Залму Батирова. Х1ажимурад

Нилъеда цебе буго Залмуца хъвараб тарихияб драма «ХІажимурад». Нилъеда, гьеб цІалулаго, бихьула тарихияб ритІухълъи, лъугьа-бахъиназул тартиб, гьелъул аслияв герояс гІумру гьабулеб букІараб замана. Нилъеда доб араб гІасруялъул героял рихьула цоял баррикадаялъул гьаб рахъалда, цогидал – доб рахъалда. Гьеб кинабго бихьула берцинаб, бацІцІадаб магІарул мацІалъул чвахиялда гьоркьосан.

ЦеберагІи

БатІи-батІиял халкъазул гІакъилзабазул букІана цо пикру: жидер тарих, жидер умумуца нахъа тараб нух кІочон тараб миллат, кигІан гІемераб халкъ гьезул батаниги, миллатазда гьоркьоса хехго билизе, тІагІине бугилан абураб.

КІудияб кІвар бугеб иш ккола жиндирго халкъалъул тарих лъазаби, гьеб цойиде ккезаби. Гьеб гьабизе ккола тарихчагІаз. Заманаялъул захІмалъаби бакІлъарал гІалимзабазул цо-цоял гьелде регІун гьечІо. Хъизан-лъимал хьихьизе чед балагьулаго, нилъер тарих гьезухъа хутІун буго гІураб даражаялда кІвар кьечІого, гьезул заман гІолеб гІечІо некІсиял тарихиял тІанчазде тІаде къулизе.

КІиабилеб кІвар бугеб суаллъун ккола гьеб нилъер халкъалъул тарих художествияб къагІидаялъ берцинго, аслияб пикруги жаниб лъун, гІадамазухъе щвезаби. Гьеб гьабизе ккола хвъадарухъабаз. Жакъа нилъер миллаталда цебе чІараб аслияб суал буго гьелъул цолъи, цадахъ рекъон, киналго гІумруялъул рахъал церетІезари.

Щивав чияс жиндасаго тІадегІан лъезе ккола миллат, ВатІан. Гьеле гьеб мехалъ букІуна цебетІей. Гьеб аслияб суал борхизе должныкІола хъвадарухъабаздаги.

ГIумруялъ бихьизабуна бокьарав хъвадарухъанасухъа тарихияб темаялда асар хъван бажарулареблъи. Гьелъие гІилла ккола, тІад чІун, тарихиял лъугьа-бахъинал лъазаризе гъорлъе раккун, цІалараб тарихияб хроникаялдасан хІажатал хІужаби сонаца данде рехун, цІияб гІелалъе тарбия кьезе данде кколел рахъал ратІа гьаризе сабру гІунгутІи. Гьеб гьедин букІин бихьизабуна цо-цо Дагъистаналъул хъвадарухъабазул тарихиял темабазда къватІире рачІарал тІахьаз. Тарихияб ритІухълъи лъачІого, топонимал, цІарал мекъи хІалтІизарун, хъварал асараз тІахьал цІалулел рази гьаруларо, цо-цо бакІалда гьимизе, бетІер кІибикІизе тІамула, художествияб рахъалъ кигІанги берцинго хъвараб батаниги.

МугІрузул Дагъистаналъул бахІарзазда гьоркьоб гвангьараб цІвалъун хутІана ХІажимурадил цІар КІудияв гІурусазул хъвадарухъан гумманист, гІакълучи Лев Толстояс гьесул цІар тІолго дунялалдаго рагІизабуна, анцІ-анцІ миллион тІахьал цІалулезда лъана ХІажимурад.

Гьеле гьев Кавказалъул рагьул гьалбацІ, цІар рагІарав бахІарчи, чанкІкІарав, лебалав, рекІараб цІа гІадинав ХІажимурадил гІумруялде жиндирго пикру буссинабуна магІарулазул гьунар бугей хъвадарухъан Залму Батировалъги. Залмул буго гІажаибго берцинаб, бечедаб мацІ. Гьелда кІун буго нилъер умумазул букІараб мацІалъул бацІцІалъи цІунизе. БакътІерхьул Европаялъул гьунар бугел руччаби-хъвадарухъабазул гІадинаб унго-унгояб кІвар бугеб бербалагьи буго авторалъул тарихияб темаялде. БитІахъе дун бахиллъизе вачІана гьелъул кІвахІ гьечІолъиялда. Цин асар хъвалалде цебе, бихьулеб буго, гьелъ тарихиял тІанчал чанги регун рукІин, некІсиял лъугьа-бахъиназул ралъдалъе гІезегІанго гъваридго яккун йикІин, заманалда, къуваталда барахщичІого, гъваридго, тарих лъазабун букІин. Дида чанго нухалъ бихьана гьелъул, жиндирго лъаялда гІей гьабичІого, тарихалъул хІакъалъулъ букІараб гара-чІвари, цин гьезда разилъун, цо-цо гьезул жийго разилъичІел жавабазе мухІканал хІужабиги рачунаго, цо-цо гьездасан бергьун, жиндирго пагьмуяб бичІчІигун гьелъул букІараб гара-чІвари. Гьединаб узданаб пагьму ТІадегІанав Аллагьас цо-цо руччабазе кьун букІана цебеги, гьеб жакъаги загьирлъулеб букІиналъ дун вохарав вуго.

Нилъеда цебе буго Залмуца хъвараб тарихияб драма "ХІажимурад". Нилъеда, гьеб цІалулаго, бихьула тарихияб ритІухълъи, лъугьа-бахъиназул тартиб, гьелъул аслияв герояс гІумру гьабулеб букІараб замана. Нилъеда доб араб гІасруялъул героял рихьула цоял баррикадаялъул гьаб рахъалда, цогидал – доб рахъалда. Гьеб кинабго бихьула берцинаб, бацІцІадаб магІарул мацІалъул чвахиялда гьоркьосан.

Шамилилги ХІажимурадилги гьоркьорлъабазде гІурусазул тарихчагІазги Дагъистаналъул тарих-чагІазги, Шамилил заманалъул тарихчагІи Къарахъа МахІамадтІагъирицаги, Гъазигъомекиса ГIабдурахІманицаги пикру буссинабуна. Гьеб суалалъ Лев Толстоясул асаралдаги аслияб бакІ кколеб буго. Киналго рехсарал гьалмагъзабаз ХІажимурад вихьизавулев вуго сверухъе ругел мацІихъабазул къурбанлъун. Гьаб суалалда тІасан бугеб пикру доб мехалъ Кавказалда рагъулел рукІарал цо-цо офицерзабазулги данде кколеб букІинчІо. Империялъул " Хасаб хъулухъалъул" пикру букІана: ХІажимурад гІурусазул рахъалде ин ургъунго гьабураб сихІираб "театр" кколин, ХІажимурад разведка гьаби мурадалда арав вугин гІурусазул рахъалде. Гьеб пикру гІурусазул офицерзабазул кІалдибги лъун буго Залмуца.

ГIемераб мехалъ, анцІила щугогІан соналъ, Шамилил рахъалда гІурусазде данде вагьулев вукІарав Даниял-Султан гІемерисел XIX тарихиял тІахьазда мацІихъан хІисабалда вихьизавун вуго. Дие бокьилаан Залмуца гьел источниказде мугь чІвай гьабичІого Даниял-Султан вихьизавун вукІаравани.

Цо-цо дица рехсарал гІиси-бикъинал данде ккунгутІияз кигІан дагьабниги мукъсан гьабулеб гьечІо гьаб гьайбатаб драма цІалараб мехалъ лъугьунеб асар. Залму Батировалъ хъвараб "ХІажимурад" тІахьал цІалулез ракІ-ракІалъ къабул гьабизе букІиналда дир щаклъи кколаро, щай гурелъул, дир пикруялда, гьеб буго къиматаб асар, жиндирго ракь цояв цоги нухалъ художествияб асаралдалъун ракІалде щвезавизе Залмуца хъвараб.

Тимур Айтберов, тарихиял гІелмабазул кандидат.
ГIахьаллъулел

Шамил-имам.
ХІажимурад – къокь ккараб лагаялъул, багІараб рас-мучалъул, цодагьав кІийиде щинкІулев гІолохъанчи.
ГъазимухІамад — Шамилил вас, Даниялбегил дурц.
Залму — ХІажимурадил эбел, херай чІужу, узданго ретІа-кьарай.
ГІусман – Хіажимурадил вац.
Сану — ХІажимурадил лъади.
Гулла — ХІажимурадил вас, 8-9 сон барав.
Элдар — ХІажимурадил вацасул вас.
Ханика – гьесул лъади.
ГІумардаци – ХIажимурадил имгІал, 80 сон.
АхІмадхан — Хунздерил хІаким. Жунгут ухІладерил ханзабазул тухумалъул чи.
НухІбика — АхІмадханил лъади.
Шамилил наибзаби: КъебедмухІамад- Шамилидаса цодагьав гІолохъанав.
Даниялбег – Шамилил васасул вакьад.
Ахъбердил МахІамад.
Худанатил МахІамад.
Балахьуниса Муса.
ГъалбацІ-Дибир.
МуртазагІали.
ЧІикІаса МахІамад.
Бата.
Дуба.
СагІдулагь.
Ташав ХІажи.
ШугІайб ва гь. ц.
НухІбикал гьарабаш.
ХІажимурадил гьудулзаби:
ХІамзалав.
ХанмухІамад.
ХІанипа.
1 акт.

Росдал мажгит. Цодагьаб добегІан ицц. Мажгиталде рачІунел гІадамал. Бищун цере мажгиталдеги рачІун, буртабиги тІад ретІахъе, гІодор чІарал лъабгоял. Цодагьал дорегІан, мажгиталда гІодор чІун, кІиго мюрид. Мажгиталъул кІалтІа лъалхъула ХІажиясул МухІамадги ХІамзатбегги.
1 пардав

ХІажиясул МухІамад. ГІенеккулев гьечІоха мун дихъ, ХІамзатбег. Рилълъун лъики гуро жакъа рузманалде!

ХІамзатбег. Аллагьас гІайиб чІвала, мажгиталъул кІалтІаса, рузманги бачІого, тІад руссани.

ХІажиясул МухІамад. БукІаниги, Гиничукье рилълъа рузман базе.

ХІамзатбег. Я, гьудулавчи МухІамад, Гиничукье гурел, цІоралде рузман базе рилълъаниги, бетІергьанас жакъа дир рухІ босизе хъван батани, гьеб нилъеда гьукъизе кІоларо. Рилълъа. (Гьел мажгиталде жанире уна).

ГІусман. Буртинаги ретІухъе, тирщун тІаде вахъун вачІуна). КІудияв Имам жаниве вачІараб мехалъ, нуж щай тІаде рахъунарел?! Буртаби ретІарал тІаде рахъуна).

ХІамзатбег. Ассалам гІалайкум ва рахІматулагь. .. (Тохлъукьего речІчІараб жоял Имам гІодов ккезавула. ГІусманица, тІадеги кІанцІун, гьесда ханжарги кьабула).

ХІажиясул МухІамад. Адабгун тІаде рахъарал адабалда гІодорги рукІинаризе ккола! Гьес ГІусман чІвала).

ХІажимурад. Ма дуеги, босе! (ХІажиясул МухІамад чІвала. ХІажимурад кквезе кІиго-лъабгоял рекерула. Гьелги тункун речІчІизарун, ХІажимурад, гордухъанги кІанцІун, тІурун уна).

Мюрид. Гьаб Аллагьасул рокъоб би гІодобе тІурав чиясда лъикІаб къо бихьиларо! Гьадав Аллагьас къотІила мунапикьзабазе диван! Чирахъ свинабула).

Лъадаса руссун рачІунел руччаби).

ТІоцеесей чІужугІадан. Къаси Бахулги васазулги рухІал хабалъе руссина!

КІиабилей чІужугІадан. Щибилая?

ТІоцеесей чІужугІадан. ЧІван хварав чиясул рухІ хабалъе буссунеб рагІуларо, жив чІварав чиясул рухІ хадуб бачІинегІан.

КІиабилей чІужугІадан. Вай, Аллагь, уяб жойищ? Гьаб балагьалъги хадуб цоги балагьдай ахІила! Вай , къиямасеб къо!
2 пардав

сверун цІоросаролъил хурзал, как балев ХІажимурад. Какги бан бахъун, тІад ретІараб ретІел битІизабулев ГІумар-даци, цІулал цо кесек буцІулев Элдар. Иццдаса лъим гьекъолев ХІамзалав.

ГІумардаци. Бищунго талихІ бугев чи вуго дунялалда вижичІого хутІарав чи.

Элдар. Щай, даци?

ГІумардаци. ВижичІев чиясда бихьуларо гьаб ракьалда бугебщинаб чороклъи: хиянат, рекІкІ, гьереси, би, магІу.

ХІамзалав. ГІумардаци, чІаго ругездаса хваразе рахІат буго. ЧІагоязда лъала хвезе ругеблъи, хвезе кколеблъи.

ГІумардаци. Хвалилги хобалъулги ургьел гьабулев чияс кидаго гьабуларо хІалихьатаб жо. Гьес жигар бахъула, живго хваниги, жиндирго цІар хвеларедухъ гІумру гьабизе.

ХІамзалав. БитІараб (пикрабазда). Хваразулъги бищунго талихІ къосарал ратила гІадамазда цІар кІочон тарал.

Кьвагьи бахъуна. Киналго, тІаде рахъун, рахъ-рахъалде рекерула. Гьезда как балев ХІажимурадил квералдаса би чвахулеб бихьула. Нахъеги ХІамзалавги Элдарги кьвагьи бахъараб рахъалде рекерун уна).

ХІажимурад. Какие саламги кьун). Тохаб гулла батила.

ГІумардаци. Валагь батилароха. Квералда тІад кІвекІун гІабкІилтІамах лъола, гвердидаса бихъун, чІорто бухьуна).

ХІажимурад. Кваранаб кверги бетІералда кІутІулаго) Тушман вукІаравани, гьаб хъабхъида речІчІилаан.

ГІумардаци. РечІараб щинаб щоларо. Дур гІадаб гулла алхунареб квер киназулго букІунаро. Нилъер тухумалъул тушман вукІинчІо. Дир цохІо йигей яцалъул васасул тушбаби руго, ханзаби сабаблъун.

ХІамзалав. Дица гьев валагьила гьабсагІат! Хуривехун валагьун уна).

ГІумардаци. Логода бащадаб цІоросаролъил магъилъ – нужеда гьев ватуларо, унге. ТІад руссун лъикІ.

ХІажимурад. ТІад вуссунаро. Жакъа диваналъул къо буго. Бихьинчи ватани, дандеса данде вачІа!

ГІумардаци. АхІмадханас малъун тІамурав чи ватила. Дур цІаралъ гьесие рахІат толеб гьечІо.

ХІажимурад. Аваразул кІудиявлъиги щванин, щиб гьесие кьваригІараб?

ГІумардаци. Гьеб дуе щвезе ккелаан. Ханзаби сабаблъун гурищ мун гьаб кинабго балагьалде гьоркьове ккарав!

ХІажимурад. Гьеб хъулухъ дихъе заманаялъ кьун букІаниги, даимго кьезе рес букІинчІо.

ГІумардаци. Щай?

ХІажимурад. Щай гурого. Гьаниб аваразул кІудиявлъун кьочІолав магІарулав тезе гІурусал хІинкъула. Миллат кидал- къадги цолъизе бегьула. КІиабизе бугони, гьаб багІараб бетІер дица лъиениги кьулуларо. Эркенав чиясул эркенаб хьвада-чІвади тезе дида кІоларо. Сардарасе ришватал, АхІмадханас гІадин, дица раччуларо.

(Элдар тІад вуссун вачІуна).

Элдар. Вихьуда чи гьечІо.

ХІажимурад. Живго те.

ГІумардаци. Гьанисан бох бегьичІони, бохсан ратІа бегьулареб замана бачІана. Бечелъи бугогІан чиясе гІолеб гьечІо давла. Сардарасги ришватал росулеб замана! (БетІер кІибикІула).

ХІамзалав. Ришват босуларев хІакимги дагьав, хІарам гьабуларев даранчиги дагьав.

ГІумардаци. ГъалбацІал гьалаглъизе, гьой бетІерлъун ккогеги.

ХІажимурад. Дие бечелъиялдасаги хъулухъалдасаги тІадегІанал жал руго. Дир эркенлъи, дир рухІалъул эркенлъи, дир чорхол къадру, намус.

Элдар. Вокьарав чиясул бадиве, борхун бетІергун, валагьизе кІолеб даражаялда гІумру гьаби, гурищ, даци?

ХІажимурад. БитІараб, Элдар. Дур инсуе хириял рагІаби рукІана гьел. (Пашманго бетІер гІодобе къулула).

ХІамзалав. Нилъги ина умумузул нухдасан.

ГІумардаци. ТІад вугев хІакимасе мутІигІлъуларев чияс хъулухъ гьабизе бегьуларо. Хасият куцазе ккола. Нуж хехал руго.

Элдар. Кинан?

ГІумардаци. Балагьун хадуб кинабго лъикІлъи жиндирго рекІелъ батула чиясда. Гьеб балагьизе бокьичІев чи Аллагьасцин хвасар гьавуларо. Кинабго гьаб балагь ханзаби сабаблъун ккана.

ХІажимурад. КидалъагІан, даци, хварал, чІварал ханзабазде гІайиб гьабулел рукІинел? Дунги гьелги вацал гІадин цадахъ гІуна. Я дида, я дир вацасда аскІоб я чІухІи, я хІалихьалъи гьез гьабичІо. Гьел, макруги гьабун, чІварав чиясде бахъулареб ярагъ дицаги дир вацасги чІухІдае борчунищ букІараб?

ГІумардаци. Бицен буго, ханзабазда аскІоб кІиго ламадур квани, цояб магІарзухъан бачІунилан. Ккезеги гьедин ккана.

ХІажимурад. Дуе гьел кидаго рокьулароан. Дуца доб мехалъги ГъазимухІамадил рахъ ккуна.

ГІумардаци. Ханзаби хириял нуж рахараб борхалъи буго мажгиталда гІодобе тІураб би. Нужер кІудияв эмен чІвана, тухум цоцалъ бана. ХІажиясул МахІамадица, нужер вацгІалас, дур вац чІвана, дуца дов чІвана. Гьеб лъил баракат? Жакъа дуда щвараб гуллаги доб балагьалъул рачІ кола.

ХІажимурад. ГІодове виччан кІалъазе жигарги (бахъулаго) Дир ругънаде цІам щваге. Камилаб гІакълуялде вахинегІан чияс гІемерал гъалатІазул халатаб нух нахъа толеб батила. Дица гьабуна цо бихьинчиясда тІадаб жо! Цо-цо бакІалда мекъиги вукІун ватила.

ГІумардаци. Жакъаги мун дуе вокьуларев, мун вокьуларев АхІмадхангун цадахъ хІалтІулев вуго. Дур вацасги дуцаги доб мехалъ досие Ханасул яс кьезе квалквал гьабуна. Досул лъади НухІбикае дуе ине бокьун букІун бугилан росу цІезабун буго дур тушманзабаз. Гьеб некІого досде бахинабун батула. Дун хІинкъун вуго гьесдасан дуе цо баракат гьечІолъи щвелилан.

ХІажимурад. НухІбика абизе ине нилъ регІун хутІичІо. Хвелал гьоркьор ккана. Къадар хъварасе дой росасе ана. Росасул лъадудехун хІалихьатаб бербалагьи дир гьечІо. Дие харбилги ургъел гьечІо. АхІмадхан кинав ватаниги, Клюгенауца дир рахъ ккола. Дир гьесда бараб жо щибго гьечІо.

ГІумардаци. Хундерил жамагІаталде Шамил Имамасул кагъат бачІун буго, гьес гъазаваталде ахІулел руго. Пайда щибха, ярагьги борчунеб, чуги кьололеб гІужда дун вукІаравани, дун гьезда гьоркьове инаан.

ХІажимурад. ГІумардаци, дие жеги хІохьлачунеб буго хундерил тІалъиялде тІураб би! Дир вацасул би, дир рахьдал вацазул би! Дида кІоларо дидасаго бергьине!

ГІумардаци. БахІарчиясда гурони, жиндасаго бергьине кІолеб батиларо.

ХІажимурад. ГІумардаци, жакъа дир диваналъул къо буго. Дун ГІахьалчІиве заманалда щвезе ккола. РачІа кьо-мех лъикІ гъабизе. Кверал росула).

ГІумардаци. ЦІодорго рукІа. Цадахъ рукІа. Нуж дагьлъуге.

ХІажимурад. Ккараб ккела, ургъел гьабуге!

ХІамзалав. Кинабго лъикІ букІина. Дуца малъухъе рукІина.

Рилълъа гІолохъаби. .. Уна)
3 пардав

ГIахьалчІиб росу. Наибасул диванрукъ. Столалда тІад щакъитІел, муцІидал къалам, кІиго тІехь. Столалда нахъа гІодов чІун ХІажимурад.

ХІажимурад. (ГІеласдехун вусун) Чан чи вугев гІарзалъ вачІун?

ГІел. СалихІатги Хирачги реци сабаблъун. ХІабсатил рукъ бикъарав ХІасанилавги.

ХІажимурад. Гьел гьанире рачІун ругищ?

ГІел. Руго.

ХІажимурад. Рос хварай, бесдалалги хьихьун йигей СалихІат Хирачилавгун цадахъ жанире ахІе. (Жаниве вачIуна чІухІарав, кьачІарав Хирачилавги СалихІатги. ХІажимурадица СалихІатида гьикьарула, лъимал цІехола. ГІодой чІезаюла, живгоги гІодов чІола).

Бицея, СалихІат.

СалихІат. Хирачилас, жанибе гІиял рехъенги гъун, дир рациялъул магъакь гъабун буго. Гьеб гьабураб гІечІого, дун инжит гьаюнги, гаргадана.

ХІажимурад. Пеласдехун вуссун) Дуца гьабураб заралалъул роцен гьабунищ?

ГІел. ТуманкІул сачма речІчІун унеб манзилалда харил раци тІубан хвезабун буго.

ХІажимурад. БичІчІана,

Хирачилав. Гьел гъардухъабазе гьитІинаб жоги гІола гІарзалъ ине!

ХІажимурад. ТІаде вахъун вачІуна, ццинги бахъун). Мун гІадав бечедав чияс чияр жо чидае тезе ккола!

Хирачилав. Цо сагІаталъ рехъен жанибе борчуІнилан, гьеб кІодо гьабизе ккелароан СалихІатица. Гьелъул лъималазе дагьабищ дица садакъа кьураб?

ХІажимурад. Садакъаги цояб квералдаса балъго кьезе ккола кьолев чияс (бегулаго тІехьгун, гІеласде вуссун) бахъе Хирачиласдаса СалихІатие цо гІиялъа жо. Гьебги бищун лъикІаб. Хирачиласдеги вуссун. КІиабизе, адаб тун, росги нахъа гьечІей гІаданалда кІалъаралъухъ, гьелъие питна гьабуралъухъ лъабго къали богІол радал мажгиталдеги щвезабе. (СалихІатидехун вуссун) Гьав хадувги дуда кІалъан ватани, (Хирачиласдехун вуссуна) диргун букІине буго дур хабар! Ине бегьила мун. (Хирачилав, рокьукъго СалихІатихъги валагьун, уна).

СалихІат. Баркала. ХІажимурад.

ХІажимурад. СалихІат. Дида дур бетІергьанчи лъалаан. Гьев кІицІулниги дунгун цадахъ чабхъад вукІана. Дуца, щиб къваригІаниги, дида абе нечечІого. Нилъеца дур мурад тІубала. (СалихІат уна, баркала кьолаго).

Тилмач. ХІажимурад. АхІмадханасул чапар вачІун вуго.

ХІажимурад. Ваче жаниве. (Тилмач уна). Солдатас кагъат кьола. ХІажимурадица цІалула. Ццин бахъуна, цинги велъула).

ХІажимурад. Урхъаниги бихьизе цо гъветІ гьечІеб хІебдалазул жиб-жиб рукъалдаса, гІурусазе печал ракизе, цо-цо хІама цIІулал букІине гьабейила! Нахъеги велъула).

ХІажимурад. Чапарасде вуссун) ЦохІо гІанкІваги букІине гьабиларилан абе, гъудул. Гьаниб я рохь я гъветІ, я цониги хъарахъ гьечІо. Дица цо-цо хІама цІун рак битІила бакизе. Вассалам!

Чапар уна).

Тилмач. Жаниве вачІуна). Хундериде гьужумалъ рачІунел Шамилил аскарал Макьасде щолел рагІула.

ХІажимурад. Хехлъи гьабун, гIакІа ахІе, дир бодулал ярагьгун, чуялгун хІадурун гьанире ракІаре. Элдарги ахІе гьаниве. (Элдар вачІуна)

Элдар. Дун Хунзахъе ахІи базе ина дида кинабго лъала.

ХІажимурад. Хехелъи гьабе.

Чирахъ свине гьабула. Пардавалда нахъасан рагІула чуязул тІваркьи, ахІи-хІур, кьвагьи. Чирахъ рекІинабула. Ишан ккун чІарал гІолохъаби, нахъасан рагІула кьвагьи).

ХІажимурад. ГIемер кьвагьуге, ишан ккун кьвагье! Цо бакІалда нахъаги вахчун, кьвагьула, цоги бакІалде векерун, вахчун, кьвагьула).

Рагьухъан. (Цогиясде вуссун). Дида ккун букІана ХІажимурад кидаго хвалченги бахъун гулбузда цевесан дове гьаниве векерулев вукІунев ватилилан. Гьеб абулеб рагІула ХІажимурадида).

ХІажимурад. (Велъула. Цояб рахъалде векерула). Гуллида ХІажимурад лъаларо. Бергьунесул къуваталдаса къолесул хІилла бергьине ккола.

Рагьухъан. (БегомВекерун вачІуна Элдаргун цадахъ) ХІажимурад. Элдарил кІалдиб гулла щвана!

ХІажимурад. Элдар, гулла чІамун гІодобе туй! ГІолохъаби, хекко дида хадур! Киналго цадахъ рекерун уна).
4 пардав

Росдал годекІан. Гьенисан роха-хинлъун рачІунел гІурусазул офицерзаби, гьезда цадахъ Хіажимурад, ХІамзалав. Кваранисан данде рачІуна Клюгенаува АхІмадхан, лъудбигун гьезул гъарабашалгун цадахъ.

Клюгенау. Молодец!

ХІажимурад. Гьаб нухалъги лъутизаруна дур рекІараз гъазаватчагІи. Дица мун тІадегІанаб шапакъаталъе вихьизавуна.

НухІбика. (ХІажимурадихъ ялагьун чІола. Гъарабашалъ гьелда тункула). Баркула, ХІажимурад! Дун цІакъ йоххана, дун чІухІула дудаса!

Клюгенаул лъади. Баркула, баркула, ХІажимурад.

АхІмадхан. (ХъачІго) Руччабазул барки бихьиназе хІажалъуларо.

Клюгенау. Лъицаго барканиги бегьила, бергьенлъи киназулго рохел буго. Рилълъа бергьенлъи чуризе. (Бихьинал уна).

Клюгенаул лъади. Ниж рилълъинаро. Нижер унеб бакI буго.

НухІбика. Бихьанищ, дица ХІажимурадида баркизе бегьичІо, АхІмадханасе. Дун гьесда кІалъани, унти чІвала гьесда.

Клюгенаул лъади. Дир росасда гъелъулъ щибго квешлъи бихьуларо. АхІмадханги ХІажимурадги цоцазе рокьуларин абула гьес.

НухІбика. ХІажимурадгун рекъон вукІуневани АхІмадханасе ханлъи билълъанхъизабизе бигьалъилаан. Гьаниб ХІажимурадил къимат кІудияб буго. Амма гьел цоцазе рокьуларо.

Клюгенаул лъади. Щай?

НухІбика. Дун АхІмадханасе иналде досие рекІее гІолаан.

Клюгенаул лъади. Щибха ккараб? Кин додигІан бахІарчияв чияс, мун цогидасе ине тарай?

НухІбика. Къисмат. Дие доб мехалъ ХІажимурад рекІее гІолароан.

Клюгенаул лъади. Дур рос досдаса гІемер берцинав вуго.

НухІбика. Бихьиназул берцинлъи бахІарчилъиялъулъ букІуна. Доб мехалъ Салтанатил вацал чІвана Бахубика чІвана ХІажимурад дун абизе вачІиналде дун инсуца АхІмадханасе кьуна. Досиеги йокьулаан дун.

Клюгенаул лъади. Росасе кьечІейани мун хъамунги телароан дос. Бокьараб жо борчІизе биччалев тайпаялъул чи гьечІо дов.

НухІбика. Къисмат Аллагьасул хъвай! Дос дун росасе кьураб мехалъ цоги лъади ячана. Гьей лъимер гьабулаго хун рагІула, вас чІаго вуго.

Клюгенаул лъади. Дида вихьана гъосул вас. ЦІакъ хирияв вугоан ХІажимурадие.

НухІбика. ТалихІ бугев чи бесдаллъиларо. КигІан инсуе вокьаниги, эбел гІадаб жо лъимадуе букІунаро. (Гьел гаргалаго уна).
2 акт.
1 пардав

Кьурул ракьан. Дове гьаниве хьвадулев ХІажимурад.

ХІажимурад. Я, тІадегІанав Аллагь! Щибаб дирго бергьенлъиялдаса хадуб рохалил бакІалда цо бакІлъи букІуна дир рекІелъ. Дир рекІелъ кІиго чи кІалъалев вугин ккола. Цояс дун Шамилиде данде гьужумалъ ахІула, бахІарчиго вагьизе тІамула. Цогияс диде гІайиб гьабула. Дун мекъи вугилан абула. Кибдай, Аллагь, дир гъалатІ бугеб?

Кумек гьабе, бетІергьан! (В моихДир пикрабалъ батаниги, дир хьвада-чІадиялъулъ батаниги, дир гъалатІ дие загьир гьабизе. Аллагь, дун дирго хьвада-чІвадиялъ, дирго ишаз дуца загьирлъизабураб гъалатІ битІизабизе тІаме.

(АхІмадханги, Хирачилавги, офицерги гаргадилаго рачІуна ХІажимурад тІаде ворхула. Цоцазе (приветсвуютсалам кьола).

Офицер. ГIурусаз гьанже кутак гьабизе буго гьезие рикІкІаде кьвагьулел гІарадаби рачІун ругелъул.

АхІмадхан. Гьез бачина Шамилил аскаразе наку.

Хирачилав. Кверде рачІунгутІи бихьулищ дора хутІаразул.

АхІмадхан. Гьел кире рорчІилел? Гьанже гурони, Граббел ццим бахъинчІо.

ХІажимурад. Ццин бахъараб мехалъ гурони, вагъуларев рагъухъан рагъухъан гуро. Ццим бахъаниги, бахъулароаан АхІулгохІ цІияб яргъил кьуват тІаде щвечІебани, цІар арав бахІарчи Хириясул ГІалибег чІвачІевани.

АхІмадхан. Гьанжеги рагъейила абе, гъурун рахъанин. Рилълъа Хирачилав гьел уна).

ХІажимурад. Ккараб ккела. Гьес цо кагъат къватІибеги бахъун, цІалула). Дица Аллагьасда цебе рагІи кьуна бидул тушманлъи кІочон тезе. Кибха дир рагІи бугеб? Дир милицаби бидухъ гІащикъал хъурмал гІадин, чан къан балагьун чІун руго дангъур цІурал мюридзабазе ахир лъезе. Гьебищ, ХІажимурад, бахІарчилъи. Дуца жакъа дурго рухІ кьунги, цІуне Аллагьасда цебе кьураб рагІи. Дур напсалдаса тІадегІан лъе дурго миллат! Дун жакъа бергьине ккола дидасаго! Дир миллаталъул бахІарчиял руччаби гьадаб гІасияб кьурулъа, гьалдолеб бугеб гІорулъе кІанцІана, гьал мугІрузул эркенлъи цІунун. Дун гьанив. Цаби къерщезе гьарула. Бадир дурнабиги чІван балагьула).

ХІажимурад. Балагье, балагье! ГIор чІван гІодоре унел руго. АллагьасхІаги гьагъаб гІор бахинехъин руго гъол. Гьагъав чи Шамил вуго. Дир сонисев тушман. Гуро, тушман гуро. ТІокІаб гьеб рагІи рекІелъе бичччазе бегьуларо. Виччанте ине. Риччанте хвасарлъизе. Биччанте цІадул рохьдолъ цІадул хІенехІ хутІизе. " БахІарчи живго жиндасаго бергьине ккола!" Векерун вачІуна Хирачилав).

Хирачилав. ХІажимурад, балагье. Нохъодаса къватІиреги рахъун, мюридзабазул 30-40 чи гІор чІван гІодоре унел руго. Гъоз гІорда тІасан чІалу рекъезабулеб буго. ГIолохъаби ахІизе ккола. ГьищтІизехъин вугев чи ХІажимурадица чІезавула).

ХІажимурад. Те. Хирачилав. (Наши жеНилъерго чагІи гурелищ гьел! Аскар гуреб, бо гуреб, ракъуца рилълъине кІоларого ругел мюридзаби гьаб багІарараб бакъукь жалго хола. Гьезда хвасарлъаниги, гІурусазе зарал гьабизе кІоларо. Рилъа. Жалго те.

(ХІажимурад цояб рахъалде уна).

Хирачилав. ЦІакъ битІун ккана. БукІун буго гурищха ХІажимурадил бухьен мюридзабазулгун. Дун гьабсагІат гьеб АхІмадханида бицине ина. ТІубачІо гури гьес сардарасул буюрухъ. Биччанте Клюгенауда бичІчІун букІине кинаб борохь, беэдулев живго вугевали. Гьанже бихьила цо. Орденалги, месед бекьараб хвелченги тІокІабги босулищали! Шамилил аскаразда тІад бергьенлъиги босун гурищ досул каранда Клюгенауца орден бараб? Жакъа гьол рорчІизе толев вуго. ЦохІо Аллагь гъолев ватила ХІажимурадида хадув. ЧІа цо балагьила!

(Къараб пардавалда цевесан вухь-вухьун вачун унев ХІажимурад. Гьев цойидасан солдаталги тункун речІчІизарун кІанцІун уна).
2 пардав

Гьоркьоб уна моцІ. ЦІелмес. ХІажимурадил рукъ. Кьижун Гулла. Бусада гІодой йикІун эбел.

Залму. Рогьунарел сардал, щолареб макьу. Кьалул кІалдий реххун дир ХІажимурад. Гьев хвараб бакІаниги лъалебани. ГІазул гІонсокьдай, хъурмил кІалдивдай? Вохугегиха мун, АхІмадхан, дир васасе къор гьурав тушман.

НуцІида кІутІулеб рагІула). Вай, Аллагь, кІутІини ХІажимурадил буго. Щивдай гьаб кватІараб ригьалъ, вачІунев чи? НуцІиде аскІое уна). Мун щив? Вай, хІалкІолев Аллагь. ХІажимурадил гьаракь буго. Хехго нуцІа ричІула. Рекъдилаго жаниве лъугьун вачІуна ХІажимурад. Гьесие цадахъ вачІарав чияс кумек гьабула. Сверун лъугьун, киб квер чІвалебали лъаларго эбелги йикІуна).

Эбел. АлхІамдулиллагь, щукру Аплагьасе! Вуссиндал, чІаго вачІиндал.

ХІажимурад. Баркала, гьудул! Кинабго дие гьабураб щинаб лъикІлъиялъухъ. Хъаравулзаби макьид росун рукІаго дуца гьаб мохъ тезе ккола. Хадур рихьила (по воле Богаиншааллагь. (Гьобол къо-мехлъикІ гьабун, уна).

Эбел. Баркала, дарман, нух битІаги гьобол тІовитІула).

(ТІад хурхун, ХІажимурадидаса ретІел бахъизе кумек гьабула. Бекараб бохалъул хал-шал гьабула). Ккараб жоги цин балъго гьабуна АхІмадханас хундеридаса. Цояз гьоркье кІанцІун хванилан, цояз Шамилил рахъалде лъутун анилан. Азарго батІияб хабар букІана. Щиб хІал бугеб? ЦІакъго квешиш бох бугеб? Бице, щибгІаги ккараб? Кинан мун чІаго хутІарав?

ХІажимурад. Дир мюридзабазулгун гьоркьоблъи бугилан абураб гІайибги гІунтІизе гьабун, АхІмадханасул буюрухъалда рекъон, дир хІатІаздаги квераздаги маххал рана. Цинги, дун сардилъ, жанив тІамизе, вачун унев вукІана. Доба ГьинтІалъан унаго, бугеб чІедераб сухъмахъ нухдасан, гьоркьеги кІанцІун, дун лъутана. Дие Аллагьас кумек гьабуна.

Эбел. Гьединги Аллагьас цІунун вуго мун, дарман. Шукру Аллагьасе! Хадубги?

ХІажимурад. Гьенисан дун ГьоцІалъе ворчІана, гьалеха эбел, гьанже дуде аскІовеги щун.

Эбел. Аллагьсе рецц! Аллагьасе рецц!

ХІажимурад. Дун вуссаравлъи, Элдаридаги, ГІумардацидаги гурони бицунге. Гьез лъазабила лъазе кколел чагІазда.

Эбел. Щибдай, Аллагь гьанже букІина? КІиго цІаялде гьоркьове ккана дир ХІажимурад.

ХІажимурад. (Велъула). Расги ургъел чІваге, эбел. РагІал гьечІеб майдан букІунарин. Ккараб ккела.

Гулла.

(Макьидаса ворчІула). Дир дада! Дир дада! (Инсуда хурхуна) ХІажимурадица васасул гІинде цо жо щурула.

Гулла. Бицинаро дада.

ХІажимурад. Эбел, дица гьанже хІалхьи гьабила, радал дихъе ГІумардациги Элдарги ахІе. Сордо лъикІ.

Эбел. Кидалго лъикІ бихьаги! (Гулла каранде къала) Аллагь гурхІана эбел хварав дир бесдаласда. Шукру Аллагьасе.
3 пардав

Радал гIуж. Саламги кьолаго жаниве рачІуна ГІумардациги Элдарги. Хъваш-бащ гьабула.

ГІумардаци. Щиб хабар бугеб доб дунялалдасан?

ХІажимурад. (СмеетсяВелъулаго). Дуда бицине бегьуларо, АхІмадханасда гурони.

Элдар. КингІаги чІаго хутІарав?

ХІажимурад. Къо тІагІун букІун гьечІо. Гьадал дир магІал чІварал ботинкабаца хвасар гьавуна. Гьел цІоролъ къан чІана. ГIурусазда дун лъикІго валагьизецин кІвечІо, дозул чакмаби хъещтІолел рукІиналъ. Дун гІурусал нахъе аралго хъурщун ГьоцІалъе, ГІарцулмегІериласул гъове, ворчІана.

ГІумардаци. Аллагь разилъаги гьесдаса. АхІмадханас Салтанат жиндие кьезе дуца йиччачІеблъи бецІана дуе.

ХІажимурад. НухІбикагІаги щведал щиб гьесие къваригІараб. ЧІая цо! Дица гьабилин досие! Мун(откудакисанха вачІарав?

ХІажимурад. Дун цин ана Гьоноде. Довасан Гьандихъе. Гьандихъан НахъмагІарде, довасан Виданубе.

ГІумардаци. Эниве щай?

ХІажимурад. Дица добасан Шамилихъе кагъат битІун ана. Дида ракІалда буго досул рахъалде ине.

Элдар. Киндай гьеб букІина? Имам щакдаризе бегьула.

ХІажимурад. Бегьула. Доб АхІулгохІда рагъ бугеб мехалъ, бищун досие кумек хІажатаб мехалъ, дун дос ахІидал, инчІо, доб Имамасул кагьат ракІалда бугищ дуда?

ГІумардаци. (Вохун) Буго. Амма досда рагІун батула мун гІурусаз жанив тІамиялъул хІакъикъат.

ХІажимурад. Лъаларо хІинкъиялдалъун чи къадаралдаса хвасарлъуларо, ккараб ккун букІина. КидаллъагІан нилъерго халкъгун рагъилел? ГІолохъаби дуца хІадуре, ниж бичас биччани, Даргъоре Шамилихъе ина.

Эбел. (Жание ячІуна). ХІажимурад, цо гьардухъанас гьаб кагъат босун бачІана.

ХІажимурад. Бихье! Клюгенаул хатІ буго. (РагІизабун цІалула).

"ХІажимурад! Мун къварид гьавурав чиясе дуе бокьараб тамихІ гьабизе дун разияв вуго. Дица дуе кІиго нухалъ, харжги цІикІкІинабила. Дица мун Авариялъул бетІерлъунги тІамизавила. ТІад вусса, чиназги вахинавила. Дуда лъала дица дур кигІан къимат гьабулебали. Клюгенау".

ХІажимурад. Щибаб къойил, меседил гьир кьуниги, вуссинаро тІад.

ГІумардаци. Кин гьесда лъараб мун вачІараблъи?

ХІажимурад. Дица доб дунялалдасан саламги хъван, кагъат битІана Клюгенаухъе. Гьанже гьесул гьаб кагъат АхІмаханасухъеги битІила кепалъе.

ГІумардаци. Дур (дерзкийчанкІлъиха, ХІажимурад. ГІурусазул аскар бачІине бегьула гьанибе.

ХІажимурад. Мажгиталъул мина бищунго щулияб бакІ буго. Кинаса кканиги къаси нилъ гъора рукІина, метер гьудулзабиги тІаде щвела.

ГІумардаци. ЦІодорлъи гьабиялъул зарал гьечІо, рилълъа.

(ХІажимурадги, ГІумардациги, Элдаргиуна, гьел нуха регІизе эбелги уна. Эбел кьватІие арайго, жаниве кІанцІун вачІуна башлихъ гьурмада жемарав чи, жание ячІуней Залмуда цеве накабазде ккола. Гьей хІинкъула ва ахІдола, бихьинал нахъ руссун рачІуна).

Залму. ХІажимурад!!!

ХанмахІамад. Дун дуда васлъи лъазабизе вачІун вуго, Аллагьасе гІоло тІаса лъугьа. (Жаниве кІанцІун вачІуна Элдарги, ГІумардациги).

Элдар. Ханжарги бахъун, тІаде кIанцІула). Мун кисан вачІарав чи. (ХанмахІамад хІинкъун, гьекиялда гІодой чІарай Залмул каранда хурхуна. Цинги тІаде вахъуна).

ХанмахІамад. Дун вуго нужер тушманасул вас. Дир инсуца нужер вац чІвана.

(ГІумардациде вуссун) Дун вачІун вуго гІадаталда рекъон, ХІажимурадида вацлъи ва Залмуда васлъи лъазабизе! Бокьани чІвай, бокьани дун къабул гьаве. Дида чІалгІана гьаб щуябго соналъ нохъаздаги мугІруздаги вахчун.

(Элдар къватІиве уна, гьев ХІажимурадгун цадахъ жаниве вачІуна).

Залму. Нужерго тухумалъул сихІирлъи хІалтІизе гьабуна дуца.

ХанмахІамад. Дихъ ярагь гьечІо. ТІаса лъугьине захІмалъулеб батани, чІвай дун! Дир би (дарюхІалаллъаги нужее.

Залму. Дун тІаса лъугьана. (ЦохІого сордоялъ дир васги дир тушманги Аллагьас дихъе ритІана. Гьедин дир хІал бихьизе гьабун батила )бетІергьанас. Дун тІаса лъугьана. Гьей вацасухъ балагьула).

ГІумардаци. Дунги

ХІажимурад. Дица ярагь гьечІев чи чІваларо. Дир эбелги имгІалги тІаса лъугъарал ратани, дунги Аллагьасе гІоло тІаса лъугьарав вуго.

ГІумардаци. (Кверал росе жиндицагоги босула). Питнаялъул лъикІлъи — къокълъи!
4 пардав

ЦІелмесалъул росдал мажгит. Цере ракІарун солдатал.

Солдат. (АхІмадханасде вуссун) ХІажимурадил рукъов щивниги гьечІо.

АхІмадхан. (Мажгиталъул нуцІа рагьизе лъугьуна). Мажгит сверун ккве. ГIадада гуро гьаб рахараб. Нуж сверун ккун руго. Кверде вачІа. Киве ворчІулевали бихьила мун?

(ХІажимурад жавабалъул бакІалда жанисан кьвагьула, солдат чІвала).

АхІмадхан. Мажгиталъ мун хвасар гьавуларо. Гьев чІаго кверде восизе ккола. Дица гьабила дуе, ХІажимурад. (ВыстрелКьвагьи бахъуна цоги солдат чIвала. АхІмадхан хІинкъун нахъагІан кІанцІула). Рогьине гІемер мех гьечІо. Радал аскар тІаде щвела нужеца мажгит цІуне. (Уна). (Мажгиталъул кІкІуйдул тІалинисан тІаде ххарун вачІуна ХІажимурад. Гьев тІалида кварги бан цо тІохде кІанцІун уна).

Солдат (1). (Виххун). Цо гьаракь бахъана .

Солдат (2). Гьаркьал дагьалищ сардилъ мугІрузда рукІунел. Мажгиталъул нуцІа рагьичІо. Ма хъалиян бухІе.

Солдат (1). АхІмадханасул лъадухъ рокьи ккун букІун рагІула ХІажимурадил.

Солдат (2). Йокьанщинай лъие щолей? Диеги щвечІо.

Солдат (1). ГьабсагІатги вокьулев рагІула долъие ХІажимурад.

Солдат(2). Гьеб пайда гьечІеб жо буго. ЦІакъ макьу речІчІун буго. Цо гъапуллъизе те дун. Кисан вачІаравали лъачІого мажгит сверун ккурал солдатазде тІаде кІанцІула ХІажимурадги гьесул гьалмагъзабиги. (В мечети)Мажгиталъур рукІараз нуцІа рагьула, рагъ байбихьула. Солдатал чІвала, АхІмадханги цо кІигоялги лъутун уна).

ХІажимурад. АхІмадхан, чІаха, хІама, кидаллъизегІан мун лъутулевали бихьилин!

Элдар. Хадур рилълъа.

ХІажимурад. Гьамщал тезаре. ТІокІал дорегІан унге!
3 акт
1 пардав

Шамил. Рукъ. ГІодоб тІамун салмагал, тІад гІодор чІезе лъурал цІулал бакІал, посталда чІарал мюридал, Имамасда аскІов гІодов чІун Мирза.

Мюрид. Имам, Хунзахъа ХІажимурадие мун вихьизе бокьун буго.

Имам. (гIажаиблъун, тирщун тІаде вахъуна. Цин ургъулев гІадин, гІенеккун чІола). Ваче жаниве. (ХІажимурад, гІансаги гІунтІун жаниве вачІуна). ВачІая, ХІажимурад вачІая!

ХІажимурад. Аллагьас дида рецинабуна дирго дин цоязде данде борхараб хвалчен. Дица тана дир гьерсилал гьудулзабазулгун хурхен. Жакъа дица духъе битІулеб буго дирго квер. (Квер бегьула).

Шамил. Кверги босулаго) Бегьун галигун тІаде вачІин, дие рекІее гІуна. ХІилла гьоркьоб гьечІеб батани.

ХІажимурад. Дуе дир ритІухълъиялъул (удостоверитьсяхІалбихьизе бокьун батани, дун хІадур вуго дур рахъалдеги вачІун, тушмангун вагъизе.

Шамил. Аллагьас кумек гьабила мекъаб нухдасан унев чи битІараб нухде вачине. (Шамил мюридасдехун вуссун) Наибзабазул щал гьенир ругелалил ратарал чагІи жанире ахІе. Цо-цо ккун наибзаби гІодор чІола). Дица нуж ахІун руго ХІажимурадил суал дандбазе. Гьав вачІун вуго гІурусалги тун, нилъер рахъалде.

Къебед МухІамад. ХІажимурад жакъа вачІине кколароан нилъер рахъалде, некІого вачІине кколаан.

ТашавхІажи. (НедавноЦодагьаб цебе пачаясул Святой Станиславасул 3 аб даражаялъул орденги босун, гІарац-меседалъ къачІараб пачаясул хвалченги босун, Клюгенаул бищунго божарав чи, нилъер рахъалде вачІиналъ, дун щакдаризе тІамулев вуго.

Худанатил МухІамад. Дагьав цеве вачІун вукІарав жасусас бицана ХІажимурадида хадуб цІакъ ракI хун ругин гІурусазул генералалилан. Гьес кагъатбитІун бугин ХІажимурадихъе тІад вуссайин. Гьеб битІараб бугищ ХІажимурад?

ХІажимурад. Буго. Дица инкар гьабуна. Дун тІокІав тІад вуссунаро.

Ахъбердил МухІамад. РакІ-ракІалъ тавбуги гьабун, ХІажимурад нилъер рахъалде вачІин, кІудияб жо ккола. Аллагьас гьесул рекІелъ гвангъараб кантІиялъул асар бижизе гъаби — реццалъе мустахІикъаб буго. Жакъа гурони гъаниве вачІинчІониги, доб АхІулгохІдаса нилъ нахъе къалеб мехалъ, ХІажимурадил аскар нилъеда бихьулеб букІана, Имам. Гьесул чІегІераб айгъирги багІараб чухъаги, доб кьоялъ цадахъ рукІаразда ракІалда батила. КантІи Аллагьас гьесул рекІелъе доб къоялъго рещтІараб буго, гуребани нилъ жакъа гьанир рукІунароан. Нилъер цонигияс гьесда цІехолеб гьечІо щай гІурусазулгун кьал ккарабали. Гьес жинцагоги гьеб бицунеб гьечІо. Дир пикруялда, жасусазул (по однимцо-цо баяназдаги рекъон, кьал ккеялъе гІилла доб нилъ рорчІизе тараб къо букІине ккола. Щай бицунареб, ХІажимурад.

ХІажимурад. Гьеб бицинчІониги, нужее загьираб бихьула. Дун вачІун вуго нужеца къабул гъавуни, дир халкьалъул мурад цІунун, нужеда гьежги цун вагъизе. Дир мурад дир хвалчаца бихьизабизе те. Гьелъул хІал нужер чангиязда лъала, нужеда данделъидал дун вагъулев вукІарав. (ХІажимурад тIаде вахъуна).

Имам. ХІажимурадил рекІелъе тІадегІанав Аллагьас кантІи тІамун буго. Кьезин гьесие рес живго вихьизавизе.

ХІажимурад. Дие бо данде гьабизе цо анкь гIола.

Шамил. ХІажмурад, мун рекъдилевги вихьула, дица дуе лъабго анкь кьола, сахлъи щула гьабизе. Лъабго анкьидасан гьанир данделъила. (Къо-мех лъикІги гьабун ХІажимурад уна).

Шамил. ЦІар рагІарав аваразул бахІарчи нилъер рахъалде вачІин, гьеб кутакаб иш ккола. Гьесда хадур хунзги рукІунеблъи лъала дида. Дие бицана гьев чІаго вугеблъи лъараб къоялъ Хунзахъа лъутун арав АхІмадхан Хунзахъе нахъ вуссун гьечІилан. Гьев ворчІизе тарал офицерзаби чиналъ гІодорегІан рачун ругилан.

Ташав ХІажи. ГІурусазгицин " досде багІараб шайтІанилан" абулеб рагІула. Цо цІакъго божилъи гьабун лъикІ гурилан ккола дидаго ракІалде.

Имам. Дица, КъебедмухІамад, дуда тІад къалеб буго ХІажимурадида хадуб бербалагьи букІинабизе.

КъебедмухІамад. Хадуб хъаравуллъи букІин лъанани, гьеб ХІажимурадица хІехьоларо. Щаклъи гьесда батани, божилъи гьабуге!

Ахъбердил МухІамад. Дица цебеги абуна дирго пикру. АхІул гохІда хварал бахІарзаз асар гьабун батаниги, яги ахир-къадги жиндирго миллаталде данде вагъарав чиясе дагъистанияз кьолеб нагІанаялдаса хІинкъарав ватаниги, ХІажимурадица нилъ АхІулгохІдаса рорчІизе тана. Гьеб хІисабалде босизе ккола.

КъебедмухІамад. Нилъ Аллагьас хвасар гьаруна. Гьес гьаричІо.

Ахъбердил МухІамад. ХІажимурадил рекІаразда бокьухъе кІолаан лъелго унел нижеда хадур гъезе, гьоркьоб букІараб манзил букІана речІчІун чІор щолеб манзил. Гьев Аллагьас кантІизе гьавуна.

Имам. (Ургъулаго). Дун Ахъбердил МухІамадида разияв вуго — букІаниги Къебед МухІамадица дир тІадкъай тІубазабе.
2 пардав

Имамасул диванхана. БакІида гІодов (СидитчIун Шамил. Гьесда аскІов Мирза. НуцІил кІалтІа посталда чІун ярагъ борчарал мюридал. Имамасда данд битІун гІодов чІун Даниялбег.

Шамил. Тушманасда ракІалде ккун батила гьазаваталъул бетІер АхІулгохІда чІинтІанилан. Нилъее икъбал битІана, хасго ХІажимурад нилъер рахъалде вачІаралдаса ЦІелмесалъуса гъурулаго хъамураб Апшероналъул полкалъул хъаладухъе 3-4 чи гурони ворчІичІо. ХІажимурадица(с прошлойгьоркь араб сапаралдаса гІурусазухъа бахъун ярагъги гІемераб кванил сурсатги бачІана. Гьев сонги радакь чабхъад ана. Дагь-дагь ккун Имаматалъул казнаялде гІарац бачІине байбихьана. Нилъер бергьенлъи бараб буго нужер цолъиялда ва бахІарчилъиялда.

Даниялбег. ГIандалазул ракьалдаги НахъбакІалдаги ран рахъунел руго, щулалъаби Гъунибги щулалъи базе байбихьана, яргьил завод базеги кьучІ лъун буго.

Имам. Гьеб завод базе санагІатаб бакІ бугищ?

Даниялбег. Гьеб жибго тІабигІаталъ бижараб щулалъи буго. Ралелщинал щулалъабазда хІалтІизе тІамун руго пленалъе росарал гІурусал.

Имам. Пленалъе ккарал гІурусазде кинаб бербалагъи бугеб мюридзабазул?

Даниялбег. Квенги лъимги гьечІого тун гьечІо, гІемераб кьечІониги.

Имам. Гьеб щиб хабар! (Чехь гІорцІизегІан мюридзабазе кьолеб квен солдатазеги кье. Гьездехун хІалихьатаб бербалагъи гьабурав чиясда дица цІоб лъоларо. Гьелги Аллагьас рижарал гІадамал руго.

Мурид. ХІажимурад вуссана. (Жаниве лъугьун вачІуна ХІажимурад хъващ-баш гьабула).

Шамил. МетергІаги гурони, мун вуссинилан ккун букІинчІо. Нух битІанищ ХІажимурад?

ХІажимурад. БитІана. Самурский полкалъул 157 чу нилъеего бачана.

Шамил. (Вохун). Гьеб битІахъе гІакълу кІочон тараб бахІарчилъи буго! КІудияб полкалъул дангьур цІурал рекІараз гьелгущинал чуял рахъи!

ХІажимурад. (Велъула). ЦІакъго гІакьилав чи бахІарчи вукІунаро. Гьесда нахъе цеве валагьизе лъала.

Шамил. Граббе кивдай вугев? — Щибго рагІанищ?

ХІажимурад. Генерал Граббеги нахъе вахъун, генерал-лейтенант Гурно тІамун рагІула гьесул хъулухъалде.

Имам. Щайдай?

ХІажимурад. Ахираб рагъда нилъедаса къуралдаса, гьесул кьимат хун рагІула. Даргъобе кІудияб гьужум гьабизе ракІалда рагІула, жасусазул баяназда рекъон.

КъебедмахІамад. Гьезул кванил сурсат гІеладай?

Шамил. Кверде росарал росабазул гІадамазул нахърателалде хьул рагІула гьезул.

ХІажимурад. Билълъидалги боха цер!

Имам. (Велъулаго). Нилъеца тІоцебесеб иргаялда эркен гьаризе ккола гІурусаздаса Унсоколо ва Хунзахъ ругел щулалъаби. Гьениве щивдай витІила?

ХІажимурад. Изну кье кІиго кьоялъ хІалхьиги гьабун, дур тІадкьай тІубазабизе ине.

Имам. Нух битІаги! (КъебедмахІамадиде вуссун) Даргъобе гьужумалде гІурусал хІадурулел ратани, хІадуризе ккола. АнцІил бутІрузда лъазабе рагьухъаби хІадур гьареян. Киналго щулалъабахъ хал гьабе. Аскаразул хІадурлъиялъухъ балагье. БакІ-бакІазда ругел нилъер боязде ругьел ккезабун, аскарал Даргъоре цІай. Дун цІакъ воххизавуна ХІажимурадица. Унго-унголъунги икъбал битІана гьев вачІаралдаса. Свак лъаларев чи. БетІергьанас гьесул кантІи кІодо гьабуна, гьесул гьунаразе квербакъана.

Къебед МахІамад. (Расги бокьичІого) Дуда живго берцин вихьизавизе лъала гьесда.

Имам. Бищунго гІадлу хвараб, мацІцІал гІемераб Кьахъадерил ракьалде ХІажимурад наиблъун тІамуралдаса доба бугеб гІадлу бихьула дида.

Къебед МахІамад. Дос хІинкъизе гьарулел ратула.

Имам. Ккаралъуб хІинкъизеги гьаричІони, ккаралъуб чІолорхъоги къачІони, гІадлу букІунаро. ГIадиласда бараб букІуна гІадлу пачалихъалъулги, мулк ракьалъулги.

Къебед МахІамад. ГьитІинал чабхъеназе нухмалъи гьабуниги, КІудияб гьужумазе ХІажимурад цІакъав гьечІо, Имам. Мун мекъи вуго. ХІажимурадида цебе ккунго лъала ккезе бугеб хІакъикъат. РакІалда бугиш доб ГьоцІдерил росо кІудияб гьужум гьабун, бахъизе дица ХІажимурадие нух кьечІеб сапар. Дос абухъе, добасан бугеб цого-цо нух гІурсазул аскаралъе кьазе дица изну кьурабни, додинаб пашманаб хІасил доб рагъда кколароан.

Къебед МахІамад. Дуца 3000 мюридгун гурищ дов Аргьутиде данде витІарав? Щайха бергьинчІев?

Имам. Дица дов кватІун витІана. Бугелда бугеб абизе кола бихьинчияс. ТІубараб моцІалъ Зираниб къварилъухъ сверун ккун чІезабуна ХІажимурадил боялъ Пасекил цІар рагІараб аскар, Рихьунибги, ЦІелмесалъубги лабда бачана ХІажимурадица досда. Дуда гьеб кІочон тоге.
4 акт
1 Пардав

Гьужумалде ине хІадурулеп мюридал. ТІаде вачІуна Имам, салам кьола.

Имам. Ярагъ лъикІго рекІинабун бугищ гІолохъаби? Нужер бахІарчилъиялда бараб буго нилъер бергьенлъи. Пачаяс кинабго къуват мугІрузде рехун буго.

Мюридал. (Цадахъ) Иншаалагь! Бергьенлъи нилъехъ букІине буго.

Имам. КигІан кІваниги жанирегІан риччай тушбаби. Дуца цин-циязде вуссун), МуртазагІали, нухдасан бакІ-бакІалдасан тІаде кІанцІун, къокъал гьужамал гьарун, гІурусал риххизаре. Дуца, Ташав ХІажи, ГIанди магІарде нух гьукъе. Гьеб гьукъани, тушман Гумбеталде ворчІуларо. Дуца, Тавуш МухІамад, ХІажимурадгун цадахъ Буртинаялдасан бачІине бугеб гІурусазул кванил сурсат бахъизе ккола. Гьеб гьабун бажарани, тушман вакъуца хола. Киналго нухда ругел росабазул гІадамал: херал, руччаби, лъимал мугІрузде ритІе, росаби рухІе. Воронцовас нилъер росабалъ солдатал кваназариларо, иншааллагь.

Мюридал. ЛъикІ буго! (Даниялбег хутІизегІан цогидал уна).

Имам. Дурнабаз валагьун). Валагъе цо рагъулел ругеб куц. ГIандиб бугеб гІурусазул аскар Воронцовасда цолъизе тезе бегьуларо.

Даниялбег. (Дурнабаз балагьун). Клюгенаулги цІакъ багьулеб аскар рагІула.

Имам. Гьесде данде дагьавги бахІарчияв ХІажимурад витІана дица. Рохьил рагь нилъеразда лъикІ лъала. Балагье цо!

Чапар. (Гьекдилаго вачІуна). Имам, дур лъади ПатІимат рагІалде якІарун йиго. Гьелъ гьарулеб буго мун ахІейилан.

Имам. Виххун) Дица лъадуе рагІи кьун букІана, дун ине ккола. Даниялбег, ХІажимурадида хадув чи витІе. (Мусаги, Дубаги рачІуна).

Даниялбег. Гьале Муса! Гьав витІизе вуго дур бакІалда.

Имам. (Ццин бахъун) Дир бакІалда Воронцовасде данде ХІажимурад витІе. Хехлъи гьабе гьев ахІе. (Хъван кагъатги кьун, мюрид витІула).

Даниялбег. ХІажимурадил бакІалде щив витІилев.

Имам. Жиндирго бакІалда толев чи досда лъала. (Имам уна).

Даниялбег. Нух битІаги. БетІер кІибикІула).
2 Пардав

Даниялбег. ХІажимурадида тІад къачІого, нилъеда тІад щай къачІеб аскаралъе нух малъи гьабизе. Гьев кигІан лучшийцІакъав чи.

Муса. Ахираб заманалда Имамасе гьесдаса цІакъав чи гьечІо.

Даниялбег. Дос кколеб хвалчен нилъецаги ккола.

Дуба. Дос гIадин кколаро, гьаб лъабго соналда жаниб гьес Имаматалъе гьабураб щинаб хайир лъала нужеда. Нахъасан какдей сурукъаб жо буго.

Муса. Гьев чабхъеназе цІакъав вуго. Доле тІаде щолев. Чанил нухдасан чуги биччалаго. ХІажимурад вачІуна салам кьола).

Даниялбег. Канлъи къотІана. Нилъералги свакан ратила. Радал тІаде кІанцІун лъикІ Воронцовасде.

ХІажимурад. Рагъ къотІизе тараб хвел гьабила, цинги тохлъизеги гьарун, тІаде кІанцІила, гIурусал сардил рагъуе лъикІал гьечІо.

Муса. Дие сихІирал жал рагъдацини рокьуларо. БахІарчиго рагъзе ккола.

ХІажимурад. (Унаго). СихІру рагъда хІалтІизабичІебани, дир бетІер некІого борхьица кванан букІинаан. Нахъасан кьвагьи-ахІи-хІур).

Даниялбег. ВахІ. Гьасул цІакълъиялъ чІаго хутІарав чи рагІулароха гьав! Мунапикъ. Вихьулищ! Аллагьас цІунарав чи рагІуларо.
3 Пардав

Имамги наибзабиги гьез зигара бала, кверал росула.

Имам. Бищунго лебалал наибзабаз рухІ кьуна гьаб жакъасеб (победубергьенлъиялъе. ШугІайб къади, Гумбеталдаса ГьитІин, Дилималдаса ХІажибег ва гь. ц. Мунагьал чураял нилъедаса ратІалъана. КІудияб бахІарчилъи бихьизабуна ХІажимурадица ва гьесул рекІараз. Киналго рагъана рухІалда барахщичІого. Аллагьас кІодо гьабеги диналъе гІоло борхараб хвалчен. Цо анкьица хІалхьиги гьабун, Гъабартибе сапар бухьине ккола. Дол нилъеца нилъерго рахъалде цІазе ккола.

Даниялбег. ЦІакъ лъикІаб пикру буго. Кир данделъилел?

Имам. Терек гІордасан лъураб кьо бугеб бакІалде сверулеб нухде. Вассалам. ХІажимурад. Имам, бегьилищ цо дирго пикру абизе.

Имам. Абе.

ХІажимурад. Рази гьечІого) ГIурусаз жеги тІадеги 47 линейный батальон рехун рагІула нилъеда данде. ГIемераб ярагьги бачІун рагІула. ГIурусазул къуват цІикІкІараб буго. Нилъер бахІарчилъи цІикІкІараб буго. Дир пикру буго Гъабартибе гьабулеб сапарги жибго тун, нилъеда кодоб бугеб ракь, кодоб бугеб бергъенлъи щула гьабуни лъикІаб букІинин.

Имам. ЛъикІабги квешабги дида лъала. Буюурухъ тІубазабе! Нужеца хІадурлъи гьабе.

Даниялбег. БитІараб буго, Имам.

Имам. ХІажимурад, дуца бихьизе гьабуна унго-унгояб бахІарчилъи, дурго ритІухълъи. Дуца гьаб Даргъоб букІараб рагъуе бахІарчияб нухмалъи гьабуна. Дица мун Кьохъа нахъеги вачун, хундерил наиблъун тІамулев вуго, амма дуца дица абураб жо тІубазабизе ккола.

ХІажимурад. Абе я, Имам.

Имам. ГIемераб мехалъ гІурусазулгун лъикІал гьоркьоблъиялда рукІарал чагІи руго хунз. Дун гьезда тІубан божуларо. Дуца Хунзахъ росдал авалал ХІархъал КъанабатІе, Ччатал-Колонире, Самилал-Тобтиде рахъине гьаре. КІиабизе дихъ буго 25 Хунзахъа чиясул цІар. Гьел руго гІурусазе божарал, гьезул рахъалда рукІарал чагІи. Дуца гьезул бутІрул
гьава-бакъ рекъон бугищ Хунзахъ.

ХІажимурад. Зобазде гІагарал мугІрузда гьава-бакъ кидаго лъикІаб букІуна. НакІкІил цІураб лъарагІлъиги тун, йоххуца холей йиго. (Даниялбегихъ валагьулаго).

Даниялбег. ХІал бачІун). Дуца НухІбика нахъе йиччазе ккола. Рос хварай къоролай хъами дуда рекъон(гьечІо.

ХІажимурад. Имамасул вас дур дурц вукІунилан дуца дие буюрухъал кьоге.

Даниялбег. Дица Имамасулгун гара-чІвари гьабила гьей дир гІагарай чІужу ккола.

ХІажимурад. КІочон тоге гьаб нухалъги дица рецІун ралел каказулги досда бицине, цо-цо дун кьурдулиланги абе, тІадеги жубай Даниялбегица какал Имамасда берцин вихьизе ралиланги. (Велъула).

Даниялбег. Дуда лъалеб батила!

ХІажмурад. Даниялбег! мацІихъанлъи дуда тезе кІоларо. Гьеб чиясул унти буго. Амма тІокІав мун дица наиблъи гьабулеб бакІалде гьоркьове лъугьун ватани, дур ракI бухІизе буго.

Даниялбег. (ТIаде вахъуна). Дун дудаса саназ кІудияв вуго. Дуца дун хІакъир гьавуге.

Бата. Те, гІолохъаби, хабар! Рилълъа дагьаб мехалъ чуязухъ балагьизе. (Даниялбег къватІиве вачунаго).

Даниялбег. Дуе НухІбикада магьари лъезе къваригІун рагІула.

ХІажимурад. Бокьараб гьабила дица дир давлаялда!

Бата. Рилълъа, ХІажимурад!

ХІажимурад. Дун вилълъинаро. Дир Имамасулгун дандчІвай буго. (Даниялбегги Ватаги уна. Жаниве саламги кьолаго вачІуна Имам).

ХІажимурад. ВагІалайкум салам.

Имам. ХІажимурад! – цо суал буго дуе.

ХІажимурад. ГІенеккун вуго, Имам.

Имам. Дица кьурдиги кечI ахІиги гьукъун буго. Нилъ жакъа гьелде регІун гьечІо. Дида(бицана битI ккечІеб рагъдаса хадубги цини нужер сухІмат-кеп букІанилан. Нужеца чІагІа гьекъолилан.

ХІажимурад. Имам. БитІ ккечІеб рагъдаса хадуб кьурдани, гІолохъабазул рекІелъ магІлъун къараб битІ ккечІолъи щущан уна. РекІелъ къуват, цІилъула бахІарчилъиялде шавкъ бижула. Чорхолъ бахІарчилъи гьалдола. Гьаб дир кьокъаб рекъаб бох халалъун бачІуна, таваккал гьалдола! Таваккал!

Имам. (Ццинбахъун). ГIатІидаб рахъги кІалдибе ккезабун зурма пулеб буго дуца.

ХІажимурад. Нижер кьурдиялъ диналъе квалквал гьабуларо.

Имам. Кумекищха гьабулеб?

ХІажимурад. Ниж лаилагьги бачунаго кьурдула. ТалихІ кьеги, изну кье цо дуда цере кьурдизе. Гьеб дуе рекІее гІечІони, дица киданиги кьурдун хІетІе бахъизе гьечІо.

Имам. Бихьизабе. Ахирияб кьурди.

ХІажимурад. (НуцІаги рагьун) Дир гІолохъаби жанире рачІа! (Цо жо абула гьезда. ГІолохъаби кьурдизе журала валагьун вукІарав Имам горсверулъе кІанцІула. Рагьда рукІарал Даниялбег, Бата жанире рачІуна).

Даниялбег. Гьанже гьас зани (повалилбегизе гьабуна. Амма дица Нухбикада гьес магьари лъезе биччазе гьечІо. Имам дихъ гІенеккизе вуго.

Дуба. Магьари гьесие щай? (Велъула).

Даниялбег. Ругънаде цІам щваге, Дуба.
8 Пардав

Имамасул совет. Имам вачІуна.

Имам. ГІолохъаби киналго данделъанищ? Цадахъ. Данделъана.

Имам. Нилъер данделъиялда гьоркьоб лъезе, дир буго кІиго суал.

1. Нилъер Хьаргаби, СалтІа, ЧІохъ ва ГIириб ран лъугІарал щулалъабазде чабхъен гьабизе хІадурлъулев рагІула Воронцов. Гьесие къваригІун рагІула Даргъоб щвараб рогьо бацІцІине. Гьес кІудияб аскар цІалеб рагІула гьенибе. Нужеца боял хІадуре.

2. КІиабизе бугони, дун гьудулзаби, гьанже херлъунги вуго. Черхалда щвараб 19 ругъуналъулги асар камулеб гьечІо. Дие бокьун буго Имамлъиялдаса инкар гьабизе. Гьеб гІолохъанав, бажари бугев чиясда тІад къазе. Дица гьеб (с(ученымигІалимзабазда дандги бана. Дие бокьун буго дир вас ГъазимухІамад Имамлъун тІамизе. Гьес 18 сонги бана, дица дир вас вецциларо. Гьев кинав вугевали нужедаги лъала. (Киналго((молчаниеруцІцІун чІола).

ХІажимурад. Имам, мун жеги абизегІан херлъунги гьечІо, 18 сон бан бугониги, Имамлъи гьабизе бажарулеб даражаялде дур васги вахун гьечІо. Гьаб захІматаб заманалда дуца Имамлъиялдаса инкар гьаби, битІараб букІинаро. Дуца дурго буюурухъал хъвазе дурго Мирза тІаме. Нижеца гьел тІуразе гьарила. Мун вукІана мискин чиясул вас, вахана Имамасул тІадегІанаб хъулухъалде. Мун чІаго вукІаго кодобе кьечІониги, дур васасе мун хун хадубги, захIмалъиларо Имамлъиялде вахине. (Наибзаби цоцахъ ралагьула, Даниялбегил цІакъ рахІат хола.)

Наибзаби. (Цадахъ) БитІараб буго. Имам. Нужеца малъараб гьабила, мажлис кьана. (Даниялбеги Мусаги (кромехутІун, цогидал уна).

Даниялбег. Муса, кинабго хвезабуна ХІажимурадица, Дица дир дурц вугилан веццулеб мех гуро, ГъазимухІамад бахІарчияв, лебалав вас вуго.

Муса. Вихьанищ КъебедмахІамадгицин вуцІухІун чІана.

Даниялбег. Досие кІалалъ щиб бицаниги, жиндиегоги, кьваригІун батила Имамлъи.

Муса. Дагьабги цІакъ ХІажимурадиеги къваригІун батила.

Даниялбег. Имамас сордо-къоялда жаниб цо лъабцІулниги веццулев ватила ХІажимурад. Досда бадивеги веццула. Цинги живго кутакав чийлан ватиларищ гьев.

Муса. ГIурусазул рахъалда вугеб мехалъ кІиябго нухалъ ХІажимурадица къезабуна Имамасул аскар. Гьудубниги кІочон тезе ккани.

Даниялбег. Дица чанги жигар бахъула ХІажимурадил гІунгутІаби Имамасда ричІчІизаризе. Имам гІенеккуларо. Рилълъа, гьудул, нилъги. Къо-мех лъикІ. (На местоКъавухъе пардавги, гьелда цересан рокьоре унел наибзабиги).

ГъалбацІдибир. Дидаги берцин бихьана ХІажимурадил пикру, 18 сон барав ГъазимухІамадица кинаб гІакълу кьезе бугеб Къебед-МухІамад гІадал гІакъилзабазе, кинан роцада чІезавизе вугев ХІажимурад. Иммалъун Шамил вукІине ккола.

Наиб. БитІараб буго.

ГъалбацІдибир. Шамилил гІелмуги буго, гІакълуги буго. Гьесул цохІо цІар гІадлуялъе гІолебги буго.

Наиб. Нилъеда гьоркьов Имамасда хадув вачІун гІелмуги гІакълуги бугев чи гъаб жакъа Къебед-МухІамад вуго. Амма Шамил чІаго вукІаго, дос гьеб хъулухъ тІаде босуларо. Шамилил пикруялда дов тІад рекъечІо, амма вуцІцІухІун чІана. (Гьел гаргадилаго уна. Хадурго цун рачІуна ХІажимурад, Инквачилав, 2 гІолохъанав наиб).

Инквачилав. ХІажимурад мун кІалъачІевани, киналго ХІажимурадил пикруялда разилъизехъин рукІана.

ХІажимурад. Къебед-МухІамадил гІадат гьечІо, гІедегІун рагІи бицунеб. Дун кІалъачІевани, дов кІалъазеги бегьулаан. Дун дагьав хехав гьечІищха. КІиабизе бугони, Шамилихъе наиблъи Денгаца кьун букІинчІо. Халкъалъ гьеб кьезе кколеб бугони, хвалчен бегІерасухъе кьела.

Инквачилав. Шамилица 18 сон барав васасухъе Имамлъи кьей ракІалде щвезабурав чи Даниялбег ватула.

ХІажимурад. Жиндиего щолебаниги инкар гьабилароан гьес. Гьесие цІакъ бокьула хІакимлъи. Дурцниги Имамлъун ккезе жигар бахъулеб батила.

Инквачилав. ХІакимлъи бокьиялъ гІемерисел балагьалде цІала.

Инквачилав. Дуца цогидаздаги ракІалде ккараб жо рагІун абуна. Огь, ле! Вай! (Къан чехь ккола).

ХІажимурад. Щиб дуе? чехьищ унтулеб (что либугеб?

Инквачилав. У! Огь-гьо-гьай. Нужа, цосина нухдаги унтизе гурин! тІад вуссинин.

ХІажимурад. Гьедин мунги тун ниж инаро. Цадахъ тІад руссина.

Инквачилав. Воре, воре. Руссунге. Нужа. Мадар лъугьани, дунги хадув гъелин. (ТІад вуссуна).

Элдар. Цощина, вабаъалъул хІурцин чІван гуродай Инквачиласда.

ХІажимурад. Лъаларо.

Элдар. КІудиял гьудулзаби руго Даниялбегги Инквачилавги. Дуца абизе (нельзя былобегьулароан додин.

ХІажимурад. Дихъа тІонацІ букарараб мехалъ, наку хъасун бажаруларо. Бицаниги дица Имамасда бадиб абураб жо гурищ такрар гьабураб?

Элдар. Даниялбегасе мун тушман вуго. Шамил кинанадай дуда гьусилаяли лъаларого рагІула дов.
II часть
1 акт.

Хьаргаби росу. Ахакь чІвараб Шамилил чадир. Гьелда цеве хьвадулев Имам. Саламги кьун, ХІажимурад вачІуна.

Имам. ВагІалайкум салам. Хьаргабисан нахъе къалеб бугеб Воронцовасул, аскаралда хадув лъугьине дуца инкар щай гъабураб?

ХІажимурад. Имам дуца гьеб дида тІад къачІо. Гьеб рагьул жавабчилъи Мусада тІад къана.

Имам. Дуда Даниялбегица абун буго гури Мусае кумекалъе аян.

ХІажимурад. Щив чи Даниялбег дие буюрухъал кьезе. ГьанжелъагІан дуца гурищ дун ине кколеб бакІалде витІулев вукІарав?

Имам. Мун хисун вуго, ХІажимурад!

ХІажимурад. Дун хисун гьечІо. Дир бажариялда рекъон, дуца диде божилъи гьабулеб гьечІо. Дуца Балахьуниса Муса витІана Воронцовасде данде. Нахъе къалеб бугеб аскаралда хадув дун щай витІизе кколев? Дие кІиабилеб бакI бокьуларо.

Имам. Дица Даргьоб мун витІана Воронцовасде данде.

ХІажимурад. Дицаги дур божилъи ритІухъ гьабуна.

Имам. Дуе бокьуларо мутІигІлъизе. Дуда лъаларо цадахъ рекъон хІалтІизе.

ХІажимурад. (МнеДие битІула ва дун бергьуна дицаго нухмалъи гьабулеб рагьда. Дихъ унго-унгояб рагьул шавкъ багъарула дицаго гьабизе кколеб жо чІван къотІун бихьулеб мехалъ.

Имам. СалтІе унеб гІурусазул аскаралъе Хважалмахьисан нух къазеги инкар гьабуна дуца.

ХІажимурад. Дир аскариял вабаъалъ унтун руго. Гьел дица в горымугІрузде нуха регІана. ХутІарал дагьаз кІудияб аскаралъе нух къаларо. Доба букІине ккола тушман гьукъизе гІолеб къуват.

Имам. Цоги гьикъизе бокьараб жо буго. Дица ГъазимухІамад Имамлъун теялда бан, дуца щибилан абураб Инквачиласда?

ХІажимурад. Дица бицен ккараб мехалъ, дуда цебе абураб жо такрар гьабуна. Цо жо тІадеги жубана.

Имам. Щиб?

ХІажимурад. Денгал ирс гурин Иманатилан. Абун бахъарабго ракІги бухІана. ТІаса лъугьа.

Имам. Хвалчен бегІераб бучараб гІоларо, гІелмуги къваригІуна, Къуръакги лъазе ккола, сабруги хІажалъула Имамлъун вукІине ккани. ГъазимухІамад дица 5 сон баралдаса гІелмуялда тІад чІезе гьавуна. ЛъикІал гІалимзабазухъе лъай босизе витІана. Имам вукІине ккола диван лъалев, рагІа-ракьанде щун гІелму бугев.

ХІажимурад. Имамлъун мун вукІине ккола. Дуца абураб нижецаги гьабизе ккола. Васалам! Гьеле дир пикру.

Имам. Дида гьел гурелги рагІулел руго цо-цо дуца гьарулел данде кколарел жал хьвада-чІвадиялъулъги.

ХІажимурад. Щал гьел?

Имам. Дуда гьел лъала. Дица гьел такрар гьариларо.

ХІажимурад. ГIолохъабаз цо-цо цІалеб хъалияналъулги бергьенлъи чуризе гьекъолеб чІагІдал хъабаялъулги цин бахинабун бугилан ккола дуде.

Имам. ШаргІалъ гъукъараб жоялъе гІолохъанал херал рукІунаро. Гьекъараб мехалъ ахІула кечІги, гьабула ихтилатги. Жакъа нилъ гьелде регІун гьечІо.

ХІажимурад. ЗахІматаб заман. Дур рецц къваригІаразе бокьун буго дир бахІарчилъи мерхьине.

Имам. ЦІумазеги гъудузеги къваригІун буго тІадчилъи.

ХІажимурад. Дун гьезда гьоркьове унаро. Дие дунголъун вукІарав гІола. Дица лъицаниги дида тІад хІетІе чІезеги теларо. Гьаб щиб дида сверухъе бугеб макрудал ралъад?

Имам. КІодолъиялде рахунеб болъоялда цеве загІиплъулев вуго инсан. Гьелда цебе гьабулеб такъсиралде, къадарлъиялде вачІунев гьечІо чи.

ХІажимурад. ЦІа чорхолъ гьечІесеги цІар къваригІун буго. Гьеб дуда аскІоб лъамияб хабарги бицун, балагьулеб буго. Дун дуе мутІигІлъулев гьечІилан мацІигъунел руго.

Имам. ХІотол сум букІаниги, мутІигІлъизе ккола бетІерасе.

ХІажимурад. МутІигІлъизе ккола. Амма бетІер бица-бицаралда божизе бегьуларо, Имам.

Имам. * Ралъдал лъим цІикІкІуна тІаде рачІунел лълъимаз. ТІадчиясулги лъай цІикІкІуна чияца бицунелъухъги гІенеккун. Табасараналде иналъул суалалда тІад ургьанищ мун. Яги гьелъиеги инкар гьабулевищ вугев.

ХІажимурад. Дун расги жо бичІчІуларев чилъун Даниялбегица рикІкІаниги, дуцагІаги рикІкІунге. Кье дихъе 2000 чи. Дун ина.

Имам. 2000 чи киса кьелев? Дуда бихьула сверухъе бугеб хІал. Ваче тІаса вищун 500 чи.

ХІажимурад. ГIемерал аскарал руго гьора гІурусазул.

Имам. Дуца гІемер гьабе аскар гьорлъе табасараналги рачун.

ХІажимурад. ЛъикІ буго дица дуе бокьараб гьабила къо-мех лъикІ). (Чирахъ свине гьабула). (Цевеги вачІун ХІажимурадица абула: Щиб дидасан къваригІараб жо? РакІчІун къолеб лъалеб бакІалде гурони, ахираб заманаялъ дун витІулев гьечІо. Дир рагьул къагІида бичІчІизе бокьулеб гьечІо. Гьелдасан бугеб пайда бихьулареб ххвел гьабулеб буго. Дун вокьуларезе бокьун буго дир бахІарчилъиялде бухІун лъим щвазе. ГьедигІан тохавали дунги гьечІев. Ккараб ккун букІина.
2 акт
1 пардав

Имамасул лагерь.

Даниялбег. КІудияб божилъигун Табасараналдеги витІун, бигъине кинабгоги гьабун вуссун рагІула ХІажимурад.

Имам. (Байтулманалде кьезе кколеб бутІаги гьанибе щвезабун, гьев Хунзахъе ана. Гьаб хвалчен диеги бачІана.

Даниялбег. Гьесда лъала живго берцин вихьизавизе. Давла рокъобе щвезабизе ун ватила Табасаранги тала гьабун вуссарав чи. Мун гьечІеб мехалъ рачІун рукІана табасаранал духъе гІарзалъ.

Имам. Тала гъабунилая? (Ццидалъ). Дица гьесие тамихI гьабила. Цожо гьечІого гІарзалъ гьанире гІадамал рачІинаро.

Даниялбег. Гьев некІого тІасан ккун вуго, Имам. Гьес, жиндирго цІаруе жо гурони, гьабуларо.

Имам. Дица гьев тІасан ккарал жал гьаризе гуро витІун вукІарав.

Даниялбег. Дуца гьев ботІроде вахине тана.

Имам. Дир ботІроде жеги щивго вахинчІо, гьевги вахинаро. Бокьуларого буго дие кьал. Гьеб кьал лъани, тушман вохила, дун вокьуларел гьимила. Гьаб бакІалда сабруяб нух балагьизе ккола. ТамихІ гьабичІогоги гьев тезе бегьуларо.

Даниялбег. Кинаб сабруяб нух? Дуца малъараб гьабичІев чиясе? ЧІаго мунги вукІун, Имамлъи къваригІарав чиясе.

Имам. Дун гьелда божуларо. Амма ХІажимурад тІасан кколев вуго.

Даниялбег. Хал гьабе дур вас, дир дурц, ГъазимухІамадидасан байбихьун гьев гІолохъабазе хирияв вуго. Дуца пикру гьабичІищ щаяли. ..

Имам. Щайха?

Даниялбег. Щай гурого ХІажимурадие гІола цого цо чотІа цІакъав вукІарав. Гьес гІолохъабазе я хъалиян цІазе, я чагьир гьекъезе гьукъуларо. Гьелгун гІел бащадав чи гІадин вукІуна. Гьелда нахъа цо жо буго.

Имам. Щибго кІочон толарев чи вуго. Цосина вугодай дида нахъа эргъелев? Йохъ, ватуларо.

Даниялбег. Дуца гьев дурго роценалъ ворцунге. Гьес кинабго гьабула живго берцин вихьизеялъе гІоло. Сон-церекъад табасараналдаса къун тІадги вуссун, гьев тІасияб хамизалъ Хунзахъ чуял риччазе хІадурулев рагІула. ГІолохъабазе бокьулеб жо.

Имам. (Пикрабалъ) Къебед МахІамадги ГъалбацІдибирги дир ясазул ригьнал гьезул васазулгун хваралдаса дида гъорлъ цІорона. Гьанже ХІажимурадги. Бищун дида сурун бихьараб, дида рихараб цолъи гьечІолъи! Йохъ бегьуларо. Гьевги кьаллъани, цолъи гьечІолъиялъ цо балагьалде рачина.

Даниялбег. Дагьабги квешаб ахиралде рачина хвалчен бегІерав ХІажимурадица мюридзаби дуде данде гьусани.
2 пардав

ХІажимурад саламги кьун жаниве вачІуна.

ХІажимурад. Дуца ахІидал вачІана.

Имам. Дица мун Табасаран тала гьабизе гуро витІун вукІарав, Табасаран гъазаваталде бахъинабизе витІун вукІана, гьениб щулалъи базе витІун вукІана. Дудасан гІарзалъ табасаранал рачІун рукІана.

ХІажимурад. Дица гьел тала гьаричІо. Табасаранал гъазаваталде рахъунгейлан рокъо-рокъоре ун, хабар бицунел рукІарал, гІурусал хириял чІункІби гурони, Хайдакъаз ва Табасараназ диде данде чІей гьабичІо, Хучниялъул щулалъи ккун чІараз гурони. Дун чІун вукІана дур аскаразул кумек щвезегІан, Хучни щулалъиги ккун. ТІаде щвезе кколеб кумек кватІана, Аргьутица сверун ккуна. Нижеца, хІалица, 60 бищунго лъикІав бахІарчиги чІван, бахъана нух.

Имам. (Ццин бахъун). Рагьизе рукІун руго. Аргьутикьаги хІинкъун тІуричІого.

ХІажимурад. (Ццин бахъун, тІаде вахъун вачІуна). Дун хІинкъуч гуревлъи Кавказалдаго лъала. Я хІинкъиялъукьа, я хваликьа бер къан, цо кьоялъги вагъичІо дун. Дица тІад лъураб тІаргъил къимат хвезе течІо. ГIурусал некІого ругьунлъун руго рагъизе. Гьезул нижедаса 5 нухалъ цІикІкІараб аскар букІана.

Имам. Табасаранал щай рачинчІел болълъе? Дуца тасамахІлъи биччана, гьединлъидал къун тІад вуссана.

ХІажимурад. (Сабурго). Рагъ цин къолеб, цин бергьунеб жо букІуна. БукІунареб батани, Грамматинил аскаралде данде дур вукІана 15 азарго чи, Ва 2 гІарада. Мун щай къурав? (Дирги, гьаб сапаралъ Аргъутикьа къей тІаса лъугьун тезе бегьуларищ?

Имам. Рагъ къолебги, бергьунебги жо букІуна. Амма табасаранал тала гьари, дица гьедин тезе гьечІо.

ХІажимурад. Дуе гІенеккизе бокьун бихьуларо. Мун лъикІго цІезавун вихьула.

Имам. Дица мун хундерил наиблъиялдаса эркен гьавулев вуго.

ХІажимурад. (Ццидалъ). Дир наиблъиялда бараб жо цохІо щибниги гьечІо. Къо-мех лъикІ! (Уна).

Имам. Пиридул гІаштІи! Мирза ахІе. (Мирза вачІуна). ХІажимурад наиблъиялдаса (отзывмахІрум гьавураб гьесул бакІалде тІамураб буюурухъ хІадуре ПатагІали. Гьел кагьтал росун Хунзахъе чапарги витІе гьаб сагІаталъ.
2 акт
1 пардав

ХІажимурадил добго рукъ. Тахида гІодор чІун Элдар, ХІажимурад, ГІумардаци, ХанмахІамад.

ГІумардаци. Дир цІакъ рахІат хун буго, ХІажимурад. Дие мун ракълиде вачІине бокьун буго.

ХІажимурад. Дун кьалда гьечІо. Имамас гурищ Хунзахъе аскар цІан бугеб? Дун жаваб кьезе хІадур вуго. (КІутІулеб рагІула. Элдарица нуцІа рагьула.)

Элдар. Цо чи вуго мун цІехолев, гьале. Квешго ретІа-кьарав чи вачІуна).

Жасус. Дие ХІажимурадилгун кІалъай гьабизе бокьун буго. (Сверухъ ругезухъги балагьун), гьел нахъегІан уна. Аргъутида лъан буго дурги Шамилилги кьал ккун бугеблъи. Имамасул аскар дуде тІаде кІанцІизехъин рагІула. Аргъутица абуна, жинцадила, дуе бокьани, гІурусазул аскаразул цІезе гьабилила Хунздерил тІалъи. Бищунго бахІарчиял солдатал ритІилила Имамасде данде.

ХІажимурад. (Ццин бахъун). Дуца Аргъутида абе, гьудул, чияда аскарги гьарун, дун дирго халкъгун вагъуларин. Дун хІалихьат гурин, дун ХІажимурад вугилан. Нух битІаги. (Жасус уна. Чирахъ свинабула).

(Чирахъ рекІарабго, нуцІида кІутІулеб рагІула, Элдар кьватІиве ваккула).

Элдар. КІиго чи вуго кІалтІа мун цІехолев. Цояв Шамилил дибир. Цояв дида щивали лъачІо.

ХІажимурад. Жанире раче. (Элдар уна. КІиго чигун жаниве вачІуна. Шамилил аскIове).

Дибир. ХІажимурад, дир вас, нуж рекъечІони, нилъер Маммаб рукъалде балагь бачІуна. Бищунго Дагъистан гъункун цолъун букІине ккараб къоялъ, нужеца кІияздего гьоркьобе кьал биччани, нужеда тІаса наслаби лъугьине гьечІо. МаслихІаталде рачІине ккола.

ХІажимурад. Дица гуро кьал балагьулеб бугеб! Кьалде дун вуго цІалев.

Дибир. Имамасеги гьеб хІажат гьечІо.

ХІажимурад. Имам дидаялдаса дир тушбабазда божулев вуго.

Дибир. Имамги херлъун вуго. ЦІикІкІараб мехалъ Сабруялъги дагьавниги чи толев ватила. Дида бичІчІула дур рекІел хІал. Сабру алжаналъул кІул бугилан абула, дир вас, нуж рекъезе ккола.

ХІажимурад. Дун гьевгун (барщун гьечІо. Дун Имамасде тІаде кІанцІизе уневги гьечІо. Гьев вачІун вуго аскаргун Хунзахъе!

Дибир. Нуж кІиялго цІодоралги руго, гІакъилалги руго, ццидае бокьараб гьабизе я дуца бегьуларо, я дос бегьуларо. Гьелъ нужер тушбаби роххизе руго. ХІажимурад, дида лъала мацІалда ракьа гьечІониги, мацІица ракьа бекулеблъи. Гьеб Имамасда щай дуца бичІчІизе гьабулареб.

Дибир. МацІид чи чІвала, цІогьод оц хъола. Бегьулеб батани, вачІа маслигІаталъе. Шамилил вакьад, херав Жамалудин, вачІана, унтараб босносаги вахъун нужеда гьоркьоб маслигІат гьабизе. Гьесул хІурмат рехизе бегьуларо.

ХІажимурад. ЛъикІ буго. Биччанте Имамас мацІихъабазе гІадлу гьабизе. ТІокІаб щибго хІажат гъечІо.

Дибир. Нуж кІиялго данд чІвазе ккола.

ХІажимурад. Дун разияв вуго Шамилие бокьараб бакІалда гьевгун данделъизе.

Дибир. ЛъикІ буго! ПалгІарт бакьулъе вачІа Имамги гьениве вачІина.
2 пардав

Къараб пардавалде цере рачІуна Шамил. Цояб рахъалдасан ХІажимурад. КІиязулго хвалчада лъун кверал.

Шамил. ХІажимурад, нилъер дагІба сабаблъун, нилъер миллат кІийиде бикьани, нилъеда тІаса нилъер халкь лъугьунаро.

ХІажимурад. Имам, дица дудаса цохІо жо тІалаб гьабулеб буго. Мун мацІихъабазда божуге, гьезие гІадлу гьабе. Дунги рагъ къваригІарав чи гуро.

Имам. Бица-бицаралда божи я дур, я дир бахІарчилъи кколаро.

ХІажимурад. МацІихъабаздаса бергьине кІвани, гьебги Имам, бахІарчияс халкъ цолъизабизе ккола. (Кверал росула). Дур чанкІкІиялдаса дир сабру бергьана.
3 пардав

Гаргадилаго рачІуна Шамиль ва гьесул вас Гъази-мухІамадги.

ГъазимухІамад. Эмен цІакъ лъикІаб хІалтІи ккана нужеда гьоркьоб рекъел ккей. Дуца ХІажимурад вукІараб бакІалде тІамулевани, (всемукиналъего ахир лъолаан.

Имам. Дица гьев вукІараб бакІалде тІамиларо. Цо рекІелъ рекъечІеб жо ккани, гьесда гьебсагІат цІа рекІуна.

ГъазимухІамад. Эмен, дуда кколирищ гьединабго цІа нилъедаги рекІунилан. Гьесул дудехун тушманлъи гьечІо. Дун, Гъуниса вачІунев чи гьесда рещтІана. Гьес дун (принялкъабул гьавурав куц. Дун гьоболлъухъ вачІин кІодо гьабун, ПалгІарталъур хундерица чуял риччана. Роодал жамагІатго ахІана гьоболлъухъ, гІодоб тІамун оц хъуна.

Имам. Сон-церекъад къунги вуссун, чуял риччалев! (БетІер кІибикІула). (Ургъулаго). Гьоркьоб ккараб жоялъул биценго кканищ?

ГъазимухІамад. КкечІо.

Имам. ПатагІали вукІанищ гьенив — хундерил наиб.

ГъазимухІамад. ВукІана. Киназего ХІажимурадил рагІи бугоан аслияб жо.

Имам. Хунз цІакъ бегІерал чагІи руго. Гьезие наиблъун лебалав, рагІи билълъарав чи къваригІуна. Ханзабигицини хІаларо гьез бахІарчиял гьечІони. Дица цодагьаб мехалъ гъоркьоб хІур гІодобцинегІан Хундерил наиблъун ХІажимурадил вацгІал Албури тІамила.

ГъазимухІамад Дида бичІчІулеб бакІалдаса гІебеде дудаги ХІажимурадидаги гьоркьоб бакI тІубанго роцІун бихьуларо, эмен. Дида гьеб досул рахъалдасан бихьичІо, (с твоейдур рахъалдасан бихьулеб буго.

Шамил. Дие заман къваригІуна. (Ургъулаго) Дие бокьичІониги, цо-цо бахІарзал дида гьоркьор лъалаго цІорон руго. Хасго дие бищунго хирияв Къебед-МухІамад. Мунагьал чураяв Ахъбердил МухІамад Чачаназул наиблъун тІамуралдаса Талгик, Бота, СагІдулагь батІиял лъугьана. Диеги бокьун гьечІо ХІажимурадги рикІкІалъизе.

ГъазимухІамад. Эмен, гьанжеги хабар рагІула дуца гьев чІвазехъин вугилан. Нужер рекъел гьересияб бугилан.

Шамил. (ТІаде вахъуна). Ццин бахъун) Тезехъин гьечІоха рахІат я дие, я досие. Саламги кьун, ХІажимурад вачІуна. Данде салам буссинабула ГъазимухІамад уна).

ХІажимурад. Имам! Сануе бокьун буго гІагарлъиялде щвезе Чачаналде ине. Дун дур изну гьаризе вачІана.

Имам. РекІее гІоларого). Чачаналде ине гІедегІуге. Цодагьаб гІадамазул хабарги гІодобцинегІан. Дица Хунзахъе наиблъун дур вацгІал тІамуна. ТокитІехун рахъалде ПатагІалиги витІана. Дица дуе гІумру гьабизе бихьизабулеб буго бокьани, ТІокитІа, бокьани ТІелекь, дица мун дихъего ахІизегІан.

ХІажимурад. (КІанцІун тІаде вахъуна) Я ТІокитІе инаро, я ТІелекье инаро! Дирго рокъове ина. Унаго) Дун гьениса нахъе гъезе рачІа лъикІал бихьинал.
4 пардав

ХІажимурадил рукъ. Рукъ бакІарулей Сану. Жаниве лъугьун вачІуна ХІажимурад.

Сану. (Йохун) Бергьанищ нилъер чу?

ХІажимурад. Лъаларо.

Сану. (Йиххун) Ккараб-тараб жо бугищ? ХІажимурад. Мун дова вукІинчІищ?

ХІажимурад. ГьечІо! ГІумардаци ахІизе а.

Сану. (Бигьа гьабун) Вабабай цо жо ккун батула. Гуребани гьесул хирияб айгьир биччалеб къоялъ, кидаго — вукІунароан ПалгІарталде инчІого.

Гулла. (Жаниве кІанцІун вачІуна вохун холаго) Дада, дада. Нилъер чІегІераб айгьир бергьана, оц нилъее щвана.

ХІажимурад. Бихьинчи баркула дуда! Нилъее щвараб оц, хъвезеги хъун, гІабадерил бесдалазе бикье дадал.

Гулла. (Ургъел чІван) Щибниги ккун бугищ, дада?

ХІажимурад. ГьечІо, дадал" ГIолохъабаз оц хъвезе кумек гьабила , дир буюурухъ тІубазабе.

Гулла. (Унаго, рахІат хун, инсухъ валагьула). ЛъикІ буго, дада. (ГІумардаци вачІуна, кверал росула салам кьола).

ГІумардаци. Жакъа Гуллаца бихьизабун буго унго-унгояв чотІахъан вукІин. Баркула дуда. Мун вукІун рагІуларогури дова. ..

ХІажимурад. Баркала. ГІумардаци! Дун гьелде регІунищ мацІихъабаз толев вугев? Гьанжеги дидаги Имамасдеги гьоркьобе гъегъ балеб буго Даниялбегица. Дица гьев чIвазе вуго.

ГІумардаци. Хехдаруге, ХІажимурад. ХІакъикьат лъазе ккола цин.

ХІажимурад. Дунго тІаде (ккана Даниялбег Имамасде мацІигьунев вукІаго. Салам кьезе рекІеда гъечІого, къватІиве ана дун вачІараб мехалъ. ХІалихьат!

ГІумардаци. Дур цІаралъ рахІат толеб гьечІо гьесие. Хвалчаца биххулареб, харбица биххула. Дуца сабру гьабе. Ццим гІодобцараб мехалъ, Имамасда кинабго цІидасан (9расскажибице. Мун гьесде данде вуссине дие бокьиларо.

ХІажимурад. Данде вуссине бокьичІого, ана дун Табасараналде. Дида цере гьенире кІудиял аскаралгун арал наибзаби, расги жоги ккечІого, тІад руссун рукІаниги.

ГІумардаци. Даниялбегица ургъунго витІизавун ватула мун дове.

ХІажимурад. Дун дове щвелелде кІвараб хІадурлъиги гьабун батила. Дида дов лъала. Бер бахъизе кквеле цо къоялъ дов живго Имамасе хилиплъичІони. Жаниве вачІуна Имамасул чапар, ХІажимурадихъе кагъат кьола, гьес цІалула).

ХІажимурад. (Ццидалъ) Дида кодоб бугеб давла дир хвалчаца гьабураб буго. Гьеб бахъизе бокьарав чи хвалченгун вачІа дихъе!

ГІумардаци. Щиб, дир вас, гьанжеги ккараб?

ХІажимурад. Дир кинабго рикъзи Имаматалъе бахъизе хІукму гьабун рагІула. Дица Имамас изну кьечІониги, ритІила Сануги, лъималги, гьезие хІажатаб къайиги Чачаналде. Ккараб ккела! ХутІараб цІа гъунги бухІила.

ГІумардаци. Дие бокьилаан дуца гІедегІичІого, хІукму гьабизе. Дида жакъа бичІчІана Имам Даниялбегида божулев вукІин. Мун Имамгун данде чІвазе ккола нахъеги.

ХІажимурад. Унаро дун Имамасухъе.

ГІумардаци. Гьаб, дир хъахІаб бетІералъул хІурмат гьабун а, гьудул. Сабруги гІакълуги бергьине те.

ХІажимурад. (Пикрабалъ дове гьаниве хьвадулев). Дуе бокьараб гьабун, дун ина Имамасухъе. Амма дица Даниялбегил бетІер кьотІила. (Жаниве ячІуна ХІажимурадил эбел. Гьелда васас бицунеб жо рагІула).

Залму. ГIанкІу чІвазе унеб цер ахІдоларо, дир вас. ТІокІкІараб иццалда аскІоб букІунеб жо буго хьуцІги. ГIедегІуге. ЦІа гьелегьараб мехалъ, гьенибе (маслонах тІоге.

ГІумардаци. Залму! Бихьиназда гьоркьоб чанги данде ккунгутІи букІуна. ГIодое йиччай.

ХІажимурад. Ургъел гьабуге, эбел!

Залму. Дида мадугьалалъ абуна дур ХІажимурад Имамас чІвазехъин рагІулилан.

ХІажимурад. (Велъула). Дуца щибиланха абураб гьелда?

Залму. ГьаракІуниб кІал лъурай, КІикІунир берал лъурай дуда рагІулареб жо букІунариланги абун, аскІоса (прошлаана, дарман. Щибилан абилеб? Релъула).

ГІумардаци. Хъаничаца кигІан кІудияб рагІидай дуда хадуб рехараб?

Залму. ГIабдалас квараб жоялъул бицунила, цІодорас лъараб жоялъул бицунилан абуна мугъбекадица.

ХІажимурад. (Велъулаго). Сануца нижее квен кьолеб гьечІо, эбел! Дур нусалъ дун вакъуца хвезавулев вуго. (Релъула).

Залму. ЛъикІ дарман, ГьабсагІат кьезабила. (Гьей уна).

ХІажимурад. Дун сапаралде ритІулел (повозкигьакал хІадуризе ина. Кинаса кканиги, хъизанги, къайи-къоноги Чачаналде битІун лъикІ.

ГІумардаци. Божарал чагІиниги ритІе цадахъ. РекІкІ гуреб жо гьечІин сверухъе. Мун Имамасухъе а метерго.

ХІажимурад. ЛъикІ буго. (НуцІида кІутІулеб рагІула, Имамасул чапар жаниве вачІуна. Гьев, кагъатги кьун, уна).

ХІажимурад. (Кагъат цІалула). Имамас дун Автуралде ахІулев вуго.

ГІумардаци. Цо маслигІат ккезе бегьула. Имам цІодорав чи вуго. Нух битІаги, дир вас.
4 акт

Гаргадилаго унел наибзаби. Нухлул кваранабрахъалде ицц.

Худанатил МухІамад. Дуе ХІажимурад вокьунгутІиялъ Имамамталъе кІудияб зарал гьабизе буго. ШаргІияб данделъиялда цо маслигІаталде рачІине ккола.

Даниялбег. Кинаб маслигІат. Имамасул ццим буго гьесда. Муридзабаз ккун буго, гьес, Имамас изну кьечІониги, Чачаналде битІун унеб букІараб лъабго гьоко цІураб къайи.

Худанатил МухІамад. Чачанай лъидал ХІажимурадил лъади. Гьез гьенибе жидерго кьайи битІизе щай бегьулареб. Долъул мина буго гури доба.

Даниялбег. Имамамда изну гьаризе кколарищ?

Худанатил МухІамад. БоцІул бетІергьан вуго ХІажимурад, гьудулав чи. (Гьел гаргадилаго уна. Гьебго нухдасан ваккун вачІуна ХІажимурад, гьес иццдаса лъим гьекьолаго, тIаде вачІуна ПуркІачІиса Муртаза).

Муртаза. (ЗдороваетсяСалам кьола). Лъихъниги балагьун чІунищ?

ХІажимурад. ВагІалайкум салам. Автуралде унев вуго Имамас ахІун. ГIолохъаби рачІинегІан лъалхъун вуго.

МуртазагІали. Имамасул ццин буго дуда. Цо моцІица жинца витІараб бакІалде инчІила мун гІумру гьабизе, цониги малъараб дуца гьабулеб гьечІилан.

ХІажимурад. ВитІилелде цебе, цин дида бугеб гІайиб чІезабе. ГIайиб батани, ТІелекье витІуге, жагьандаманалъуве витІе.

МуртазагІали. ХІажимурад, мун дир инсул гьудуласул вас вуго. Дица бицаниланги абуге, мун хиянатчи хІисабалда чІвазе хІукму гьабуна балъгояб данделъиялда. Судалъги гьеб тамихI жакъа Автуралда тасдикь гьабизе буго. Киса кирего нуха мун кквезе хъаравуллъиги лъун буго. Дуца Чачаналде битІун букІараб къайи-къоно тІад лъураб гьокоги нухдасан ккун, Имамасухъе щвезабун буго. Дуца дуего гІамал гьабе.

ХІажимурад. Дун жакъа рагІула хиянатчи! РагІулищ дуда хиянатчи! Дун чІвазе хІукму гьабун рагІула. Сундухъ? Бихьила лъица щив чІвалевали. Дица хвалчаца бичІчІизабила мацІихъабазда хиячнатчи щивали.

МуртазагІали. Миккил гъветІги бекула къуват тІаде цІикІкІани. Мун дир гьудуласул вас дихъ гІенекке. Мун Автуралде унге.

ХІажимурад. Биччанте гьаб хІалихьатаб дуниял кІала гьоркье чІвазе. Заман щвелелдего къиямасеб къо чІезе. МацІцІал! Гьерсал! ЖахІда. (Нахъасан гаргади! Ва гьелда божулел гІакъилзаби.

МуртазагІали. ЛъикІаб жо бугоан дуниял гІадамасда дуниялалда берцинго хьвадизе лъалебани.

ХІажимурад. Дица дирго лъадудасаги, лъималаздасаги тІадегІан гьабуна Дагъистан. Дун гьелъие гІоло бокьараб къоялъ хвела. Дица Имамасул цо-цо наибзабаз гІадин, я ришватал росичІо, я мискинзабазул гъин кваначІо. Дица дирго хвалчаца гьабураб магІишат бокьаралъубе битІила, бокьани бухІила. Гьеб кинабго буго Даниялбегил мацІцІал сабаблъун.

МуртазагІали. Цо гІакьиласда гьикъун буго дир вас — гІакьиласдаги сихІирав чиясдаги гьоркьоб кинаб батІалъи бугебилан. Дос жаваб кьун буго — гІакъилас жигар бахъулила санагІат гьечІеб бакІалде гьоркьове ккунгутІизе. СихІирасда нагагьлъун гьединаб бакІалде ккани, берцинго ворчІизе лъалила.

ХІажимурад. Дица дир цІаралда тІанкІ лъурал чагІи ракь хъвалхьунги ралагьила. Дица дун чІаго вугогІан заманаялъ гьезухъе нух балагьизе буго.

МуртазагІали. ГIодове виччай! Нилъ гьанир лъиданиги рихьизе бегъуларо. Дуда цо нухалъ бихьана Тобтил рагІалда макру. Дуца дица бицараб жоялъул хІисаб гьабе. Дуего гІамал гьабе!

ХІажимурад. Баркала. Дун божун вукІинчІо. Дица гьедин гІадада кьотІизе бетІер кьеларо. Дуе нух битІаги!

МуртазагІали. Гьабулеб битІаги! (Уна).

ХІажимурад. Баркала. Киданиги бахІарчилъиялъ реххун течІо дун. Жакьаги гьеб, букІина д унгун. Аллагь дуданиги дир ракI бихьулелъул! Жакъа дун тІоцеве унев вуго сапаралде дие хириязул хабалахъеги щвечІого, эбелалъе, лъималазе кьо-лъикІги гьабичІого, хирияй Сануца бежараб чед хулжинибги лъечІого. Ккараб ккела! Дун кІочон тоге, мугІрул! (ХІажимурадил гьалмагълъи тІаде щола).

ХІажимурад. Рилълъа, гІолохъаби! Данде вачІуна нусил бетІер ЧІикІаса МахІама. Гьес жигар бахъула ХІажимурадидаги кІалъачІого ине).

ХІажимурад. МахІама, дагьалъ лъалхъея. (Гьалмагъзабазда) Дие гьавгун кІалъазе бокьун буго. (Гьалмагъзаби дорегІан уна).

ХІажимурад. (Хвалчада кверги лъун). Гьаб сагІат дица гьикъараб жоялъе битІараб жаваб кьечІони, дица нуж кІиявго чІвала.

МахІама. Гьикъе, бицина.

ХІажимурад. Гьеде цин. (МахІама гьедула).

ХІажимурад. Имам кив вугев?

МахІама. Шалиялдаса Автуралде ине къватІиве вахъунев тана.

ХІажимурад. Мун киве ун вукІарав?

МахІама. Имамасул амруялда рекъон, мун кквезе нухазда хъаравулзаби тІамизе ун вукІана.

ХІажимурад. Квалквал гьечІого, ине бегьулеб нух кисан бугеб?

МахІама. Аргуналде унеб нухдасан унге. Гьаб цояб нухдасан а.

ХІажимурад. Баркала. Дун дандечІванилан я дуца, я дур нукарас бицун батани, дица нуж дун чІаго вукІаго, толаро. (Гьелуна). Дун МахІамада божуларо. Рилълъа Аргуналде унеб нухдасан. Ккараб ккела!
5 акт.
1 пардав

Кваранисан рохь. КвегІаб рахъалда росу. Садкол рукь. ТІад ретІелги ретІахъе, кьижун ХІажимурадги, Элдарги, ХІамзалавги. НуцІил къири бахъарабго гьел тІаде рахъуна.

Садко. Цо чІужуялда вихьун вуго мун нижер бакІалде унев. Гьелъ росасда бицун, дос росо цІезе гьабун буго. Росдада мун кквезе ракІалда буго. Имамасул гьединаб буюрухъ буго. Чуял хІадурун руго. Хехлъи гьабе.

ХІажимурад. Рилълъа! (КІалтІа чІун цо чанго чи).

ГIадан. Ле, чІая цо!

ХІажимурад. (БитІахъе тІаде уна, таманча кьвагьула). Щиб нужее кьваригІараб? Дун кквезейищ? Кквеха цо кІолеб батани. Гьая рачІая. (ГIадамал чІола).

ГIадан. Ле, ХІажимурад! Цо дуда абизе бокьараб жо буго, кьвагьуге.

ХІажимурад. Нужеца дун гуккиларо. Кьвагьула, битІахъе гІадамазда гьоркьосан уна. — АскІоре кьани, квер биххила" Ракь те. ГIадамал тІурун уна. ХІажимурад рохьовехун валагьун уна. Рохьил рагІалде щведал. Гьес гьищтІула). (ХІанапиги, ХанмухІамаги рачІуна).

ХІанапи. Киса-кирего гІурусал руго. Нилъер (вырватьсярорчІизе бакІ гьечІо.

ХанмухІама. Нахъ руссани, нилъ Шамилица хадур тІамурал муридзабаз кквезе руго. Дол нилъедаса 30 нухалъ гІемерал руго.

ХІажимурад. Щиб лъалеб, гІурусазул рахъалдасан рорчІизеги бегьула, Ккараб ккун букІина, гІурусахъе рилълъина.

ХІанапи. ХъахІлъи лъалеб буго. Цин какал рала.

ХІажимурад. ХанмухІамад цоги нухалъ хал гьабе рорчІизе рес бугеб бакІ бугищали.

ХанмухІамад. БатичІони, цосина доз дун ккуни.

ХІажимурад. Ккуни абе гІурусазда нужер рахъалде рачІине бокьи загьир гьабизе вачІун вугилан. Ккараб ккун букІина. (ГIолохъабазде вуссун) Нужеца какалги ран, щиб кканиги, чорхое рацІцІалъи гьабе, гьоркьан ретІел хисе, ярагъ бацІцІе.

(ХанмухІама уна).
2 пардав

ГIурусазул солдатал рачІуна лъукьарав чиги восун.

Полтороцкий. Огь магІлунал. Бакъ баккудасан тІаде кІанцІана, бищун макьу гьуинаб рогьалилъ. Цо параялъ, гъурун гІадамалгун, тІурун ана. (Лъукъарасде вуссун). Унтулеб бугищ ругьун?

Солдат. Къо-мехлъикІ. Кинабго кватІичІого лъугІила.

Полтороцкий. ВукІана чи, гьечІо чи. Бугеб мунпагІат гьечІеб жо гьаб гІумру. (Вохуца холаго Семен Воронцов вачІуна).

С. Воронцов. Жакъа дун воххараб къо буго. (Гьесда хварав чи вихьула). Цояб рахъалда хвел, цояб рахъалда роххел. (Надалда каранда кверги цун гьес динияб ишара гьабула).

Полтороцкий. ЛъикІав солдат вукІана Иван. ЛъикІалги квешалги киналго ракьулъе уна. ГIолохъаби хоб бухъе.

С. Воронцов. Рохьил рацІцІалъуда чуязе хер хІадурулел солдатазде тІаде вачІун вуго ХІажимурадил мюрид. Гьесул баяназда рекъон, ХІажимурадие пачаясул рахъалде вачІине бокьун рагІула. (Хварав чи нахъе восун уна).

Полтороцкий. (ГIажаиблъун) КІудияб ками ккола Шамилие ХІажимурад нилъер рахъалде вачІин.

С. Воронцов. Доле, доле вачІинев. (ХІажимурадида тІад ретІун хъахІаб гужгат. Каранда бан наибасул ишара).

ХІажимурад. Дун пачаясул кверщаликье вачІунев вуго дирго гьудулзабигун цадахъ.

С. Воронцов. Мун дихъе щай вачІарав? Гьанир сверухъе киса-кирего гІурусазул аскарал руго.

ХІажимурад. Духъе вачІиналъе гІилла — мун сардарасул вас вукІин.
3 пардав

Воронцевасул рукъ. тахида гІодовги чІун, ХІажимурадихъ валагьун Воронцевасул вас. Квен цебе лъолей Марья Васильевна.

Марья Васильевна. Мун рекІее гІуна нижер васасе. Гьев дур яргьихъ валагьун вуго. Гьесда гьеб цІакъ берцин бихьана.

ХІажимурад. Баркала. Дун гьадин къабул гьавуралъухъ. Нуж гьанжеялдаса нахъе дир гьалбал ккола. (ГьитІинав вас ХІажимурадиде аскІове вачІуна).

ХІажимурад. Ханжар бичула, васасухъе бегьула). Ма я, гьитІич! Босея дацил сайгьат. Дирги (вуго гьадигІанасев вас.

Марья Васильевна. Кьоге! Кьоге! Гьалбадерие гьезда берцин бихьарабщинаб жо кьуни, Адам авараггІадин хьвадизе ккела дуниялалда. (ЗаходитЖаниве вачІуна Воронцов).

Марья Васильевна. (Ханжарги бихьулаго) Ханжар кьуна васасе. Гьеб цІакъ хирияб жо буго.

Воронцов. Гьесие нилъецаги кьезе ккела щибниги. (Лъадуца столалде нахъе гІодор чІезе ахІула, киналго гІодор чІола).

Воронцов. ТІоцебе лъадуе лъола) Ма, я лъади!

Марья Васильевна. Баркала. (ХІажимурадица Марья Васильевнае плов лъураб бакІалдасан босун, жиндиегоги лъола). Балагье цо, кванилъ загьру батилин хІинкъун вуго гъев.

Воронцов. Дица дуе щиб лъикІлъи гьабилеб?

ХІажимурад. Щибго кІваричІо. Как базе бегьулеб бакІ бихьизабе.

Воронцов. Заман щун бугищ. (ХІажимурад бакьухъ валагьула. Воронцоеас сагІат къватІибе бахъула. Гьеб кьабгІулеб сас бахъуна. ХІажимурад гІажаиблъула).

Марья Васильевна. Гьесие сагІат бокьанилан ккола.

Воронцов. Гьале нижер гьоболасе дирги сайигъат. (ХІажимурадица сагІат осула, баркала кьола, как базе уна. Жаниве вачІуна генераласул адъютант).

Адъютант. Генерал цІакъ рази гъечІого вуго дудаса. Гьев ццимги бахъун, духъе (пришелвачІун вуго. (Генерал вачІуна).

Генерал Мелер Закомельский. Дун вуго гьанив рагъулав начальник 25 соналъ рагьулаб хъулухъалда вугев. Сон-церекьад хъулухъ гьабизе лъугьарал гІадамаз дир хІурмат рехизе (дица теларо. Гьезда нахъа кигІан кІудив сардар ватаниги.

Воронцов. Гьедин абуге, барон?

Генерал. Дун дуе барон гуро. Дида "хІурмат тІадегІанавилан" кІалъай.

Воронцов. ХІурмат тІадегІанав! абуге гьедин.

Генерал. Абила. Кив вугев ХІажимурад?

Марья Васильевна. ГьабсагІат ахІила. Как балев вуго. ТалихІ кьеги дагІбадуге. ХІалакьаб дабгІаялдаса гьуинаб рекъел лъикІаб букІуна. (ХІажимурад вачІуна).

ХІажимурад. Гьале дун.

Генерал. (Кьварун). Бице кинабго! Дурги Шамилилги ккараб дагІбаялъул.

ХІажимурад. (Дагьабги кьварун). Дун вачІана хъахІав пачаясе хъулухъ гьабизе. Гьесул сардарасда гурони, лъиениги щибниги бицинаро. (ХІажимурад уна).

(Генерал бетІер кІибикІула).

Воронцов. Киданиги дуда данде чІван вукІанищ, ХІажимурад?

Генерал. Чанги. 1843 с. ГьоцІдерил рорхаби дос чаналиго кьоялъ нижеде данде, гамчІицаги вагьулаго, цІунун рукІана. БитІахъе дангъур цІурал мюридзаби рукІана нижгун рагьулел. Гьез Аргьутил аскаралъул гъуранщинав чи.

Воронцов. Доб Зираниб Пасекил аскаразде дов тІаде кІанцІараб куц ракІалда бугищ?

Генерал. Гьеб гуребги буго ракІалда Даргьоб букІараб рагь. МугІрузде гьабураб экспедиция кІала-гъоркье чІваялъе гІайибияв ХІажимурад вукІана.

Офицер. НухІбика йикъи бегьулареб жо гьабуна дос.

Воронцов. Дида бицана унго-унгояв джентельменасул гІадинаб бер-балагьи букІанин досул гьелдеян.

Генерал. Валагь, бахІарчияв чи вуго! 40 мюридги вачун, Шуравеги вачІун, тукабиги тала гьарун, инчІищ? Зарал хутІана дос генерал Орбелиани викъизе.

Офицер. БахІарчияв вукІаниги, вахІшияв чи вуго. Нилъер асирлъуде ккарав 26 солдат чІвана дос.

Генерал. Рагъда рагьда гІадин букІуна.

Марья Васильевна. Гьев Европаялда вижарав вукІаравани, кавалериялъул генерал вукІинаан.

Генерал. Кин букІараб батаниги, Шамилие ахир букІине буго. Гьес гІадада ворчІизе тана ХІажимурад.
6 акт.

ХІажимурадил рукъ, гІодой чІун Сану. ГІумардаци жаниве вачІуна.

ГІумардаци. Дида лъараб хабар бицине (пришелвилълъана.

Сану. (РассказывайБице, ГІумардаци, хекко. (ТІаде яхъуна).

ГІумардаци. ХІажимурад гІурусазул рахъалде ун вуго. Гьеб бицине ХІажимурадица балъгояв чи витІун вачІана.

Сану. (АлхІамдулиллагь. Гьев чІагогІаги вугелъул.

ГІумардаци. Гьеб хабар лъарабго, Имамас нуж жанир тІамизе бегьула. ЦІодорлъи гьабе.

Сану. Сундуе гьабилеб цІодорлъи! Нижер букІараб давла муридзабаз бахъана. Кинабго кибе аниги кІваричІо, дир рос чІаго ватани. Дир лъималазде аскІое эбел щвезае. Дие гьезул ургьел буго.

ГІумардаци. ГьабсагІат ина дадал. РагІал гьечІеб байдан букІунаро, мун гІодое йиччай. (Гьев уна).

Сану. Щибха, Аллагь гьабилеб? ЦІудул бусен лъураб гъветІги къотІулаха. Дур нодо букІкІани, ракI кьватІулеца цІа гъунаха дуда. Бадие ялагьун вокьулилан абизе кІвечІев, дир гъалбацІ. (Жаниве вачІуна Даниялбег).

Даниялбег. Бегъилищ, Сану.

Сану. Мун щай вачІарав, Даниялбег? Дуда аскІов гІодов, чІезе бихьинчи рокъов гьечІеб бакІалде?

Даниялбег. ВукІинищха. ХІажимурад гІурусазул рахъалде лъутун индал. Гьедин мунги тун, лъималги тун. Дур цІар кІудияв ХІажимурад.

Сану. Дуда хьолбохъ гІодов чІезе дир росги рокъов гьечІо. Нахъе а гьаниса.

Даниялбег. Имамасул буюрухъ буго мунги эбелги, лъималги гвандинир тІамизе.

Сану. Бихьиназе батІаго захІмалъиларо руччаби гвандинире рехизе. Хасго «кІихІичІван къуларай эбел.

Даниялбег. Цо нух буго гьелдаса хвасарлъизе.

Сану. Щиб нух?

Даниялбег. Дица бикагІадин хьихьила мунги дур лъималги, цохІого цо разилъи кье дир лъадилъун яхъине.

Сану. (Къаданиса ханжар бахъун бачІуна). Дир къайи те, хІалихьат. (МойДир гъалбацІ жеги чІаго буго. Дица дуда чохьолъ жо кьазабила.

Даниялбег. Дуе дие ячІани лъикІаб буго. Имамас мун хІалица кьунги тезе гьечІо, росасе кьечІого.

Сану. Дица дир гьалбацІ къватІул гьвехъ хисуларо. Дир гьалбацІалъе къор гъурав тушман, дир къайи те. Ханжаргун Даниялбегиде йортула. Дов къватІиве лъутун уна. Лъалинисаги бахъун ханжарги къандалъоялда гъоркь лъун, Сану гьелда аскІой гІодой чІола).

Сану. Дида аскІове вачІарасдаги къазабила, дидагоги кьазабила. (ГIодулаго Ханика жание ячІуна).

Ханика. Нилъее гьаб рагъалъ гьаб тушманлъиялъ кьураб жо щиб? Кьурун кодоса росалги рахъун тела нилъ ахирги. Рес гьечІо жеги гьабичІеб дир лъимер бесдаллъизе. Кида, Аллагь, дунялалдаса рагь лъугІулеб? (гIодула).

Сану. Жиндирго нохъо цІунун багъулеб гьалбацІалде гьвел баге, Ханика.

Ханика. ГъалбацІалъул нохъоде дир чахъаби унаро, Сану. Дун ячаралдаса чан къо бараб дир Элдарица дида аскІоб? Дуеги диеги дир (чехьалда квер бахъула) гьаб лъимадуеги хІажат бугищ рагъ?

Сану. Дун ячаралдаса чол кьолониб ана ХІажимурадилги гІумру. Доз нилъедаса эркенлъи цебе кколеб буго. Дун щиб дир росас гьабуниги, гьелда разияй йиго. АлхІамдулилагь щукру! Аллагьас бихьаралдаги рази йиго! Дицаго вищана ХІажимурад тІаса. Гьев вихьилалдего гьесул гІаларчаялъухъ рокьи ккана дир.

Ханика. (МагІу бацІцІунаго) Кин?

Сану. Дунги дир гІагараб чІужуги тІаса рагъидал гордоги рагьун, азбаралде ралагьун рукІана. Нижер рукъов хІалтІулев чияс хадуб цІан азбаралде бачун бачІана цо кутакаб гІаларча.

Ханика. Цинги.

Сану. Дица гьеб бихьарабго абуна, дун гьагьаб чол бетІергьанасе рососе инилан. ГIагарай чІужуялъ абуна: Гиназасул васасе ине инкар ккурай мун, киндила уней вихьичІев чиясе рососе, гьев хІалихьат ватани, щибдила дуца гьабилеб?

Ханика. (МагІуги бацІцІунаго, гІенеккун) Дуца щибиланха абураб?

Сану. Гьагъадинаб кутакаб гІаларча рекІунев чи унго унгояв бахІарчи ватилилан абуна дица гІодула). Дир ХІажимурад. Дир дарман.

Ханика. Дуда гьев кинха вихьарав?

Сану. Вихьиларищха. Гьев дихъе гужгатги бащлъихъги букъизе вачІунев чи вукІун вугелъул. Гьеб букІана досул гІурусалги рехун тун Шамилил рахъалде унеб мех. Сордо биххун, рогьинегІан кьижичІого, букьана дица гьесие гужгат.

Ханика. Цинги щиб ккараб?

Сану. Досиеги дун рекІее гІураб къагІидаха, абизе чагІи рачІана. Цоцахъ ралагьаралго бичІана нижеда ниж цоцазе рижарал рукІин. Гьев дир къисмат вукІин. гIодула).

Ханика. Сану, кІутІулеб буго . (Ханикаца нуцІа ричІула, Имам КIИГО наибгун цадахъ жанире лъугьун рачІуна).

Имам. Дица гІемераб манзил халалъи гьабуна дур росасе. Дица гьабураб щинаб лъикІлъиги хвезабун, гьев гІурусазул рахъалде ана. ГIадлуялда рекъон, хиянатчиясул чІужу росасе кьезе ккола. Наибасул бокьарав тІаса вище. (Сану. Имамасда аскІоегІанги ячІун).

Сану. КІудияв Имам. Дуца кьуна дун ХІажимурадие. Нижер бертин бугеб мехалъ, мун вукІана ХІажимурадил гьудул. Дицаги мун инсул рукІалзунив рикІкІана. Дунго дицаго чІвазе тІамуге, гьадав Аллагьасе гІоло. Дица гьелъул хІакъ дуда тІад тола бахъун бачІуна ханжар). Ма. ХІажимурадиеги гІоло кьотІе дир бетІер. Дир би хІалаллъаги дуе. (Имамасда цебе ханжар ккола). Гьаб дир ханжар буго. Биччанте дир би дир хонжрода тІад букІине. (ГIодое къулун Имамасде цебе габур ккола). (Имам, наибзабазде бетІералъ ишанги гьабун, къватІиве уна. Сануги Ханикаги, цоцалъ хурхун, гІодула).

Сану. Ханика, дир хирияй Ханика. КІудияб цІаралда аскІоб букІунеб бугебщинаб хабарги, магІуги, рагІиги.

Ханика. Чан божилъиялъул хъалаха мацІица биххараб.
7 акт
1 пардав

Ахикь гІодор чІун Л. Меликовги ХІажимурадги. Квараница гІарац речІи гьабулел гІолохъаби гьезда гьоркьор ХанмухІамад. Дагьаб добегІан росдал мажгит. Гьелда аскІоб бегавуласул мина.

Л. Меликов. ХІажимурад, битІараб бице дуда НухІбика ячине ракІалда букІанищ?

ХІажимурад. (Намуслъун). КІиабилей чІужулъун ячине ракІалда букІана. Шамилие бокьичІо. ГIемераб гІарац щвана Имамасе гьей нахъе кьуралъухъ, нижер пленалъе ккарал мюридзабиги нахъ руссинаруна.

Л. -Меликов. Дур лъадуе гьеб рекІее гІелароан.

ХІажимурад. Дир лъади чачанай йиго. Гьезул 3-4 чІужу камурав чи вукІунаро. ШаргІалъ гьелъие нух кьола.

Л. Меликов. Дудаги Шамилидаги гьоркьоб гьудуллъи букІанищ?

ХІажимурад. Нижер лъай-хъваялъул байбихьи захІматаб букІаниги, дица досул хІурмат гьабулаан.

Л. Меликов. Кьал ккезе кидал байбихьараб?

ХІажимурад. Шамилида лъалаан дир хехаб, бадибе жо абулеб хасият. Дос гьеб гІакъилго жанибе бачунаан. Кьал ккана Имамлъун вас тІамиялда сверун букІараб хабаралдаса хадуб.

Л. Меликов. Имамасда гьеб цебегойищ ракІалда букІараб?

ХІажимурад. Гьесда гьеб ракІалде Даниялбегица, щвезабуна.

Л. Меликов. Гьебищха аслияб гІилла?

ХІажимурад. Табасараналде гьабураб сапаралдаса хадуб кинабго бигъана.

Л. Меликов. Хъизан доба букІиналъ дур рахІат хун бихьула.

ХІажимурад. Гьелъ дун битІахъе вухь-вухьун вуго. Дун вухьараб квар Имамасухъ буго. Гьаре (у царясардарасда дир хъизан хвасар гьабизе кумек гьабеян.

Л. Меликов Сардарас гІорхъуда ругел киналго пленалъе карал муридал данде гьарун руго хъизаналъухъ хисизе.

ХІажимурад. Кидаго хисуларо Шамилица гьел.

Л. Меликов. Дуда Шамилица абуни, дур букІараб хъулухьги нахъ буссине гьабилин тІад вуссайилан – дуца щиб гьабилеб?

ХІажимурад. Гьеб Аллагьасул иш буго. Амма дун Шамилил кверде киданиги унаро.

Л. Меликов. Дос дур хъизан чІвани, щиб гьабилеб?

ХІажимурад. Шамилица гьедигІан къадараб жо гьабуларо. Дир хасият гьес тІокІабги балъаргьинаро. Хъизаналде гІагардегІан, чачаназул гIорхъудегІаги витІизе виччан те дун. Жасусаздасан дида лъазе буго гьезул хІакъикъат.

Л. Меликов. Дица цоги нухалъ хІалбихьи гьабила. (ХІажимурадги Л. Меликовги тIаде рахъаралго, воххуца холаго, гьезде аскІове вачІуна гІарац речІчІи гьабулев вукІарав ХанмахІамад).

ХанмахІамад. (Л. Меликовасде вуссун) Лъаларищ гьаниб киса бичун босизе бегьулеб лъикІаб чухъаги, башлихъги?

Л. Меликов. Дур гІемераб гІарацищ бугеб? Гьел цІакъ хираго рукІуна.

ХанмахІамад. Дие гІарац бергьана.

ХІажимурад. КигІан жо?

ХанмахІамад. (ГІарац тІад бухьараб квербацІги эхеде рехулаго). Лъабго меседил гьурущги буго, цогидаб гьадинабги. (Эхеде рехула).

Л. Меликов. Дуда гІарац речІчІи гьабизегийищ лъалеб?

ХанмахІамад. (ГлавномуБетІералъ офицерзабазде ишанги гьабун). Гьадазухъ валагьун вукІана. Дида гьеб хехго бичІчІана. Чвантиниб букІараб 12 кепек чвархъезе гьабуна, диеги хІазе бокьун бугилан, гьоркьове жувана, гьале бергьана.

Л. Меликов. БетІер кІибикІула). Унго цо вугев бегІерав жо.

ХІажимурад. Гьевали бетІериса ралъдал тІинде реххани, хІатІаздаги эхетун, тІаде вачІунев (сорттайпа вугин.

Л. Меликов. Вилълъа дида цадахъ, дица бихьизабила тукен бугеб бакІ. (Уна).

ХІажимурад. Дирги как базе мех щвана. (Уна).

(Офицерзаби рачІуна).

Офицер (1). Гьадин, эркенго ХІажимурад хьвадизе теялъул жавабчилъи дида буго. Бокьараб мехалъ гьев лъутизе бегьула.

Офицер (2). ЛъутичІого вукІине гьев, анцІго кІулапги тІаде рахан, жанив тІамизе ккола.

Офицер (1). Гьедин гьабуни гьеб политикаялде данде кколаро. Нилъер рахъалде рачІине бокьаразул таваккал биххула.

Офицер (2). Цогидал къватІир таниги, гьев жанив тІамизе ккола.

Офицер (1). Гьедин гьабуни, гьудул, Шамилие ХІажимурад хиянатлъиялъул "Эффек" хола.

Офицер (2). ЦІодорав сихІирав ХІажимурад, кидал къадги нилъ бергьунеблъи лъан вачІун ватила нилъер рахъалде.

Офицер (1). РичІчІизе бигьаго кІолел чагІи гуро Кавказалъул гІадамал.

Офицер (2). Шамилиде данде ХІажимурад витІизе бокьун рагІула Воронцовасе.

Офицер (1). (Велъула). ЦІакъ хекко божулев чи. Щиб лъалеб цо гьединаб мурадгун гьев гьаниве вачІун ватилеблъиги. Лъиданиги лъачІебилан бицунеб, рагІана ХІажимурадида ракІалда бугеб жо. Бачун гІурусазул кІудияб армия къоринибе реххани.

Офицер (2). Цо гьединаб жоялъул махI жасусасдасан дидагияли чІван букІараб, цин дур пикру лъазе бокьун букІана.

Офицер (1). Кьеларин ккола гьесухъе аскар.

Офицер (2). Балагьалин цо кин лъугІулебали гьал хІаял.
2 пардав

Минаялда цеве эхетун Муса гьесда аскІов офицер. Какде унел гІадамал. Дагьаб гьанибегІан гъотІода гъоркь лъураб скамейкаялда гІодов чІун ХІажимурад. Гьесда цеве чІун ракьалда тІилица ишарабиги гьарулаго, цожо бицунев жасус.

ХІажимурад. Щиб бугеб цІияб жо.

Жасус. 10 метра гъварилъи бугеб донгъалъуб тІамун буго дур хъизан. (Сурат бахъун бихьизабула). Гьале Шамилил мина – кваранидехун гъаб донг. Квен босун чигицин виччалев гьечІо гьениве.

ХІажимурад. Гьел хвасар гьаризе чигодай инчІев?

Жасус. РачІун рукІун руго. Хъаравуллъи цІакь кутакаб буго. БитІ ккечІого ун руго.

ХІажимурад. Цоги щиб цІияб жо?

Жасус. Дур божарал гІадамаз абуна кІал биччалелде духъ ралагьун чІезе ругилан. Дозие жаваб.

ХІажимурад. Жаваб — Аллагьас дир ракІалъе кьураб. (Жасус уна, гьесие гІарац кьола. ГІодов чІарав ХІажимурадида цевесан хьвадулел офицерзаби, гьезда цадахъ нухаялъул хан жиндирго чукъа- рахьангун.

Офицер (1). Бихьулищ гьасие (ХІажимурадиде ишан гьабула) (пленномуасирасе, кьун бугеб эркенлъи Воронцовас.

Нухаялъул хан. Гьаниве Воронцовас виччаниги, бегавулас буюрун рагІула гьев мажгиталде къазе виччагейилан. (Бицунеб хабар ХІажимурадида рагІулеб букІана). Дие гьев вихьизе бокьун буго.

Офицер. Вихьизе балагье. Доле доба скамейкаялда гІодов чІарав чи ХІажимурад вуго.

Нухаялъул хан. Гьадав цо гъардухъанасда кІалъалев вугев гьитІинав чийищ? Логода рокьо гурони гьечІев гьадавищха бахІарчи. Дидани ккун букІана цо дун гІадинав байилаб черхалъул чи ватилин. (Велъула). (ХІажимурад мажгиталъул кІалтІе уна, гьенире гьесул гьалмагъзабиги рачІуна, нахъегІан чІун мажгиталъул кІалтІа хал ккун нухаялъул ханги(стоялвукІуна).

Офицер (1). (Велъулаго). Гьанже бихьилаха цо какое будетбукІунеб кеп. ХІажимурад мажгиталъул кІалтІе щвана.

Хъаравул. (ХІажимурадие нухги къалаго) Бегавуласул Буюрухъ буго мун какде мажгиталъуве виччангутІизе.

ХІажимурад. (Ццидалъ тункун речІизавула хъаравул). Дица къан рачI ккун букІана нужер бегавуласул. ЦІан бахъула хвалчен. Гьесул гьалмагъзабазги бахъула ярагъ). Дица дие бокьани, нужер бегавуласул рокъовеги ун, бала как. Тункизе кІалтІа чІаралги гьарун, гьев жаниве уна. Бегавул какдеги инчІого жиндирго азбаралде кІанцІула. Офицерзаби релъула).

Офицер. Дица абичІищ дуда ХІажимурад рекІараб, гьелегьараб цІа вугилан.

Нухаялъул хан. (Велъулаго) Пакъир Муса биччараб шарбап хисулев ватила.

Офицер (2). Нужее кеп бихьула.

Нухаялъул хан. Нижеда бихьараб жо дуда бихьичІого велъизе? Какги бан, къватІиве вачІунаго ХІажимурад. Гьев бегавуласул азбаралде уна).

ХІажимурад. Ле, дун мажгиталде гьукъизе буюрухъ кьурав бегавул! Вахъа къватІиве, бихьинчи ватани, дун дур азбаралде вачІун вуго. Гордухъан хІинкъарал руччаби раккула. Бегавул гордухъанги кІанцІун, лъутун уна).

ЧІужугІадан рагьдател). Муса рокъов гьечІо.

ХІажимурад . Гьев Мусада абе дун гьаб щибаб къойил какде, унаго гьесде щвезе вачІине вугилан, гьев рокъов ватизегІан. ХІинкъарал руччабаз гордо къала. ХІажимурад велъанхъилаго, гьалмагъзбазде аскІове вачІуна, офицерзаби аскІоре гІагарлъула).

Офицер(1). ХІажимурад! Дургун лъай-хъвай гьабизе бокьун буго Нухаялъул ханасе.

ХІажимурад. Гьалеха дун, логода рокьоб гурев магIарулав!

Нухаялъул хан. ЦІакъ ЛЪИКІ. Дун хан вуго. Гьаб бихьулеб щинаб ракьги, рохьги дир буго.

ХІажимурад. Машаалагь. Рохьоб чанги батила.

Хан. КигІан бокьаниги.

ХІажимурад. Мун гІадав байилаб черхалъул чи чодаги цІакъав ватила, чанаре щай рилълъунарел жакьа.

Хан. Рилълъина. (Жиндирго чукъаяде вуссун) Буюуре чуял кьолоян.

ХІажимурад. (Офицерасде вуссун) Каргановасда абе нухаялъул хангун дун тира-сверизе анилан. (Чирахъ свинабула).
3 пардав

Рохьил разал. Чодаса гІодоре рещтІун Ханги ХІажимурадги.

ХІажимурад. Машаалагь берцинлъи сверухълъиялъул.

Хан. Бугоха. Гьадинаб бакІ лъилго гьечІо.

ХІажимурад. РачІа, хан цин чан гьабилелде логода рокьоб гьечІев магІаруласул хвалчадул хІал бихьизе. (Хвалчен къватІибе цIала).

Хан. ()Виххун, рекIее . БукІаниги, гьесги хвалчен бахъула. ХІажимурадица гьев чIвала. ХутІараз хвалчад рагъизе байбихьула, цояв тІурун уна, цогидал чІвала).

ХІажимурад. Хехлъи гьабе! Чуязда раха! Почалъул нух чІван гІурухъе балагъун кьабе.
4 пардав

ПиринчІалъул хурзал. Хьибилалда хьуцІ. Цояб рахъалда гІор.

ХІанапи. ПиринчІалъул хурзабахъе лъим тІамун буго. Чуял рилълъун бажарулеб хІал гьечІо.

ХІажимурад. Гьаб рагьараб бакІ буго. Щиб гьабунги гІор бахине ккола.

Элдар. (К землеРакьалда гІин чвала). Чуязул тваркьи буго. Хехлъи гъабизе ккола. (ХанмухІамад вачІуна).

ХанмухІамад. ГІор кутакалда щун буго. Бахун бажарулеб хІал гьечІо.

ХІамзалав. (Нахъеги ракьалда гІин чІвала). Хехлъи гьабе хъархъазда нахъа рахчизе бакІ хІадуре.

ХІажимурад. Хехлъи гьабе. Чуял хъве. Дирабги хъве. Дида гьелда нус базе кІоларо.

ХІанапи. ХІажимурад, мун лъедезе вуго. Дуда гІор бахине кІола мун а.

ХІажимурад. Гьеб гьабизегІан дица бокьараб жо гьабила.

ХІанапи. Щиб масала?

ХІажимурад. Цебе цІакъ захІматго къабул гьабулеб букІараб битІ ккечІолъи, дица гьудул, жакъа къисмат гІадин кьабул гьабила.

ХІанапи. Нилъее бокьухъе гІумру билъинчІеб мехалъ, гІумруялда рекьон рилълъине ккола.

ХІажимурад. Тушбабазда бичІчІана нилъ цолъун ругони, киданиги гьездаса къолареблъи. Тушбабаз тІамуна дидеги Шамилидеги гьоркьобе гъегъ ((бросатьбазе сплетникимацІихъаби. Дир къисмат гьадин ккана, лъаларо Шамилил кин ккелебали?

ХІанапи. Гьезие хІукму Аллагьас къотІила.

ХанмухІама. Дозда бичІчІана дур загІипаб бакІ. Дуе дурго къадруялда боржун унеб хІанчІил милъир хъвазецини бегьулареблъи.

ХІажимурад. Гьедин гьабиялдаса ракI бухІараб жоги гьечІо. (ХІамзаласде вуссун) нужер цоял ине ккола. Нилъ гьаниса рорчІуларо. Ккараб жо бицине чи нахъе хутІизе ккола. ХанмухІама. ХІанапи а! яги бищун гІолохъанав Элдар.

Элдар. Гали бахъиларо. Нуж хваралъув хвела.

ХІажимурад. Дица буюрулеб буго ХанмухІама ине. ТІад вуссани, нодо бакьулъ жо речІчІила. Дица дуде дир лъимал аманат гьарулел руго.

Элдар. Дир лъадуца вас гьавуни, гьесда дир цІар лъе.

ХанмухІамад. (Бокьуларого). Дун инаро.

ХІажимурад. (Таманчаги битІизе гьабун). Ккараб ккела! Къо-мех лъикІ гьабе. Дун мацІцІицаги, жахІдаялъги мехтараб дирго гІакълу босизегІан вагъизе вуго ва эркенлъиялъе гІоло хвезе вуго. Гьедин бице дир мугІрузда. (Киназго къо лъикІ гьабула).

ХІамзалав. ТІваркъи гІагарлъулеб буго.

ХІанапи. (АхІун биччала)

"Вореги чучуге чи дагьаб къукъа
Чанги гьунар бугин нилъеда нахъа
Цурдуз гьалбацІазе гудур гьун бугин.
Гулла хер хІадуре, лебалал васал.

Хъвехъун чуял сокІкІун си гьабун бугин
Гулла апхинчІого речІчІе бахІарзал.
ХІалихьатаз гуреб мугъ рехуларин,
Нилъедего ракI гьун рагье, бахІарзал.

Сванилан тарабги цІаги рекІунин
МугІрузул яхІгин хІал хІалае ахІе.
ГурхІел гьечІеб хвалчен, бер гьечІеб гулла.
Алхине течІого хІалтІизе гьабе. "

ХІажимурад. Гьай баркала. БатІаго цІилъана черх.

ХІамзалав. ХІарщул цІураб бакІ гьечІебани кьурдилаан (Релъула).

Эпдар. Доле раккана.

ХІамзалав. 500 ниги чи ватила.

ХІажимурад. ЛъикІ цере рачІинегІан те. Дагьаб речІе, тахинчІого речІе. Цо гулла гІадада хвезе тоге. Кьвагьи байбихьула. Элдарида гулла щола).

Элдар. АхІула, Гьава кьотІун унеб, кьункьрабазул тІел Дун гъазаваталда хванилан бице. (Хола).

ХІажимурад. (Элдарида тІад хурхуна). Къо-мех лъикІ нилъ дора данделъила.

(Нахьеги кьвагьи).

ХІамзалав. А, ХІажимурад, мун ворчІула.

ХІажимурад. БукІунареб жо бицунге!

(ХІамзаласда гулла щола).

ХІамзалав. Аллагь! Дун разияв вуго къисматалда.

ХІажимурад. (ХІамзаласул ругъунги бухьунаго). Нилъеца гьеб къабул гьабила, гьудул. Дица Аллагьасде дагІба киданиги бачІо, гІадамазде баниги, гьев тІаса лъугьинев ватила.

ХІамзалав. ЦохІого цо Аллагьасде пикруги буссун дун хутІичІо, какал мухІканго раниги. ТІаса лъугьа, Аллагь. Нижги заманаялъул лъимал рукІана.

ХІажимурад. Дида букІараб бищун кІудияб гІийиб бицинищ.

ХІамзалав. Бице.

ХІажимурад. Дир рекІелъ бугеб рокьиялда аскІоб рокьукълъиги букІана. Дида гьелдаса хвасарлъизе кІвечІо. (ХІажимурадида гулла щола). Гьес ругънада жаниб квафэас бугІула. ТІаса лъугъа, БетІергьан Аллагь. Жеги лъабго гурони щвечІо. тоЧтоБудетКкараб ккела.

ХІанапи. Чанги бахІарзазул лъудби къороллъана, лъимал бесдаллъана. п Биччанте гьезул къисмат нилъеразги бикьизе.

ХІажимурад. Щивасе жинди-жиндие хъвараб. Пикру тушманасде буссинабе.

ХІанапи. Нилъеца нухда ватарав чиясда тумакI речІичІо, бусурманчиясул давла бахъичІо чиясда аскІоб къадараб гІамал гьабичІо.

ХІажимурад. Дица чанги гІадамазда ракІалда хутІулеб жо гьабуна. Амма дида кІвечІо я лъади, я лъимал талихІаллъун гьаризе.

ХІанапи. Нилъ гьелде регІунищ рукІарал? (Нахъеги кьвагьи).

Офицер. Кьвагьуге ХІажимурад чІаго кверде восе.

ХІанапи. Босе, кІолеб еслибатани. Ма нужее! (ХІажимурадида нахъеги кІиго гулла щола. Тушбаби тІаде рачІине байбихьула)

Офицер. Кверде вачІа, ХІажимурад. мыНижеца дур гІумру цІунила.

ХІажимурад. Гьеб естьбуго нужеда бихьичІеб чтожо! (ХІажимурадида цоги гулла щола. Гьев гъотІода кверги чІван тІаде вахъуна. Гьесда цеве вачІуна жиндирго вацасул сурат, гьес абула).

ГІусман. ХІажимурад, дун дуда хадув вачІун вуго. Хехлъи гъабе. Хвалчен лъалиниб лъе. ГIела мугІруз гІодобе тІураб бидулаб магІу. (ХІажимурад бугеб къуваталъ хвалченги борхун тушбабазде тІаде ине лъугьуна. Нахъеги гьесда цеве вачІуна Имам Шамил).

Имам. ГIияе бокьухъе бацI холаро, кьабгІе, ХІажимурад. Хвалчаца борце ВатІаналде нух. Гьесда цоги гулла щола. ХІажимурад дагьавги цевегІан вачІуна, гьев бетІерги борхун зобалазде валагьула. Гьесул кІутІбуз цо жо щурула).

ХІажимурадил гІумруялааса цо-цо баянал

ХІажимурад гъавуна Хунзахъа Ибрагьимил вас ГьитІинамухІумил хъизамалда. Эркенал, бахІарчиял уздензабазул тухумалда рукІана махщел бугел устарзабиги бахІарчиял рагъухъабиги. Хунзахъ гьезул букІана кьалал ва цогидалги чу кьолозе къваригІунел алатал ва ярагь гьабулеб мастерская.

СултІан-АхІмадхан, Бахубикал рос, вукІана ХІажимурадил инсул цІакъ божарав чи. Гьев киданиги, ГьитІинахІума (ХІажимурадил эмен) цадахъ гьечІого, я чабхъад, я за дичьючанаве унев вукІун гьечІо. Ханзабаз жигар бахъулеб букІун буго жидедаго сверухъ бахІарчиял, лебалал гІадамал рукІинаризе, гьезулгун цІунулеб букІун буго берцинаб гьоркьоблъи. Цоги гІадат букІун буго ханзабаз тарбия кьезе жидерго васал цоги хъизаналде ритІулел. Гьедин хвалчадги хочодги вахъине махщел бугев ГьитІинахІумил хъизаналде гьесул васалгун цадахъ куцазе ритІун рукІун руго ханзабазул васалги. Гьел вацал гІадин цадахъ кІудиялги гІун руго.

ХІажимурадил рукІун руго 3 васги 4 ясги: Гулла, ГIабдукъадир, ХІажимурад, эмен хвараб мехалъ Шамилица хъизан жаниб тІамураб донгинив гьавурав вас), КІилъилай, Бахтика, Баху хану , Симисхан. Бахтикаги Бахуханумги рос – рукъалде иналде хун руго.

Симисхан росасе кьун йиго эмен хун хадуй, Сатав абурав чачанасе, Яхсиялде. (ОнГьев вукІун вуго бечедаб тухумалъул чи. Гьелъул рукІун руго лъимал: Даниял, Давуд-ХІажияв, ДавудгІали, Арслан-герей, Арсланбег, ИманшапигІ, ГIадил ва яс Зульфияги.

КІилъилай росасе ун гьечІо. Гьелъие кутакалда бокьулеб букІун буго чу, таманча ва сагІат. ХвезегІан гьей гьездаса ятІалъунги гьечІо. «Гуллал ясалъул яс Сакинатица бицана гьей чода эменгІанги цІакъай йикІанилан бицунаанила эбелалъ. Гьелъие бокьулаанила чодуе гІатІилъи гІураб МакьастІа бакІ. Васият букІанила КІилъилалъул жий хвараб мехалъ МакьастІа юкъейилан. Гьелъул хоб буго МакьастІа КІилъилалда лъалел рукІун гІурус, лъарагІ, чачан мацІал. ЦІализе лъалаанила гІарабги.

Эмен хвараб мехалъ гьавурав, инсул цІар лъурав ХІажимурадил чІужу йикІана Хунзахъа Хизроев МухІумирзал яц. Гьезул рукІана лъабго яс: Залму, Симисхан, Умалхайир.

Хириял магІарулал, дица гьаб асар хъвана ХІажимурадил гІумруялъул цо-цо рахъал кІочон течІого хутІи мурадалда хъвалаго жигарги бахъана, хІакъикъаталдаса къватІие инчІого йикІине. 

Оригинал пьесы и перевод на русский язык Л. Магомедовой на сайте www.magiarulal.ru

Источник: http://www.magiarulal.ru/library/batirovazalmu/17189/?SHOWALL_2=1

Добавить комментарий

Ваш адрес email не будет опубликован. Обязательные поля помечены *