Муалим

Цо-цо кIвар бугел Аварагасул (гIалайгьи ссалату ва саллам)хIадисал

«Бусурманчи бусурманчиясул вац вуго, гьесда зулмуги гьабиларо, гьев гьересиги гьавиларо гьесда гьересиги бицинаро, гьесие хIилла-макроги гьабиларо, гьев басраги гьавиларо». «Вореха нужоца ритIарал вацал ккве. (ай ритIарал лъикIал гIадамалгун гIодор чIа)». * * * «Гьобол гьечIев чиясулъ щибго лъикIлъи гьечIо». * * * «Гьоболасул хIакъ тIубай тIадаб буго кинавго бусурманчиясда». * * * «Гьабураб къотIи лъикI…

Читать далее

Щиб жо кколеб как?

Жиндир хасал шурутIалгун, цIализе рихьизарурал жал цIалун, гьаризе кколел жал гьарун, Аллагьу Акбаралдалъун байбихьун саламалдалъун лъугIел гьабулеб жо буго шаригIаталда как абураб рагIиялъул магIна. Какил арканал анцIила лъабго руго: 1. Ният гьаби (ракIалъ къасд гьаби). 2. Аллагьу Акбар аби жиндир напсалда рагIизе гьабун 3. ХIалкIолев чи вахъун чIей 4. Суратул патихIат (АлхIам) цIали 5. РукугIалде…

Читать далее

Сиддикъ АбубакарасхIаб (разияллагьу тагIала гIангьу)

Халифалъун вищарав сагIаталъ халкъалда цевеги вахъун гьес гьадин абуна: — Ле, гIадамал, дун нужеда тIад бетIерлъун тана. Нужедаса цIакъав вукIун гуро дун вищарав. Дица лъикIаб жо гьабуни нужеца дие квербакъе, нужер кигIан загIипавниги чи дида аскIов къуватав вуго, лъиениги зулму гьабурав чиясдаса дица хIакъ босичIого тезе гьечIо. Нуж дие мутIигIлъе дун Аллагьасеги аварагасеги мутIигIлъаравгIан заманаялъ….

Читать далее

Туркаби

ГIуриса ХIусенил МухIаммад Афанди накълулъарабго гьесде ГIалил МухIаммад хIажияс гьабураб Гъурбаталда зулмудукь гъаримго хварав ЯгIсуб, Халил ХIумайд афанди цинги Сасикъа ХIусейн. МархIаба МухIаммадан хIурматалда аскIор щун, Барзахалде дур рухIгун цадахъ рукIун ратила. Анбияазул хатам силсилаялъул бетIер, ТIолго дуниял гIалам жиндий гIоло бижарав. Насаб-хIасаб бацIцIадав мурсалиназул сайид, МугIжизатал гIемерав мигIраж щун хиралъарав. Гьавураб сагIаталъги рухI босулеб…

Читать далее

Иман ва салат ссалам лъеяв Аварагасде рокьи

Хириял бусурбаби! ТIаде щолеб буго Аллагьас бижанщиналъул бищун хириявлъун ва къиматавлъун кколев, ракьалда авараглъиялъул вакиллъи тIадкъаразул ахирисевлъун кколев, Къурайшияб тухумалъул гIарабав, ГIабдуллагьил ва Аминатил васлъун кколев МухIаммад гьавураб къо. Щивав бусурманчиясда тIадаблъун буго гьесул мисалалда хадур рилълъине, гьесул гIумру лъазабизе ва Аллагьасул свалат ссалам лъеяв МухIаммад аварагасул кIодолъи даража бичIчIизе. Аварагас (с.т.гI.в) абуна: "Нужер цонигияв…

Читать далее

Бусурбанчиясда лъазе тIадал цо-цоязда ричIуларел рагIабазе баян

ШаригIат — Аварагасдаса бачIараб бусурбазул нух, ай закон. ТIарикъат- Аллагьасде щвеялъул нухде лъугьарал гIадамазул хьвада-чIвади гьеб нухалъулъ манзилал къотIиялъулъниги, макъамазулъ эхеде рахиналъулъниги. Ятим — бесдалав. Бидаят — байбихьи, гьидаят — битIараб нухалде тIовитIи. ТIагIат — Аллагьасе мутIигIлъи, гIисян — мутIигIлъунгутIи. Карагьатаб — рихараб. Къадар — Аллагьас заман чIезабураб хIукму. ХIакъаб — битIараб, батIулаб — тIекъаб-мекъаб….

Читать далее

Хвалил хIакъалъулъ

Дуда лъай, балугълъарав чиясе хвел гIемер рехсей кIвар цIикIкIарал суннатаздаса цояб букIин. Гьеб рехсезе ккола мацIалдалъунги, гьединго ракIалдалъунги, беразда цебеги чIезабун. Хвел гIемер рехсеялъ квербакъи гьабула ТIадегIанав Аллагьасул амраби тIуразаризе, Гьес гьукъарал жал рехун тезе. Живго салат-салам лъеяв Аварагас амруги гьабуна хвел гIемер рехсейилан. Гьес абуна: "Нужеца гIемер рехсе жинца лазатал къотIизарулеб жо", — абун,…

Читать далее