Щиб жо кколеб как?

Жиндир хасал шурутIалгун, цIализе рихьизарурал жал цIалун, гьаризе кколел жал гьарун, Аллагьу Акбаралдалъун байбихьун саламалдалъун лъугIел гьабулеб жо буго шаригIаталда как абураб рагIиялъул магIна.

Какил арканал анцIила лъабго руго:
1. Ният гьаби (ракIалъ къасд гьаби).
2. Аллагьу Акбар аби жиндир напсалда рагIизе гьабун
3. ХIалкIолев чи вахъун чIей
4. Суратул патихIат (АлхIам) цIали
5. РукугIалде ин (гIодой къули)
6. ИгIтидал гьаби (рукугIалдаса эхеде ворхи)
7. КIицIул сужда гьаби
8. КIиябго суждаялда гьоркьов гIодов чIей
9. АттахIияту цIали
10. АттахIияту цIализе гIодов чIей
11. Ахираб аттахIияталъулъ Аварагасде салат битIи
12. Салам кьей -АссаламугIалайкум варахIматуллагь абун
13. Арканал тартибалда (иргаялда) гьари рехсараб куцалъ.
 Рукну — жиндир гьабулеб гIамалазда гъорлъа жо, жиб гьабиялдалъун жиндир гIамал буцIулеб, жиб гьабичIого теялдалъун жиндир гьабураб гIамал батIуллъулеб.

Какил шурутIал щуго руго:
1. ГIуж лъай (щвей)
2. Къилбаялде вуссин
3. ГIаврат бахчи
4. Какие чурун вукIин
5. РетIел, черх, какилъ бакI хъублъиялдаса бацIцIад букIин.
ШартI — жиндир гьабулеб гIамалалдаса къватIисеб жо, жиб гьабиялдалъун жиндир гьабураб гIамал буцIунеб, жиб гьабичIого теялдалъун жиндир гьабураб гIамал батIуллъулеб.

Какил абгIазал микьго руго:
1. Цебесеб АттахIияту цIали
2. Цебесеб АттахIияту цIализе гIодов чIей
3. Цебесеб АттахIияталда хадуб Аварагасде салат битIи
4. КIиабилеб АттахIияталда хадуб агьлуялде салат битIи
5. Рогьалил какил кIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхун хадуб магьдина цIали
6. Магьдина цIализе вахъун чIей
7. Магьдинаялда хадуб Аварагасде салат битIи
8. Магьдинаялда хадуб аварагасул Агьлуялде салат битIи.
БагIаз — жиндир гьабулеб какда гъорлъа жо, жиб теялдалъун сужда гьабизе кколеб, как батIуллъулареб, сужда гьабиялдалъун какилъ ккараб жагъаллъи бацIцIунеб.

Какил гьаятал анцIила щуго руго:
1. Ният гьабулеб мехалъ кIиябго квер эхеде борхи.
2. Кваранаб квералъул жанисеб рахъ квегIаб квералъул мугъаб рахъалда тIад лъей
3. Важжагьту цIали
4. ЩайтIан бухьин — АгIузу биллагьи мина щщайтIани ражжим абун
5. ТIатун АлхIам цIализе кколеб бакIазулъ тIатун АлхIам цIали
6. АлхIамалда хадуб амин аби
7. Цебесеб кIиго АлхIамалда хадуб сурат цIали
8. РукугIалда, суждаялда, суждаялдаса вахъунаго Аллагьу Акбар аби
9. РукугIалдаса вахъунаго (самигIаллагьу лиман хIамидагь) аби
10. РукугIалде индал лъабцIул субхIана раббиял гIазим ва бихIамдигьи аби
11. Суждаялде индал лъабцIул субхIана раббиял АгIла ва бихIамдигьи аби
12. Интираш гьаби. Интираш — кваранаб хIетIе бахъун чIезе гьабун, килщалги къиблаялде руссине гьарун, квегIаб хIетIеги бегизе гьабун, хIатIил хинкIалда тIаде гIодов чIей буго.
13. Таварук гьаби. Таварук — кваранаб хIетIе бахъун чIезе гьабун, жанисел килщалги гIодор цузе гьарун, къиблаялдеги руссине гьарун, квегIаб хIетIе кваранаб рахъалде бегизе гьабун, рохокъотIиги квегIаб рахъалде гIодобе биччан чIей буго.
14. КIиябго квер накабазда лъей. КIиябго квер накабазда лъела кваранаб данде къан, чIикIарулеб килищ биччан тун, гьелъул бищун нахъияб гьодалда гъоркь буртIин килищ бетIерги лъун цинги илла Ллагьу абураб мехалъ эхеде борхун тIаде вахъинегIан, я салам кьезегIан. Эхеде борхараб килищги багъаризе гьабиларо борхухъе тела. КвегIаб квер квегIаб накоялда гIагарда килщалги данде къан къиблаялдеги руссине гьарун лъела.
15. КIиабилеб салам кьей буго.
Гьаят — жиндир гьабулеб какда гъорлъа жо, жиб теялдалъун сужда гьабизе кколареб, какги батIуллъулареб, жиб теялдалъун жиндие щвезе букIараб ажру-кириялдаса жив махIрумлъулев.

Какил таъвилал
Суал: Таъвил щиб жо кколеб?
Жаваб: Таъвил гьеб ккола магIна абураб рагIи. Жинда Аллагь разилъаяв ГIали-асхIабас абунила жинда салат-салам лъеяв аварагас абулеб рагIанин какил таъвил (магIна) лъачIони — как камилаб букIунарилан. Таъвилги лъан цо как бани, гьелъул анкьазарго как барабгIан кири букIунилан.

Какил магIнаби руго гьадинал:
1. Как бухьунеб мехалда кIиябго квер гIундузул даражаялда борхиялъул таъвил (магIна) буго Аллагьасул лъай нахъ регIи нилъер гIадин загьириялги батIиниялги лугбуздалъун гьечIо къадимияб буго.
2. ГIодоре къулиялъул магIна ккола, дир черх хIелхIедула дун вижарав Аллагьасда цебе, дица Аллагьасда иман лъола дир габур къотIаниги.
3. СамигIаллагьу лиман хIамидагьалъул магIна буго: дир рукугIги (гIодор къули) бихьула Дуда, тасбихIги рагIула Дуда, щибаб жо рагIулев, лъалев Мун вуго, Аллагь.
4. ТIоцебесеб суждаялде иналъул магIна ккола гьадин: Аллагь Дуца дун ракьалдасан вижана.
5. Суждаялдаса бетIер эхеде борхиялъул магIна буго: Аллагь, Дуца дун ракьалдаса вахъинавуна.
6. КIиабилеб суждаялъул магIна: ниж нахъеги ракьалде руссинарула.
7. КIиабилеб суждаялдаса бетIер эхеде борхиялъул магIна буго: нилъ къиямасеб къоялъ тIаде рахъинарула ракьалдаса.
8. ГIодор чIараб мехалда кваранаб хIетIе борхизабун, квегIаб хIетIе гIодобе бегизабиялъул магIна: дица батIулаб жо гIодобе рехула, хIакъаб жо бахъун чIезабула.
9. АттахIияту цIалиялъул магIна: дир черх хIелхIедула Аллагьасда цебе, дун вижарав Аллагьасе рецц гьабун, дугIа гьабун, Аллагьасда хьулги лъола дида Жив гурхIиялда, мунагьал рахчиялда.
10. АссаламугIалайкум ва рахIматуллагьалъул магIна: нужее гIадамал, къиямасеб къоялъ гIазабалдаса хвасарлъи буго, дунги хьулалдаги хIинкъиялдаги гьоркьов вуго.

 

Добавить комментарий

Ваш адрес email не будет опубликован. Обязательные поля помечены *