Это женский роман. История вымышленная, случайные совпадения, что практически не исключаю, чистая случайность. Речь идет о судьбе девочки, девушки, женщины, супруги, матери по имени Халида. Роман на аварском языке о перипетиях женской судьбы под прессом дагестанского МЕНТАЛИТЕТА.
Хинабго январалъул къо. Жеги кIиго градусалъ гьава-бакъ хинлъани сверухъ гъутIби беричго гIурччинлъун рачIинилан колеб букIана ракIалда. Шагьаралъул парказдаса гIебеде ихдал киниги гьарзаго бижун букIана хер-чIар. Цоги анкьалъ гьава-бакъ хисичIони тIегьан риччан телин колаан ракIалда гъутIби.
Гьединаб гьайбатаб хасалил къоялъ, риидал киниги гьарзаго гвангъун бугеб бакъул лаззат гьечIого, базаралда цее эхетун гIемераб замана бана Халидаца такси колаго. Жакъа тIоцебесеб экзамен букIана гьелъул ва радалго тIугьдузда хадуй щварай чIужугIадан я троллейбус, я автобус бачIунарого рахIат хун йикIана балагьун чIун. ЦIакъ бокьун букIинчIо кватIизе, амма чанцIул такси чIаниги, хIукуматалдаго бензин къанагIат букIиналда бан, пединституталде вилъунев шофер кколев вукIинчIо. ХIалуцарал 90-ял санал инел рукIана, сундулъго гIадло бихарал, нахъ-цере Советский Союзалъул гIадамазда макьилъцин бихьилин коларел лъугьа-бахъинал къойил лъугьунел рукIана. Циндаго чIорогоял тукаби , чадида хадуб рагIа-ракьан рихьуларел очередал…
Радалго гьабулеб данде билъунгутIиялъ, цощинаб экзамен кьезе кIвечIого букIинадаян хIинкъи цин лъугьана рекIелъе гIолилалъул ва унго дир талихI къайго щибан, жийго жиндаго гурхIизе бачIана Халидада.
СагIат микьго тIубайгун, жиде-жидер хIалтIи-цIалиялде къватIибе бахъараб гIалам гьей эхетарай остановкаялдаса дагь-дагь кун лъугIана ва хьвадулел машинабиги дагьлъана… Йилъун инеги сагIаталдаса нух батила институталде щвезеян тIобанго ракI бихана пуланалъул. Циндаго, тормозазул хъир-хъириги бахъинабун чIегIераб «Lexuc» чIана гьелда цебе. Халидаца цо кIварго гьабичIо гьелъул, иномаркабаз гIадамал рачунарел рукIарал доб мехалъ. Жидерго къваригIелалъ чIезабун батилилан тана. Амма машина нахъеги кьун, «Ясай!»- ян кIалъалеб гIолиласул гьаракьалъ щаклъи тIагIинабигун, гьей дагьайго йиха-хочун лъугьана…
-Берцинай, жание йилъунарищ? – ян кIалъана, машинаялда жаниса къватIивеги вакун гьайбатаб жинс-мохъ бугев гIолохъанчияс.
-Дун пединституталде уней йиго.
-РекIа, — ян абулаго нуцIа рагьун бачIана гьес данде.
Жиндирго пашманал беразул балай гIолилалда тIасса босулебго букIинчIо гьес.
-Баркала рекIинаюралъухъ. Бегьулеб батани цодагьаб хехлъи гьабе – экзамен кьезе кватIулей йигин дун.
-Дун вукIана дур жакъа гьаюраб къо батилин, тIугьдулгун йихьидал, – ан абулаго мукIурго машина хъамуна гьес. – ЛъугIулеб гьечIищ цIали?
Халидаца гъоркьанго гьесухъги ялагьун пикру гьабуна: унго гьадинаб гIумро гьабулелги ругоха цо-цо гIадамал… ХъахIилал беразул пашманлъи. Киноактер ватила… Керчаб нахъехун ххараб халатаб рас. Бихьинчияб, жинс-мохъ бугеб гьумер. Узданаб, кIигъуждулъа гIебаб, зурбаяб лага-черх. Ахирисеб модаялъул хириял костюмал…унго гьадинал машинабиги рукIунел къагIида дунялалда: салоналъул чIухIи, тамахал сиденьяби,церехун ругелщинал кнопкаби, панелалъул берцинлъи…къватIиса машинаялъул берцинлъиялъ данде чIвараб гIаламалъ бер тIаса босулеб букIинчIо цебеса машина щинкIинегIан…ругониги нилъер гIадамал бечедалги цин жеги мискин ругел къагIида: гьадинаб машина хIукуматалдаго цо чанго гIадамасул батила. Унгоги Германиялдаса гьанире гIорхъи рагьигун рачун рачIарал басралъиялъ кьавуца кварал – гьединал рукIана МахIачхъалаялда гIадамаз бечедалин таразухъ рекIун…
Вай, щабго жаваб гьабичIого гIалхулай киниги хутIана гури.
-ТIоцебесеб курсалда йиго дун, – ян абуна ахиралдаги нечадго Халидаца.
— ТалихIай. Бищун талихIабги, лъикIабги бугоха тIоцебесеб курсалда цIалулеб мех. ЦIар щиб колеб дуда?
Вадимида абизе берцинго жиндагоги лъалароан щай машина танхъинабурабали гьай гIолилалъе. ЗахIмат буго абизе: жиндирго къваригIелалъ къватIив вахъарав гIадан гьале нечеялъ кие тIерхьинеяли лъаларого йигей ясалъе хабар бицунев…некIогоялдаса гьев ясазухъ ясал хIисабалда валагьулев вукIинчIелъул. Лъаларо, живги Дагъистаналдаса ватиялъул асаришали…яги гьай сидениялда тIепун йигей ясалъул «гIайибищ»…ахираб заманалда лъица щиб бицаниги Вадимил Дагъистаналде щвезе багьанаби гIемерлъулел рукIана.
Халида щаялиго багIарлъун яхъана ва гьединаб суалалъе щиб жаваб гьабилебали лъаларого хутIана. Гьеб бихьун гIолилав гьимана:
-Унго, дур кIарчамлъи! Рогьалилъ орхидеяян кола. Гьарула, берцинай, хIинкъуге дидаса.
-ЛъикI, -ян хIалихъе рагIиледухъ шурана гьелъул, гIинтIидул тIугьдул гIадал цIубарал кIутIбуз. Гьелда колеб букIана гIолиласул хъахIилал берзул балаялъ жиндир ракI гьезул тIиналде цIун унеб бугилан, жиндагогицин лъачIого…- Халида.
-Халида… Халида…бусурзабазул цIар батилин кола. Берцинаб буго, — ян ругьунго пашманго гьимана гьев.- Дида абуни Вадим буго. Экзамен цIакъго захIматаб бугищ дур, Халида?
-ГьечIо.
-Гьалеха щвана нилъ! ГIемераб замана балищ институталда?
-Лъаларо,- ян гьесдаги абун, ахирисеб кIикъоялда анцIго гъурущги сидениялда тIад лъун, машиналъуса къватIие яхъана Халида. – Дуе баркала.
Гъобго хIалалъ гIадамасдаса нечезе кани… бугониги гьале иномаркаялда рекIинеюна жакъа аллагьас дун, унго тIокIай иномаркаялда жанибе гали бахъине щвеладай дие…
-Халида! ТIадюсса! Зачетка кIочон тун буго дуда, — ян институталдехун галаби гьелъ разегIанго бахъана хадуб Вадимил гьаракь.
ГIедегIиялъ бортараб къагIида! Зачетка сумкаялъуса къватIибе жибго ине рес гьечIелъул, щибго бичIуларо, бугониги машинаялда аскIое йилъана нухда хIалалъ сумкаялъуе хъирщарулаго зачетка батилародаян…
-Гьале,- янги абун гIарац бегьун бачIана Вадимица багIарлъун яхъуней йигей Халидахъе.
Вадимихъе ялагьизе нечон, соролеб квералъ босун, чвантиниб къазабуна гьелъ гIарац.
-Халида, дун валагьун чIела дур экзамен лъугIизегIан – бегьилагури?!
Вадим живго жиндаго лъаларого вукIана: унго дица гьай яс гIагар гьаюлей цин ятиларо…гIажаиблъи , Моникал кверщел чучунциндай заманаялъ, йохъ Моника дир рекIелъа, пикрабаздаса киданиги кьуриларо, къисматалъ битIун тIегьалилъ цIер чIвазабураб ракIгIоцIое бусун батилин толаан Вадимица гьале чаналиго соналъ…
«У» яги «гуроян" гIолиласдаги абичIого Халида нуцIихъа жание екерана. Кин щвараяли лъачIого щун ятана гьелда жийго лъабабилеб этажалда экзамен кьолел ругел цадахъ цIалулезда аскIое. Данде ячIана Гуля:
-Халида, кватIарай щай мун? Лъабго букет гIеладай, жакъа комиссиялда руччаби гIемер ругин?
-Дида лъалеб букIинчIелъулха гьеб,- ан хIухьел кун шурана Халидаца. – Байбихьанищ?
-ТIоцересел щугоял жанире анаха. Дур кьер тIун бугеб куцго щиб, Халида? Мун цощинай лъикI гьечIогоцин йигодай?
-ГьечIо, гьечIо Гуля. Кинабго лъикI буго. РекIине жо щоларого базаралдаго хутIизехъин йикIана жакъа.
… Халидал общежитиялъул рукъ цояй кколаан Гуля. Жеги цо тIубараб гьудуллъи кечIониги цоцалъ рекъон, яцал гIадин рукIунаан гьел кIиялго цоцазул тIалаб-агъазалда.
МагIарухъа ячIарай, нич-намус щулияй Гуля тIоцее йихьахъего цIакъ рекIелъе йосана Халидада. Рокъоб яцазул камураб хинлъи гьелдаса жиндие бакилин урхъун гьудулъиялъе гьарзаго хьвадизе жуяна гьей. ГIадамасул хинлъиялъухъ, рекIел цIаялъул гьуинлъиялъухъ кидаго гIашикъ йикIунаан Халида. ГьитIинабго жо жиндие щвани рукъ цояй пуланалъул гьумер нур бан, бакъ киниги гвангъун бачIунеб хIикматалде ялагьун Гуля чанги гIажаиблъи бахчун бажаруларого хутIулаан…
-Баркала, Халида, — ян аскIов щвана тIугьдул кабинеталъурги лъун группаялъул староста Расул. – Жаний гьанжейищ иней?
-Лъаларо. Цо щибниги жо гьечIо хутIун ботIролъ. Цодагьайги чIун ина.
-ЛъикI, — ан гьимун ана Расул.
Старосталгун бачIинахъего данде кана Халидал. Гьеб гуребги, гIадамалгун бигьаго гIагарлъунан жиндирго хIалимаб гIамал3алъ гьей.
-Света, цIакъго хIинкъунищ йигей? – ан аскIой кIвен-кIвендилаго экзамен кьун бажариладаян эхетун йигей ясалдехун юссана Халида.
-Ой! Халида. Лъабилабниги щвелародаян хьул буго. Унго гьал экзаменал гьечIелани кигIан лъикIха букIине букIараб.
-Гьеб мехалда алжан букIинаанха, — ян велъана аскIовго, тетрадалъул тIамхал кIвахIалго, къо бухIи бачIарав гIадан киниги, гелизарулев вугев Рафик. — Светае лъабилаб щвани хутIарал жанир ун пайдаго гьечIо. Дунни Халидагун цадахъ ине вуго жаниве.
-ТIасса хъвазе хьулалдайищ? Божизе захIмат буго Халикъ Мансуровичасул экзаменалда шпаргалка хIалтIизабизе бажариялда, — ян бетIер кIибикIизабуна сундулъго ракI бацIадав, мухIканав Мурадица.
-СанагIат камураб жо букIунаро, — ян велъана Рафик данде, — Халидаца рехун толареблъи лъала дида. Гурищха, Халида? КIийилаб щвечIого ворчIани инсул «волга» нилъер ихтияралда букIине бугебха.
-Унго, Рафик! – ян гьимана гьесухъ ялагьулаго Халида ва циндаго ракIалде «Lexucги» бачIун лъалаго кьер тIун ана.
Гьей санагIат батун колидоралъул гордоса ялагьана. «Lexuc» абуни добго бакIалда чIун бугоан. Вай, регIиго щиб гIадамасул. Дун гIадинал анкьабго бакъварал гурони ясал рихьичIого ватиларин Вадим. Унгоги парахат валагьун чIун вихьуларищ. Машаалла, регIи гIадамасул! Гали бахъанщиналъул ругел гIанчIал ясал гIоларогонищ?
Пируз къватIие ячIиней йихьун Халида нуцIихъе ракIаразда аскIой гIедегIана. ЦIализе къадарай йикIаниги, лъабилаб щванилан, бакъ киниги, кенчIолей йигоан гьей.
Жанив уневчи кечIелъул, хъвараб бихьилеб батилин, ахирги таваккалги тIамун Халида экзамен кьезе жание лъугьана.
-ВорчIами, Халикъ Мансурович! Бегьилищ?
-ЙорчIами. Юсуповайищ?
-У, — ян столалда цее эхетана Халида ва тIасса гъоркье руссун лъун ругел билетазул цояб босана.
-Номер?
-Ункъабилеб.
-Агьа, босун тIамачгун доб столалда нахъа гIодой чIа, — ян бакъвараб квер гIебедеги битIун ине колеб бакI бихьизабуна херав профессорас.
Суалалги цIалулаго жинда бихьизабураб бакIалда гIодой чIана гьей. Бигьаял, лъалел ратигун цIамул гьир мугъзадаса бортараб гIадаб тIадагьлъи бачIана Халидахъе, амма кидаго гуреб гIадин, чIобого букIана бетIер цониги пайдаяб пикру гьениб жен-жендилин хьулго гьечIеб къагIидаялда. Замана гIадада бичаларин кIиабилеб суалалъе жаваб гьабизе лъугьана…цинги дагь-дагь кун жиндаго лъачIого замана балелде хъван рахъана лъабабго суалалъе жаваб. Хадувго жаниве вачIарав Рафикие цо лъалаго бакIаб суалалъе жаваб хъван ва гьесухъе кезабунги бажарана гьелъухъа.
Билеталъе жаваб лъикIаб мухIканаб къагIидаялда гьабуна Халидаца. Халикъ Мансурович лъалаго рази вукIана:
-Юсупова, лекциязда хьвадиялда ва жакъасеб жавабалда рекъон дица дуе щуйилаб лъолеб буго. Баркула.
-Баркала, Халикъ Мансурович, — ан кIарчамго гьимулаго тIоцебесеб щуйилалъухъ ялагьана гьей зачетка кодобе босун.
Кидаго «щуйилазд» цIалун ругьунай Халида йохун йикIана институлдаги лъикI цIалун жиндихъа бажариялда. ТIоцебесеб сессия, тIоцебесеб щуйилаб…
ТалихIго Рафикихъ бер щвезабун Халида колидоролъуе йилъана.
-Чамилаб?! – ан аскIор рачIун гор свери гьабуна цадахъ цIалулез.
-Щуйилаб,- ан йоххи бахчунеб букIинчIо Халидаца.
Гьанже киназулго хьулал цIикIана. Жаний ана Гуля Рафикие цойги суалалъе жавабги босун.
Халида Мурадгун, курс цояв гIолилавгун, колидоралъул ахада бугеб гордохъе йилъана. «Lexuc» ун гьечIоан. Цодагьабго рахIат хвана ясалъул: лъикIлъиялъе вукIаравани гьебгощинаб заманаялъ гIадада валагьун чIелароан вукIарав. Пикраби гьединал ругониги кутакалда бокьун букIана цоги нухалда Вадимида бер чIвазе, гьесул гьаракь рагIизе. АскIов эхетарав Мурадица бицунелъул бащадабги рагIунеб букIинчIин кола къотIное ялагьарай, сабуралда йикIине къуват гIоларого йигей гьелда.
Амма замана бахъилелдего кьун экзаменгун цIияб гъурущ киниги кенчIелаго аскIов эхетизе щвана Рафик:
-Кьуна!- ян Халидахъе бачине квер бегьана гьес, — инсул «волга» дур ихтияралда буго, Халида.
-О! Лъабилаздаса иш гьечIин кола дида гьаниб, — ан гьимулаго Мурадица баркана Рафикида ва «дунгоги жанив ун лъикIиланги» абун, гьезда аскIоса нахъе ана.
-Баркала, Халида. Мун гуреяни…
-Дун цIакъ йохарай йиго нилъ гьаб ургъалидаса рорчIиялдаса. Гьанже Гуляеги талихI кьейгиян гьареха.
-Цинги кафе?
-КIваричIо, Раф. Жакъа бажаруларо. Гуля ячIинегIан чIун йиго ялагьун…
-Кида рихьилел? Общежитиялдаса къватIие яхъуней гIамал дур гьечIин, библиотекаялда кIалъазеги толарин… Халида, сессия лъугIарабго цощинай мун рокъой каникулазде инехъин цин гьечIодай?! – циндаго бачIараб пикроялъ дунивал чIегIерлъун ине бахъана Рафикие.
…Институталде лъугьине экзаменал кьолаго лъай-хъвай кана Халидал Рафикгун. Цоцае рохана гьел сентябралъул тIоцебесеб лекциялде данде чIвайгун. БукIана Рафикилъ рекIелъе босулеб карчIамаб гIамал. Щаялиго вачIинахъего Халида йихьулелъув, аскIоса-гIебеде жив вукIине колев киниги лъугьана гьев. Лекциял лъугIигун троллейбусалда Халида ва гьелъул рукъцояй Гуля нуха тIоритIулеб гIадат бакана гьесул. Ясазе зама-заманалде кафеялда рачун ракI гъей гьабулаан. ГьечIеб бакIалдаса чидар шагьаралда аскIов ватизе вац щварал киниги рукIунаан ясалги. Амма цодагьаб гIумро чIамурай Халидада Рафикил «гьудуллъи» кинаб бугониги гьоркъоблъиялда сверичIого хутIулареблъи якъин букIана. Гьанжеги кин гIилла батунги гьоркъоб бугеб манзил къокълъизе бичазе рес букIинчIо. Щибизе!? ЦIали берцинго тIобитIизеанищ цинги школалда хIалтIилаан…Халидал гIумроялда цо щаклъи гьечIеб мурад букIана бищун тIинал рекIеда бахчараб – институтги лъугIун жиндиего хинкI балагьун бажари, гьаб циндаго киназего захIмалъун бачIараб заманалда чидаде кечIого. Наку къуличIого хинкI балагьун бажаризаби… нахъа мугъ чIвазе эбел-эмен гьечIей, яца-вацаз жидер цояйлъун рикIунарей… чан сардал сихI тун гIодарай ракI чучинародаян, узухъда — гьале гьадинаб къисмат… пикраби щоларел бакI батилароян, жиндаго гIайиб гьабулаго цеве эхетун вугев гIолиласде ялагьана гьей:
— Жакъа бажаруларо.
-Унго инкарищ дур гьеб? Эбги жакъа гIадинаб экзаменги кьун вохараб къоялъ?
-ГIайиб гьабуге. Цоги нухалъ, — ан гьудуласул гъажалда квер лъуна Халидаца. – Рокъове кIалъай, дурго рохел загьир гьабун, эбел ургъалида ятизе гурин.
РакI хун цодагьалъ ясалъул бадивги валагьун чIун ахирги Рафикица абуна:
-Халида, дуда кидаго багьана батула дие щибаб нухалъ инкар гьабизе. Къаси гьудулзабигун «Янтаралда» гIодор чIелин хьул букIана дир.
Пединституталъул студентазе цIакъ хирияб букIана гIатIидаб залгун гьом-гьомораб риидал ва хинаб хасалихъе аскIобго бугеб кафе «Янтарь».
-Дуда мекъи бихьуге, Раф. Дун гьечIониги кеп букIина нужее гьениб.
-Божула. Рокьи батула дир духъ кун. Гуревани яхI гьечIого анишазда вукIинаро, — аниланги абун бетIер гIодоб къулана гьес.
Йихарай Халидаца квер нахъе босана ва гьими гIадаб жо гьумералда бакинабун абуна:
-Раф, жакъа кинго бажаруларо. Дихъе яцгIал ячIине кола. Бокьани метер йилъина. Дун духъе телефоналдаса кIалъала. ЛъикIищ?
-ЛъикI. Дун хадув вачIина, — ян махIги божуларого гьелъул бадив валагьана хьулалда гIолилав.
Йохъ, метерги щибго хисизе гьечIоян танкI лъуна гьес къойидаса-къойиде жиндир рахIат хIабургъинабулеб хьулалда.
-О! Гуля ячIиней йихьула, — ян чIамучIаб хабар тIасса кезабун гьудулалде данде гIедегIана хадув валагьухъего тун Рафикгун Халида.
-Лъабилаб! – ан йохи загьир гьабун бажарулеб хIал букIинчIо пакъиралда.
-Баркула, -ян кIаркьада баана Халидаца гьелъул. – ТIасса кана. Гьанже цо суткаялъ макьо бихичIого кьижизе бегьула ургъел тIагIун.
-Рилъаха, гьелда бараб щиб бугеб, — ан чIаголъана Рафикги.
Амма гьеб параялъ, Гулял бер колидоралъул тIарадаса хIалихъего бачун сумкагун вачIинев вугев инсуда чIвана.
-ГIайиб гурищ? Эмен вачIинев вихьула, — ян угьун хIухьелги биччан, Гуля гьесда данде гIедегIана, — нужее къомех лъикI!- ан чаналиго нухалъ нахъ юссунаго Халидада «тIассалъугьаян» гьарулеб киниги.
Абилелде, махIги бокьуларого, жеги коридор таниги чаналиго нухалъ нахъехун юссулаго болъодухъа гъоркь тIагIана эменгун гьей. Жийго хутIараблъи бичIана Халидадаги. Гьанже гьудул бажул дояса метер бакъанида гурони ячIунареблъи якъин букIана. Цодагьалъ харбидаги вукIун, Халидадасахьул къотIигун, Мурадги вачун ана Рафикги. Халида ал-долгун хабаралда замана инабизе жуяна. Гуля гьечIого хутIиялъ йиххана гьей. «Lexuc» кьуричIого бугоан институталда цебе чIун. ЧIухIараб машинаялъухъ ялагьун урхъабго институталъул горда цее йикIаго Халидада цебе тIамун бачIана жиндирго цодагьаб цебе араб гIумродул кесек…ракIалда щвана рукъ…
…Рокъор жеги ункъо вацги, анлъго яцги рукIана гьелъул. Халида йикIана кIудияб хъизамалда гIурай гIадан. ГIадатияб, доб мехалда рекъон, ункъоабилел санал, хъизам букIана гьезул: кидаго гьекъарав эмен хIалтIуца ва унтиялъ кIекIарай эбел… Лъабго яцалъ гъутабазда россалгун жиде-жидер магIишаталда бетIербахъи гьабулаан. КIиго хъизан гьабурал чIахIиял вацал Кизляралдаго шоферзабилъун хIалтIулаан, хутIарал — жеги эбел-инсулго рокъор рукIана. КIудияб хъизан букIана Халидал. Амма Халида гьеб хъизамалдаса йигин абун лъиданиги ракIалда цин колароаан – киса! «Йигин» абулев гIадан каниги щивго божулароан. Цо-цо гьедин букIунелъулха; гIалахул тIугьдузда гьоркъоб циндаго орхидея тIегьанани. Цойгидал гIадин гурей цIализеги пагьму бугей йикIана пулан. ТIабигIаталъ гьарзаго биччан букIана Халидае щибго: берцинлъи,цIализе пагьму,гIуцIалъул цин ракI тамах гьабилеб киниги хIалимаб гIамал…
…Кидаялиго кигIан гьараниги Халидал эбел-эмен мукIур гьаризе кIвечIо, рукъ цун гIумро тIамулев мадугьал МухIамадида жидеего яслъун Халида кьезайизе. МухIамадил ва гьесул хъизан Кларал жидерго ясги-васги лъимал рукIана. Амма мадугьалихъ йигей кIарчамай, рекIелъе йортулей Халида жидеего ячине анишан, ва гьелъул букIинеселъул ургъелалда рукIунаан цIализе батIи-батIиял шагьаразде лъималги ун, зайтIун кIиялго хутIигун херал… тIоянго гIазабалда гIумро тIамулей Халидада квер чIвазе ресал кисадаян пикру яхъизаналъул я росасул ботIродаса камулароан…мичIил гIанкелалда роза бижулин абуни щивха божилев, бералда бихьичIони.
Халидаца школа меседил медальгун лъугIи гьезул баракат букIана. Амма кигIан мадугьалзабаз гьараниги Халидал эбел-эмен мукIурлъичIо ясалдаса ратIалъизе. ГIадамаз щиб абилебан хIинкъунищали…щиб лъалеб щаяли инкар гьабурабали, амма Халида лъиениги гьеб хъизамалда баракаталда йикIинчIо.
Халидае гIоло мадугьалас босана хирияб пианино. Унго пана гьарулел рукIарал куц гьелъ саламатал композиторазул пьесаби хIалаго. ЦохIо композитор Листил бакъаналъухъ гIинтIамун гIорцIуларого рукIунаан росги лъадиги. Клара-бажул гьоркьохъебго бакъанияб цIали букIаралъул. ЧанцIулха хъизан гьарун МухIамадица йитIулей йикIарай мадугьалзабазухъе Халида аб-доб къваригIел бугин багьана батун жидехъего ячине.
…Халида гьитIинабго къоялдаса нахъего жиндиего гIурай яс йикIана. Лъица-щиб рокъосез малъаниги калам тун гьабулаан. Школалда анцIабго соналъ щуйилазда цIалана: гьелъие цIакъ бигьаго кьолаан цIали ва учительзабаз кидаго сундулъго мисалалъе ячунаан гьей. Чанги жахIдалъи букIунаан яцазул ва цадахъ цIалулезел Халидадехун, амма рагьун жидерго ракIхъублъи загьир гьабизе гьел щаялиго къалаан…
Гьекъолдухъан инсуца гьоркьоб къо бахъун къватIире гъолаан Халидаги эбелги: «къватIулъа жо» тIагIа дида цересаян ахIулаго. БацIунаго магIугун гурхIарал мадугьалзабазухъе, МухIамадилъуе, щвезаюлаан эбелалъ яс, ва хутIарал лъималазухъе, чури бухIараб бахIри гIадин, рокъое тIаде юссунаан. Халидада бер чIвачIони ихдалил гьава-бакъ киниги хехго роцIун вачIунаан эменги, рагIи абулароан чIужуялда ва рукъ цIун хъуялда ругел лъимазда. Цо гIунгутIи букIана — Халида гьезул жинсалъул йикIинчIолъи.
Мадугьал Клара Ивановнаялъе жиндираздасаго хирияй йикIана гьитIинай, «жиндир ясин» гурони абулароан гьелъ Халидада. Гьезул ясалъулгун щаялиго Халидал кидаго данде колароан. ЦIакъго батIи-батIиял рукIана гьел гIамал-хасияталъ. Гьеб гуребги чияр яс эбел-инсуца рокъой гьуин гьайи рекIее захIмалъичIого хутIулароан гьезул кIудияй яс Наидада. Вас, Мухтар абуни Халида йихьарайго шахматалгун щолаан аскIове малъизеян. Халидадаса гьезул лъимал микьго ва анлъго соналъ кIудиял рукIана. ЛъугIун школагун ана авиациялъул институталде цIализе Мухтар, ва Москваялда политехническияб институтги лъугIун гьенийго къокъид росасе ана Наидаги. «Янгъизлъарал» Кларал ва МухIамадил тIолабго бер балагьи Халидадехун буссана.
КIудияй гIунагIан рокъоселгун тIолей йикIана пакъир. Чанги сардаз гьей ургъулаан гьадигIан релъинчIей киса жиян. ЦохIо рохел букIана – гьудулзаби ва Клара-бажу. КигIан Наидае жий йокьулареблъи лъаниги, бетIер чIвазе гIадан гьечIеблъиялъ, цохIо Клара-бажу ракьалда чIаго-гIатIго йигеблъи лъаниги гIолаан пуланалъе.
Гьудулъиялъеги ритIухъай йикIана Халида. Микьабилеб класс лъугIигун Халидал гьудулъи гьабизе бокьарал васал гIемерлъана, цо-цо чIахIиялги цин хабар гьабизе лъугьунаан гьейгун. КигIанго гIасиял вацал рукIин лъаниги гьайбатай хIалимай ясалъухъе цIалаан гIолилазул ракIал, чангиял абуни аскIор къазецин къуват гIоларого кIвен-кIвендилелги хутIулаан – вацазда цере нагагь эхетизе кезе гурилан хIинкъун…
Школа лъугIиялда бан тIобитIулеб балалда цо анлъгоясниги шурана «йокьулин» гьелда, амма ясалдаса жаваб рагIулареблъи лъалаан гьезда. Халидал лъидехунго рекIел цIайи букIинчIо.
…КватIичIого институтги лъугIун Кизляралде тIад вуссун вачIана Мухтар, унго гьесул лъугьун вугев гьайбатав гIолохъанчи. ВукIинисев летчик-испытатель. Жиндирго тIоцересел кагътазда данде жаваб Халидаца гьабичIеб мехалъ, эбелалда аманат гьаюн тана гьес Халида. Гьанжеги, вачIун вахъиналдего, багьана батун рекIелай мадугьал рокъое ячине аян гьарана гьес эбелалда. Кларада лъалаан Халида инсуца экзаменал тIаде щвезегIан яцалъухъе гъутаналде гьелъул лъимал хьихьизе йитIун йикIин. Бугониги калам тун мадугьалзабазул каву рагьун жание лъугьана Клара. Къай-свериялъул язихълъи…
Эбел жийго тIад юссигун тIубанго хIал хисана Мухтарил.
-Мухтар, дир вас! Лъаларо кин абилебали цин, — ян жуярай эбел гьоркьой къотIизаюна васас.
-Ма! Абуге щибго. Лъица щиб абуниги Халида гьечIого вукIине кIоларо дида. Дун хассгьабун гьелда хадув вачIарав вуго.
-Мухтар, Халидадаса лъицаниги квешаб рагIи абиларо, гьединай яс гуро гьей. ГьитIинай йикIин гурони. Инсуе институталде лъезе бокьун йиго. Школа меседил медалалъ лъугIизабулеб буго пакъиралъ.
-ТIассалъугьа эбел, дун хехдарана. Баркала нужее. ЦIалуе квал-квал гьабиларо, дир харж гIелаан нижее. КIиго соналъ практика лъугIизегIан гьудуласул чIобогояб квартираги буго…гьев Воронежалда кана распределениялъ. Ма, мукIур гьае дие ячIине Халида. Дица цIакъго гьарула дуда, – дир тIокIав мугъ чIвазе бакI гьечIолъи лъала дуда – кидаго духъе векерула къо бачIарабго. Ма, цониги дун ракIалдагIаги щолароанищ Халидада гьадинго хабар-кIалалда нуж ругел мехалъ… эбелалъ цодагьалъ танхъун, пикру ургъун, мухIкан гьабун абуна:
— Дун талихIай йикIинаан, дир вас, нуж данделъани. Дун кIалъала гьелда, амма тIирун чIолеблъи хIакъаб буго – захIмат буго гьелъие гъодинаб хъизималдаса йикIине. Жеги гьитIингоги йиго гьединал жал ричIчIизе, цощинаб жинда гурхIун ячуней йигин кечIониха бачIинахъего. Дица хIал бихьила. Жеги лъимер йиго гъой, Мухтар…БитIараб бицани инсуцаги щиб абилебали лъаларо. Гьесул цощинаб жиндирго ургъараб-тараб бакI батани…гурхIула, дуда лъала гьесул къуркьи гьечIеб хасият. ГIечIелъуй Наида чидар тухамалъул васасе ин хIал лъазе течIониги цIакъ захIмалъана гьесда. Гьанже дуцаги бокьараб гурони гьабичIони…Лъалищ, Наидаца ва дуца инагьдизаруна ниж Халидахъе – нуж «гIорцIиялъ» гIадамасул, эбел-инсул бухIи-цIорой бихьуларел рахъиндал…Бихьулищ дур гIажаиблъун цIацIай — щаклъи гьечIо гьанжелъизегIан гьединаб пикру я дур, я Наидал ботIролъ киса бачIунеб. Наида росасе ун кIиго лъагIел данде сверулеб буго – жеги нижехъе ячIун гьечIо. Москва батIаго самолеталда рекIун ячIани рикIад гьечIелъул: ниж чIалгIун ратилин, йихьизе хьулун ятилин ракIалда цин колеб гьечIо. Гьале мун вачIун кIиабилеб къо, сагIат банищ эменгун хабар-кIалалда, рокъоб щибгIаги кверагъари гьабизе колищан цIеханищ – ниж санал ранагIан нахъе колел ругел мехалъ. Мухтар, гьарула йитIун йичIаян. ГIайибал чIвалеб замана гуро. Гьаналъ бицунеб буго дида – дуцаги инсул ракI бохараб жо гьабулареблъи. ТIассалъугьа, абичIого чанги хIехьон букIана, амма цощинаб кинабго тIиналда бахчариялъ бугодай кинабго гьадин гIаксалда нилъер хъизамалдаян кола цо-цо. Мун гьанже саламатав бихьинчи вуго — хьул буго щибгIаги дуда бичIилин. Батила нижер гъалатI! Гуребани аллагьас гьадин чидакъ гьарилароан ниж кIиго лъимадул эбел-эмен…батила цо гIила,- ян хIалицаго кун букIараб бухIараб магIу чвахун ана Кларал бадиса.
Унго! Абизе рагIи къанагIатлъанагури, КIудияб къоялъ тIамхал хъахIлъараб Къуран киниги бугогури пикраби тIагIун бетIер!
-Ма! – ян бакIида ячун кIусинаюна гьес эбел ва гьелда цеве накабазда живгоги кIусун къвал бана гьелда.
Гьале, лъимаца киниги кидаялиго гьумер бахчулеб накабазда гIолохъанав гIурав гIадамас, бицун рагIул пайда щибан васасул расада квер бахъана чвахун ине хIадурараб магIу берал къапезарун чIезабулаго Клараца.
…Халида гъутадаса ячIунеб къо данде кезабун хIадурлъана Мухтарил диплом «чурулеб» ракIа-рахариялде.
Лъабго къойидаса, бакъанил гIужалъ, яцалъул росасасул вацас, гъутада гIияда вукIарав гIаданас, щвезаюна Халида тIад юссун. Яц росасе уней къоялъ, тIоцее бахIарайгун Халида жидер азбаралъуй машиналъуса къватIий ячIингун, кIал-мацI къотIун, лъавудаса ун-инчIого Халидада тIад лъун бералгун хаган хутIун вукIана СалихI. Лъазего лъачIого Халида, нахъисеб къоялъ, бахIаралъул чагIи тIад руссун ингун, эсалде вачIана СалихI. Вацасул бертин гьесие макьилъ киниги ун батана, чехь гIорцIинегIан шашлык кваналин берталдаян аниш цин ракIалде щвечIо пакъирасда. Йихьаралдасаго гьелдаса нечон къан вукIунаан СалихI, гьанжеги чанги халатаб чIамучIаб нухалда берцинго рагIи бицине бажаричIо СалихIихъа: гьев талихI вукIана маргьудалъ кинги берцинай Халида жиндир басрияб, чвархъи-занкIиялда гирулеб бугеб машинаялда аскIой гIодой чIун йикIиналдаса, зама-заманалдаса вацасул доя лъималазухъ ялагьизе яцалъе кумекалъе гьей ячIиналдаса. Рукъалда цебе машина танхъинабун Халида гьениса къватIие яхъине заманалъ гурони СалихI чIечIо: инсуда я вацазда вихьани сурилаян. Халидаца «баркалаян» бетIер гьанкIун тана рагIуе барахщарав гIадамасде. Гьей унгоги свакан йикIана жакъа СалихIида рокъове жаниве вилъаян берцин бицине.
Каву рагьигун азбаралъув ругьунго гьекъарав инсуда бер чIвана гьелъул. Эмен гьекъон ватидал ракI бакъвана Халидал сахалъе гьечIеблъиги бичIун, ва гьесда йихьиларидухъ азбаралъуса рокъой жаний гIедегIел гьабуна, амма гьебсагIат хIоболъ чIвараб магI киниги эхетун хутIана гьей инсул циндаго бахъараб гьаракьалъ:
-Кие мун?! Гьание ячIая цо!
Гьалехаян кидагогIадин юцIухIун аскIой йилъана Халида, талихI СалихI, жанив вилъине замана гьечIилан хехго ун вукIаравгIаги. ГIажаиблъи, хутIарал рокъосел гьечIел къагIида. Цониги гIадан кавудул кIалтIа машина танхъигунги къватIир ракичIин. Яги инсуца хIинкъизарун цо рокъоре ракIарун ратила, гьанже щибдай букIинаян гордухъа ракула гьел, кидаго цого жо. Кин кIолеб балагьизе гIадамас цогидав гIадам инжит гьавулелъухъ, киноги гурелъул телевизоралда. Жиндир лъимер. Жидер чехь цояй яц малаца, гьакълица гьалаглъун щинахъе малаца чIвалелъухъ ралагьун рукIине, цо нухалъ гурел, кIиго нухалъ гурел…
-ХIехь гIадин чIоге, дуда эмен кIалъалев вугин! – ан гIергIедана гьев къулараб бетIер борхичIого аскIой ячIун яс эхетидал.- Гьание, дир бадие ялагьея цо! Дудайин дун кIалъалев вугев, къватIулъа караб жо! Дир мугъ беки мун азбаралъуй щваралдаса буго… кий йикIарай каву тун къватIий капурго хвад…эбелги йиго дур гьейго таращ. Гважуца гьабураб гважи.
АскIовги вачIун тIатIалаго гьурмалъ гъоркьа тIаде хъат бана инсуца Халидал. Бидулъ бецIулеб гьумергун Халида шуричIого чIана: лъутани авал-къоноялдаго суризаюла – гьадин, юхун свакаравго вуцIухIун жиндирго рокъов кьижизе унеб гIадат букIана гьесул. СваказегIан живго тего мадар.
-Таращ! – ан бараб малаца, яцалъул доя рукъ-бакIалда ва лъималазул тIалаб-агъазалда чIучIадан къойица хурий йикIуней яцгун свакаялъ чIамучIлъараб къаркъала, гьороца пураб хIули кинигун азбаралъул цементалда речIун ана. ГIодой къабиялъул унти кIочон тезабуна тIатIалаго чехьалда рарал малаз. Гьей, кIовухъе гурдеялъ инсудаса бохдул рахчулаго, хехго лъавудаса ана. ХIалхьезе цо-кIиго мал ясалъул мугъалдаги бан, тартадилаго АхIмад рокъове жанив лъугьун ана.
Инел къоялгун, кинго хъутадаса ячIунго яхъунарей Халидагун, хъаравуллъи кун вукIарав Мухтарица мадугьалзабазул кавудахъ ахирги машина чIун бихьана, иргадалаб нухалда, Халида ячIун ятилинги ккун Мухтарица эбел йитIана гьезухъе. Васасда бугеб хIал эбелалда гурони лъидаха унтилеб, Клара тIад калам гьабичIого мадугьаласухъе къокъана. Каву рагьигун азбаралда тIийитIун бид ецIцIулей Халида йихьана Кларада ва гIасияб гьаракьги борчIун ун ясалда хурхана. Халида гьеб заманалда лъавуде ячун-ун йикIана, тIад яхъине хIал гьабулаго сверухъ бер щвезабуна — рокъор унгоги щивго гьечIев къагIида. Цо кинабалиго параялъ Халидада Кларал сурат цебе бачIана — гьанжеги Клара-бажуда цее сурана…щабдай гьелда ракIалда кана, кидаго юхулей йикIунин…амма тIад къулараб гьумер бадиб бугеб сур-суриялъ эменилан кун, ва гьанже «чIвала гьес дунан» пикруги бачIун, йикIахъе лъай-гIакъло бихун ана пакъиралъул.
ХIинкъиялъ цIоро-гъорон лъугьунаго кIал-мацI къотIарай гIадан гьелда цее кIусун кана Клара. Кумек гьабизе кьеркьолаго бица цIуна гьелъул гьалбадерие ретIун рукIарал чIухIарал костюмал, кверал. ХIабургъараб балаялда согIаб кунчIи бугоан. Гьеб балай лъалаан Клара Ивановнаялда цебегоса. ЦIунаги…Гьанже жий гьаб инжитлъиялда чидар чиясда цее йикIиналъ цодагьабги гъваридаб ругъун лъунагури лъимадул рекIелъ.
-Дир месед! Дир месед…- ан гIодулаго каранда къана мадугьалалъ яс.
-ГIодуге,- ян хIалицаго кIутIби ричIизарун загIипго шурана Халидаца, ругьунлъизе замана щвана кIиязегоги…
-ГIасилъиго щиб гIадамасул! МухIамадица ахиралдаги чIван вахъун кола гьев…АллагьгIаги киве балагьун вугев, мун? Дир месед – ан чвахун унеб магIу къотIизабун бажарулеб букIинчIо Клара-бажухъа, — яхъине кIолеб хIал гьечIищ?
-А-а…чехь тIутIулеб асар буго. Мун а, Клара-бажу. Цодагьалъги чIун дун яхъина…Дудаса нечон ратила рокъоселги къватIир ракине кIоларого ругел…
-Агьа! Гьаб гIазаб дуе гьабулаго гьал рокъор рахчунищха ругел?! Цо минуталъха тIокIай дица мун гьаб къавулъ толарей. Фашистал! – ан цидалго гаргадилаго Халида жиндаго ячIинаюн эхетизайизе кIоларищали хIал бихьана гъелъ – кинабго ва рукъ цIун ракIарун ругел гьалбал кIочон тана гьелда гьеб заманалда. – Халидка, тIокIалъ цо минуталъги мун гьаб къавулъ толарей нижеца мун. МухIамад-ацица ахиралдаги чIван вахъун кечIони дур эмен.
Клараца цойги хIал гьабуна Халида къвал бангIаги цадахъ ячине кIвелародаян.
-Йиччай! КIваричIо!…Метер экзаменгIаги гьечIебани…дида кIоларо шуризецин, — ан загIипго шурулаго Кларахъанги йорчIун сукI-сукIун ана гьей.
-Дун гьабсагIат, цо минуталъ, — анги абун рокъое екерун ана Клара.
Эбел ячIиналъухъ яхI тун хъаравуллъи ккун вукIарав Мухтар хаган хутIана бидуца цIураб эбелелъул ратIлихъ валагьун:
-Ма?!
-«Скорый» ахIе! Хехго!…Эмен…Инсуда гъоркье вачIаянги абе, — ян хIухьел ккун бакIида кIусана Клара.
Векерун щвана гьалбал рехун тун МухIамад, васасул диплом «чуризеян» рачIарал гьалбалги жалго тун чIужу тIагIин бичIуларого вукIарав гIадан, васас «гъоркье аян» гIинда шуригун.
-Клара, дуе лъугьараб щиб!?
-Халида…гьанжеги инсуца юхун йиго, — ян шакърахана гьей, — Мухтар «скорый» ахIизе витIун ана.
-Рилъа, АхIмадилъуре! КIваричIо, дунго ина, — ян абун чIахIиял галабиги ран ццидахун къватIиве гIедегIана МухIамад, — РетIел хисе, Клара, лъиданиги йихьизегIан.
ЧIужуялда чIун бугеб хIал бихьигун гьалбазда квер хьвагIана МухIамадица. Амма Клара хадуйго гIедегIана. Халида додинго, гIодой йикIахъего йигоан, МухIамад-ацица партIан кодое йосана гьей ва «кивеян» Кларахъе валагьана:
-Гьаний тун пайда гьечIо.
-Нилъехъего яче, — ян абуна Клараца.
-Гьанжесала, хабалъа вахъун эмен цеве чIаниги, толаро дица АхIмад, — ан ццидалъ кIалъана гьев тIоцебесеб этажалдаго гIадан чи щолареб рокъой диваналда Халида лъолаго, — чIвазе хутIараб жого бихьуларин лъимадул…
-«Скорый» бачIун батила…- ян ракъварал кIутIбуз шурана Клараца россасда.
-А, цо балагьизе.
Жеги сороди къотIичIел бохдузда яхъун чIун Халидада аскIой йилъана, цIорораб лъеца бацIана гьелъул гьумер, расал бидаса, хехго тIаса бахъун рехена басриябго, кьер араб гурде ва жиндирго халгIат ретIана. Халида сихIкъотIун чIун йикIана. Мокьрукъе руссарал гьелъул берзукъ чIобоголъиялъ цIакъго загIипаб гIаламат хутIун букIана
ГIемераб заман балелдего щвана тохтур медсестрагун цадахъ. Клара-бажуца бицаралъухъги гIинтIамун, дарабиги хъван, уколги гьабун ана гьел. Нагагь Халида квеш лъугьани, больницаялде щвезайизе йикIине жидехъего цойги нухалда ахIеянги абун. Халидаца рагIи абичIо, цо пикру букIана гьелъул ботIролъ, чехьалъул бухIи кида танкилебалиян. Къойица яцалъул доя хIалтIиялъги ва цониги сордоялъ кIарабаз ва лъимадул гIодиялъ берцинго кьижичIей гIаданалъул данде цIан унел рукIана берал макьица. Цо сагIаталъ кьижизеанищ, цинги хутIаралъул…
Клара нуцIида кIутIи рагIигун къватIие якана Мухтар ватизе бегьулинги ккун, МухIамад врачал рачIингун гьалбал жалго течIогоян ун вукIана.
-Ма! БитIарабищ инсуца абураб?
-У, дир вас! Цо нух букIарабани щибан. Кинго бецIун бахъунеб гьечIо АхIмадихъа Халида батIияй йикIин. РакI тIетIелеб буго дир гьелъухъ балагьун…метер тIоцебесеб экзамен буго пакъиралъул.
-ТIокIай рокъое йиччазе бегьуларо гьей. Жаниве ине бегьуларищ дун? ГIайиб гурищ гьадин кеялда.
-ГIедегIуге, Халида чIухIарай яс йиго, гьелъие захIмат букIина гьанже мун вихьизе. Цодагьалъ яхI гьабе, кьижун карайго дица абила дуда. Гьалбал жалго тоге. Дунги гьабсагIат ячIина. Укол гьабидал кьижун келей ятила гьей.
-ЦIакъго квешго йигищ? ТIад вуссине заман гIаги щолеб гьечIебани, — ан бакIго угьун хIухьел бичана Мухтарица.
-Дун балагьун ячIина,- янги абун Клара жаний йилъина.
Халида кьижун йикIинчIо, берал къанщун чIаниги. ТIад бараб простыняги рекъезабун, кьижун йигинги абун Мухтар жаниве вичана эбелалъ.
КигIанха гьев чIалгун вукIарав Халидахъ, кигIанха йихьизе, цо бер чIвазе бокьун чанги сардаз инагьдулев вукIарав. Гьале гIицIго гьадинаб ахIвал-хIалалда тIубалеб буго анищ… Унго гьадинищха ниж данде чIвазе хъван букIараб? Бигьагьавун гьев Халида егараб диваналда цеве кIусана: огь, дир харияй, берзул канлъи! Дун духъ чIалгIун вукIарав куц гIицIго аллагьасда лъала, щурулеб букIана гIисинкун гьесул кIутIбуз. Гьурмал чIагояб бакIго гьечIин хъатица чIвачIеб… кIолеб гIаги кин гьабберцинлъиялда квер борхине…дир гьатIин…
Халида, тIаде вачIарав гIадан Клара-бажу гурейлъи лъан, МухIамад-ацидаян цодагьалъ намуслъун хIуккел кун хутIана, амма надалда лъилалиго кIутIби цуйгун «вайян» гьелъ йихун берал рагьана.
-ТIассалъугьа, — ян кьер тIун ун тIаде вахъана накабаздаса Мухтар ва нуцIихъе щун унев вукIарав чи тIаде вуссана: дица гьабулеб щибан ракIалде вачIунаго.
— Мухтар?- ан ричIизируна гьороялде руссарал кIутIби ва гIажаиблъи кунчIун сун арал бераздаса чвахун ана кун бажаричIел магIил мухъал.
-ЙорчIами. Халида…Щиб хIал бугеб дур?
-А. Мун отпускалдейищ? Йохарай йиго мун вихьизе, — ян гьими бакун бахъиналдего сун ана гьелъул унтиялъул гIазаб хIехьон бугеб гьурмада.
-У, — янги абун нахъойги диваналда цеве кIусана Мухтар. – Институт лъугIана. Саратовалде витIун вуго хIалтIизе.
-Баркула.
Кидаго дир инжит-хIакъирлъи гурони мадулгьалзабазда бихьизе хъван гьечIеб къагIида. Гьабго щиб жоян ватила Мухтарги…гьев гурхIарав вуго, Наида йикIараяни бер щвезе телароан чIухIиялъ, гIамалалъул кIодолъиялъ… гьелъул гIадинал эбел-эмен хадур рукIаралани щиб лъалеб дунги чIухIиялъ гIодоб хIетIе хъвазе теларин лъугьинеги бегьулаан.
Халидаца гьев чIухIарав гIолохъанчи цIакъ рикIад хIисабалда гурони къабул гьавулароан: МухIамадил цо вугев вас! Тухумалъул ясазул анищ. Цогидазул хьулцин лъолароан гьединаб бакIалдаса ригьиналда – киса! МухIамадил азбаралъуй тIуялей нус ва Мухтарил ракI рекъолей яс киса йикIуней, бечелъи добе-анибе кезе бичачIого жидерго яс ячина гьезан гаргадулаан шагьаралда гIадамал…
-Эбел-эмен цIакъ чIалгIун рукIана нужехъ….- ан заманалдаса, Мухтарил цо батIияб балай бугин эс гьабулаго, абуна Халидаца.
Гьумерги хъахIилъун батила…Эбел-инсул ракI гъеялъе игрушка дун йигей киниги вукIунев ватила гьав…гьале гьанжеги эбелалъ тIалаб-агъазалда ячун йигоян.
Кидаялиго цадахъ шахматал хIалаго щибаб ход гьабун тун жиндир бадий чIваркьун ялагьун чIолей йикIарай куцан ракIалда тIамун бачIана Мухтарида, Цощинаб гьабулеб ход жиндихъа мекъи гьабун анадаян цIехолей киниги, амма Мухтар кидаго бергьунелъул мукIурго фигуркаби ракарун инсул кабинеталъуре щвезаризе унаан…доба полалда рехун бугеб инсуе лъицаялиго бачIараб цидул тIомалда хIинкъадго хIетIе чIезе хьулалда…Мухтарица кидаго балъ гьабун хал колаан гьей кабинеталъуй тIерхьингун – киданиги жиндаго хадуб нуцIа къалеб гIадатги бIукIинчIо… тIомалдаса хIинкъулейлъи лъалаан гури…
-Дун, дуда ракIалдего щолев вукIинчIищ цониги?…Халида…- ян гьаракь хисана бер тIаса босичIого гьелъул бадив валагьун пикрабазда хутIун вукIарав Мухтарил.
Амма ясалда рагIичIин кола гьесул гьари. Заманаялдаса гьелъ щурана:
-Дун цIакъ йохарай йиго мун вихьизе. ТIассалъугьа гьадин йикIиналъухъ. Дур эбел-инсудаса нечон йигей куц. Жийго те дун. Гьарула.
-ГIайиб гьабуге. КъваригIараб жо батани эбел йитIила. – ян тIаде вахъана щибго бичIизе кIвечIев Мухтар ва бигьигьабун нуцIаги къан къватIиве вилъана.
…РакIа-рахари кин букIаниги караб хIухь-махI лъиданиги чIваларедухъ гIадамазул къагIидаялда гьарзаго тIобитIана гьез.
АнцIго къониги балеб букIана Халидаца мадугьалзабалъуй. Къойил гIодулаго щолаан Халидал эбел Клара-бажухъе: яс рокъое йитIеян. Амма МухIамад-ацица кьварун лъазабуна, АхIмад туснахъ гьавизе бокьун батичIони жиндир рукъалдаса рикIкIад чIаян. ГIажаиблъи яцал кин йигеяли йихьизецин ракичIо гьелъухъе. Киналго экзаменал Мухтарица инсул «ауди» ялдаги рекIинаюн щвезаюн ва лъугIигун гьединго рокъое ячун кьуна. Меседил медальгун аттестат кодобе щвараб къоялъцин кунчIичIо гьелъул бадиб рохи. ГIемераб Клара-бажуца бицигун, хIалихъего цо къоялъ Мухтаргун пляжалде ана гьей. КигIан Мухтарица гьараниги лъим ххазе мадар гьабулей йикIаниги гьенийги «йигьинайизе» кIвечIо.
ТIоцебе хъахIилъарал ва тIогьилъарал пятнабаздаса нечон ятилин тана Мухтарица ва живго машиналъуб ретIелги бахъун лъехъе векерана. Амма Халида сидениялдаса шурулей йихьичIолъиялъ хех тIаде вуссана:
-Халида, щибниги караб жо бугищ дун гIайибав?
-Гуро. ГьечIо щибниги. Дихъ балагьичIого а. Хиял гьечIо лъеда хъвазе… ЛъикIищ? – ан бералги рагьун щаялиго цеве эхетун вугев Мухтарида бер щвезе течIого гьимана Халида.
-Дун бецав гьечIо, цо ракI беки буго дулъ. ЦIализе лъугьиналъул ургъалидайищ? Гьарула, бице, дур сихIкъотIиялъ кваналев вуго дун.
-ЦIали? Лъаларо. Свакан йиго дун…АхIмадил къватулъа яс… ТIассалъугьа дур отпуск дун сабаблъун хваралъухъ. ГIадада рилъана нилъ гьанире.
-Дие йокьула мун, Халида. – ян абулаго гIайибго валагьана гьев ясалъул бадив. — Халида, цодагьавниги дун рекIелъе восулев ватани ячIа дие чIужулъун. Гьарула. ЦIалуеги квал-квал гьабиларо. Дур инкар букIинарин хьулалда вачIун вукIана дун рокъове,- ян гьелъул цояб квер жиндирго квералъ бигьагьабун данде къан ва чанги нухалъ тIатIалаго баана гьелда.- Дур жавабалда бараб буго дир гIумродул талихI. ГIазаблъун лъугьина дие мун гьечIони гьаб тIолабго гIумро.
-Рилъа рокъоре, — ян квер нахъе босана Халидаца Мухтарихъа.
-Дуца щибниги абуларищ?
-Сунда, — ян бичIичIо гьелда.
-Дие мун йокьула ва гьарула дие росасе ячIаян, — цIакъ гIодове вичан ва бакIго кIалъана Мухтар.
-Росасе? Дуе? Мун гьаглъун вугин ккола дида, Мухтар. АхIмадил къватIукьа яс – Мухтарил чIужу, бокьарасда гьаб шагьаралда цIехе – гьез щаклъи гьечIого абила дун дир хъизамалдаса гуреян, цо кинаялиго хъахIбаялъ къватIукъ гьаюн эбелалъухъ рехун ятила… эбелада цIехани, гьелъ гIодун тола… сахал гIадамал дир эбел-эмен рукIаралани гьез дун йижараб хъизамалда рехун телароан. Гьел цодагьалги квешал рукIун ратила жидерго лъимер рехун тарал, киданиги цIехечIел, щий дун? — ян пашманго гьимана гьей. – Клара-бажуда рагIани мугъ рехила гьелъ дидехун. Рилъа гьаниса нахъе. Гьарула дуда, Мухтар.
— ГIедегIуге. Эбел-инсуда кинабго лъала цебего… Гьел талихIал рукIинаан мун дие ячIиналдаса. Къаси я «уян» я «гуроян» абизе ккола дица. Халида дуе щивниги вокьулев ватичIони, йилъа дунгун, рагIи кьола дур талихI дираблъун букIине бугилан. Мун гьечIого тIад вуссине кIоларо дида, хъамунгицин. Дир махсаро гуро. ТIамуге дун гьеб гали гьабизе. Гьарула дуда.
-Аллагьасе гIоло, дуцаниги те дун Мухтар. Метер дун ина ва тIокIаб лъиениги дица квал-квал гьабиларо. ГIадамазул гурхIел-цIоб захIмат буго бачизе. Клара-бажуца дирго рокъоса дун йорчIизеян абун батила дуда. Божула, дие лъикIлъи бокьун гьабулеб букIиналда, амма дуе ячIине кIоларо. Дуда хехго чIалгIина дун, щибниги бечелъи, бухьенги гьечIей гIадатияй яс. Диеги ватила дидаго рекъарав…
Аллагь, бокьун бугеб куц гьаб гьитIинаб, жеги тIегьачIеб гьайбалъи каранде къазе…
-Мун мекъи йиго, Халида. Я дие, я эбел-инсуе мун гурони щибниги хIажат гьечIо. Дица кинго хьул къотIизе толаро дур гьеб ахирисеб рагIи батиялда.
-Рилъа, — янги абун цIакъ гIолилазе хирияб «Кармен» бичана Халидаца.
Мухтар вуцIухIун лъехъе ана. Унгоги эбел йитIарай йихьула: жеги гьитIин йиго Халида. Дун рекIелъ восуларого вугев гьеб гIиллаялда батила. Жеги васал-чиязул хабар гьелда бичIулеб цин гьечIеблъи якъин.
БецIхъахIилъун, тIад цун рукIана цIадулал накIкIал, гIисинкун пулеб букIана гьури – гIажаибго хех хисана жакъа гьава-бакъан кана Мухтарида хадуй ялагьун йигей Халидада ва заманалдаса яхI гьабизе кIвечIого лъелъ тIерхьун унев гIадамасда ахIана:
-ЦIад базехъиниб буго, тIад вусса!
Мухтар данде кIалъачIого хадуб ахIараб рагIичIеб киниги лъелъе тIерхьун ана ва кинго къватIиве вахъунев вукIинчIо. ХIинкъиялъ гьев лъелъ гъанкъун ватилин гьесда хадуй ралъдалъе кIанцIана ракI бихарай Халидаги.
Гьороца карачелал кIвачIи рахинарулел рукIана. Цабзазукь гурдеялъул кунчIелги кун, бохдузда жемиларидухъ, бугеб къуваталъ Мухтар вукIарав рахъалдехун лъедана, амма гьенив гьев гьечIоан. Халида чанго нухалъ жаний юкъана ватилародаян, циндаго гьелъухъе квезе щвана Мухтарил хIетIе. Мухтарица жийго лъелъе цIалей йикIин бичIигун гьесул гъажалда хурхана ва кIвараб хIалалъ лъелъа къватIибе гьесул бетIер бакинабизе хIаракат бахъана: Мухтар гъанкъулев вукIиналда гьелъул щаклъи кечIо. Гьеб бичIарав чияс цIацIалей Халидадаса нечон ракьдатIе щвезе кумек гьабуна. Унго…гьанже гьелда цебе квезе гьумерго хутIичIо дидаян сан-сандилев вукIана гьев щибго кIочон тун жив хвасар гьавулей Халидае кумек гьабулаго лъелъа къватIире рахъине …ретIелгун кIанцIун йихьула, кинавха дун гIабдал- гIадада хIинкъизаюна. РагIалде щолаго бачIараб карачелалъ тIадагьай Халида нахъе кьабигун гьелъухъа Мухтар вахъун ана ва цабзакь букIараб гурдеги борчIун махIазулъ жемана гьадингоги хIал лъугIарай гIадамалда…тIоцебе гьелъ эсцин гьабичIо жий Мухтарица ячуней йикIин. Песокалда тIад гьел регигун, биччан тана чвахун цIад. Перхезе жубана тIатIалаго пири. КIиялго чехьатIадеги регун таманаб замана бана гьез цIадуда гъоркь. Цо жо ракIалде бачIараб киниги циндаго Халида Мухтарида тIаде къулана:
-Мухтар, мун кин вугев?
Гьес хIеренаб балайгун вуцIухIун Халида каранде щапизаюна ва урхъун чанго нухалъ кIутIбузда баана:
-Баркала, дуца хвасар гьавуна дун.
-Мун лъикI гьечIогонищ лъугьарав? – ан бигьалъи бачIун хIухьел бичана Халидаца.
-У. Цо-цо букIуна дир гьедин.
-Дару гьечIого тIубалищ?… Баркаман, балеб бугеб куц. Хисизе ретIелги гьечIо цадахъ.
-Хисизе? А…Дидаса талихIав чи ватиларо гьал минутазда. Баркала къисматалъе, — ян ясалъул ботIрода тIад хъатал куна, йичигун гъадида релъун йихьана щаялиго Мухтарида гьей ва жиндиего гьимизе бачIана: тIогьилаб гъедо.
КIиабилеб нухалъги къваригIел гьечIеб жо бихьигун, гьесул ракI хвеларидухъ бигьагьабун Мухтаридаса рикIалъизе хиял гьабуна: щаялиго гьесул балаялъ, хIухьелалъ бетIер сверулеб асир гьабулеб букIана Халидае.
— Гурде бахъе тIасса. Бичараб гьеб тIад тун пайда гьечIелъул. – бараб къвал чучинабун гьелъул бадив валагьун чIана Мухтар.
-ТIоцебе бихьулеб буго пляжалда цIад балеб…Гьаб тIомгун рекIун буго, — ян йихун жиндаго бер щвезабулаго тIаде яхъине хIал гьабуна Халидаца.
-Бихье, дица бахъизе, — ян бетIер борхана ва кумек гьабизеян лъугьана гьев.
Мухтар абизе рагIи батуларо, гьалгъан хутIана Халидал мугъзадаса ругел хъахIилъун бидречарал гIужал рихьидал. Халида гьеб гьанаца бицараб киниги юкIун ана, песокалда Мухтарица рехараб гурде хапун тIаде чIвана.
-Иокьулей,- ян гьелъухъе гурде нахъеги босун къвал бана Халидада, — йокьулей…гьарула божа дида, Халида, йилъа дунгун цадахъ.
-ВуцIа. Рокъоре тIад руссун лъикI нилъ гьанже. Гьел ургъалида ратила,- ян гьесул къвалакьан йорчIине хIал бихьи гьабуна Халидаца.
-Ратуларо, нилъ гIисин лъимал гурелъул…
-Мухтар, — ан сородана гьелъул гьаракъ – щиб дуе къваригIун бугеб? Те дун, вилъа рокъове.
-ХIинкъуге, хирияй, йилъа дунгун Саратовалде…
-Йилъинаро. Дие росасе ине бокьун гьечIо. ГьадигIан талихI къарай йижизего йижарай – ян щакърахун машиналъухъе йилъана нахъойги ракI бекун Мухтарги тун.
Халидаца галаби ранго рукIинчIо, захIмат букIана лъамалъараб салиялда йилъине, дун гIадал талихI къадал пляжалде ани – гьениб цIад балаян жиндаго кIал гьикъулаго къварилъанхъилей лъаларого, семилей лъаларого кутак балеб цIадукъ бихьизего бихьулареб машинаялъухъ ялагьун гочулей гIадан хадув гIунтIарав Мухтарица жиндирго каранде къана гьей ва гIазабалда абуна:
-Йилъа дунгун цадахъ. Дица гьарула дуда.. Йокьула дие мун…гIинтIаме дихъ, гьарула… — ян щурулаго тIатIалаго гьурмада убаби гьаруна…
-Йиччай! Те дун! – ан гьесул кверзукьа йорчIизеян къеркьана чIичIидилаго Халида.
Цо кидаго гуреб йиххи-хIинкъи тIибитIана гьелъул къаркъалаялда.
Амма Мухтарица цо лазаталда ричун машиналде тIаде рехана гьелъул купальникал ва гIинкълъарав киниги чIичIидилей яс лъамалъараб салиялда егизаюна…
…Чвахун балеб цIадукъ саламатго замана бана гьез герегахъдилаго, Халидал загIипабго данде чIей лъугIизегIан.
Лъавуде вачIингун гьесда Халида, хъарщи киниги, цIубан тIийитIун ятана, цо-кIиго нухалъ «йигьинайизе» хIалги бихьун машиналъуве коньякалда хадув вортана. ХIалихъего цабиги рагьизарун ахир-къадги дагьабго жо гIуркъизабун бажарана гьесухъа. Жиндагоги лъалароан кинабго караб куц, дагь-дагь кун лъавуде вачIингун гьабун таралдаса расал эхетун рачIанин кана гьесда…ЦIадгIаги чIолебани…цIад. Сверун лъимги бакIарун лъел хIорилъ егун йигей Халидада бер кана гьесул ва цIоролин хIинкъун хапун машиналъуе йосана. СанагIаталда нахъисеб сидениялда песокалдасаги яцIун егизаюна ва щиб гьабилебали лъаларого къан кун бетIергун машиналдаги вачIун балеб цIадукъ гIодов чIана.
…Заманалдаса кIанцIун тIадеги вахъун хутIараб коньякалъул шиша чвахулаго мегьед-кереналдасагун чIехьана жинцагоги. Гьанже гьабилеб щиб? Халида шурулей йихьигун гIедегIана гьелъухъе. Гьей хварай киниги хIатIул кьергун додинго егун йигоан.Йохъ, цебе тIамураб къагIида. Гьурмада чIварал кверал цIоро-гъорон хъахIлъун ругоан.
-Халида! Щибниги абе. ЮцIун чIоге, — ян кверал нахъе ричIизаруна гьелъул гьурмадаса ва бихьаралдаса хаган хутIана: кваранаб рахъалдаса хъат чIвазегIанасеб бакIалда расал гIазухъалъун ругоан ясалъул.
ГIиссинккун соролеб квер чанго нухалъ хъахIал расаздаса бахъана.
-Халида. ТIассалъугьа дидаса. Гьарула. – ян гьардана ясалда Мухтар.
Жинцаго гьабураб гIассилъи щибаб минуталдаса гIорхъи гьечIеб букIин бичIана гьесда:
-Халидка…тIассалъугьа дидаса, хирияй. Унго дир гIассилъи. Дие йокьула мун. Дие бокьун букIинчIо гьедин гьабизе…бокьун букIинчIо. Божа дида.
ЧвахунцIад гIодоб цана ва гIиссинкун щенезе жубана. КъватIиб бецIлъулеб букIана. НекIого ичIго тIубан батила. Унгоги гьабилеб щиб?! Дагьа-макъайго йигьа-йижарай Халидада рагIи абизе бажарулеблъи якъинлъигун Мухтар берцинго эс гьабичIого рулалда нахъа гIодов чIана. Бакана машина… Щаялиго ракI рокъобе цIана. Рокъоре руссине кола, гьанжегIаги, цинги эбелалъ тIубала кинабго. Щиб элъ тIубалеб? Щиб? Эбелалда кидаго дирго захIмалъаби раччизарун тIуваларогури дун. Щибха гьабун лъикI? Халида кIалъазегурин хIинкъана Мухтар циндаго… Аллагь, щиб дица гьанже гьабилеб? Кин гьелъул бадив валагьилев?
Салудалъги жем-жемун машина трассаялда бахъинабуна гьес ва танхъинабун нахъехун вуссана. Халида цIа-цIан чIорогоял бералгун егахъего йигоан.
-Халида, мун…кин йигей? – ян къулчIулаго хIацIогун хIалихъего шурана гьес.
-ЧIезабе, — ан ракI багъарун къватIий гьулчун ячIиней йигоан гьей.
ТIоцебе букIараб шокалъул хIал ана пуланалъул цо талихIалъ.
Мухтар машинаги свинабун, рагьун нуцIагун гьелъие кумекалъе гIедегIана.
Цодагьаб бигьалъи бачIингун гьесул надалда чIвараб квер нахъе гьабуна Халидаца:
-Хъваге, те дун, — ан сородана гьелъул гьаракъ, — мунго а гьаниса, дун йилъунаро.
-Гьанжеги йиччани мун унтула. Гьарула, гIинтIаме дихъ. Дихъа гIасияб хIалтIи кана…Бегьулеб батани, гIинтIаме. Дидаго лъаларо кин карабали. Гьедин кана, Халида. ТIассалъугьа бегьулеб батани.
Гьанже аб-добан гьасул хабаралъухъги гIинтIамизе карай дунан цим бахъине бачIана:
-Дида рихун вуго мун! Кин дуда гьеб бичIулареб. Гьаб инжитлъиги гIела дуе, — ракI бекун гIодулаго асфальталда накабазда кана гьей.
Цебе тIамун бачIана цо кидалиго нухда машинаялъ чIинтIун рехараб катил тIинчI, гьитIинабго катил тIинчI- лъалаго Халидал гьумер тамахлъун, недегьлъун ана доб хвараб тIинчIалда бахилъулаго — дун анищ доб къоялъ додин чIинтIизе.
-Субботаялъ бертин гьабила, щибниги лъиданиги лъаларо. Кинабго кIияздаго гьоркъоб хутIила…Дие йокъула мун.
-КIал данде баче. А гьаниса! Киданиги. БичIулареб щай. Бихьинчи гуро мун гьаб киналдасаго хадуб. Капкил багьа гьечIо дур гьеб чорокаб рокъиялъул. Бихьинчияс йокьулей яс, гъачагъас гIадин хIалалъ хIакъирги гьаюн гуро мукIур гьаюлей.
Абурал рагIабаздаса гьей гIажаиблъана, саламалъи бицунелъул. Дун ятиларо гьай кIалъалей гIадан.
-ГIела, Халида. Гьеб хIалалда йигей мун дица киениги йичаларо, — ян янги абун, хIули киниги. кодоеги йосун машиналъуе ячана Мухтарица гьей, цощинай тохаб жоялде ургъизе гуриланги хIинкъун.
Заманалъ жаниб кун букIараб рекIелбухIи синкъиялда гIодун къватIиб тIатинабулеб букIана Халидаца. РагIаби
Мухтар абизе жо лъаларого машина шагьаралдехун хъамулев вукIана.
Шагьаралда щолаго гьесул кверги тункун Халидаца цодагьалъ машина чIезабуна:
-Мухтар, ячунге дун рокъое, гьез чIвала дун…щиб гьумергун дур эбел-инсуда цее эхетилей. ЙичIа, гьарула…ГIасилъиго щиб дур!!!
Мухтарица жиндир-тIалаб агъаз гьабилин ракIалдаго колеб букIинчIо Халидада. Отпускалде вачIарав гIадамасе дир ургъалаби къваригIун киса! Клара-бажул ва МухIамад-ацил лъикIлъи магIазухъа бачIинабуна дида КIудияс. Дирго хъизамалда «турулей» йикIинчIого гаргадизарун гIадамалгун, яцалгун…гьанже босе. Кинабго рехун тун цIализе лъугьине гIамал гьабила…якъуца хвеларей ятила. Гьадинги рокъоб гIумро гьабиялдаса ун букIана. ГIодулаго жиндииего ракI-макI гьабуна Халидаца.
Мухтарица хIеренго жиндихунго цIан къвалакъе ячана:
-Халида, лъицаниги рагIи абизе гьечIо дуда. КIиго къойидаса бертинги гьабун, дица мун Саратовалде ячина дидаго цадахъ. Дие йокъула мун. Гьарула, божа цодагьайниги. Киданиги ракIалда букIинчIо гьадин келилан…дун гIайибав вуго…Гьедула дуе, киданиги гьединаб пикру букIинчIо дир ботIролъ. Аллагьасда лъала щиб карабали.
— Дун мунгун йилъунаро, дие рос къваригIун гьечIо, Мухтар, ялъаргъуге. Аллагьасул цIаралдасан гьарулеб бугин, те дун, жакъа нилъеда гьоркъоб карабги дицаго хIехьела. Карабги дицаго бачила…- ян гьесул каранда магIил цIураб гьумер бахчана Халидаца, — щибго абуге рокъосезда.
Мухтарица гьелъул бетIер каранда къана:
-Щай дуе гьедигIан цIакъ дие ячIине бокъун гьечIеб? Дида ракI рекъечIогонищ, яги…щиб гIилла!
-Дун жеги гьитIинго йиго. ЦIализе те. Цинги кинабго тIубалаан, лъиданиги кечIого. Дун свакан йигей куц. Мун Аидае вокьула, гьей яче Мухтар. Нуж цIакъ рекъон рукIинаан цоцазда.
-Дир гьитIин, — ан Мухтарица яхI гьабизе кIвечIого гьелъул кIутIбузда баана, — дие мун йокьула. Цо чIужу гIела дие – мун.
-Киданиги!
-Халида, мун цIодорай яс йиго. Дидаса хадуй мун кин росасе ине йигей? Нилъер гIадатал дидаса лъикI лъалел ратилин дуда…
-Дур гIасилъи! Дуца ургъунго махсароде куна дун…инчIого йикIина. Учительницалъун хIалтIани гIададе хвеларей ятила.- ян цIи гьабун чвахун ана гьелъул бадиса магIу.
-ГIодуге…Дун мекъи вуго. ТIассалъугьа…Гьадинги йохарал къваби дагьал ругин дур. Киналъулго ургъел гьабизе дица те, анцIила анлъилъ гьел хъахIал расалги гIелин…
-Кир ругел – ан матIу сверизабуна гьелъ ва рихьигун чIваркьун бералгун жиндирго ботIрохъ ялагьун хутIана.- Мухтар! Гьал киса!? Дица чIвала мун. НуцIа рагье! Дун…дие…йиччай!
БачIараб гьалаглъи гIодоб къазабун бахъинегIан каранде къан чIезаюна тIури бачIарай яс гьес.
-Дица милициялда лъазабила…
-Кинабго лъикI букIине буго…Милициялъ щибниги гьабизе жо гьечIо, паспорталда рекъон мун анцIго къониги буго дир чIужу йигелдаса.
-Паспорт? – ан бичIулеб букIинчIо рагIараб Халидада.
-Гьелда нилъер загсалъул тастикъ гьабулеб мугьро чIван буго. Халида, гIела цоцае гIазаб гьабураб. Дида лъала щиб гьабулеб бугебали. Нагагь лъимаде яхъани…
Жиндаго лъачIого, нахъеги биччан хъат бана гьелъ Мухтарил гьурмалъ:
-Магъакь! Хъубаб чудук! Гьедула, дица киналъухъго бецIила дуе. Вацазда лъани дунги чIвала, амма дудаги квер лъухьун телеро, — цидаца гъанкъулей йикIана гьей Мухтарил нахъ гIунтIи бичIигун. – Киназдаго бице! АхIмадил къватIукьа яс гурищ…суризае, дун цохIо гIазабалъе йижарай йигеб къагIида. Суризае киназдаго…гьел дурго кверазе гIадло гьабе! ХIал букIиналъе гIоло ричан толел жал рукIунарин гьел…
-КигIанха дуда дун къабихI вихьулев вугев.. Гьедула киданиги мун инжит гьайизени киса гурин бертан гьабизегIан дуду баизиецин пикро букIинчIо дир!. Йокьула дие мун! Йокьула! – ян ахIдон вахъун кана Мухтарги.- Щай дуда гьеб бичIулареб? ГIумроялда цохIо цIали тун чанги батIи-батIиял ишал рукIуна гIадамазул. Гьанже щиб, дуе меседил медаль щун бугин абун росасе инчIого йикIинехъинищ йигей? Яги принц вачIиниланищ? Нагагь вачIинчIони, киназего гIурал принцал рукIунарелъул, ялъуни медаль бугезе щолел жал эл гурелъул… ТIассалъугьа, дудасаги гьитIинлъана гьанже дун. ГIадахъ босуге…Кин дуда бичIулареб гьанже мун алагьасда ва гIадамазда цее дир чIужулъун йикIи. ГIайиб буго. ГъалатI битIизабила.
-РачинегIан киназго абула гьедин… — янги абун сихIкъотIана гьелъул. Щиб лъалев гьев витIарав ватизе бегьулагури. Дида лъалеб жо щиб бугеб…Гьанжего вокьулев ватани? Замана бекерараб хIисаб буго циндаго гIумродулъ. …Халида тIоцеве Мухтар вихьулев киниги гьесухъ ялагьун хутIана. Дица гьав гIадинал гIолилазул эсцин гьабулароангури, гIадада щибизеян хьулал абун. Унгоги эдинищха хъван букIараб дие. ГIажаиблъи…гьале ракIалдаго гьечIого росасе ине колила…дунги батIияй лъугьарай гIадат, унго гьале лъугIана дир бищун тIегьалей гIуж тIегьачIого, гьале щивгIаги берцинго лъаларев чIухIарав Мухтарица кверщел гьабулеб дир гIумроялда. Мухтарица жиндир бадир бералги къан пикраби цIаларал киниги хIалимго расазда квер лъухьана: кинабго лъикI букIине буго, рагIи кьолаян абулеб букIана гьесул бераз…Божизе кола цоцада. Вай, чияр гIадангун гIумро тIамизе гьадигIан хехго…нагагь данде кечIони? Дун мустахIикъай ятичIони – бигьаяб хIалтIи батиларо рос-рукъ, гьеб гуребги гIадамаз щибиндаян абилеб.
-Унго Халида?
-Агь?
-Дуда гьедин цебе лъицаниги абун букIарабищ?
-Бицинаро
-Дир гьитIин, мун гIемеразе йокьулей ятила, уйищ?
-Мухтар, дуе чан сон бугеб?
-А. Къоло ункъо.
-Халида. Щайха дуца рекIелав вугин абичIеб?
-Гьеб дида жакъалъизегIан дуца гурони цIехолев чи вукIинчIо… Мухтар…
-Щиб?
-ГьечIо. Дур цIар абулей йикIана.
-Дие йокьула мун, — ян яхI гьабичIого, бер жиндирго квераздаги щвезабун, Халидал кверазе гIадлу гьабеян бадиб Iвай ракIалдеги щун, гьимулаго къвал жемун каранде къана гьадин гIагарлъараб анищ.
Халидал берал нахъойги магIил цIуна.
-Кинабго лъикI букIине буго, тIассалъугьа къваригIел гьечIеб хIалтIи кана, тIассалъугьа, дур ракI бекизабизе тIокIалъ киданиги кIвеларо дида. Божа.
-Мухтар…
-Щибго ургъел коге, дица тIубала…
-Дир эбел-эмен мискинал гIадамал руго…
-Халида! Дие гьездаса щибго къваригIун гьечIо, гIумроялъ налъулав вукIина мун гьаюралъухъ.
-ГIадамаз щибин абилеб.
-Мун рази йигищ дир чIужулъун йикIине?
-Гьанже гьеб суал ялъаргъи гIадаб жо буго. Паспорталда, аллагьасдаги цее чIужулъун йигин гурищ мун вукIарав?
-Субботаялда бертин гьабизе рази йигищ?
-ГIелаха, Мухтар.
-Халида, рачIа цодагьал саламатал гIадамал гIадин кIалъазе. Дие тIад вуссине абизисел къоял хутIун руго. Эбелалда некIого абун букIана мунгун кIалъаян – пайда щиб, дуцаго абеян тIирун чIана. Анив вачIингун мун ятичIо, хадуб — экзаменал…кинго санагIат колеб букIинчIо, гьеб гуребги духъ балагьун щибниги дилъ цIайи бихьулеб букIинчIо, зама-заманалъ ракIалда колаан кIалъанго пайда гьечIилан. Жакъа эбелалъ лъазабуна замана инеб бугин кIалъан вихьеян. Гьелъ гIадам чи гьечIеб бакIин абун ячун йикIана, квал-квал келаредухъ…гьарула мекъи бичIугеян. Щибниги каралда релъараб жо ракIалда цин букIинчIо, божа, гьанже бицун пайда щиб – ахир тIоцебе каралдаса хадуб.
Нух бакьулъ машинаги чIезабун рогьинегIан хабар-кIалалда хутIана гьел, цоцада абизе колеб дагьа-макъаб букIинищха…
* * *
СагIат анцIила цо тIубайгун тIокIаб институталда гьабизе жо гьечIилан Халида гIодое йилъана: матIуялда цебе расалги ритIа-ришизарун гьей мухIканго жиндирго ратIлихъ ялагьана – лага-черх рекъарай гьайбатай гIолилай; кIиго зажималъ ракIарун нахъехун гьарун риччан тарал канчIтIогьилаб кьералъул расал…гIурччин карал берал… школалда ва институталда чангиял хIайранлъун хадур ралагьулаан гьелда…
Халида бигьагьаюн вестибюлалдаса къватIие йилъана. НуIа рагьун къватIибегалибалаго бихьана гьелда кигIан мухIканго Вадимиа къватIир лъугьунезул хIисаб гьабулеб бугебали… гIодоб биараб Iералдаса Халидада бер Iвайгун Вадим кIарчамго гьимана гьей йихьидал:
-ЗахIмат буго божизе…
-Дие щуйилаб щваралдайищ? – ан жиндирго гьайбатаб гьимигун гьимана данде Халидаги цодагьай машиналъуе жаний къулулалго.
-О! – ян абулаго къватIив вахъана гьев, — дун гIадада чIун вукIун гьечIо. Баркула. Баизе бегьилищ?
-М-м – ан нодо букIинабуна Халидаца, — эбелалда цIехечIого уян абизе къуват гIоларо.
-Унго, — ян гьимулаго тамахго карандеги къан кIутIбузда баана гьелъул Вадимица.
-Огь, — ан тункун аскIоса рикIад гьавуна гьелъ гIолилав, — цин къиматги абун цинги бицине келаха дир тохлъиялъул… — анги абун нух къотIун ине жуяна Халида.
-Халида, гIедегIуге! Телефон!
-РакIалда гьечIо, — ян нахъехун цин юссинчIо гьей.
-Кида рихьилел?…бокьани щвезайила,- ян хадуб ахIана жаваб букIунареблъи бичIаниги Вадимица.
Халида чадил тукаджеги ун, общежитиялда юссана. Гулялги гьелъулги гIан мискинаб рукъ букIун батиларо гьениб. Гъоркь рукIарал обоял хисизе кинго стипендиялдаса тIокIлъизабун бажарулеб букIинчIо гьезухъа. Чадиде данде хIанчIизе жо гьечIодаян якана шкафалъуй, щибниги батичIо ретIелги хисун кваналаго буханкагун кроваталда яхана…
Нахъисеб къоялъ сагIат анцIгоялда Гуля ячIараб мехалъ Халида жеги бусадаго йикIана.
-О! ТалихIай, жеги кьижун йиго. Кваназе хиял гьечIиш? – ан кроваталда тIад шапана гьей,- гьанже кьижила гIорцIизегIан.
-Рокъоса хабар щиб бугеб? Эмен анищ? — ан одеялолда гъоркьан бетIер бакинабуна цо тагIамаб махIги сунтIулаго.
-Агь, гьечIо батIияб жо, — ян пальто бахъизе тIаде яхъана Гуля,- бажуца дуе бакьги хинкIалги ритIана, бусадаго кьелищ?
-ТалихI букIунеб жо буго, Гуля. Дун гьабсагIат,- ан кIанцIун тIаде яхъана Халида.- Гьадинаб кванил хIурмат гьабизе кола. Барка кофта, гьелъул гьайбатлъиго щиб?
-Эбелалъ битIун бачIана,- ян лъалаго йохана Гуля гьудулалъ кофта бецигун.- КIиазарго гъурущ гIарацги буго. Ракъуца хвеялъул ургъел гьечIо гьанже нилъее, цохIо сессия кьун бахъинаби гурони.
-Хадусеб экзамен, талихIалъ, бищун бигьаяб буго, — ян столалда нахъа гIодой йикIун кваназе жуяна Халида, — Гьава-бакъ кин бугеб?
-Цодагьаб кьерхунеб бугин кола. Кинго хадуй гIунтIуларо щиб ретIинабали, — ян бусалъе лъугьана гьей.
Кванан яхъарай Халидада гьей кьижун ятана. Бигьа гьабун посудаги бакIарун гьари-рахьи тIагIамлъиялъухъ Гулял бажудеги гьабун, тIехьги босун бусаде яхана Халидаги. СагIаталдаса тIехьалда бетIерги чIван гъапулъун кана гьейги
…МаркIачIул гIужалъ нуцIида кIутIулеб гьаракьалъ кIиялго цадахъго рорчIун рачIана ясал.
-Щив? – ан ахIана Гуляца, къойица кьижун хутIиялда гIажаиблъи гьабулаго.
-Дун вуго, — ян бахъана Рафикил гьаракь, — Халида йигищ?
-ГьабсагIат, — ан ахIун гьанир-доре речIун бусабиги ракIарун, расал ритIа-ришизаруна гьез ва нуцIа рагьана.
-ЛъикIаб сордо, — ян макьица понцIорол ясазул бадив валагьун гьимана Рафик, — къойица кьижун рукIун ратила?
-Хехго ун буго замана. Жанив лъугьа,- ян къватIий тIерхьун уней Гуля чIезайизеян лъугьана Халида, амма пайда щиб, Халидахъе чи рачIингун гьей рокъоса квал-вал гьабиларин цадахъ цIалулезухъе тIагIунаан.
-Гуля! Цо минуталъ чIа, — ян Рафикида гIодов чIезе бакIги бихьизабун гьей киениги тIерхьинегIан хадуй гIедегIана Халида, — Нилъ кафеялда ахIулел руго. Рекъон гьечIо инкар гьабизе. Мун йилъанани дунги инаан.
-ЛъикI. ХIамамалда ине лъикIан. Дуца пакет къватIибе босе.
-Агьа,- ян жание йилъана Халида, -Раф, цо къого минут яхI гьабизе бажариларищ? Ниж гьабсагIат рачIина.
-ГIедегIуге. КъватIиб бугеб цIорой, гIазу бачIони…Гьедин батани дун гъоркье ина. ЛъугIаралго рачIа, — ян тIаде вахъана гьев,- Дуе сайигъат буго жакъаси.
-Унго?
-Дие мун къаси дир гьудулгун лъай-хъвай гьабизе бокьун йиго. Инкар букIинищ?
-Лъ-лъаларо. Берцинав вугищ, — ан елъана махсаро гьабун Халида. – цо бащадаб сагIаталъ чIезе келаха.
-Хехлъи гьабе, лъазе бокьун батани. Хирияв аллагь! Бащадаб гIумро ручабазухъ ралагьун унеб батула бихьиназул! — ан кеп щун велъулаго инеян нуцIа рагьана Рафикица. – Лъеберго минуталдаса вачIина.
-Бахилъула дур чIужуялда. Гьарзалъи – цогидас сагIаталда валагьун букIинабун нодогун «анцIго минут» ан абилаан.
Скоросталда лъурал роботал киниги чвердезеги чвердон жиндирго ретIел-кумалъул бугеб мискинлъиги цебе бахъун къачIадизе журана кIиялго. Иргадал феналъ расалги ракъвазарун бугес бугеб ретIана. Гуляца – цIияб «ангорка» свитер ва чIегIераб юбка. Халидаца – хъахIаб кофтаялдаса чIегIерал костюм-тIажу.
Абухъего тIаде щвана Рафик:
-О! Цоялдаса цояй къачIарай. Мурадил бер бихичIони. – ян иргадал ясазухъ валагьана гьимулаго гьев.
-Раф! Дуца кидаго кIодо гьабула,– ян нечана Гуля.
-Гуля!
-Халидка, унгоги дур берцинлъи, — ян абичIого яхI гьабун бажаричIо Гуляда, гьелда жахIдалъиян кезе гурин хIинкъун йикIаниги.
-Духъего ялагьизе кIочон тола дуда кидаго, — ян матIуялда цее эхетизаюна Халидаца гьудул, ва чанго нухалъ гьелъул кIаркьада баана елъулаго, — рилъун лъикI.
Ясал рихьигун Рафикица Мурадида тункана:
-Бащадаб сагIат гIемераб гьечIо, валагье рачIинел ругел ясазухъ. Цоялдаса цояй кIочон тарай.
Раф ясазде данде гIедегIана, къватIив вахъиналде цебе Халидада тIасса нахъе росичIого бералги лъун вугев Мурадил кIигъажалда чаналиго нухалъ кверги кIутIун.
-Нужер гьайбалъиго щиб къаси, — ян кверал рикь-ракьана гьес ясазе машиналъул нуцIа рагьулаго. – Мурад, цохIо къватIиве вакка. Мекъи кечIони — дир ахирисеб маххул гъурущ дур букIина,- махсаро гьабуна гьес.
-ЛъикIаб сордо, — къватIив вахъун вачIуна саламатав, магIнаялда ретIа-къарав гIолилав.
-Кинайха йищилей?
КигIанго меседил расазул ясин абизе бокьаниги Мурадица Гуля йихьизаюна.
-Огь, дирго гъурущ диего хутIана, — ян велъулаго Рафикица цебесеб сидениялда гIодое чIезаюна Гуля.
-Нилъ, Халида, автобусалда рилъина, — ян махсароги гьабун елъанхъулей Халида, кверги ккун нахъисеб сидениялда гIодой чIезаюна гьес, — гьудулзаби, гIайиб гьабуге – лъай-хъвай гьабе, дир гьудул Мурад, художник, дуда аскIой йигей принцесса – Гуля, а автобусалда ругел кIигоязул цояй — Халида, дун нужеда лъалаха.
-Дун талихIав вуго нужергун лъай-хъвай кеялдаса, — ян Гуляеги гьимун цодагьав халаткун нахъехун вуссун Халидахъ валагьана Мурад.
-А, гьале кIулал, — ан Рафикица цо горалда ххарал кIулал кьуна гьесухъе, Халида Мурадил балаялда гъоркь санагIат гьечIого лъугьунейлъиги бихьулаго.
-Кире рилъинел? – анги Iехолаго Мурадица магнитафон биччана, ва тамахго нухлул терелги босун общежитиялъул азбаралъуса къватIибе бачана жиндирго чIегIераб «девятка».
-Кафеялде, гурищ ясал? — ан цIехана Рафикица ва нухда Халида мукIур гьаюна цодагьаб лъелго рилъине, Гуляги Мурадги цереги риччан.
-Гуля,художникал рагIуе барахщарал рукIунин, гьеб хIалтIи дуцаго тIубайзабе. Ниж цодагьалъ цIияб гьаваялде инел ругин.
-Дунги йилъина, — ян жуяна Гуля.
-Ниж щуго минуталдаса щвела, гьабакIалдаго бугеб кафе…
ВуцIухIун чIун Мурадица машина танхъинабуна.
-Ниж гьабсагIат, — ан квер гьабуна рахIат хварай Гуляе, — Мурадил тIалаб гьабе. Гьединал художникал къватIазда рукIунарин.
-«Бригалде» рачIаха, — ян Халидае гьимана Мурад, — кватIуге.
Машина цебеса инегIан чIун рукIарал киниги Халидаги Рафикги цадахъ кIалъана. Цинги адахъ нечон гIенекун хутIана.
-Раф, — ан халалъулеб сихIкъотIи бихана Халидаца, — бичIичIо дур сюрпризазул магIна… Караб жо бугищ, мун хисулев вугин беразда цеве?
-Дур щибго рахIат хоге. Мурад…Дида кин абилебали лъаларо…Мурадие бокьун буго мунгун гьудуллъи квезе…Гьесда мун институтулде вацасухъе вачIаравго йихьун йиго ва гьелдаса хадув гьесул дур бицунареб къо цониги гьечIо…
-Раф, гьелда лъугIизе те. Дида кинабго бичIана. Дуда лъала кинабго дир араб гIумро, Раф. Щибизе дуца гьев аскIов гIагар гьавулев? Щибизе?
-ГIиял тIомалда тIасса гIетI гIадин ватIалъуларев чи вуго гьев. Дуда колев ватила дун къаси талихIав вугиниланищ гьединав цIар арав художникасулгун дур лъай-хъвай гьабиялдаса…
-Цинги.
-Цинги щибха букIинеб…Халида, гьарула къасиго нахъе чIвае гьев… духъа бажарула абизе колел рагIаби абун. БичIулищ? Лъала дир рахъалдаса къадарлъи букIин гьедин гьудуласда нахъаса аби…КIваричIо, мун сундасаго хирияй йиго дие…
-Вай, Раф, дур букIунебщинаб гвала-рахас.
Бигьагьабун рилъунаго гьел кафеялда цере щвана. Тохлъукъего Халидал бер кIутIана «Бригадалда» парахат чIараб «Lexuc» машинаялда. Релъараб батилилан тана. ТIокIаб гьединаб чIухIараб шагьаралдаго батилилан щаклъи букIаниги.
-Берцинаб машина буго, – ян гьимана Халидал бадиве валагьулаго Рафик.
Унгоги гьесда нижер кIалъай бихьараб къагIида доб къоялъ институталда цебе. ГIелаха Раф!
Халидаца жаваб гьабичIо. Жанир ричаралъухъ кколеб мухьги кьун залалде лъугьана гьал. Гьениб тIад бан бугоан аваданлъи, макъан… Мурад ва Гуля бугеб стол хIалалъ балагьун гьезухъехун кьурдулезда гьоркьосан нух гьабуна кIиязго. Гьел кофе гьекъолел хабар-кIалалда ругоан.
-Вай, цIорон хвана! Нижее гьечIебищ кофе? – Гуляда аскIов гIодов чIана Рафик ва Халидае Мурадида аскIоб бакI къватIибе цIана – сихIирлъи, Гуля тIегьалей йихьула: кигIан хабар гьуинав гIадан вугевали художник.
-Гьанже хинлъила. Баркала, къаси дунгун йилъаралъухъ. – ан Халидал гIинде къулана Рафик.
-Гьадинги гьабизе жо букIинчIо. – ян кофе кIалдиб босана гьелъ, — Кьурдизе инкар гьабилароан дица. Мурад унгоги цIар арав художникищ? Яги…?
-У. Питералда цодагьаб цебе суратазул выставка букIана гьесул, — ан кIалъана Рафик.
-Унго? Баркула, – ян гьайбатаб гьимигун жий ячIаралдаса чашкаялда бералги лъун вугев мадугьаласухъе юссана Халида.
-Абизисеб жо букIинчIо. Ахирисел дагьалго суратал…Халида, кьурдизе хиял батани, – ян данде валагьун вачIана гьевги ва ясалъул балай хIекон бажаричIого нахъойги кофеялъул чашкаялъуве къулана.
-Халида, кьурдизе йилъинарищ? – ан вахъана Рафик.
-Инкар гьабиларо.
-Баркала, – ян берцинго тIадеги вахъун, жиндихъго ялагьун эхетун йигей ясалъул квер куна ва гьей кьурдизе ячана столиказда гьоркьоса.
Халидал кафеялда ебе машина бихьаралдасаго, хIинкъараб нахъе ботIролъа баахъун бажарулареб, гъира букIана Вадимида бер чIвазе, гьаналъ бицунеб букIана къватIиб бугеб машина гьесул букIин. Унгоги къисматалъ цо жо ургъун букIин якъин ва баралда цеве эхетун виски гьекъолев Вадимида ячIинахъего бер чIвана Халидал. Гьале! Вадимги кодоб куральухъго вискиялъул стакангун валагьун вачIана Халидахъ. Гьев цодагьавго гьимана, добго пашманаб балайгун. Цо минуталъ хабар чIезе толарого гаргадилев вугев Рафикида щаялиго ццим бахъизе бачIана гьелъул.
Бакъан лъугIигун гьелдаса бер тIаса босуларого стаканги барменасухъе бегьун, Халида кьурдулелъуве ваIана Вадим ва :
-Бегьилищ? – ан кIияздехунго вуссана.
-Гьанир щибасул жиде-жидер яс рукIуна, – ян Халидада аскIов вачIарав гIадан киса, гьев жиндир ясалда кIалъайго рекIее гIечIо Рафикие.
-Раф, гьеб лъаларелги рукIунелъул гIадамал, — ан хIинкъадго гьесул гIинда шурана Халидаца. Вадимихъе ялагьизе гьелъул къуват гIечIо.
Рокьукъго бетIерги кIибикIизабулаго Рафик столикал ругел рахъалде ана.
-Баркала. КъвакIарав гьудул вихьула дур…мекъи ватани гьарула тIассалъугьаян. Жакъа тIоцебесеб нух чияр яс кьурдизе яхъинаюлей.
-Унго, — ян кIвахIалго абуна Халидаца.
Вадимида рагIулеб батилагури дир ракI гьалаклъун кIетIелеб бугеб куц.
-Къаси мун бетIер свериледухъ берцин йиго. Мунгун кьурдизе кIудияб хIурмат батила щибасе.
Вадимгун кьурди жиндир тохлъи гуродаян кIвен-кIвендулей йикIана гьей.
Мурадида щиб гьабилебалиги лъаларого вугеб мехалъ щив лъаларев гIадамас «кодоса» ячине жинца Халида йичанилан тIобанго ракI бакъвана Рафикил. Гьеб бихьана гIодоре ричан кофе гьекъолаго цоцада хIал лъазе течIого хабар-кIалалда ругел Гуляда ва Мурадида.
-Цадахъ чи гьечIищ? – ан цIехана халаткун кIалъачIого рекъон гьечIин ккун Халидаца.
Кидаго бадив валагьун вукIунев гIадатго щиб гъарин гIадамасул.
-Щибизе? Дун вецизесев кьурдухъан гуро. Къасиниги ясаздаса хIухь бахъине щвана. Дурго телефоналъул номер бицинарищ дида? – ан ясалъул мугъалда Iван букIараб хинаб хъаталъ одагьаб бакIлъун баIун, тамахго жиндирго каранда узаюна, гьесдаса Iвалеб ругьунлъун колеб бугеб махIилъ асир гьаюн щваталда макъаналда рекъон кIвахIалго галаби росулей йигей Халида.
-Эбелалъул изну гьечIого кIоларо, — ян махсаро гьабулаго гьеб Вадимида рекъон гьечIеблъи бичIун, багIарлъун яхъана Халида ва цо секундалъгIаги бер тIаса босеян жанисанго гьардана.
ТIокIаб Вадимица рагIи абичIо, цодагьайго гьес жий каранде къанин ккана гьелда. Унго бугеб лъикI Вадимгун кьурдизе, къаркъалаялдаго цо кинабилиго щвалде щвей, парахалъи тIибитIун ана. Саламатав бихьинчигун рекъон йикIунелъулха унго-унгояй чIужугIадан. Къаси гьел къанагIатаб пара букIана кафеялда…ЛъачIого лъугIана бакъан… ХIатта, кивго гъалбацI ватила Вадим. Рилъин-хъваялдасаго лъаларищха …
-Баркала. ТIокIав аскIов вачIине къуват гIеларо, — ян гьимулаго столикалъухъе щвезаюна ва Халидаца цоцал лъай-хъвай гьабизегIанго чIечIого кьурун вуссун ана.
Вадим барменасухъ гIараги лъун, ахираб нухалъ Халидал столикалъухъ берги рехун, кафеялдаса къватIиве гIедегIана. Унгоги, къаси бищун шагьаралда Iар араб кафеялда Халида йихьилин кидаго келароан гьесда. Студентал гьенир хьвадулин абуралда щаклъи, дов огидав аскIов вукIарав жинс-мухъ беринав гIолилав щивдай? …гьитIинаб шагьар, рихьилин жеги оада. КIарамго гьимун гьанжесалги биинIо телефоналъул номер…
ТIупун лъураб накIкI киниги живго цохIо Рафик вугоан гьенив гIодов чIун, цодагьаб гьекъолеб жоги гьекъараб къагIида. Ва! Гьанже гьасда кIалъанго пайда гьечIо… къулараб бетIер цин борхулеб гьеIин, дида ракI хвараб къагIида… Ва эхетахъего йигей Халидаде вуссун абуна:
-Халида, бегьулеб батани, йилъа дунгун кьурдизе.
Гуляеги гьимун, гьабилеб щибилан абулеб киниги, Халида Мурадида хаду-хадуй йилъана. Кьурдиго лъикIин Рафикил чIамучIлъиялдасаян.
-Баркала, Халида.- ян гьимулаго ясалъул мугъалда кверал чIвана Мурадица.
РекIелъ восулев гIолилав вихьула Мурадан кана гьелда ракIалда. Тамахго кьурдиялдаги цадахъ ячуней йигей куц – бихьинчияс чIужугIадан киниги.
— Халида, бегьилищ цодагьаб дулъгун гъваридго лъай-хъвай гьабизе?
-Щуго минуталда жаниб? – ан кIарчамго гьимана гьей жавабалъул бакIалда.
-Дир хьул буго гьаб нилъер къасисеб данделъи ахирисеб батунгутIиялда, Халида.
-Дида я уян я гуроян абизе кIоларо.
–Халида, метер кемпингалда рилъани?
-О! БачIинахъего цIакъго гIемераб жо гьарани цодагьабцин щвезе захIмат букIунин йикIунаан дир кIодоэбел.
-Мун дир цебегосеяй анищ йиго. Сурат бахъизе кани рекIелъ рекIон жаниб канлъи къваригIуна. Божиларо мун, амма цебего свараб гьеб, къаси кенчIелеб буго дилъ.
-БичIула. Дир сессия буго. Къасиги Рафикие гIоло ячIана. ГIайиб гьабуге, — янги абун гьелъ кверал гIодоре ричана ва жинда гIайиб караб гIадин гьесда цее эхетун чIана.
-Халида…
Рафикил харбил бигьалъи: дуда лъаларищдила инкар гьабизе…
-Мурад, бегьулеб батани йитIун йиIIа: дурги дирги гьудуллъи, гьоркъоблъи букIине рес къотIараб хIалтIи бугин кола. Гьарула, гIайиб гьабуге, дун росасул Iужу йиго…
-Халида, гIедегIуге ахирисеб тIанкI лъезе! ГIайиб гурищ дир Iакъ къанагIат буго МахIахъалаялда вукIине замана… Питералдаса Стокгольмалде вставка гьабизеян проекталда хIалтIулев вуго… о аналиго къоялъ щун вукIана гьаниве…
-ТIассалъугьа, Мурад, унго кIоларо, Iали тун батIияб жоялде юссине заманаго щоларо дие, — анги абун, эхетахъе Мурадги тун, Халида гьудулзабазда аскIое тIад юссана,гIащтIи кьабураб жо канагури дир къаси. Гъосда букIараб гIайибго щиб?
-Хадусев щив? – ан махсаро гьабуна Рафикица бакIида гIодой чIолей Халидае.
-Лъаларо, — ян гьесулго гIадин аваданлъи кибе арабали тIагIана гьелъул гьурмадасаги.
Цощинаб гьезда гьоркъоб кIалъай кезе гурилан хIинкъун Гуляца Мурад кьурдизе вачун ана.
Рафикил балай хIехьон бажаричIого Халидаца гьесул квералда тIад жиндирабго лъун тамахго цIехана:
-Щибниги мекъаб жойищ дица гьабураб?
-Гьадинго… Дие мун йокьула. Гьанже щаклъи гьечIо, — ян кьурдулезухъги валагьун шурун абуна гьес.
-ГIела, Раф, нилъ лъикIал гьудулзаби руго: гьелъ цо-цо щиб-щибниги ракIалда бачIараб уйилан кколеб буго дуда.
-Щиб дуца бицаниги дида лъаларищха дие мун йокьулеблъи. Дун дуе гьудуласдаса цIикIунев гьечIо.
-Щибха нилъеца гьабилеб? – ан унго-унго ракI бакъвана гьудуласул пайда гьечIеб рокьи кеялдаса.
-Воре, цоцада рихьичIого чIезе рачIаян абизе гурин.
-ГIайиб гурищ, дуда ругьунлъун йикIана дун…
-ТалихIги талихIкъайги цадахъ букIуна дунгун. Шагьаралда ругелщинал васаздаса мун кин дица цIунилей…
-Кинал васал, дуца бицунеб щиб?
-Мурад, цIар арав Мурад моцIалъ вукIана дунгун гелгелев. Щибизеяли бицинищ дудаго? Дица дургун лъай-хъвай гьабизе гIоло.
-Дида къаси мун лъазе кIолев гьечIо. Дун ячIинегIан щиб дуца гьекъараб?
-Щибниги гьекъечIо, — ян талихIго гьимулаго бетIер кIибикIана гьес. – Дун батIаго талихIав вуго къаси. Бугеб лъикI мун йокьизе…Йилъа кьурдизе.
-Вилъаха, — ян гьимулаго тIаде яхъана Халида
-Лъалищ, йилъа каникулазда хъещтIезе «Донбаялде».
-О! – ян жиндаго лъачIого гьаракь борчIана Халидахъа.
-РачIа кIиялго рилъине. Дица путевкабазул тIалаб гьабила.
-Раф, цин экзаменал кьун рахъинарун лъикI. ГIедегIуге, захIмат буго абизе кин щиб келебали метер къоялда.
-Кин каниги. Дуца сессия кьечIого хутIиниланищ? Диралъул цо жо кела. Йилъа Халида, гьарула.
-Раф, гIарац киса босилеб?
-Дица балагьила.
-Раф, къаси гIемер кIалъалев вугин кола мун, – ан хабар лъугIараблъи бичIизабуна Халидаца гьесда.
Рафикица гамачI гурхIилеб гIадаб угьун хIухьел бичана. Щиб гьабизеян лъугьаниги цого ахир.
Цогидал бигьаяб жо. Гьанже Рафик чIамучIлъичIони. ГIайиб гурищ гьедин кеялда. ЛъикIаб гьудулъи кунниги букIинчIебаниян кьурдулаго жиндирго пикрабазда йикIана гьей. Амма Рафикил суалалъ йигьинаюна:
-Мун… мекъи бичIчIуге, мун росасдаса ятIалъарай щай? Гьарула жаваб гьабе, Халида.
-Гьадин цо-кIиго рагIидалъун бицун дуда бичIиларин кола.
-Дуе захIмат батани бицунге. КIваричIо, — ян хIалимго абуна гьес Халидал гьурмал кунчIи сунгун. – Жеги къоял гIезегIан руго, лъикIищ, бокьарабго биине те.
-ЛъикI.
Гьадин цо-кIиго рагIудалъ бицун дуда бичIиладай…данде жаваб гьабизе кIолареб чияр рокьи бакIаб гьир букIунеб батана. Ахираб заманалда Мухтаридаги бичIулеб букIанин кола жив кинго рекIелъе восулев гьечIеблъи… абизе ниж ратIалъунги гьечIелъул, я бусурман я гьадинаб къагIидаялда. Зама-заманалдаса добаса гIарац превод гьабун бачIуна, дица тIад буссинабула. РетIел, пихъ…кинабго тIаде буссинабуна кIиго нухалъ, цинги квеш букIун батила якьад-вакьад кванил жо битIун бачIунареб…ГурхIула гьезда, дида гьабизе кIолеб жо гьечIо, рокьи кисаниги бахъун чIезабизе кIолеб жо гурелъул… Мухтарица хьул къотIизабулеб гьечIо дун тIад юссиналдаса. Каникулазда вачIун вукIинеги бегьула…
Нахъойги цебе тIибитIун бачIана гьелда Мухтарилгун гIумро. ГIадмасул жиндирго ракIалъул нахърокъоб чангоги балъголъи цIунулеб батила, гуребани…
* * *
Доб сордоялъ пляжалдаса рокъоре щваралго Мухтарида ва Халидада жеги кьижичIого ургъалилъ ятана Клара. КIиязулго куц бихьигун абизе рагIи батуларого йиххун лъугьана гьей.
-Ма, кинабго лъикI буго. Кьижизе а, — ян Халидал гъеж куна Мухтариа ва эбелалъул суалаздаса хIинкъун, жиндаго хадуй тIасияб этажалде ячана гIедегIел гьабун.
Щиб Мухтарица бицинаги, кигIан ракI-макI гьабуниги – рокъоре щваралго намуслъиялъ ракьулъ тIерхьунеб хIисаб букIана Халидада: йохъ гьаниса тIуризе кола, гурони гьазул бадие балагьун дида гIумроялъ бажариларо.
Галаби болъодухъа гьез разегIанго Кларал гьаракь бахъана:
-Мухтар!?
-Ма, кьижизе а, гьарула, — ян кьваризабуна Мухтарица гьаракь ва Халида жиндирго рокъое жание лъугьинаюна.
Даран сородизе лъугьана хIинкъиялъ Халида: гьале гьабсагIат къватIие гъела гьелъ дун…
Амма хадуйго рокъое жание лъугьун ячIана Клара-бажуги.
-Ниж свакан руго, — ян кроваталдаса покрывало нахъе цIан рехана Мухтарица.
Цонигиял кIалъазаризе кIоларого йихун кун иргадал лъималазухъ ялагьун хутIана гьей: хъахIал расал, ретIел кунги чIартал киниги…щиб гьазие бахъараб? Ниж свакан ругоялъул магIнаго щиб – кидалъиса нахъа Мухтарица «ниж» рагIи абизе жубарав…гIадатищ бугеб яс жиндирго кроваталда егизе тIамизе кани, Сапиятида радал бихьани…
Халида паласалда бералги лъун, ясикIо киниги, сихIкъотIун эхетун чIун йикIана.
-Гьал расал киса? – ян рухI лъугIунаго Халидал ботIрода сородилеб квер бегьана гъелъ. – Щиб караб нужее?
Бахъун рехун гурдегун Мухтар эбелалде аскIове вилъана.
-Гьарула дуда, а кьижизе. Халида мунги ега.
Цо щибалиго бичIараб кинги эбел васада хурхана:
-Мухтар! Щиб караб? Жаваб кье…жаваб кье, — янг сокI-сокIун ана циндаго къаркъалаялдаса рухI бахъараб киниги тIубанго хIалги лъугIун ун.
-Ма,- ян ахIулаго хапун эбел кодое ячана васас. – Ма, дуца хIинкъизаруна ниж, ма…Караб жо гьечIо. АхIи-хIура гьабуге. Гьарула. Субботаялда бертин гьабизе хIадурлъе…дие чIужу ячине анищалда гурищ мун йикIарай… Гьанже гьарула, йилъа кьижизе. Цо-кIиго сагIаталъгIаги бер данде инчIого бегьиларин – рогьун бугин дунял, – ан бицунаго кун кумек гьабулаго эбел рокъоса къватIиехун ячана гьес.
Ахтарай киниги рукъ бакъулъ эхетахъего хутIун йикIана Халида. Эбелги жиндирго спальниялде тIойитун вачIана Мухтар:
-Йокьулей, унго дур берцинлъи къаси…
Гарбида гьесул бухIараб квер хъвайгун ток кьабурай гIадан киниги «Клара-бажуян» ахIулаго рокъоса къватIие екерана Халида.
Гьеб гьаракь рагIулин ракI чIун букIарай киниги коридоралъуй къватIий пулан киниги щвана Клараги.
-Дир месед…месед.
-Къасиялъ дур рокъой кьижилищ дун…- ан гIодилаго, гьарулеб киниги, цIехана Халидаца.
-Щиб дуе караб жо? ХIинкъуге. Йилълъа, — ян талталдилаго цадахъ ячун Халидагун жиндирго рокъое йилъана Клара.
КIиязулго хIатIил гьаракь лъугIигун Мухтарица цебе батараб бакI къелъ речIчIун гьениб карщ гьабуна. Цинги, тIирщун чехьа гъоркье кроваталда вегана къандалъо цабзазги букъулаго.
Клараца Халида жаний щварайго бусенги къачIан егизаюна ва кIвен-кIвендилаго жийгоги гьелда аскIой гIодой чIана, пакъир сородилей йигей куц, сунца гьей гьедигIан хIинкъизаюрай…
-Аллагьасе гIоло юцIухIун чIечIого цо-кIиго рагIи абе: щиб караб нужее? кватIарал щай? Цощинал къваригIел гьечIел гIадамал данде чIван ратиларогури нужеда…Бан тараб гьалагаб цIадги…Бице Халида, тIетIелеб дир ракIалда гIаги гурхIа, дир яс.
ЦIидасан ккарабги ракIалда щун магIу бичаларин цаби къерщезаруна гьелъ. ГIела гIодарай. Бицеян абизе бигьаяб иш. Щиб жо бицинеб?
-Халида, дир месед…КIиго къойида жаниб кинан гьабулеб бертин букIунеб? МухIамадица питна буго гьабизе дие гьеб рагIани. ЦохIо вугев васасе кидаго кIочон толареб бертин гьабичIого тIубалеб жойищ… Мухтарил букIунеб жо буго ургъичIого рагIи бици. Халида, гьес абураб жо уянгоябищ? Мун унго рази йигищ, дир яс, гьевгун гIумро гьабизе?
-…Лъаларо. ЦIакъго кватIун бугин кола дие гьеб суал кьезе. Жакъа пляжалде йитIи нужеда лъалареб жо букIанин абизе захIмат буго, — янги абун гьоркъоб къотIизе тана Халидаца гIазабаб кIалъай, цинги, тIаде жубана. – Нужеца абураб дица цIадае кIанцIеян абуниги щибго нахъе къачIого гьабилаан… гьадигIан хехго дида хъахIал расал ракизаричIониги. Мухтар бергьана…
-Дуца бицунеб щиб? Мухтар?!
ГьанжелъизегIан хъатикъ бахчун кун букIараб Мухтарил квербацI Халидаца цIабуцIарал килщал рагьизарун Клара-бажуда цебе бортизабуна:
-ЦохIо ракI бухIараб жо буго – дунги дзю-доялъул мастер спорта гьечIеблъиялда, — ян къогIго гьимана, кIал-мацI къотIун квербацIалъухъ ялагьун йигей Клара-бажудеги юссун Халида.
-Эбелалъул рахь хIарамаб инжитлъи дуе, дуе – нижер ракI бохиялда тIад мал чIезе кани, щиб цIуял жал камун вукIарав къагIида… Вай, дица бицунеб щиб? ТIассалъугьа, дир яс, бегьулеб батани мун цIунун бажарун гьечIо, гьале, сурана мадугьаллъиялда цее… вай тIад бачIараб къого щиб… кигIан дида жого эхеб инчIеб, гъов тIирун чIейгун дида ракIалда щибгогIаги бачIинчIо… унго караб жо…
Я гьелдехун, ялъуни жиндихунго гурхIел абураб къатIра букIинчIо Халидалъ гьабсагIаталда.
Клара синкъиялда, руабазул къагIидаялда ракI бекун, къварилъи магIуа урун тIаса инеб киниги, гIогIодун йиан тана. ГIодилей йикIана Халидаги: индаго кIибекараб тIегьазе ракIалдаго гьеIелъуб гIумроялда, ясалъиялъул талихI абадиялъ къанин жиндиян…гIодилел рукIана кIиго IужугIадан о багьаналдаса: ояй каралъул Iилъиялъул бухIиялъ, ояй – жиндирго бадиса магIу бакъваларого рогьун сардалго жубаруб ригьиналдаса, инжитлъиялъул бакIлъиялдаса, кидаго кигIан хадусал бетIергьанигун талихIаб, роIараб, гIорIараб гIумро тIамуниги, рекIел беки жиндир бадиса тIагIунеб гьеIилан колаан гьелда матIуялда ялагьунщинахъе. Кларае долдасаго бокьулароан матIуялъуй балагьизе… гьале нусги къавулъе кIиекун лъугьуней йиго…
Заманалдаса, къулчIулаго магIугун, ккараб росасда бицинеян яхъун йилъана Клара, амма нуцIихъанго богорокъое ана – гIуж гуреб мехалда щиб хабар гьесда бицинеб? МухIамадица гьебго диеги гьабураб … васги гьединго вахъинин кечIо… РакI лъикI гьечIеб мехалъ гьеб хабар МухIамадида бицин цIодорлъи гурилан абураб пикруги бачIун, богорокъой суркIа-рагIалда квал-квалдизе лъугьана, амма чвахун унеб магIу чIезабизе кIолеб букIинчIо пакъиралда: щай Мухтарица гьеб хIалихьалъи гьабураб – инкар ясалъ гьаби бегьулареб жойищ? МухIамадицаги гьедин гъоркье рехана дун…щиб лъалеб дирго ватIаналда бигьа букIинеги бегьилаан дие гIумро – гуро, гьале чидар гIадамалгун, гьезул согIал гIадаталгун ана, эбел-инсудаса рикIкIад гIумро…Унго Мухтарил гIасилъи, дир ва инсул мугъ бекизабизе вачIун вукIарав къагIида…МухIамаица битIараб лъани гьев чIвала. Щиб бахчилеб, щиб бицинеб…Цо кIалъазениги ун лъикI… захIмат букIина гьанже цоцал бадир балагьизе, цощинаб дида ва инсуда гьоркьоб караб дица къоно чIван турун лъугIанин таниги лъицаниги гьесда ва Наидада бицун букIанадай…вай дир къисмат, цIидаса гар-гадила гIадамал… ЛъачIого кин гьеб хутIилеб? РачIа-рачIараз цIехеларищ бахIаралъул куцалъул ва гьадигIан гIедегIизе каниян – гIадамаздаса щибго бахчун бажарулеб батиларо, бажарулин хьулал лъей буго щайтIан киниги иш. Пакъиралъ дунялалда хIехьон бугебщинаб гIакIуба…къогIлъи пакъиралъул гIумроялъул – вокьизе ракIалда гьечIев гIадамасе мукIурлъизе кани – дирго киниги магIица бичун букIинчIони гъарималъулги къандалъо…тIубанго чIван буго гьелъул ракI…кьогIал пикрабазда йигей Кларада гордоялдса жанибе рогьалил хъахIлъи рехараблъи цин бихьичIо.
КидагогIадин, рогьалил бакъ бакулеб гIужалъ, жиндирго кефиралъул стаканалда хадув гъоркье вачIана МухIамад. Рос вихьигун дарран сири бана Кларада.
-Кларочка, дуе караб щиб? Гьанжеги бетIерищ? – ан лъадуда баана гьес.
Жакъа аваданго вихьула талихIалъанги абун къуват данде гьабуна гьелъ ва абуна:
-МухIамад, субботаялда нилъеца бертин гьабизе колеб буго.
-Унго?! Гьеб щиб хабар, Клара? МачIикъго «лъикIаб» хабар буго гьеб, — ян чIужуялъухъги валагьун, гьекъолаго кефиргун бакIида гIодов чIана гьев.
Саназ жиндирабго гьабулеб бугоан МухIамадил къаркъалаялда. Еве вукIарав къамартIав, Iвараб магI киниги гIадан, дагь-дагь кун херлъиялъул къвалакь инев вуго…
-Мухтар тIассияб хамиз къоялъ Саратовалде вукIине колелъул…
-Агьа. Халида рази йигищ?
-Йиго, — ян хIалалъ абун бажарана Кларахъа.
-Гьеб цIакъ лъикI. Бертадул ургъел дица гьабила… Жеги гьитIинго йиго гьей. Нилъ гIаги аскIор рукIунареб мехалъ…дида лъаларо, батIаго цо-кIиго соналъ чIезе бегьуларогонищ? Жиндирабго гурони цебе бичаларев согIав гIаданго кинав вукIунев? Цодагьалъ мун гьелгун цадахъ гIаги ине кела: кумекалъе, малъ-хал гьабизе. Гьеб гIечIелъубе чидар щагьарги…
Клара гьедин хабар бусиналде анищ цин гьечIей гIадан гьанже росас хвезе егаян абуни цее тIийитIизе хIадурай йикIана…
Гьеб хабаралда гьел рукIаго, сордо кида рогьинебалиян хъаравуллъуда йикIарай Халида церего хIадурун лъун рукIарал документалги росун йихьиларедухъ азбаралъуса къватIие екерана. Цинги цадахъ цIалулев вукIарав васасухъе гIедегIана цодагьаб къарзалъе гIарац гьаризеян. МачIикьго букIаниги МикагIилица гьелъие тIад кIалъачIого бугелъуса босун нусго гъурущ гIарац кьуна. Вас талихIав вукIана къо кейгун жиндихъ Халида ячIиналдаса. ТIоцебесеб МахIачхъалаялда унеб автобус гIадамазул цIезегIан ва гьеб шагьар тун къватIибе борчIинегIан хадур чи рачIине гурин хIинкъи тIагIунеб букIинчIо гьелъулъ. ГIадамал гIажаибго тIатIалаго нахъ-нахъ руссун ралагьулел рукIана Халидахъ: хъахIлъарал расазул квацIи, хъахIиллъарал беразда гъоркь лъугьарал хъахIилъарал къучIби, цIорораб чIобогояб балагьи…
Тахшагьаралде щвейгун ичIго тIубазегIан вокзалалдаго чIана гьей. Гьеб гIажаибго бихьун живго дежурный милиционер кIиго нухалъ вачIана аскIове. Халида тIоцее щолей йикIана МахIачхъалаялде. ГIарцуда барахщана пулан, къулчIулаго хIацIугун аскIоса йилъана гьей пирожкаби ричуней гIаданалдаса, щибгIаги богIолъи босичIого: сон къалъудаса ургьиб щибго инчIей гIадан. ИчIго тIубан бихьигун такси чIолеб бакIалде йилъана, ва пединституталде ячеян гьарана. Гьениб заманго бачIо пуланалъ биологиялъул факультеталда документалги кьун, экзаменал кьун лъугIинегIан общежитиялда санагIат келародаян комиссиялъул председателасухъе приемалда очеред куна. Жакъа талихI кенчIолеб бугин колаан гьелда: председателас кIиго къойидаса ячIаян абуна. КIиго къоги кин инабилеб лъаларого, Кизляралда тIад юссинеги хIинкъун хутIараб къойица институталда цебе бугеб скамейкаялда го тIобитIана гьелъ ва маркIачIул гIужалъ гьанжениги рахIат бегьилилан вокзаладе унеб автобус цIехон тIаде яхана. Сордо гьенибгIаги тIобитIилилан. Жинибго милиция буго. Автобусалдасаги рештIун Халидаца саламатго пирожкаби росана: къасиги кванчIого бегьиларин. Радал йихичIого берцинго автобусалда институталде инчIогоян жийго жиндаго семана гьей, гьанже цадахъ чан гъурущ хутIарабали ва хадуса лъида шагьи кьейин абилебали…б р..р.. гьединал пикраби ботIролъа рачахъани гурони гьаглъила дунан щват бичан пирожкаби кванана. АскIор гIодор чIун рукIарал руччаби жидерго тIагIунел рукIарал лъималазул ургъелалъ сундаго регIун гьечIоан… Дагь-дагь кун гьей макьихана, амма зама-заманалдаса залада сверулел — тирулел милиционераз хьитаз скамейкаби рухун щалниги кьижизе толел рукIинчIо. ТIоцебе гIолилай руччабазда цадахъ йигин кун асIоре къалел гIадам чи вукIинчIо. Амма поезд бачIингун ана рахъун Халидал мадугьалзаби ва лъалаго чIобоголъана зал. Халида цодагьайго хIинкъана… ГIадада букIун гьечIо: кватIичIого хIубал киниги ясалда цере эхетана кIиго гIолилав, хIинкъиялъ жинда гьел кIалъайгун кIал-мацI къотIана пакъиралъул. Ясалъул хIалалдаса гьезда хехго бичIана гьей жийго йикIи ва жалгун йилъаян тIаделъана. ТалихIалъ аскIор минуталдаго щвана милиционерал:
-СанагIат гьечIолъи бугищ? – ан честь кьуна гьезул цояс Халидаде вуссун.
-Кумек гьабе, гьал гIолилазда дие хIалхьи теян абе, бегьулеб батани, – ян соролеб гьаракьгун кIалъана кумекалъе милиция щвейгун.
Милиционер гьезухъ валагьана, амма цояс бер къапичIого абуна:
-Дир яц йиго гьей. Рокъое ячине инсуца витIун вукIана гьудулгун, гьай абуни нажеда цадахъ йилъуней гьечIо.
-Нужер паспортал, — ан гьимулаго милиционерас цин Халидал босун рагьана. – Васал, дун валагьун чIун вуго.
-Цадахъ гьечIо, — ян лъимадул киниги бацIцIадаб балайгун милиционерасул бадив валагьана гьанжелъизегIан вуцIухIун чIун вукIарав вас ва Халидадехун вуссана. – ГIела тIирун чIарай, йилълъа рокъое вац суризавичIого. Дир яц йикIараяни некIого мерхьун ятилаан дица мун.
-КIал къай. Дида тIоцере рихьунел руго нуж. Гьерсал рицунел руго…
-…БичIана. Рахъая цо киналго отделениялдаян, — ян кьварун кIалъана кинабго бичIарав милиционер.
-Ниж ина, — ян кIутIун тIаде рахъана гIолилал. «Вацас» иналде цебе жеги тIаде жубана: «дое инсухъе йилъаян».
-ГIедегIулел щай? – ан пунхъана гьезда хадув милиционер, — АнцIила щуго суткаялъ вокзал бацIине хиял гьечIогонищ? – ан Халидада данде витIун гIодов чIана гьев, гьалмагъ тира-сверизеги витIун.
-Баркала. Мун тIаде вачIинчIевани хIалалъ цадахъ ячинехъин йикIана гьез дун.
-Мун киениги уней гIаданищ, цадахъ гIаданчиги вихьуларин дуда?
-Документал кьезе ячIун йикIана…Жакъа гьале кьуна, — ян институталдаса документал жанир росиялъул кагъат бегьана милиционерасухъе Халидаца. – Дун радал щвана МахIачхъалаялде. Общежитиялда бакI кIиго къойидаса гурони гьечIо, гьелъ радал анир милиция букIин бихьигун сордо борчIине ян йилъун йикIана. – ян нечеялъ багIарлъун бетIер борхун бажаричIо пуланалъухъа.
-Гьаний дуе цо минуталъ хIалхьи теларо. Гьединай хIурул гIин эбел-инсуца кин жийго цохIо йичарай?
-ЦIехечIого ячIана, – ян хабар лъугIилародаян къокъго жаваб гьабуна, кинго бокьун букIинчIо нахъ-цебе гьал къояз караб я ракIалде щвезабизе я чидар гIадамасда бицине.
-Дур гьурмада кьерго хутIун гьечIин, цощинай унтунцин гьечIищ мун?
-Абизисеб жо гьечIо. Экзаменал захIмалъана цодагьал…
-БичIула. Гьаб кагътида меседил медаль бугин ан хъван бихьула…Молодец. РакI-ракIалъ баркула. Молодец, — ан жиндирго яцалъе гьеб щун бугеб киниги вохана милиционер, – дида цIар – Камиль. Къаси дун гьанив вукIине вуго. Къварилъизе дица мун теларо – ЛъикIищ?…Киданиги мун гIадай берцинай меседиль медальги бугей ясгун кIалъарав чи вукIинчIо дун…
-ЛъикI, – ан хIайранго гьимана гьесие Халида.
Цодагьав Камиль аскIосан рикIалъигун, Мухтарица мугьроялъул абураб ракIалде щун милиционерас тIад буссинабураб паспорт рагьана Халидаца. Махсароде кун йиго – дунги гьагай уйин кун хIинкъана. Киса гьесухъе дир паспорт щвезе букIараб…
ХIалимго ясалъеги гьимулаго нахъ-нахъ вуссулаго ана Камиль: унго гьайбалъи бихьуларищ…Кибе араб лъачIого тIурун макьугун, жиндаса кирениги ричIуларел пикрабазда яна гьей. Баркала къисматалъе тохаб жо кезе бахъана – Камиль тIаде вачIинчIевани, нахъ гIунтIи бихьуларищ: яц йигила жидер…ТIокIаб гьаризе жо гьечIоан цIализе жание йорчIаралдаса. Мухтарида бигьаго кIочон тела – бокьараб щваралдаса дун гьечIого чIеларин ватизего ватиларо. Клара-бажул букIараб куц. Дагьай хутIана дунги боржине гьесда: киданиги ракIалдацин букIинчIила хIакъир гьайизе – гьереси хIатIал къокъаб жо…Цо-кIиго курсалдаса заочно босун хIалтIизе лъугьине бегьула, стипендиялда балагьун йикIинчIого, цохIо жаний йосани, кьезе рушбат гьечIогонилаян хутIиладай? Бугониги загIипаб къаркъала нахъойги жиндаго лъачIого гъаплъун ана гьелъул. Гьеб бихьигун аскIов щвана Камиль ва гьей цощинай хIинкъилароян тамахго гъажалда кIутIун йорчIинаюна:
-ГIайиб гьабуге, гьаний кьижизе бегьуларо. Мун свакан ятила…дун гьалмагъасда кIалъана, нижер гьитIинабго рукъ буго кIиабилеб этажалда…Йихуге, дица нуцIа рахала дуда тIаде. Мун кьижа. Гьениб басриябго бугониги диван буго. Йилъа.
-Квал-квал гьабуге. Дица хIаракат бахъила тIокIай кьижичIого йикIине. Намус йиго дудаса, Камиль. Сордо гIезегIан хехго ина.
-Дихъ гIинтIаме…Дуда бугеб хIал бихьани гамачIги къварилъила. ЦохIо гьайбатаб гьими хутIун буго кьер тIураб гьумералда, — янги абун гъеж кун болъодухъа тIаде яхинаюна гьес Халида.
Машааллагь, гьаб къобикъиялда йигей гIадан жеги къвакIардилей. ЯхI-намус кIоонареблъи щиб-кин каниги – Iакъ беараб хIужа буго гьай ясалъулъан жинисанго вохана милиионер.
КигIанго хIал лъазе теларин йикIаниги, къанщун унел берал берцинго хIетIе лъолеб бакIалде балагьун бажарулеб букIинчIо гьелда. СагIат анцIго тIубалеб бугоан. Диваналда еги ва кьижун кей цадахъ кана гьелъул. Цодагьалъ валагьунги чIун, гурхIиялъ кIибикIулаго бетIергун Камиль нуцIа щула гьабун гъоркье вилъана. Машаалагь! Гъодинаб берцинлъигун бигьа букIинаро пуланалъе гIумродулъ, битIун тIегьалеб гIужалада аскIор гIадам чи гьечIого гьаб чорокаб шагьаралда… Камиль живгоги абизе санал рарав гIадан вукIинчIо: къоло анкьго сон, ячун заман балелдего ятIалъарай чIужу…
ЙигьичIого кьижана Халида радал анкьго тIубазегIан. НуцIида кIутIулеб гьаракьалъ тIоянго макьидаса йигьинаюна гьей, ва тIоцее кий жий йигеяли бичIуларого йихун хутIана, амма нуцIида гьанже тIатIалаго кIутIулеб букIана. ТIад бан батараб одеялоялдаги жем-жемдилаго нуцIихъе гIедегIана гьей:
-Щив?
-Халида, рагье, — ян бахъана Мухтарил, у Мухтарил гьаракь.
Амма кIиабилеб нухалъ кIалъалеб Камилил бугоан: вайгь! Цеве тIамизе жуван вугоян гIодое йичана гьей, хIинкъиялъ, йиххиялъ ракI карандаса къватIибе кIанIун баIинин канна одагьалъго гьелда. Унго киса!? Камилица нуцIаги рагьун цеве жаниве Мухтар вичана, ва хадувго кин щибали мухIканлъизе жиндирго бетIерги нуцIихъа жанибе бакизабуна.
-ЙорчIами, Халидка, – ян гьимулаго кIутIбуздаги баун каранде къана Мухтарица гьей.Цинги кверги кун кодоса одеялоги диваналда лъун къватIие ячана, — баркала, дуе.- ян лейтенантанги абулаго гьесул чвантиниб гIарац къазабуна.
Хадув гьакIан лейтенантги тун,Халида сихIкъотIун цадахъ йилъана, Камилихъ нахъ-нахъ юссун ялагьулаго. Амма Камилил гьанжесал щаклъи кеIо Халида яун унев гIадан гIагарав и вукIиналда. Саламатав гIолилав вихьула, гьаб орокаб шагьаралда Халида киниги ясал жилго тIураларо. Камилиль ракI жиндирго яалъул къваригIел тIубараб киниги гьанже парахалъана.
Гьале машинаги…гьале Мухтарги…
-Мухтар, дуца дун кие ячуней йигей?
Урхъун гьелъул бадив валагьулаго ракIалдаго гьечIеб бакIалда Мухтарица хапун кодое йосана гьей ва машиналъуй гIодой чIезаюна:
-Рокъое. Жакъа мун росасе иней йиго. Дуда кIочон тун батилилан мун бахIарай йикIин абун хадув вилъун вукIана. Дун мекъи вукIун гьечIо, дуда гьеб ракIалда цин гьечIин кола балагьараб мехалъ.
КьижичIолъиялъ багIарлъарал бераз бицунеб букIана гьевги кIвекIун вукIи гьал къояз.
-Дун йилъунаро мунгун цадахъ. Документал кьун руго дица цIализе лъугьине пединститутлде.
Мухтариа жиндирго гьурмада кIиябго квер бахъана, свак-ургъел тIасса инабулеб киниги.
-О! Дир учительница-мучительница, — ян пашманго Халидал бадив валгьун чIана гьев. – Йилъа цин кваназе. Гурони рагIи хадуб-цебе абизе хIал хутIун гьечIин дирги…Халида, кIвараб кин тIуризе? Цо секундалъгIаги дир пикру щай гьабичIеб, кин кIвараб, дида бичIуларо…Дуда рокьи щиб жояли лъараблъи якъин гуреяни гьединаб гали тIамун бажарилароан духъа…Инсул вацасул адресниги босичIого ине кани, вокзалалда сордо рогьине! Нолъ гIадаб сардо тIокIаб бачIунгеги тIад…Эбелалъухъ кIалъазе кола мун ятанин, гурони гьей дун сабаблъун хабалъе ине хутIараб жо тун букIинIо…
Гьанже гьабилеб щиб, Мухтарица жиндирабго гурони цебе бичалареблъи лъаларищха. Нахъойги къорикь карай хIисаб букIана пакъиралда. ТIокIай киениги йорчIиялдаса хьул къотIана Халидал. Дирго гьаглъиялъ щвана дун документал кьезеги, гIадада! Бихьиназ ручаби жидеего бокьараб гьабичIого толел жал ратиларо. Рокъов эмен – гьанже рос.
-КъвакIарай гIадан йихьула мун, дир гьитIин, — ан абулаго вокзалада цебеса машина хъаминабуна Мухтарица Халида ятиялъ кинабго захIмалъиги рекIел къварилъиги кIоченибизе бокьун. ТалихIалъ ятана дида мун. Унго ургъараб жо бихьуларищ, рокъоса тIагIинеян пикрабазда зама-заманалъ далун бетIергун йигей йокьулелъухъ валагьулев вукIана гьев: гьале беразда йихьулей йиго, тIокIаб талихI щибизе. Гьайбалъи! Къоял ранагIан тIегьан ячIиней йиго чинаралъун гьей.. ЯтигIаги лъикI, гьаглъизе дагьаб хутIанин нолъ, маххул ватила дун…
Халидаги йикIана жиндирго пикрабазда. Гьанже киениги гьесдаса йорчIиялдаса хьул къотIана пакъиралъул.
Хъваралдаса кьуризе бакI гьечIилан тIоцее Мухтарихъ ялагьана. Гьес недегьго гьимулаго гьелъул кIаркъада квер бахъана ва машина танхъинабуна.
-Жакъа тIоцебесеб нухалъ вихьулев гIадин ялагьун йиго дихъ мун, — ан разиго абуна Мухтарица, ва яхI гьабун бажаричIого хIалимго гьимулаго цодагьабго нилъо кун къулараб жиндехунго буссинабуна гьелъул пашманлъиялъ квелъ бараб гьумер.
— Унго бертинищ бугеб?
-Буго, — ян цодагьаб гьими кунчIун свана гьесул гьумералда, щибдай Халидаца абилебаян ва кида гьаб гIазаб лъугIун бертинги гьабун чIужугун вукIине щвелебан пикру гьабулаго, — Халида рачIа гIодоре риччан, чIахIиял гIурал гIадамал гIадин, кIалъазе. Кинго данде рагьун бажарулей гьечIо мун диде, лъала дир гIайиб. Караб гьоркьоб лъугьун батила нилъеда.
— Караб жо гьечIо, гIайибалги ратиларо. Дун духъ гIинтIамун йиго, – угьун хIухьел бичана Халидаца.
-Халида, щай мун хабаралдаса тIурулей, гьале гьанжеги угьун хIухьел бичалей йиго, щиб дица гьабилеб? БичIула каралдаса хадуй дур ихтияр буго гьедин йикIине. Гьарула витIун вичIеян. Дида хIал кIун тIокIаб дур ракI бакъвазабизе бичаларо. Гьанже рес гьечIо кигIан бокьичIониги бертинги гьабун данделъичIого, бичIулищ, гьарула гIадамазда цеве рехичIого гьабе данде гали: мукIурлъе бахIаралъул гурдеги ретIун цо къоялъ дунгун цо столалда нахъа гIодой чIезе: хадуса дуца абураб гьабулев вукIина херлъизегIан. Мун гьечIей гIумро гIазабалде бусуна дие, гьелда щаклъи гьечIо — сон радалидаса нахъе дида букIараб къо…Дуе вокьизе мустахIикъав вукIина дун. Гьедин квешав вас гьечIо дун.
-Агьа, — ян гьимизе бачIана Халидада. – Дуцаго мунго вецулев…
-Елъулейищ?
-Якъуца холаго елъизе регIун йигейха дун. Вилъа пединституталде.
-Кванан тун хадуса рилъине бегьуларищ? – ан тIатIалаго гьелъул гьурмада баана Мухтарица.
-Дица цоцIул абунаха, – ян кIарун елъана, гьес абурал рагIабиги ракIалде щун, Халида. – ХерлъизегIан дуца абураб гьабилилаян гаргадилев вукIарав гIадамасда гьале кIочон тун буго кIиго минуталда жаниб. Гьанже божаха дун дуда.
-БичIана, хъамизабулеб буго машина. Щибизеяли бицани тIованго талихIав вукIинаан дун.
-Документал нахъе росизе, — ян жиндаго лъачIого магIил гарал кенчIана гьелъул тIелхазда.
-Халида, унгойищ?
-У. Дуе ячIина. Гьари буго киданиги махсароде коге дун. Дие гьеб бокьуларо…Цойги, дида тIассалъугьа мун цIехечIого дун рокъоса иналдаса, — ян хьулалда Мухтарил бадий ялагьана гьей. – ТIокIаб ургъичIого щибниги гьабиларо…Заманалдаса вокьизеги бегьулелъул мун дие, цебе дица гьелъул пикро цин гьабулароан, мун гIадал гIолохъаби дие гурин толаан. БичIулищ абизе бокьараб, вореха гьанже дур гIамал кIодолъизе гурин. ХIапиз вуго дирго эмен гIадав алкашасул вас, эбелги школалда – уборщица. Релъаралда рекъарабин абуларищха. Дир гIумро кинаб бугебали дуда лъала, гьединаб хъизамалъул васазул яги рокьул пикру гьабизеян дир ботIролъ пикро баIунароан.
-ГьитIин, – ан щакърахунаго Мухтарица жиндирго накабазда йосана гьей ва каранде къана, — гьитIин. Халида, цохIо баэ дида.
-Д-дида лъаларо, – ян цIа палараб киниги багIарлъун яхъана гьей. – Унго лъаларо, — ян нечана гьесул гьарулел беразул балаялда гъоркь, сан-сандилаго гарбида кверал жемана. Гьесул тIомалда лъачIого квер цуйгун туркIун ячIана. Мухтарил бадий ялагун бажарулей хIал букIинчIо гъелъул. Бералги къанщун кIутIби цере гьаруна, амма гьесул гьумералда, тIомалда хъван бажаричIо. Киса.
-Халида, — ян шурулаго Мухтарица халаткун хIасраталъ баана сихIкъотIун мукIурго жиндир накабазда хIалидул бакIлъиялъул колей гьелда, — йокьулей. Йокьулей, дун гIашикъ вугев куц духъ…
…Къалъуде документалги нахъе росун, шагьар тирун ратIлил къваригIараб тарабги босун гьел рокъоре руссана. Гьений цохIо Клара гурони гьезда регIарай ва рахIат хварай гIадан гьечIоан. Алагьасда лъала бертаде циндаго ракIарулел ругел гIадамазда щиб абулеб букIарабали. Машина танхъигун, хехго аскIойги ячIун, Мухтар гьелъ жиндирго гьалмагъалъул доя Халида щвезавизе витIана, рагIи абизе васасдаги течIого:
-Мухтар, абураб гьабуни лъикI, дир вас. Халида, дун талихIай йиго мун ятиялдаса, гьанже сундулго ургъел тун бахIарайлъун йикIине къачIае. Гьарула, дир яс.
Кларада чанги лъикI лъалаан магIарулазул гIадатал, амма пайда щиб гьадинаб ахIвал-хIалада кинал гIадатал рукIунел? Дихъа гьаб хIекон бажариларо, гурхIаха аллагь, Халидал гIагарлъиялъул питна бахъинчIогогIаги тIубайги, вабабай гьабизе гуреб жо гьечIогури дун гьаний халгъан азбаралъуй эхетун…МухIамадица разилъи кьун букIарабани Халида рокъоса ячине – бигьа букIинаан, амма мадугьалзаби гIумроялъ рихьичIониги хIал буго гьесда: бугониги цо ракIалда бакI букIараб къагIида херасда… «бокьани бертадулъе рачIаян абе» — хабаралъул бигьалъи, гьеб рагIи гьезда абизе щивдай ине вугев…вай, дир ботIрода бугеб гизма-къали…Кин бугониги Халида росасда йихьичIого нухда лъун бажариялдаса аллагьасе рец гьабулей йикIана гьей. Щибизе, гьаб цIадуда гьоркьоб батIияб ахIи-хIура…бихьиниал гьалаг гьарун тIубалеб иш букIунарелъул, тIадеги жагъалъани гурони. Бертадаса хадуб къан нуцIагун инсуцаги васасги бокьараб кIалъай гьабе абе.
Мухтар къойиа, ятиялда ва аскIой йикIиналда божуларогощали, Халидада аскIоса кьуричIо. Гьев гьечIониги МухIамадил цохIо вугев васасе бертаде кверагъари гьабизе ракIарарал гIезегIан рукIана гьезул дора. Къойица Мухтарил талихIалъ кенчIелел берал ва талихIаб къотIи гьечIеб релъи тун батIияб жо я бихьулеб я рагIулеб букIинчIо Халидадаги. Гьел санагIаталда рокъорги ричан бертаде гIедегIун ана рукъалъул бетIергьан Сарижат. КватIичIого Сарижатиа бертадаса битIун бачIана гьезие щибго камураб нигIмат гьечIеб кваназе жо.
…КигIанго хIаракат бахъаниги Халида жив гIадин жаниб чирахъ бакараб асаралде яхинаюн бажаричIо гьесухъа: цIакъго гьитIинай йикIиналъ батила, горсвериялда караб мехалъ лъимер киниги ахтан йикIин гурони гьелда унго жиндир гIумро хисулеб букIи ва жий метералдаса росасул чIужу колейлъи бичIулеб гьечIоан балагьараб мехалда. Цощинав гьагаб гали жинца тIамулеб бугодаян, цощинай жинда юсинаюн бажаричIого букIинадаян хIинкъаби рачIунел рукIана бахIарасул рекIелъ. БечIай рехараб тIегь киниги йиго гьей, кьижизаюни цIилъилаандай, амма кин гьеб гьабилеб – цо минуталъ жийго хутIулей йигони чIахIалъун рачIунел ругин хIинкъиялъ пуланалъул берал… Кинабго лъикI букIина, дица рагIи кьуна гьелъие. Щиб лъалеб дир талихIалда ругел хьулал гIадада ратичIого рукIине бегьулелъул… /продолжение на magiarulal.ru /
Источник: http://magiarulal.ru/library/lejla_mukhiamadova/13501/