Гьекъел балагьалъул ицц

Ахираб заманалда Ислам т1ибит1изабиялъе рес щвараб мехалда, гьелъул тушманзабаз гьеб гъанкъизабиялъе киналго кавабахъан Дагъистаналде биччана батIи-батIияб тайпаялъул хъублъи. Телевидениялъ щибаб къоялъ нилъ агълъизарулел руго хъубал передачабаздалъун. Гьез г1иц1го рух1ияб хъварцинлъиялде рахъин гуребги ругьун гьарулел руго ч1вадарухъанлъиялъе, хъах1балъиялъе, квешлъиялъе. Киса-кибго нилъеда бихьула гьекъолеб жо бичулеб, гьеб машгьур гьабулеб, раг1ула ц1и-ц1иял спирталъулгун г1аракъидул заводал рагьи. Т1адагьабги, бак1абги промышленность ч1ун буго, гьекъолел жалазул тайпабиги къадарги ц1ик1к1унеб буго. Къват1иса х1укуматазул т1олабго спирт Россиялде баччулеб бугеб г1адаб асар лъугьунеб буго, гьеб бач1унеб буго Дагъистаналдеги.

Киса-кибего, г1иц1го Россиялъул шагьаразда гуребги нилъер гьанибги раг1изе бегьула, гьайгьай, рух1 хвасарлъизе хабар бицунел гурел хъах1баханабиги, клубалги рагьиялъул х1акъалъулъ. Г1адамал лъугьонел руго г1арцул лагъзаллъун. Гьелъие г1оло гьел х1адурал руго чи ч1вазе, хъамал гьаризе, гуккизе. Пачалихъиял законал рилълъанхъулел гьеч1о ва гьездаса х1инкъулел гьеч1о.
Х1асил гьабун абуни Исламалъул цо кавабиги рагьун, пасикъзабаз гьелъул киналго тушбабазе анкьалго каваби рич1ана. Ва бищун пашман гьарулеб жо, жалго бусурбабилъун риккунел г1емерал нилъер вацал, гьезда хадур унел руго.
Хириял вацал, нужеда ракьул ниг1маталин кколел жал гьеб нуж гуккулеб ч1обогояб хиял буго. Нужеца нужго дунялалдаги ахираталдаги мах1рум гьарулел руго Аллагьасул рах1маталдаса. Бусурбанчи вук1ине ккола жиндирго ишазул ккезе бугеб х1асил бихьулев ц1одорав чилъун, гьесда лъазе ккола сундул жиндие лъик1лъи ва сундул квешлъи бугебали, ва кинабго борцунеб роценлъун бук1ине ккола Шариг1атги, гьелъул т1алабал — роценалги. Инсанасда даимго рак1алда бук1ине ккола хвелги, ахиратги, Аллагьасе жаваб кьолеб къоги. Бусурбанчиясда бич1ч1изе ккола халатаб гуреб г1умру жиндие цебесеб х1албихьиялъе кьун бук1ин. Ва гьеб къокъабго заманалда тушбабаз гуккизе ч1езе бегьуларо.
Бицен буго Дагъистаналда бугеб ах1вал-х1ал лъазе вит1арав цо жугьут1ав, Дагъистаналъул диналда божулел г1адамазул рохел-талих1ги бихьун, ц1акъ пашманго нахъ вуссун вугилан. Гьезул бет1ерас абунила — гьезул дин хвезабизе к1веч1они, нилъеца гьенир ц1олбол ахал ц1ик1к1инарила, щайин абуни ц1ик1к1ун щвараб ц1олбол чагъир гьабизе щив вугониги хадув г1унт1ила ва гьеб чогъроца элги хвезарилаян. Чагъиралъул зарал г1иц1го гьекъолесе гуребги гьесул киналго г1агаразеги бугелъулха.
Шариг1аталъ, гьекъолдухъан г1иц1го каки гуребги, гьесда х1ад кьабиги т1алаб гьабула.
Къуръаналда гьекъолеб жо какун буго ва гьеб щайт1аналдаса бугин, талих1азда гьоркьор рук1инелъун, гьелдаса рик1к1алъайилан, — абун буго. "Гьекъолеб жоялъул кумекалдалъун щайт1аналъ х1аракат бахъула нужеда как ва Аллагь к1очон тезавизе, нужеда гьоркьор тушманлъи ва ццин багъаризабизе". Гьеб магIнаялъул аяталда Аллагьас нилъ гьекъолеб жоялдаса рик1к1алъизе ах1улел руго, гьелъул заралги баян гьабулеб буго ва хадуб г1акъилазда гьикъулеб буго: "Х1атта, гьанжегийищ нуж кант1ич1елилан?"
Гьеб аят раг1араб мехалда, нилъер Аварагасул (с.т.г1.в.) асх1абзаби, — "Я нижер, Бет1ергьан, х1акълъунго ниж кант1ана", — ян гьаракьги гьабун к1анц1ун т1аде рахъана. Рокъореги рекерун, т1олабго гьекъолеб жо къват1иб т1уна, х1атта гъура-чункун рана гьеб жаниб ц1унарал габал, парччаби. Нилъер Аварагас (с.т.г1.в.) гьекъолеб жоялда квешлъиялъул к1улилан абуна. Х1атта гьекъолев чиясда х1инкъи буго мехтараб мехалъ Исламалдаса ват1алъиялъул, божулев чиясе гьелдаса квешаб тамих1ги балагьги гьеч1о. Аварагасул (с.т.г1.в.) х1адис буго: "Алжаналъуре унарел лъабго тайпаязул цоял ккола даим гьекъолдулел г1адамал". Нилъер Аварагас (с.т.г1.в.) абуна: "Аллагьас гьекъолдухъаби т1амула Гъут1ат абулеб г1оралъул лъим гьекъезе". Гьеб щиб г1орилан гьесда ц1ехараб мехалъ, гьес жаваб кьуна: "Хъах1баял руччабаздаса чвахулеб рец1алъул г1ор, гьелъул татубахъи бук1уна жужах1алъул агьлуялъегицин".
Жа гьекъолев чи ващад гьавула хъанчазе лагълъи гьабулев чиясда. Аварагас (с.т.г1.в.) абуна: "Даимго гьекъолеб жо гьекъолев чи хун хадув Т1адег1анав Аллагьасда цеве ч1ола хъанчие лагълъи гьабулев чи х1исабалда" (имам Ах1мадидасан). Цоги Т1абаранияс бицараб х1адисалда абулеб буго, — гьекъолдухъанасда Алжаналъул мах1цин ч1валарилан. Муслимица бицараб цогидаб х1адисалдаса абун буго: "Гьекъолдухъаби жужах1алда г1азаб кьолезул, г1ет1, хъублъи гьекъезе т1амулилан".
Х1асил гьабун абуни, гьекъолеб жо ккола балагьалъул иццлъун, гьелъ бижизабула тушманлъи, к1очон тезавула Аллагь, заг1иплъизабула сахлъи, г1агарлъизабула херлъи, биххизабула хъизан-рукъ. Гьекъолдулев чи унго-унгояб балагьлъун вук1уна цадахъ х1алт1улезе, сверухъ ругезе, хъизамалъе ва х1атта жиндирго лъималазе мукъсанлъи гьабун, ахирисеб шагьи-кепек гьекъолеб жоялъухъ кьезе гьев х1адурав вук1уна. Гьев ккола, даимаб г1азаб, г1акъубаялъулъе живгоги ккезавун, т1олабго г1умруялъулъ Аллагьасул рах1муялдаса живго жинцаго мах1румлъизавулев чи.
Къанаг1ат ва дагьго гьекъолел чаг1аз пикру гьабизе бегьула жидеда гьеб хъат1уларилан. Гьекъолеб жо гьекъарав чияс к1икъого къоялъ рарал какал къабул гьаруларо, гьекъохъе гьев хванани, гьедин вук1ина хабалъги ва къиямасеб къоялъги т1аде вахъина гьебго х1алалда. Мехтун цо как тарав чи релълъинавизе бегьула т1олабго дунялалъул бечелъиги кодоб бук1ун, циндаго гьеб т1аг1арав чиясда.
Т1адехун бицен гьабураб гьекъолдиялъул мунагь, г1иц1го гьекъарасда гуребги, гьекъолеб жо бичулесдаги, гьеб гьекъезе кьолесдаги, х1адур гьабулесдаги, кинаб къаг1идаялъ бугониги гьеб т1ибит1изабиялъе квербакъулездаги хъинт1ула. Х1адисалда абулеб буго: "Башдаб раг1иялдалъунцин квешлъиялъе квербакъарав чи, гьев квешлъиялъул г1ахьалчи ккола". Абу Давудица ва ибну Мажагьица бицараб х1адисалда абулеб буго: "Аллагьас наг1ана кьуна гьекъолеб жоялъеги, гьеб гьекъолезеги, гьекъезе кьуразеги, гьеб бичун босаразеги, бичаразеги, босун бач1аразеги". Цогидаб х1адисалда т1аде жубан буго: "Гьекъолеб жо бичун щвараб г1арцудаса пайда босаразеги" — ян.
Гьекъолеб жоялъул х1исабалдасан г1умруялъе шагьи-кепек балагьулел бусурбаби ургъизе ккола гьел х1адисазда т1ад, гьанир рехсана гьезул гьит1инабго къадар.  Гьезул аслиял тушбаби жалголъидалха кколел, жидерго хъизамалъе, лъималазе ва гьекъолеб жо бичун босулезе, гьездаса бач1унеб бугелъул х1арамлъи. Гьеб гьекъеялдалъун гьез жалгоги, жидер г1агаралги, бичун жидехъе кьолелги мах1рум гьарулел ругелъулха Аллагьасул рах1маталдаса.
Ракъуца холел ругониги шариг1аталъ ихтияр кьоларо гьекъолеб жо бича-хисизе, жакъайин абуни бет1ер бахъиялъе цогидаб нухалдалъун давла-сурсат балагьизе рес бугониги, ц1ик1к1араб бечелъи щвезелъун гьеб иш гьабулел чаг1и, г1емер руго. Аллагьас цо къоялъ ц1акъ рек1екълъизе т1амилаха гьел. Жакъа щивав бусурманав чиясда т1адаб ишлъун ккола киналго г1ага-божаразда гьекъолеб жоялъ гьабулеб зарал-балагь бич1ч1изаби.
Цо-цояз гьукъараб гьекъолеб жолъун рик1к1уна г1иц1го чагъир, Къуръаналда гьедин абун бугилан. Аварагасул (с.т.г1.в.) х1адисалда абун буго: "Мехтизарулеб щинаб жо ккола чагъирлъун — гьекъолеб жолъун, кинабго гьекъолеб щинаб жо гьукъараблъун буго".
Мехтизарулареб дагьаб къадаралда гьекъезе гьукъун гьеч1илан рик1к1унездаги абизе бокьун буго. Гьит1инаб галиялдалъун гурищ к1удияб нух толеб, дагьаб к1алдибе босиялдалъун гурищ г1аракъи — гьекъолеб жоялде ругьунлъулел? Х1адисалда абулеб буго: "Ц1ик1к1ун гьекъани, мехтизарулеб гьукъун буго дагьалъулъги".
Цо нухалда Аварагасухъе (с.т.г1.в.) вач1ана Йеменалдаса чи ва гьикъана: "Нижер г1адамаз гьекъана ц1оросаролъалъул бахъараб мурзуян абулеб гьекъолеб жо, бегьулебищ гьеб гьекъезе?" Аварагас (с.т.г1.в.) гьикъана: "Гьелъ мехтулищ?" — ан. "Мехтула", — ян жаваб гьабуна Йеменас. "Мехтизарулеб щинаб жо гьукъун буго" — ян жаваб кьуна Аварагас (с.т.г1.в.). Аварагасул (с.т.г1.в.) цогидаб х1адисалда абун буго: "Дир умматалда рук1ине руго бат1и-бат1иял ц1аралги жинда абун гьекъолеб жо гьекъолел г1адамал. Гьезда цадахъ рук1уна музыкаялъул бакъаналъухъе кеч1 ах1улел руччабиги. Т1адег1анав Аллагьас гьел гъанкъизаризе руго ракьулъ ва гьел рук1ине руго болъоназдаги маймалаказдаги релъун". Бицана ибну Мажагьидасан ва Ибну Х1иббанидасан.
Цо-цояз абула сахлъиялъе пайда бугони ялъуни дару х1исабалда дагьа-макъаб гьекъолеб жо къулч1изе бегьулилан. Гьединаб жо хъварал г1адамаз жаваб кьела гьелъие г1оло Аллагьасда цебе, щайгурелъул Аварагасул (с.т.г1.в.) х1адисалда абун бугелъул: "Т1адег1анав Аллагьас дир умматалъе (халкъалъе) гьукъараб жоялдалъун дару кьеч1о".
Къуръаналда гьекъолеб жоялъул пайдаялъул х1акъалъулъ абун бугилан рик1к1унел г1адамалги къосунел руго. Гьезда бич1ч1улеб гьеч1о Къуръаналда жаниб киса-кибго Аллагьас гьекъолеб жо гьукъулеб бук1ин. Т1оцебе абун бук1ана гьекъолеб жоялъулъ пайдаябги бугилан, амма х1арамаб лъик1аланго ц1ик1к1ун бугилан. К1иабилеб аят рещт1ана мехтараб х1алалда как базе гьукъун. Лъабабилеб аят бач1ана гьекъолеб жо щайт1аналдаса кколилан абун, гьелдаса рик1к1алъеян. Баяналъе рехсезин ибну Масг1удица абурал раг1аби: "Гьекъолев чи хвараб мехалъ, гьев нужеца дида цевесан вукъе, хадуб рагье гьесул хоб, гьесул гьумер Каг1баялде буссун батани дун ч1вай".
Хириял вацал, гьанже цо-цо росабазул жамаг1атаз тукабазда гьекъолеб жо бичизе гьукъун буго, берталъе гьеб бач1унел ва гьекъезе кьолел г1адамаздаса г1ак1а бахъулеб буго. Рак1алде ккола киналго жамаг1атаз гьездаса мисалги босун, гьелдаса жидерго росу-ракь бац1ц1ад гьабиялъе г1оло къеркьелилан. Бертин гьабизе х1адурлъулел эбел-эменги ургъани лъик1ан, г1емерал харжалги рахъун, берталъе ах1арал г1адамалги гьекъезарун, гьелдаса ц1ик1к1ун мунагьалги гьарун г1умруялъул нухда кин нужеца лъимал т1орит1изе ругел, кинаб баракат гьезул хъизамазда лъелеб? Ургъун рихье.
Биччанте Т1адег1анав Аллагьас х1арам гьабуралдаса инкар гьабиялъе ва х1алалалда нахъ рилълъиналъе нужее кумек гьабизе. Амин.

 

Добавить комментарий

Ваш адрес email не будет опубликован. Обязательные поля помечены *