Бусурбанчиясда лъазе тIадал цо-цоязда ричIуларел рагIабазе баян

ШаригIат — Аварагасдаса бачIараб бусурбазул нух, ай закон.
ТIарикъат- Аллагьасде щвеялъул нухде лъугьарал гIадамазул хьвада-чIвади гьеб нухалъулъ манзилал къотIиялъулъниги, макъамазулъ эхеде рахиналъулъниги.

Ятим — бесдалав.
Бидаят — байбихьи, гьидаят — битIараб нухалде тIовитIи.
ТIагIат — Аллагьасе мутIигIлъи, гIисян — мутIигIлъунгутIи.
Карагьатаб — рихараб.
Къадар — Аллагьас заман чIезабураб хIукму.
ХIакъаб — битIараб, батIулаб — тIекъаб-мекъаб.
Таваккал — цо жо цо чиясде тIамун тей, далил — хIужжа.
Нужум гIелму — цIвабзазул гIелму.
Рамал гIелму — салудалъун пал тIами.
ГIакъидат — ракIчIей.
Фарзу гIайн — жив жив чиясда тIадаб жо.
Фарзу кифаят — гIемеразда тIадаб жо. ЖамагIаталда гьоркьосан цояс гьабуни, мунагь тIаса кколеб жо, масала, салам кьей, гьеб буссинаби гIадаб.
Загьир — тIасан бихьулеб жо.
БатIин — жанисеб рахъ тIасан бихьулареб.
ТахIийят — кIодо гьавиялъул, хIурмат гьабиялъул рагIи ва гIамал.
Жигьад — кафурзабазда данде рагъи.
Фасикъ — квешабщинаб жоялдаса нахъе къаларев, мунагьал гIемерав, Аллагьасе гIибадат гьечIев чи.
БидгIа чагIи — жалго ургъун диналъулъ цо-цо жал рижизарулел чагIи.
Рияъ чагIи — халкъалда берцин рихьизе дин гьабулел чагIи.
Сивак — цабзада лъулъалеб жо.
ХIукъукъал — тIуразаризе тIадал жал.
ХатIаъ — гъалатI, хIусуд — ракI хъублъи.
Факъру — цIакъ мискинлъи.
ХIасаб — тIадегIанал, тIокIал гIадамал.
Астагъфируллагь — дир мунагьал рахче Аллагь.
Халикъ — жинца кинабго бижарав Аллагьасул сипат.
 

Добавить комментарий

Ваш адрес email не будет опубликован. Обязательные поля помечены *