агьаибалъул сордо
Хирияб Ражаб моцIалъул тIоцебесеб Рузман сордоялда абула лайлатуль Рагьаиб (лъикIлъиялъул сордойилан), щаян абуни гьеб сордоялъ ТIадегIанав Аллагь валагьула лъикIлъи гьабизе бокьун, ва Жиндирго лъикIал лагъзадерида рештIинабула рахIмат. Гьеб сордоялъ гьабураб дугIа-алхIам Аллагьас нахъ чIваларо. Гьеб сордоялъ бараб какихъ, ккураб кIалалъухъ, кьураб садакъаялъухъ ва цогидабги Аллагьасе гьабураб тIагIаталъухъ цIикIкIараб баракат рештIуна ва кири хъвала.
Гьеб сардил хIурмат гьабулев, ракI-ракIалъ тавбу гьабурав чиясдаса Аллагь тIаса лъугьуна, гьесул мунагьал чурула. Ражабалъул щибаб сордо, щибаб рузман къо къиматаб буго. Амма кIийидахъан хирияблъун кколеб сордо, гьеб цIакъго къиматаб-хирияблъун лъугьуна.
Цо нухалда нилъер хирияв Аварагас (с.т.гI.в.) бицана Ражаб моцIалда гьабураб тIагIат цIакъ къиматаб букIиналъул. Цо херав чияс рекIекълъун абуна тIолабго Ражаб моцIалъ кIал ккун бажарулеб гьечIилан, гьеб мехалъ Аварагас (с.т.гI.в.) гьесие жаваб кьолаго амру гьабуна: "Дуца кIал ккве Ражабалъул тIоцебесеб, анцIила щуабилеб ва ахирисеб къоялъ. Кири хъвазе буго тIолабго моцIалъ кIал ккуралъухъ хъвалеб гIанасеб. Щайгурелъул щибаб ккураб кIалалъухъ кири 10 нухалъ цIикIкIун хъвалелъул. Амма кIочене биччанге хирияб Ражабалъул тIоцебесеб рузман сордо".
Похожие материалы (по тегу)
- «ИМАМ ШАМИЛЬ: ВЗГЛЯД СКВОЗЬ ВРЕМЯ»
- Жители Дагестана составили около 40% российских хадж-паломников в 2019 году
- В Дагестане задержаны лидеры секты "Свидетели Иеговы"
- «Мы не опасны». Почему Чечня радушно принимает женщин, вернувшихся с территорий ИГИЛ (The Guardian, Великобритания)
- Салман Дадаев обеспокоен пробками у мечетей, которые образуются по пятницам