Цо-цо кIвар бугел Аварагасул (гIалайгьи ссалату ва саллам)хIадисал

«Бусурманчи бусурманчиясул вац вуго, гьесда зулмуги гьабиларо, гьев гьересиги гьавиларо гьесда гьересиги бицинаро, гьесие хIилла-макроги гьабиларо, гьев басраги гьавиларо».

«Вореха нужоца ритIарал вацал ккве. (ай ритIарал лъикIал гIадамалгун гIодор чIа)».
* * *
«Гьобол гьечIев чиясулъ щибго лъикIлъи гьечIо».
* * *
«Гьоболасул хIакъ тIубай тIадаб буго кинавго бусурманчиясда».
* * *
«Гьабураб къотIи лъикI гьабе (ай гьеб тIубай) бусурманчиясул иманалдасан буго».
* * *
«Аллагьасе бищун бокьулеб хабар, бищун битIараб хабар буго».
* * *
«Вореха нужоца нахъасан гаргадун гъибатги гьабуге, цоцазул хабар цоязде босун мацIги гьабуге».
* * *
«Вореха дуца тIадчIей гьабе битIараб жо бициналдаги, гьабураб къотIи тIубазабиялдаги, божилъи гьабураб жо цIуниялдаги, гьеб бугелъул аварагзабазул васият».
* * *
«Вореха нужоца рацIцIадал вацалазулгун бухьен цIуне, гьел руго гIодоре риччараб мехалъ берцинлъиги, балагьалдаса цIуниги».
* * *
«Дир умматалъул гьалаглъи кIиго жоялъулъ буго: гIелму тейги, боцIи данде гьабеги».
* * *
«Нуж рукIа лъикIал гIалимзабилъун, гьеллъун рукIинчIониги, гIалимзабазда аскIор гIодоргIаги чIа гьездасан гIелму рагIизе, битIаралде тIоритIизе гIодобегIанаб хъубаб жоялдасан нахъе чIвазе».
* * *
«Аллагьасе щив чиясе лъикIлъи гьабизе бокьани , гьев диналъулъ бичIчIи бугевлъун гьавила ва битIараб нух ракIалде рехизе гьабила».
* * *
«ГIалимзаби аварагзабазул ирс босарал чи руго».
* * *
«Иман гIицIго бугеб жо буго, гьелъул ретIел Аллагьасукьа хIинкъи буго, гьелъул берцинлъи нич– намус буго, гьелъул пихъ гIелмуги буго».
* * *
«ГIибадат гьабулев чиясда данде ккун гIалимчиясул хиралъи, дир асхIабзабазде данде ккун дир хиралъиялда релъун буго».
* * *
«ГIибадат гьабулев гIалимчиясул хиралъи, гIибадат гьабулев муъминчиясдаса 70 нухалъ цIикIкIараб буго».
* * *
«Щив чи лъугьаниги гIелму тIалаб гьабулеб нухде, Аллагьас гьев лъугьинавила алжаналде унеб нухде».
* * *
«Радал вахъун цо гIелмуялъул рагьу-бутIа лъазаби лъикIаб буго, нусго ракагIат как баялдаса».
* * *
«Чияс лъазабулеб гIелмуялъул цо рагьу лъикIаб буго гьесие, дунялалдасаги, гьениб бугебщинаб жоялдасаги».
* * *
«Жагьил чиясе рекъоларо жиндирго жагьлуялда вуцIцIун чIезе, гIалимчиясеги рекъоларо жиндирго гIилмуялда вуцIцIун чIезе».
* * *
МагIаз асхIабасда Яманалде витIулеб мехалъ Аварагас? абуна: «Аллагьас мун сабаблъун цIохIо чи битIараб нухалде тIовитIи лъик1аб буго дуе, дунялалдасаги, гьениб бугебщинаб жоялдасаги» – абун.
 

Добавить комментарий

Ваш адрес email не будет опубликован. Обязательные поля помечены *