Menu
Муалим

Муалим

Лъабго хирияб моцI

Ражаб моцIалда абула тавбу гьабиялъул заманилан. ШагIбаналда - цоцазухъе щвеялъул ва рокьи загьир гьабиялъул заманилан, Рамазан ккола гIагарлъиялъул ва баракаталъул цIураб моцI.

Ражаб моцIалъул хиралъи

Ражаб ккола лъабго (Ражаб, ШагIбан, Рамазан) хирияб моцIалъул цояб , ТIадегIанав Аллагьас Жиндирго лагъзадериде рещтIараб кIудияб рахIматлъун. Гьел моцIазда гьарурал лъикIал ишазе ва гIибадаталъе гIоло ХIалкIолев Аллагьас кьолеб кири чанго нухалъ цIикIкIине гьабула, ракI бухIун гьардарав чиясул мунагьал чурула. Аварагасул (с.т.гI.в.) хIадисазул цоялда абулеб буго: "Хвалда цебе ракI парахалъизе ва лъикIаб ахират щвезе (бусурбанчиясул хвел), щайтIаналдаса цIунизе бокьарав чияс кIал ккун, мунагьазда рекIекълъун хIурмат гьабе гьел моцIазул", - ан. Цогидаб хIадисалда рекъон, Ражаб моцIалда лъикIал ишазухъ кириги квешал ишазухъ гIазабги 70 нухалъ цIикIкIуна. Ражаб гьединго ккола (Ражаб, ЗулькъагIида, Зуль-хIиджа, МухIаррам) ТIадегIанас хасго мунагьал, кьал, рагъ гьабизе гьукъараб моцIлъун. Жинда Аллагьасул ссалат салам лъеяв Аллагьасул Расулас абуна: "КIочон тоге Ражаб - ТIадегIанасул моцI кколеблъи, гьеб моцIалъ цогIаги кIал ккурав чиясдаса Аллагь рази вукIуна". Ражабалда ТIадегIанасулилан абун буго, гьеб моцIалъ рещтIунеб кириялъул ва сахаватлъиялъул гьарзалъиялъ.

КЪУРЪАН ЦIАЛИЯЛЪУЛ ЩУКРУ - СУЖДА

Къуръан цIалиялъул щукруялъулги суждаялъулги бицен буго гьаб. Къуръан цIалиялъул сужда суннатаб буго, цIалулесеги рагIарасеги, какилъ вугесги сужда гьабила. Жинцаго цIалулеб бугони я жиндир имамас цIалун гьес сужда гьабуни, имамас гьабун маъмумас гьабичIого тани маъмумасул как хвела, имамас гьабичIого гьабуниги хвела. Сужда гьабизе гIоло какилъ сужда бугеб аят цIалани сужда гьабизе бегьиларо, гьабуни как хвела.

Кумек гьабе диналъул вацазе Аллагьасул нухалда

динаб магIнаялда: "ХIакълъунго муъминзабаца гьекъолеб буго камфаралда тIад гьабураб (хассаб гьекъолеб жо) гъуялдаса, жинда жаниса гIицIго Аллагьасул лагъзадерица гьекъолеб ва жибги кидаго къинчIого чвахулеб. Гьел гьабураб къотIиялъе ритIухъал ва балагьазул цIураб Къоялдаса хIинкъарал руго. Гьез квен кьолеб буго мискиназе, бесдалазе ва асирлъуде ккаразе, жалго гьелде хIажатал ругониги. "Жидеца гьаб квен бикьолеб буго гIицIго Аллагь нужедаса разилъизе ва Нижее хIажат гьечIо нужер мухьги баркалаги". (Сура аль-Инсан 4-9)

Кумек гьабе диналъул вацазе Аллагьасул нухалд

Щибаб рецц ТIадегIанав Аллагьасе буго, Жинца кинабго махлукъаталдаса хира гьавун вижарав, тIолго гIаламалъего рахIматлъун, нилъеда кIиябго дунялалда батулеб хIакъаб талихIалде - хвасарлъиялде нух малъизе жинда ссалат салам лъеяв МухIаммад Авараг нилъехъе витIарав ва гьединго Жиндир хирияб Къуранги рещтIун гьелда жаниб нилъее бигьалъи кьурав. ТIадегIанав Аллагьас даимаб салат салам лъеги нилъер Аварагасда, гьесул хъизан-агьлуялда ва киналго асхIабзабада.

Гьекъел балагьалъул ицц

Ахираб заманалда Ислам т1ибит1изабиялъе рес щвараб мехалда, гьелъул тушманзабаз гьеб гъанкъизабиялъе киналго кавабахъан Дагъистаналде биччана батIи-батIияб тайпаялъул хъублъи. Телевидениялъ щибаб къоялъ нилъ агълъизарулел руго хъубал передачабаздалъун. Гьез г1иц1го рух1ияб хъварцинлъиялде рахъин гуребги ругьун гьарулел руго ч1вадарухъанлъиялъе, хъах1балъиялъе, квешлъиялъе. Киса-кибго нилъеда бихьула гьекъолеб жо бичулеб, гьеб машгьур гьабулеб, раг1ула ц1и-ц1иял спирталъулгун г1аракъидул заводал рагьи. Т1адагьабги, бак1абги промышленность ч1ун буго, гьекъолел жалазул тайпабиги къадарги ц1ик1к1унеб буго. Къват1иса х1укуматазул т1олабго спирт Россиялде баччулеб бугеб г1адаб асар лъугьунеб буго, гьеб бач1унеб буго Дагъистаналдеги.

Раджаб - нилъее Аллагьасул сайигъат

Гьале тIаде щвана хирияб Раджаб моцI. Бусурбабазда гIемер рагIула гьеб моцIалда Аллагьас Жиндирго ритIухъал лагъзадерие рештIунеб рахIматалъул бицунеб. Цо-цо мехалъ бусурбабазул гара-чIвариязулъ гьелъул божизе захIматаб хIикматаб хасият лъугьинабула. Цо-цо лъавукъал гIадамаз гьеб рахIмат къабул гьабула битIахъегояб магIнаялда ва рикIкIуна гьеб моцIалъ цо тIадеги кинаб бугониги как бани, кIал ккуни, жив тIуван мунагьаздаса вацIалъанин ва жиндие Алжан мустахIикълъанин. Раджаб моцIалда Аллагьас хъвалеб кири баянлъизе рехсезин хIикъикъиял хIадисалги чIахIиял имамзабазул каламги. Анасидасан (р.гI.) Байгьакъияс бицана: "Аллагьасул Расулас (с.т.гI.в.) абуна: Алжаналда буго Раджабин цIар бугеб гIор рахьдадаса хъахIаб ва гьацIудаса гьуинаб. Раджаб моцIалъ цогIаги кIал ккурав чиясда Аллагьас гьеб гIурул лъим гьекъезабула".
Подписаться на этот канал RSS

Анти-террор

Невесты Дагестана

Диаспоры

Звезды

Рейтинги

Просмотров: 33322

Вперед, GODUDU!

30 марта в конференц-зале ректората ДГУ состоялась пресс-конференция Гаджимурада Алиева и Запира Алх...

Ростелеком