Хириял бусурбаби! ТIаде щолеб буго Аллагьас бижанщиналъул бищун хириявлъун ва къиматавлъун кколев, ракьалда авараглъиялъул вакиллъи тIадкъаразул ахирисевлъун кколев, Къурайшияб тухумалъул гIарабав, ГIабдуллагьил ва Аминатил васлъун кколев МухIаммад гьавураб къо.
Щивав бусурманчиясда тIадаблъун буго гьесул мисалалда хадур рилълъине, гьесул гIумру лъазабизе ва Аллагьасул свалат ссалам лъеяв МухIаммад аварагасул кIодолъи даража бичIчIизе. Аварагас (с.т.гI.в) абуна: "Нужер цонигияв камиллъуде щун бажаруларо, гьесие дун жиндир лъималаздаса ва инсудаса, тIолалго гIадамаздаса вокьулевлъун лъугьинчIони", — ян.
Аллагьасда камилаб божилъи — гьеб ккола букIине щивав бусурманчиясул тIадегIанаб мурадлъун, щайгурелъул хIакъаб ва ритIухъаб божи дунялалдаги ахираталдаги талихIлъун кколелъул.
Гьеб анищаб божилъиялъул буго гьеб камиллъичIони тIубараблъун кколареб кьучI, щаклъи гьечIого Аллагь вокьиялде рачунеб Аллагьасул расуласде (с.т.гI.в.) рокьи. Аллагьасдеги ва Гьесул Расуласдеги (с.т.гI.в.) рокьи хIакъикъаталдаги ккола тIолабго Исламияб дин, Аллагьасдаса хIинкъиялъул ва мутIигIаб ритIухълъиялъул исламалда бищун къадруял ва реццулел хасиятазул бищун къиматаб.
Сундулъ загьирлъулеб Аллагьасул свалат ссалам лъеяв Аварагасде рокьи. Авараг вокьи — гьеб ккола гьев кIодо гьавиги гьесул хIурмат гьабиги, гьесул суннат ва шаригIаталъул тIалабал тIуразариги. Аллагьасул свалат ссалам лъеяв Авараг вокьулинги абун, гьесул суннат тIубазабуларев ва гьесул гIамал къабуллъуларев чи гьайгьай, гьерсихъан ккола, щайин абуни, Аллагьасул Расул ракI-ракIалъ вокьулев — гьев тIолабго гIакълу-лъаялдалъун Аварагасда (с.т.гI.в). хадув вилълъунелъул. Щайгурелъул Аварагас (с.т.гI.в.) абун бугелъул: "Нужер цонигияв божизе гьечIо, гьесие дица босун бачIараб бокьизегIан" — илан.
Хириял вацал! Аллагьасул Аварагасде (с.т.гI.в) рокьи гьеб ккола рацIцIадал ва Аллагьасдаса хIинкъулелщиназ къасд гьабулеб тIадегIанаб даража, Аварагасде рокьи — гьеб ккола рекIел къуват, рухIияб квен, гьеб рокьи гьечIони, инсан хварав чиясда релълъун вукIина. Гьеб ккола канлъи гьечIони, божулесда сверухъ букIунеб бецIлъи ва муъминчиясул ракI сахаблъун ва бацIцIадаблъун букIунаро свалат ссалам лъеяв Аллагьасул расуласде рокьи рекIелъ рещтIинчIого. Щаян абуни рекIел хIалалда бараб букIунелъул кигIанасеб къадаралда гьесул гIамал бацIцIадабги къиматабги бугеб, щайгурелъул Аварагас (с.т.гI.в.) абун бугелъул: "Инсанасул чорхолъ буго жиб сахго бугони, тIолабго черх сах букIунеб, жиб унтун бугони, кинабго черх унтун букIунеб къаркъалаялъул бутIа — гьебги ккола ракI", — илан. АсхIабзабазе ва табигIиназе Аллагьасул Расул (с.т.гI.в) цIакъго вокьиялъ гьел тIадегIанаб даражаялде рахунаан, гьелдалъун гьел лъугьана бусурбабаца жидедаса мисал босулел гIадамаллъун.
Гьедин Савбан ибн Малик Аварагасде (с.т.гI.в.) бугеб цIакъго кIудияб рокьиялъ, цIакъ пашманлъулаан гьев вихьичIеб мехалъ. Цо нухалда гьурмада пашманлъигун гьев Аварагасухъе (с.т.гI.в) вачIараб мехалда, гьес гьикъана: "Щиб дуе ккараб"? — ан. Савбаница жаваб гьабуна: "Я Расулюллагь! Дун унтун гьечIо амма дида мун вихьулареб мехалда дие дунялалдаса кинавго чи тIагIун дунго хутIараб гIадаб пашманлъиялъул асар лъугьуна, мун данд чIван хадуб дида ракIалде щола Ахират ва хIинкъула доб дунялалда мун вихьунгутIиялдаса, щайгурелъул мун аварагзабигун цадахъ вукIине вугелъул, нагагь дун Алжаналде анани, гьеб мехалъ дун дур рукъалде гIагардегIан вукIина. Нагагьлъун инчIони гьеб мехалда дида мун киданиги вихьизе гьечIо".
Гьеб мехалда ТIадегIанав Аллагьас рещтIана гьаб магIнаялъул аят: "Аллагьасе ва Гьесул Расуласе мутIигIлъарал гьел рукIине руго Аллагьасе рокьарал аварагзабазда, вализабазда, шагьидзабазда, лъикIал ишал гьаруразда аскIор ва гьел цIакъ берцинал руго халатаб нухлул гьалмагъзаби хIисабалда". "Аллагьасул свалат ссалам лъеяв МухIамадица (с.т.гI.в.) гьеб аят цIалараб мехалда, Савбан цIакъ разилъана, щайгурелъул гьесда лъаралъул живги доб дунялалда гьесда цадахъ вукIине вугеблъи.
КигIан цIакъ Авараг (с.т.гI.в.) асхIабзабазе вокьулев вукIаравали бихьизабула хадусеб мисалалъги.
Абу ТIалибил ГIалида (р.гI.) гьикъана: "Кин нужее Авараг (с.т.гI.в.) вокьулев вукIарав"? — ан. Гьес жаваб гьабуна: "Аллагьасдалъун гьедула нижерго мал-мулкалдса, нижерго лъималаздаса, нижерго эбел-инсудаса, гIащикълъараб мехалда цIорораб лъедаса гьев нижее цIикIкIун вокьулевлъун вукIана", — ян. Киналго асхIабзабазе жидедасаго Авараг (с.т.гI.в) цIикIкIун вокьулаан ва гьесие гIоло гьел хвезеги хIадурал рукIана. Гьедин Зайд ибн Дафна асхIаб (р.гI.) мушрикиназухъе кквезе щвана ва гьев чIвазе къасд гьабуна гьеб заманалда тIаде вачIана Абу Суфьян ва гьес гьикъана, "Ле Зайд, бокьилаанищ дур бакIалда МухIаммад (с.т.гI.в.) вукIаравани, мунго абуни дурго рокъов вукIаравани?" Зайдица (р.гI.) абуна: "Аллагьасдалъун гьедула: дие бокьилароан жиндирго рокъов вугев МухIаммадида (с.т.гI.в.) заз хIунчизецин, дунги дирго рокъов вукIун?" ХIасилалда Абу Суфьяница абуна: "Дида щивниги вихьичIо асхIабзабазе МухIамадгIан (с.т.гI.в.) цоги щивниги вокьулев чи".
Аллагьасдаса хадув МухIаммад Авараг (с.т.гI.в.) мустахIикъав вуго сундасаго цIикIкIун вокьизе, щай абуни, гьевги витIун Аллагьас нилъ къосиналдаса хвасар гьаруралъул ва бецIлъиялдаса канлъуде рачаралъул. МухIамадица (с.т.гI.в.) цIунизе руго бищун кумекалде хIажалъараб Къиямасеб къоялъ, ай жиндие Аллагьас рес кьураб шафагIатги гьабун. Аллагьасул свалат свалам лъеяв Аварагас абуна: "Аллагь вокье, Гьес нужеде рахIматги баракатги рещтIунелъул, дунги вокье, Аллагьасе дун вокьулелъул, дир хъизамалъул гIадамалги рокье, гьел дие рокьулелъул".
Аварагасде (с.т.гI.в.) рокьи гьеб жеги рухIиял рорхалъабазде ва Аллагь лъаялде малилъунги ккола. Гьединлъидал мугьажиразеги ансаразеги цIакъ кутакалда вокьулаан Аллагьасул Расул (с.т.гI.в.) ва гьелдалъун гьел тIадегIанаб даражаялде рахина, гьезул рохалие гIорхъи букIинчIо гьаб дунялалда гьев вокьулев чи Къиямасеб къоялъ гьесда аскIов вукIунеблъи лъараб мехалда. Цо нухалда цояв вачIана Аварагасда (с.т.гI.в.) аскIове ва гьесда гьикъана: "Гьеб къоялъе щиб дуца хIадур гьабун бугеб?" — ан. Дос абуна: "Дица гIорхъодаса ун гIемер как бачIо, кIал кквечIо, садакъа кьечIо, амма дие вокьула Аллагьги Гьесул Расулги". Гьеб мехалда Аварагас (с.т.гI.в.) гьесда абуна: "Мун вукIина дуе рокьаразда аскIов", — ан.
Анасица (р.гI.) абуна: "Исламалдаса хадур сундасаниги ниж цIакъ рохулароан Аллагьасул Расулас (с.т.гI.в): "Мун дуе рокьаразда аскIов вукIине вугоян абиялдасагIан". Хадубги Анасица тIаде жубана: "Диеги рокьула МухIаммадги, Абубакарги, ГIумарги ва хьул буго гьезда цадахъ вукIинилан".
Цо нухалда цо ратIлил устарас Аллагьасул Расул (с.т.гI.в.) кванде гьоболлъухъ ахIана. Анасица (р.гI.) абуна: "Дунги ана Аллагьасул Расуласда (с.т.гI.в.) цадахъ. Нижеда цебе лъуна бурчIинадул ххараялъул каршги ва хъабахъги. Дида бихьана Аллагьасул Расулас гъадрил рагIал чIван хъабахъ кунеб букIараб куц, гьесие гьеб бокьулаан, гьелдаса нахъе диеги бокьана гьеб квен". Анасица хъабахъ кунеб мехалда абулаан: "КигIан лъикIаб квенха мун бугеб, щай абуни мун Аллагьасул Расуласе бокьулеб букIаралъул".
Аллагьасул Авараг (с.т.гI.в.) хун хадуб гIумру гьабулел рукIарал АсхIабзабазеги гьев дагьавги вокьизе лъугьана. Гьезул цоясде хвел гIагарлъараб мехалда гьев воххулаан Аллагьасул Расулгун (с.т.гI.в.) дандчIвазе вукIиналдаса. Гьедин, Аварагасул будун Билял хвалде ккараб мехалда, гьесул лъади ахIи базе (гIодизе) лъугьана: "Нижеде щолеб бугеб пашманлъи", — ян! Гьес абуна: "Кинаб рохел ва талихI! Метер дида рихьизе руго бищун дие рокьулел гIадамал, МухIаммад Авараг (с.т.гI.в.) ва гьесул асхIабзаби".
Имам Малик (р.гI.) вукIана Авараг (с.т.гI.в.) вокьулезул ва гьев кIодо гьавизе бокьулезул цояв. Гьес Аварагасул (с.т.гI.в.) хIадисал цIалулароан каки чури гьечIого, хIадис цIализе байбихьун хадуб сунцаниги гьесул цIали гьоркьоб къотIизабулароан. Цо нухалда, гьес Аварагасул (с.т.гI.в.) хIадис цIалулаго, гьесул хIатIида чанго нухалъ гIанкъраялъ хIанчIана, амма хIадис цIали гьес гьоркьоб къотIизабичIо. ХIажаватлъун вукIаниги, гьев чода рекIун Мадинаялда жанисанги хьвадулароан, Авараг (гI.с.в.) жанив хьвадараб бакIалъул адаб хвезабиларин.
Аллагьасул свалат ссалам лъеяв Аварагас абуна: "Диналъул гьуинлъиялъул тIагIам лъала чорхолъ лъабго хасият бугев чиясда: Аллагьги ва Гьесул Расулги сундасаго цIикIкIун рокьулесда, Аллагьасе гIололъун инсан вокьулесда, жив Аллагьас хIакъаб исламалъул нухдасан тIовитIун хадув, гьелдаса къосиналдаса, цIадаве ккеялдасаги цIикIкIун хIинкъулесда".
ХатIтIабил ГIумарица абуна: "Я, Аллагьасул расул, хIакълъун мун дие дирго черх тун лъидасаго цIикIкIун вокьула". Аллагьасул свалат ссалам лъеяв Аварагас жаваб гьабуна: "Дир рухI кодоб бугесул цIаралдалъун гьедула, дур букIине ккола гьадинаб хIал, дудасаго дун дуе гIемер цIикIкIун вокьулеб куц". Цо дагьаб заманалдасан ГIумарица гьесда абуна: "ХIакълъунго гьабсагIаталда дие мун дидасаго цIикIкIун вокьула", цинги гьес абуна: "Гьанже бегьана, ГIумар".
Аллагьас тавпикъ кьеги нилъееги гьеб даражаялде рахине! Амин.