ШагIбан — рацIцIалъиялъул моцI

Хириял моцIазул цояб ккола ШагIбан. Гьелъул кIодолъиялъул ва хиралъиялъул бицун буго Аллагьасул свалат салам лъеяв МухIаммад Аварагасул хIадисазда ва исламалъул гIалимзабазул каламалда.

Гьелги кьочIое росун абизе бегьула ШагIбан бусурбабаз гIибадат гьаби цIикIкIинабиялъул заман кколилан. Гьеб моцI кIодо гьабун ТIадегIанав Аллагьас нилъеца гьабураб гIибадаталъухъ хъвараб кири гIемер нухалъ цIикIкIинабула. ТIадегIанаб хIурмат гьабулел моцIазул хиралъиялъул бицунаго хирияв Зуннун Мисрица абуна: Ражаб-рекьул, ШагIбан — лъалъадиялъул, Рамазан — бачIин бакIариялъул заманаби, кколилан. Баянаб букIахъе, Ражабалъе хасиятаб буго нилъер мунагьаздаса Аллагь тIаса лъугьин ва Гьесул рахIму, ШагIбаналъе рацIцIалъи ва хIалхьей, Рамазаналъе — баракаталъул гьарзалъи.
ШагIбан гьединго баянаб буго МухIаммад Аварагасул (с.т.гI.в.) моцI хIисабалдаги. Хирияб хIадисалда Аварагас (с.т.гI.в.) абун буго: "ШагIбан ккола дир моцIлъун, Жиндирго ТIадегIанлъиялдалъун ТIадегIанав Аллагьас зобалазул малаиказда абуна: "Я, Дир малаикзаби. Нужеда бихьаниш? Дир лагъзадерица Дие бищун вокьулесул моцIалъул гьабулеб хIурмат ва къадру. Дирго хIалкIолъиялдалъун, Дирго тIадегIанлъиялъул ихтияралдалъун Дун гьезда тIаса лъугьана ва гьезул мунагьал чурана". Гьеб хIадисалъ бусурбабазда гIемераб жо тIадаблъун гьабула. Цо бугони, Аварагасул (с.т.гI.в.) моцI хIисабалда, ШагIбаналъ бусурбабазда тIадаб буго Аллагьасе бищун хириясдехун, Гьесул Расуласдехун (с.т.гI.в.) рокьи ва хIурмат загьир гьабизе. Гьеб загьирлъула салаваталъул къадар цIикIкIинабиялъулъ (Аллагьумма ссали гIала МухIаммад) ай гьеб батIи-батIияб къагIидаялда рехсеялъулъ, гьаниб мисалалъе рехсана бищунго къокъаб ва гIадатияб; МухIаммад Аварагасул (с.т.гI.в.) гIумру ва тарих лъазабиялъулъ; мавлидал гьариялъулъ ва гь.ц. КIиабизе бугони, Аллагьасул рахIмуялде хьулгун, гIибадат цIикIкIинабизе ккола ракI-ракIалъго тавбуги гьабун. ШагIбаналъ кIал кквей буго кири щолеб иш, гьелъул абулеб буго хIадисалда: "ШагIбан моцIалъ лъабго кIал ккурав чиясе, Аллагьас Алжаналда бакI къачIала". ТIолабго моцIалъ кIал кквезе хIаракат бахъулезда абизе ккола. ШагIбаналъул ахираб 10 къоялъ кIал кквей беццараб гьечIилан ва гьеб карагьатаб бугилан, гьелъие хассаб гIилла гьечIони: хутIараб кIал бецIци, тIубанго лъабмоцIрол кIал кквей ва гь.ц. Хириял моцIаз кIал кквеялъ бусурбан чиясе жиндирго тIадаб хадусеб Рамазан моцIалда кIал кквеялде хIадурлъизе кумак гьабула. Амма гьелда цересел моцIаз гIемерал кIалал кквеялъ нилъ къуваталдаса махIрумлъизе, загIиплъизаризе, Аллагьасда цебе нилъерго налъи тIубазабизе кIунгутIиялде рачине бегьула. 

Добавить комментарий

Ваш адрес email не будет опубликован. Обязательные поля помечены *