Суал — жаваб

Суал: Авлахъалда яги гIор-лъар гьоркьоб букIун имамасдаги маъмумасдаги гьоркьоб кигIан манзил букIине бегьулеб?

Жаваб: Гьел кIияздаго гьоркьоб бихьизе гьабураб манзил буго 300 зирагI, гьебги гIага-шагарго 150 метра ккола. Гьеб манзилалда цеве вугев имамас гьарулел пишаби рихьулел ругони хадувги чIун маъмумас как базе бегьула. Гьелдаса цIикIкIараб манзил бугони нахъ вилъинеги бегьуларо, гьедин бараб какги щоларо.
Суал: Дир рокъоса мажгитги гьелъул рагьараб нуцIаги бихьулеб бугони, радиоялдаса имамасул гьаракьги рагIулеб бугони, дица рокъовги чIун мажгиталъул имамасда хадуб как бухьине бегьилищ?
Жаваб: Гьединав чиясе шартI буго мажгиталда как балев чи вихьи гьев вихьулев гьечIони цохIо гьаркьида нахъ вилъун как базе бегьуларо, гьедин бараб какие жамагIаталъул кириги щоларо.
Суал: Нахъа вугев маъмумасда имамасул какилъ гъалатI кколеб бихьани гьес щиб гьабизе кколеб, мисалалъе имамас сужда гьабулелъул хIатIазул килщаз гьабичIони нахъа вугев маъмумасул как холебищ?
Жаваб: Какил суждаялъул руго хассал шурутIал гьездасан ккола хIатIил килщазул жанисеб рахъалъги сужда гьаби. Имамас гьеб гьабулеб гьечIони, гьеб бихьарав маъмумас ракIалъ гьесдаса ватIалъизе нийят гьабила ва жиндаго чIун какги бан лъугIизе гьабила.
Суал: Нодо бахчараб рас бугони, яги бетIералда лъураб тIагъуралъ нодо бахчизе гьабулеб бугони гьесул суждаги балеб какги лъугьунищ?
Жаваб: Сужда тIубазе ккани гьединав чиясе шартI буго нодоялъул цо гьитIинаб багIаз (бакI) сужда гьабулеб бакIалда хъвай. Амма гьениб гьоркьоб пардавги ккун нодо хъвачIони гьесул суждаги лъугьунаро какги щоларо.  

Добавить комментарий

Ваш адрес email не будет опубликован. Обязательные поля помечены *