Иман ва салат ссалам лъеяв Аварагасде рокьи
Хириял бусурбаби! ТIаде щолеб буго Аллагьас бижанщиналъул бищун хириявлъун ва къиматавлъун кколев, ракьалда авараглъиялъул вакиллъи тIадкъаразул ахирисевлъун кколев, Къурайшияб тухумалъул гIарабав, ГIабдуллагьил ва Аминатил васлъун кколев МухIаммад гьавураб къо. Щивав бусурманчиясда тIадаблъун буго гьесул мисалалда хадур рилълъине, гьесул гIумру лъазабизе ва Аллагьасул свалат ссалам лъеяв МухIаммад аварагасул кIодолъи даража бичIчIизе. Аварагас (с.т.гI.в) абуна: "Нужер цонигияв…