Залму Батирова. Х1ажимурад
Нилъеда цебе буго Залмуца хъвараб тарихияб драма «ХІажимурад». Нилъеда, гьеб цІалулаго, бихьула тарихияб ритІухълъи, лъугьа-бахъиназул тартиб, гьелъул аслияв герояс гІумру гьабулеб букІараб замана. Нилъеда доб араб гІасруялъул героял рихьула цоял баррикадаялъул гьаб рахъалда, цогидал – доб рахъалда. Гьеб кинабго бихьула берцинаб, бацІцІадаб магІарул мацІалъул чвахиялда гьоркьосан. ЦеберагІи БатІи-батІиял халкъазул гІакъилзабазул букІана цо пикру: жидер тарих,…