Раджаб — нилъее Аллагьасул сайигъат

Гьале тIаде щвана хирияб Раджаб моцI. Бусурбабазда гIемер рагIула гьеб моцIалда Аллагьас Жиндирго ритIухъал лагъзадерие рештIунеб рахIматалъул бицунеб. Цо-цо мехалъ бусурбабазул гара-чIвариязулъ гьелъул божизе захIматаб хIикматаб хасият лъугьинабула. Цо-цо лъавукъал гIадамаз гьеб рахIмат къабул гьабула битIахъегояб магIнаялда ва рикIкIуна гьеб моцIалъ цо тIадеги кинаб бугониги как бани, кIал ккуни, жив тIуван мунагьаздаса вацIалъанин ва жиндие Алжан мустахIикълъанин.
Раджаб моцIалда Аллагьас хъвалеб кири баянлъизе рехсезин хIикъикъиял хIадисалги чIахIиял имамзабазул каламги.
Анасидасан (р.гI.) Байгьакъияс бицана: «Аллагьасул Расулас (с.т.гI.в.) абуна: Алжаналда буго Раджабин цIар бугеб гIор рахьдадаса хъахIаб ва гьацIудаса гьуинаб. Раджаб моцIалъ цогIаги кIал ккурав чиясда Аллагьас гьеб гIурул лъим гьекъезабула».

Гьеб хIадисалъе баян кьолаго абизе ккола Раджабалъул хIурмат гьабулев Жиндирго лагъасе ТIадегIанав Аллагьас кири хъвалилан ва гьесул даража тIадегIан гьабулилан. Гьеб хIадис ритIухъ гьабулеб т абигIинас (Аварагасул асхIабзабазда хадусел ритIухъал бусурбабазул цояс) Абу Къалабатица абураб рехсезин: "Алжаналда буго Раджаб моцIалъ кIал кколесе бараб хъала".
Раджаб моцI ккола — тавбуялъул, рахIмуялъул ва суждаялъул моцIлъун. Къураналъул "ГIимранил хъизан" сураталъул 133 аяталда абулеб буго: "Хехлъи гьабе нужерго Аллагь тIаса лъугьинавизе, зобалги, ракьги гIан гIатIидаб Алжан щвезе: гьеб хIадур гьабун буго гIамал лъикIазе".
Анас ибну Маликица (р.гI.) бицана: МухIаммад Аварагас (св.гI.в.) абунила: "Раджаб моцIалъ боголил какдаса хадуб щибаб ракагIаталда аль — ФатихIа (АлхIам) суратги ва Ихлас (къулгьу) суратги цIалун къого ракагIат каказул барав чи ва гьесул хъизан ТIадегIанав Аллагьас гьаб гIумруялда балагьалдасаги ахираталда гIазабалдасаги цIунила".
Аварагас (св.т.гI.в.) абунилан бицуна: "Зобалазде вахунев сордоялъ (МигIраж) дида бихьана гьацIудаса гьуинаб ва гIаздадаса цIорораб лъел хIор, сундасаго махIги берцинаб. Дица Джабраилида (гI.с.) гьикъана: Лъие хIалаллъулеб гьаб хIор? Гьес абуна: Раджаб моцIалъ дуе рецц-бакъ гьабулев чиясе", -ян.
Аллагь разилъаяв Макъалатица бицунаан: "Къаф мегIералда нахъа буго гIарцул ракьалъул дунялалдаса 7 нухалъ гIатIидаб малаикзабазул цIураб бакI. Гьениб рукIкIен гIодобе бортани малаикзабазе тIаде ккелаан. Ва гьезул щивасда кодоб буго: "Лаилагьа илла Ллагь МухIаммадар- Расулуллагьилан" — тIад хъвараб байрахъ. Щибаб рузманалъ гьел данделъула Къаф мегIералда сверухъ МухIаммад Аварагасул (св.гI.в.) умматалде рахIмат рештIагиян ва кьоге гьезие гIазаб абун Аллагьасда гьаризе. "РахIмуяв ТIадегIанав Аллагьас гьезие жаваб гьабун абула: "Я дир малаикзаби? Дирго ТIадегIанлъиялдалъун гьедула, Дун гьезда тIаса лъугьана", — ян.
Раджаб моцIалъ КагIбаялъул хъулухъ гьабулез гьелъул тIолалго нуцIби рагьула, цогидал моцIаз гIицIго итни ва хамиз къояз гурони рагьуларо. Ва гьез абула: "Гьаб ккола Аллагьасул моцI, гьаб рукъги ккола Аллагьасул рукълъун, лагъзалги ккола Аллагьасул ва гьединлъидал Аллагьас Жиндирго рукъалдаса Жиндир лагъзал гьукъуларо".
Аварагас (св.гI.в.) абунилан Аллагь разилъаяй ГIайшатица бицана: "Къиямасеб къоялъ аврагзабиги, гьезул хъизамалги Раджаб, ШагIбан, Рамазан моцIаз кIал ккурал чагIиги хутIун, тIолалго гIадамал ракъун рукIина. ТIадехун рехсарал абуни гIорцIунги къечечIогоги рукIина".
Аллагь разилъаяв Савбаница бицунаан: "Цо нухалъ Аварагги (св.гI.в.) дунги хабалазда аскIосан унел рукIана. Авараг (св.гI.в.) лъалхъана ва цIакъ гIодана, ва гьелдаса хадуб Аллагьасде гьарун дугIа гьабуна. Дица гьесда гьикъана: Я, Расулуллагь! Сунца мун гьедин цIакъ гIодизе тIамурав? Гьес жаваб гьабуна: Я Савбан! Гьаб хабал агьлу Аллагьасул гIазабалда гъоркь руго. Дица гьезие дугIа гьабуна ва Аллагьас гьезие кьолеб гIазаб бигьа гьабуна". Нахъеги Аварагас (св.гI.в.) абуна: "Я, Савбан, Раджаб моцIалъ гьез цогIаги сордо Аллагьасе хъулухъ гьабулаго борчIун букIарабани, гьезие гьабсагIаталда хабалъ гIазаб кьелароан".
Раджаб моцI лъугIун ва гьеб зобалазде бачун хадуб ТIадегIанав Аллагьас абула: "Я дир моцI! Бокьанищ мун? КIодо гьабунищ мун?" МоцI сихI къотIун чIолила ТIадегIанас Жиндирго суал лъабцIол такрар гьабизегIан. Гьелдаса хадуб моцIалъ абула: "Дун Бижарав Дурго лагъзадерил гIунгутIаби рахчулев БетIергьан! Дуца гьезие амру гьабуна жидерго гIунгутIаби рахчеян, ва дур Расулуллагьица (св.гI.в.) дида гIинкъабилан цIар лъуна". Гьеб мехалъ, ХIалкIолев Аллагьас абила: "Дирго сахаватлъиялдалъун Дун гьезул мунагьаздаса тIаса лъугьана" — ян.
Ва нахъеги абун буго: "Раджаб моцIалда гIинкъабилан цIар лъун буго гIадамаз гьарурал ишал хъвалел малаикзаби Кирамун Катибиназ цогидал моцIаз лъикIалги квешалги ишал хъвалеб мехалъ, гьеб моцIалъ гIадамазул гIицIго лъикIал ишал гурони хъваларого".
Аллагьас нилъее киназего, хириял диналъул вацалги яцалги, тавфикъ — къуват кьеги гIицIго лъикIал ишал гьаризе, цоцаздехун сабураллъун рукIине, нилъ рижарав Аллагь цIикIкIун ва ризго рехсезе. Амин! 

Добавить комментарий

Ваш адрес email не будет опубликован. Обязательные поля помечены *