вахъанила. Цо шагьаралда аскIосан унаго нухда квание хIалтIизабизе цадахъ босараб гIанкIу хун батанила. Гьес абунила ришни балеб бакIалде нахъе рехейилан. Цадахъ рукIарал нухлулалги дагьал церегIан ун, гьав дагьав нахъа хутIун вукIанила. Гьесда йихьанила рикIкIад гьечIеб минаялъусаги ячIун, рошногохIтIаса гьаз нахъе рехараб хвараб гIанкIуги босун, хех нахъе къокъуней гьитIинай яс. ГIабдуллагь ибн Мубарак вилълъуна гьезул рукъалда аскIовегIан ва цIехола ясалда, щай гьелъ хвараб гIанкIу рокъобе босарабилан. Нечон гIодоеги къулун гьелъ абула: "Гьаний дунги, дир эбелги гIумру гьарун руго. Нижер рокъоб тIад базе цо шаршав гуреб батIияб жо гьечIо, кваназе жоялъеги гIамал нижеца ришнигохIтIе рехараб жоялдасан гьабула. Нижер эменги вукIана, гьев хвана. Нижер квен гьабизе щибго гьечIо". Гьеб рагIидал Ибн Мубарак гIоданила. Гьес буюрухъ кьунила тIад буссинабейилан ХIежалде унеб букIараб къайиги, цадахъ босараб квенгийилан. Жиндирго кумакчиясда гьас цIеханила: "КигIан гIарац духъ бугеб?" "Нусго динар (4 кг хадубги меседил)", — илан абунила гьес. Ибн Мубаракица абунила нахъе нухде харж гьабизе 20 динарги тейин кодоб, хутIараб ясалъеги эбелалъеги кьейилан. Хадубги тIаде жубанила: "Аллагьасул цIарги бахъун гьедулев вугин, ясалъул къварилъиялъ жив гурхIизавунилан. Гьеб лъикI бугин Аллагьасда цебе, нилъеца борхараб ХIежалдаса, ХIежалде нилъ тIадеялъул рилъинаян абун. Гьедин гьел тIад руссанила ХIежги борхичIого".
Цо чи вачIанила Имам Зунун аль-Мисри — цIакъ кIудияв валиясухъе ва абунила: "Дир буго нусго дирхам, ХIеждай дица борхила яги садакъадай гьабила?" Зунуница гьикъанила: "Дуца тIубанищ дуда тIадаб ХIеж?". Гьес жаваб кьунила: "ТIубана", — абун. "Гьедин батани дуца бикье гьеб анцIго мискинаб хъизаналда гьоркьоб, щибаб хъизаналъе анцI-анцI дирхам щоледухъ, гьеб лъикIаб буго дуй цойги нухалъ ХIежалде иналдаса", — ян малъанила Имамас.
Цересел гIасрабазул тарихалда нилъер Умматалъул гIемер рукIана жидер буголъи садакъадае бикьарал, Аллагьасул кири щвезе бокьун, Аллагьасул рагIабазе жаваб гьабулаго: "Нужер муъминзаби рахъунаро, нужеего хирияб чидае бикьичIони".
Бицен буго Абу Бакарил (жиндаса Аллагь разилъаяв) нухмалъиялда гъоркь ругеб мехалъ цIакъ бухIараб ракъдаллъи букIанилан. Бусурбаби цIакъ кIудияб захIмалъиялда рукIанила, гьединлъидал анила гIарзгун халифасухъе. Абу Бакарица абунила: "ХIехьей, Аллагь гурхIизе бегьула нужеда". Гьеб сордоялъ лъанила Шамалдаса ГIусманил (жиндаса Аллагь разилъаяв) ролъгун, нахгун ва кишмишгун къапила тIаде щун букIин. Рогьел рехулаго, гьеб ГIусманил кавудал кIалтIе щолеб букIанила. Рокъове щун вахъиналде рачIанила къайи босизе базаргабиги. Гьес гьезда гьикъанила: "КигIан гIарац кьелеб нужеца дие?". "Цоялъухъ кIиго дирхам кьела", — ян абунила базаргабаз. "Дие гьелъухъ жеги цIикIкIун кьолеб букIана", — ян абунила ГIусманица. Хадуб гьез абунила ункъо дирхам кьелилан, гьелдаги гьев разилъичIила. Гьеб мехалъ гьезул рази гьечIел гьаркьал кIанцIанила: "ВахI, Абу ГIамр, ниж гурони, щал ругел шагьаралда дур къайи босизесел чагIи? Лъицаха дуе жеги цIикIкIун кьолеб букIараб?", — ян. "Аллагьас кьолеб буго дие щибаб дирхамалъухъ анцIго, кIолищ нужеда гьедигIан кьезе?". Гьез кIоларилан абунила. "Аллагь нугI вуго дир рагIабазе! Дица кинабго къайи садакъадае бикьизе буго", — ян абунила ГIусманица.
Вацал ва яцал, кIочонге, садакъа бикьизе хварал эбел-инсуе гIологи. Гьедин гьабуни, гьезиеги нужееги бащадаб кири букIуна нужеца гьабураб садакъаялъул. Ибн Асакирица бачунеб буго ГIабдуллагь ибн ГIумаридаса рагIараб, гьесдаги Аллагьасул Расуласдасан (с.т.гI.в.) рагIараб: "Щай нилъеца кьелареб садакъа Аллагьасе гIоло эбел-инсул рахъалдасан. Гьел бусурбаби рукIарал ратани, нужееги гьезиеги бащадаб кири щола гьелъул".
Аллагьасе гIоло садакъа бикье, бусурбаби. Щиб нужеца кьуниги, гьеб нужеда батила Аллагьасда аскIоб. Тавбу гьабе ТIадегIанасда цебе, тIаса лъугьуневги Гьев, гурхIел цIикIкIаравги Гьев.
 

Добавить комментарий

Ваш адрес email не будет опубликован. Обязательные поля помечены *